Меню
Разработки
Разработки  /  Родной язык и литература  /  Мероприятия  /  3 класс  /  «Сунареб нур буго дир маг1арул мац1».

«Сунареб нур буго дир маг1арул мац1».

Т1олалго нилъ цолъун мац1 ц1унизелъун, Ц1акъго т1адег1анаб рак1ари нилъер! Жакъа нилъеца т1обит1улеб буго нилъерго миллатги, мац1ги к1одо гьабун гьит1инабго церерахъин.
17.03.2021

Содержимое разработки

«Сунареб нур буго дир маг1арул мац1».

  1. Асаламу г1алайкум маг1арул мац1ги, миллатги рокьулел, маг1арулал!

Т1олалго нилъ цолъун мац1 ц1унизелъун,

Ц1акъго т1адег1анаб рак1ари нилъер!

Жакъа нилъеца т1обит1улеб буго нилъерго миллатги, мац1ги к1одо гьабун гьит1инабго церерахъин.



  1. Г1енекке, муг1рул кеч1 чвахулеб буго,

Хехаб «Авар гъойсу» ралъдалъе г1адин.

Гьеб боржунеб буго муг1рул т1огьазде,

Гьеб гъугъалеб буго кьурабалъ, парсахъ.

Ах1е «Маг1арулал», маг1наял куч1дул,

Муг1рул коч1охъабаз мисал босизе.



Кеч1 «Асаламу г1алайкум, хириял бусурбаби».

Асаламу г1алайкум, хириял бусурбаби,

Бусурманаб диналъул кьуч1алда хут1айги нуж.

Кьварараб наслуялъул сси бугел маг1арулал,

Сахлъи сахаб г1умру кьун г1орц1изег1ан тайги нуж.



Намус иях1 ц1унараб ц1аралда т1анк1 ккеч1ого,

Бац1адаб г1ищкъуялъул г1орхъуда хут1айги нуж.

Хъизан-рукъ цоцалъ бит1ун бокьухъе ратайги нуж,

Рокьарал лъималги щун щулаго хут1айги нуж.



Бертадуе гурони чед бежизе ккогеги,

Рохалие гурони лълъар борхизе ккогеги.

Г1акъилав имамасул нухдаса таругеги,

Гьесул г1адаб лебаллъи лъугьараб наслу кьеги.







  1. Авар мац1 бицунеб меседил кини,

Кинацаго гьорой рехулеб буго.

Гьеб мац1алъ кинидахъ ах1улел куч1дул

Дах1абабадацин к1очон тун руго.



  1. «Баю, баю» бачун, кини к1ик1изе,

К1одо, маг1арул мац1 кида к1очараб?

«Гулять пойдем» - илан гаргазе ккани,

Дах1ададал к1уди г1урусалълъайищ?



  1. Нилъер миллаталъул тарих, г1адатал,

Гьеб мац1 к1очон тани, кин лъазе ругел?

Хварал мац1алгицин ч1аго гьарулин,

Ч1агояб авар мац1 щай хвезабулеб?



  1. Мац1 к1очене тани, Шамил к1очена,

Ах1улгох1 билила, Мах1муд лъаларо,

Г1алих1ажи, Ч1анк1а, кици-биценал,

Халкъиял асарал рилун лъуг1ила.



  1. Миллатги лъаларел, мац1ги лъаларел

Лъималазул хьвади щибдай бук1ина?

Бокьухъин хьвадиги тохаб г1амалги

Чияр гьаз босани, суруларищ нилъ?



  1. Дун г1урус мац1 рихун к1алъалей гуро,

Дие гьеб бокьула, дида гьеб лъала.

Амма бокьилаан маг1арулазда

Маг1арул жидерго мац1 к1оченч1они.



Кеч1 «Дун йиго маг1арулай».

Дун йиго маг1арулай

Маг1аруллъи хирияй

Маг1арухъ кьуру г1адай

Кьури гьеч1еб рак1алъул.

Дун дур талих1ай йиго

Дир хирияб Дагъистан

Дур ракьалда йик1иналъ

Дуде бугеб рокьиялъ.



Ах1изе ккола куч1дул

Умумузул жергъада

Реццизе ккола ясал

Намус ц1унизе лъалел.

Кьурдизе рекъон буго

Къалигун зурма бачун

Чияразул музыка

Муг1рузул бакъан гуро.



Маг1арулал ратани

Маг1арул г1амал тоге

Маг1арулазул намус

Басра гьабун хьвадуге

Дун йиго маг1арулай

Маг1аруллъи хирияй

Маг1арухъ кьуру г1адай

Кьури гьеч1еб рак1алъул.

  1. Г1орхъи тун бокьула мун, маг1арул мац1,

Маг1арухъ г1умругун цадахъ бижараб.

Чохьол эбелалъул рахьдада цадахъ

Дур маг1арулаб рух1 хахана дица.



  1. Дулъ биун т1ун буго Мах1мудил х1асрат

Х1амзатил борхатаб, гъварараб гьаракь,

Бокьула рак1алъе мун, г1агараб мац1,

Г1азизаб ракьалъул т1абиг1ат г1адин.



  1. Дун гьаюраб къоялъ, къулун т1адегун,

Т1егьилан абуна, дида эбелалъ.

Гьеб раг1и бук1ана маг1арул мац1алъ

Маг1арул ч1ужуялъ ч1ух1ун абулеб.



  1. Дица гьаб мац1алда бакъул ч1оразде

Дах1аян рит1ана гьит1инал кверал,

Каранде дунги къан, инсуца дие

Гьаб мац1алъ ц1алана, ц1одорал харбал.



Ясазул кьурди.



  1. Къоло щуго соналъ Дагъистан ц1унун,

Ц1ум г1адин вагъарав Шамил имамас,

Маг1арул мац1алда эркенлъийилан

Ах1ана кьураби кьват1илеб х1алалъ.



  1. Гьаб мац1 дие кьуна маг1арулаца

Маг1арул намусгун бечедаб ирслъун.

Бац1ц1адго ц1уне гьаб, бечед гьабе гьаб,

Гьелда ах1е дуца х1асратаб кеч1ан.



  1. Биччанте гьаб дагьаб хъач1аб бук1ине,

Хъач1ал кьурабазда г1ураб бук1ине.

Г1агараб рахьдал мац1, дир маг1арул мац1,

Дир рек1елъ бессараб бидулъ бежараб,

Дицаги кьела мун рахьдада цадахъ,

Дирго лъималазе ма босейилан.



Кеч1: «Хириял гьудулзаби».

Хириял гьудулзаби, рак1ал цоял кьерилал,

Жакъад ругин нилъ дандч1ван, гьаб берцинаб сверуда.

Нилъ руго г1олохъанго, бут1рул хъах1лъананиги,

Нилъ руго аваданго, заман кьог1лъананиги.

Ралагье нуж квег1иса, ралагье квараниса,

Киназго пикру гьабе бит1араб бугищали.

Нилъ руго г1олохъанго, бут1рул хъах1лъананиги,

Нилъ руго аваданго, заман кьог1лъананиги.



Аби буго маг1арухъ, бищунго дур рак1 хвараб,

Аск1ор ругел божараз гьабулеб батулилан.

Гьеб бит1араб батила, г1умру гьеб г1умру буго,

Амма жакъа гьединал нилъеда аск1ор гьеч1о.

Ралагье нуж квег1иса, ралагье квараниса,

Киназго пикру гьабе бит1араб бугищали.

Нилъ руго г1олохъанго, бут1рул хъах1лъананиги,

Нилъ руго аваданго, заман кьог1лъананиги.

Огь гьудуллъи, огь гьудуллъи, огь гьудуллъи, ц1уне гьудуллъи!

Огь гьудуллъи, огь гьудуллъи, огь гьудуллъи, ц1уне гьудуллъи!



Гьудуллъи бук1унаро, к1удияб хъулухъ бугин

Гьудуллъи бук1унаро, г1емераб г1арац бугин.

Т1адег1анас бецараб, берцинаб г1умру гьабе

Г1аданлъи чорхолъ ц1уне, хириял гьудулзаби.

Ралагье нуж квег1иса, ралагье квараниса,

Киназго пикру гьабе бит1араб бугищали.

Нилъ руго г1олохъанго, бут1рул хъах1лъананиги,

Нилъ руго аваданго, заман кьог1лъананиги.

Киналго сверухъ ругел, ралагье нуж цоцазухъ

Бадиб ц1вабзазул кунч1и, керемалда х1асралъи.





  1. Гъункарал, цолъарал муг1рузда г1урал

Маг1арулал, щай нилъ рикь-рикьун ругел?

Кьолбол к1одолъидул бицун г1олебищ,

Г1аданлъиялъ тараб тахидаги ч1ч1ун.



  1. Мискинлъулел руго, бечелъанаг1ан,

Бечедал г1адатал г1одор таралго.

Г1емерлъанаг1ан нилъ дагьлулел руго,

Данделъизе ресал ратуларого.



  1. Нилъ цолъизе ккола, цогидацаги

Нилъедасан мисал босеян абе.

Нилъ рекъезе кола, рекъелгун вацлъи

Даимлъизе ккани Дагъистаналда.



Кеч1: «Бице, эбел Ват1ан».

Бице, эбел Ват1ан, бице Дагъистан,

Мун разияб гьеч1ищ дур васаздаса?

Мустах1икъав вугищ дун дур ц1аралъе

Ц1адулъ парпадулел дур байрахъазе? -

Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?



Гьадал муг1рузулги гьал г1оразулги

Г1умругун цолъич1ел къоял дир гьеч1о.

Гьадал къункърабазул рахсидаса т1ун,

Нух бат1ияб зодихъ дица гьабич1о.

Бице, эбел Ват1ан, бице, Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?



Гьал дир орденалги, дир медалалги

Дица дир муг1рузул каранда рала.

Гьобол хисуларев т1адмаг1арулас, -

Т1адег1анаб улка кинан хисулеб!

Бице, эбел Ват1ан, бице Дагъистан,

Дилъ эбелалъ лъураб рак1 хут1ун бугищ?



  1. Щай дие къвариг1ун бугеб Дагъистан,

Дир гьаракь бахъани дир лъималахъа?!

Щай дий маг1аруллъи, маг1арул чаг1аз

Чияр мац1 бицунеб жидерго гъаст1а?!

Щай дие гьал муг1рул, г1урул раг1алда

Г1агараб маг1арул кеч1 раг1ич1они?

Камилаб гьаракьалъ нилъер кьерилаз,

Кьурул раг1алда ч1ун, гьеб ах1улеб куц!





  1. Гьеб мац1алъ панаяб кеч1 ах1улаго,

Киниги гьулакги к1ик1ана нилъер.

Гьаб мац1алъ, рокъоса унеб мехалда,

Нух бит1айгийилан абуна улбуз.

Мах1мудил пасих1лъи, гьасул х1асралъи,

Бидулъ къаламги ччун, гьарурал куч1дул,

Гьаб нилъер маг1арул мац1алъ кинигин,

Киданиги дида рич1ч1изе гьеч1о.



  1. Аллагь, малъе г1олезда,

Г1адаталги адабги,

Умумуз нилъей тарал,

Тарихазул назлаби.

Херазул адаб кквезе,

Адабият ц1унизе,

Унтаразда гурх1изе,

Рукъулезухъ г1одизе.

Лъимер гьабураб рокъоб,

Дуг1а ц1алун лъугьине,

Рац1ц1алъиги роц1енги

Гьезие даимлъизе.



  1. Аллагь, дуда гьарула,

Дир гьари къабул гьабун,

Дунялалъе рекъел кье,

Рагъул ц1аял свинаре.

Гьит1инал к1удиязе,

К1алг1алъун рагье дунял

Ц1уне дуца Дагъистан,

Ц1уне дуца Россия.



  1. Гьалдалъун жакъасеб нижер церерахъин раг1алде щвана. Мац1 ккола инсанасе кьураб кутакаб бечелъи, х1икмат. Гьарула нужее маг1арул мац1алъул х1еренлъиги, недегьлъиги кидаго нужер рак1азулъ бессун хут1изе.



Кеч1: «Гуро гьит1инаб гьеч1о, гьудулзаби Дагъистан».









-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
«Сунареб нур буго дир маг1арул мац1». (18.9 KB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт