Меню
Разработки
Разработки  /  Родной язык и литература  /  Уроки  /  6 класс  /  Каламалъул бут1а – рик1к1ен.

Каламалъул бут1а – рик1к1ен.

Каламалъул бут1а – рик1к1ен.
04.04.2021

Содержимое разработки

6 класс

Дарсил тема: Каламалъул бут1а – рик1к1ен.

Дарсил мурад: 1. К1алзул ва хъвавул калам цебет1езабизе.

2. Ц1ияб каламалъул бут1а - рик1к1енгун лъай - хъвай гьабизе.

3. Авар халкъалъул асаразулъ ва литератураялда жаниб хъвадарухъабаз рик1к1ен кин х1алт1изабун бугебали бихьизабизе.

4. Рик1к1еналъул бит1унхъвай цебет1езабизе.

5. Лъималазул лексика ц1иял раг1абаз бечед гьаби. Авар мац1алде лъималазул рокьи бижизабизе.

Алатал: таблица, карточкаби, презентация, интерактивияб доска.

Дарсил ин:

  1. Учителасул цебераг1и:

Ассаламу г1алайкум,
Аваразул миллат – мац1,
Адаб кьоч1ое лъураб,
Ахир рокьуе гьеч1еб.

Армяназул пашманлъи

Арарат мег1ер буго.

Аваразул пашманлъи –

Авар мац1 лъач1ел лъимал.

- Лъимал, лъалищ нужеда лъица гьал коч1ол мухъал хъваралали?

- Дие бокьун буго нужеца гьал ахирисел мухъазде к1вар кьезе. Унгоги, лъимал, нилъер пашманлъи буго авар мац1 лъаларел лъимал. Кинал маг1арулалха гьел кколел гьезда рахьдал мац1 лъалеб гьеч1они? Рач1аха, нилъеца х1аракат бахъила лъик1 авар мац1 лъазе, гьеб нилъее бокьулеб бук1ин гьалбаздаги бихьизе гьабила. Дунги йиго нужехъе яч1арай гьобол, ц1арги дида буго Гулишат Абдусаламовна. Жакъа нилъер бук1ине буго г1ажаибго лъик1аб дарс. Дица х1аракат бахъила нужеда малъизе, нужеца х1аракат бахъе малъараб босизе.

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

Учитель: Щибаб дарсида нилъеда лъала ц1ия-ц1иял раг1аби. Гьел нилъеца хъвала словаразда. Лъик1го дарсида х1алт1арал, суалазе жаваб кьурал, доскаялде рахъарал лъималазе кьезе руго ц1ваби. Дарсил ахиралда нилъеца рик1к1ина лъие чан щун бугищали, бищунго г1емер ц1ваби щваразе, бищунго лъик1 авар мац1 лъалезе дипломги кьела.

- Щибха кколеб ц1ва? (жаваб). Хъвай словаразда.

Гьанже тетрадалги рагье ва къо - моц1 хъвай.

Рач1аха цере малъарал темаби такрар гьаризе.

Х1ай «Т1ок1лъиялъе раг1и»

а) Берцинаб

Борхатаб

Лъабго

Баг1араб

б) Х1алт1ана
къого
кват1ана
ц1алана

- Гьал раг1абазул кьералда цогидазда данде кколареб раг1и буго .

Нужер масъала буго гьеб раг1и батизе.

  1. Фронталияб гьикъи:

- Щай гьеб раг1и цогидазда данде кколареб?

- Кинаб суал лъелеб нилъеца гьеб раг1иялъе?

- Щиб гьелъ бихьизабулеб бугеб?

- Кин нужеда рак1алде кколеб, лъимал, кинаб каламалъул бут1а гьеб к1иябго раг1и кколеб?

- Бит1ун буго, лъимал, гьеб к1иябго буго - рик1к1ен.

Ц1ияб дарс.

- Жакъа нилъеца бицине буго каламалъул бут1а – рик1к1еналъул х1акъалъулъ. Хъвай, лъимал, нужеца дарсил тема тетрадазда.

- Щай абулеб каламалъул бут1а абун, щай гурелъул гьеб нилъеца х1алт1изабула нилъерго каламалъулъ. Калам – гьеб ккола нилъер «речь». Гьеб нилъеца хъвала словаразда.

- Щибха кколеб рик1к1ен?

Предметалъул къадар яги ирга бихьизабулеб каламалъул бутIаялда рикIкIен абула. (Щиб бихьизабулеб рик1к1еналъ?)

РикIкIеналъе лъола чан? чанабилеб? абурал суалал. (нусго, нусабилеб)

Мисалал: к1иго – к1иабилеб, анцIго, нусго, къого.

Предметалъул къадар бихьизабулелда къадаралъул рик1к1ен абула, ирга бихьизабулеб иргадул рик1к1ен ккола. Къадаралъул рик1к1еналъе лъола чан? абураб суал, иргадул рик1к1еналъе лъола чанабилеб? абураб суал. (сверухъе балагьизарила лъимал ва гьениса мисалал абизе тела рихьизаризе)

Г1уц1иялъул рахъалъ рик1к1енал рук1уна г1адатал, журарал ва составиял: цо, к1иго, ич1нусго, лъабкъого, анц1ила щуго.

  1. Словарияб х1алт1и.

Гьал рик1к1енал лъабго кьер гьабун хъвала: (абулаго хъвала)

Г1адатал журарал составиял.

Щуго, лъебералда лъабго, к1иазарго, къоло цо, к1инусго, лъеберго.

(цо чи доскаялде вахъина, цогидаз тетрадазда хъвала)

- Рик1к1ен нилъеда батула художествияб литератураялда ва куч1дузулъ. Батеха, лъимал, рик1к1ен т1ехьалда кьун бугеб х1алт1иялда.

  1. Т1ехьалдасан х1алт1и т1убала: 1 х1алт1и, 55 гьумер.

(лъималаз ц1алула гьенир ругел коч1ол мухъал ва рик1к1еназе суалал лъола).

Симферополалда буго г1аммаб хоб,

Анкьго г1урусасул, цо аварасул…

Бищун гьит1инасул къого сон бугел,

Къоло щуйилъ бищун к1удияв вугел…

Анкьавго г1урус вас, г1азаб кьун, ч1вана,

Цо Г1абдулманапов хут1ана нахъе. (Р.Х1.)

(киналго рик1к1енал х1уби гьабун хъвай ва иргадулазде сверизаре)

(Учителас К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабила).

Гьаб нилъеца ц1алараб коч1ол бут1а Расул Х1амзатовасул «Россиялъул солдатал» абураб поэмаялдаса буго. К1удияб Ват1анияб рагъулъ нилъер дагъиятанияс бихьизабураб бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ бицунеб буго гьениб. Совет Союзалъул Бах1арчи Мух1амад Г1абдулманаповас жиндирго рух1 кьуна нилъер Ват1ан ц1униялъе. Гьев вукъун вуго г1аммаб хабалъ Симферополалда. Дагъистаналдаса лъимал гьенире щвана, гьезда гьоркьор рук1ана нижер 35 гимназиялъул ц1алдохъабиги. Гьаб сураталда бихьулеб буго хабада т1ад лъураб чармил танк. К1удияб Ват1аниб рагъул соназда хурхараб творческияб х1алт1и гьабила нилъеца.

  1. Творческияб х1алт1и. (карточкаби).

…. соналъ … июналда нилъер Ват1аналде т1аде к1анц1ана фашистазул аскарал.

Дагъистаналдаса рагъде ана …. азарго чи.

… соналъ … маялъ нилъер халкъалъ гьеб рагъулъ баргьенлъи босана.

1945 1942 120 9 22

(проверка гьабила, цо к1иго чи т1амила ц1ализе )

Бихьулищ, лъимал, рик1к1ен лъач1онани зах1малъулеб буго нилъее тарих лъазе . Щиб кколеб тарих – гьеб ккола нилъер история. (словарь). Тарих абураб раг1ул буго к1иго маг1на: число.

- Тарихалгун мисалал гьаризе лъалищ?

  1. Учителас доскаялда ч1вала таблица, лъималаз гьел ц1алун т1уразарила.

10 – 3 = 7

4 + 3 = 7

21 : 3 = 7




Учителас ц1алула т1оцебесеб мисал. Хадуб лъимал рахъинарула ц1ализе. а) анц1гоялдаса лъабго бахъани, хут1ула анкьго.

б) Ункъгоялде лъабго жубани, г1ола анц1ила ич1го.

в) Къоло цо лъабиде бикьани, щола анкьго.

Киналго мисалазе жаваблъун бач1ана анкьго абураб тарих. Нужеда гьеб тарих гьоркьоб бугеб кици лъилищ?

1-лев ц1алдохъан: Анкьц1ул борце, цин къот1е.

Бит1ун буго! Цоги рик1к1ен гьоркьоб бугел кицаби лъида лъалел?

2-лев ц1алдохъан: К1иго бет1ерги рекъон, ункъабго квералъ х1алт1е.

3-лев ц1алдохъан: К1иго балагь т1аде ккани, бигьаяб бищулеб.

Учитель: «Анкьц1ул борце, цин къот1е». Лъимал, нужеда гьаб кициялъул маг1на лъалищ? Гьалъулалда маг1на релълъараб кици г1урус мац1алда лъида лъалеб?

Гьанже дие бокьун буго нужеда бихьизе кин попугаялъ борцунеб бук1араб борохь. Нилъ балагьила мультфильмалъухъ, амма нужее т1адкъай буго гьенир рик1к1енал ратизе.

  1. Мультфильм. (38 попугай – маг1арул мац1алда)

Кинал рик1к1енал гьенир х1алт1изарулел ругел? ( 38, 5, 2)

  1. Балагьун нужеда рик1к1енал ратизе к1вана, г1енеккун ратизе бажариладай. (кеч1)

100 000 сонги бан,

Цоги бай маг1арулаз.

Зобал, т1аргъал киниги,

Т1ад лъеги маг1арулаз.

1000 вас гьавеги,

1000 яс гьаеги,

Гьаб бач1анщинаб къоялъ

Щибаб росулъ маг1арухъ.

- Кинал рик1к1енал нужеда раг1арал? Х1алч1ахъад, бищунго лъик1 г1енеккун вук1ун вуго мун. Гьелъухъ дуе ц1ва кьезе бегьила.

Учитель: Рик1к1еналъул бицунаго нужеда лъазе ккола каламалъулъ рик1к1енал цогидал раг1абигун бит1ун х1алт1изаризе. Масала: рик1к1еналгун цадахъ предметияб ц1ар цолъул формаялда бук1уна.

Масала: цо вас, (яс)

к1иго вас,

анц1го вас,

нусго вас. (лъималазда гьикъила)

- Кин х1алт1изабизе кколеб предметияб ц1ар рик1к1енгун лъанищ? Амма цо-цо лъимал рук1уна щибго лъаларел. Гьебсаг1ат рак1алде щола щибго лъаларев - … (Лъавукъ). Г1акъилас кинабго гьесда малъула, амма гьес лъазабуларо. Гьале гьанжеги Г1акъилас гьесие т1адкъай кьолеб буго. Лъица ц1алилеб? Балагье, лъимал, Лъавукъил бет1ер биххун бугеб куц, гьес нилъедаса кумек гьарулеб буго. Нилъеца гьесие кумек гьабилищ?

  1. Творческияб х1алт1и.

Класс бикьула лъабго группаялде ва х1алт1и гьабизе тола. К1иго минут заман кьола, хадуб хал гьабула. (Незнайка)

Учитель: Бищун г1емер хъван руго гьаб командаялъ, гьезие киназего кьола ц1ваби.

Нужеда лъик1 лъана, лъимал, нужедаса мисалги босун, жакъа къоялдаса нахъе Лъавукъицаги лъазе гьабила. Нужее маг1арул мац1ги бокьулеб буго, ккараб бак1алда кумекги гьабулеб буго, бицанк1абиги лъалел ратилаха нужеда.

Щиб кколеб бицанк1о?

  1. Учителас лъималазе бицанк1о ч1вала.

Учитель: К1иго эбел, анц1го т1инч1. Щиб гьеб кколеб?

(щуго килищ – цох1о квер

Босе гьудул, босу гьаб

Щуго килищ - цох1о зар

Босе тушман, босе гьаб)

Ц1алдохъан: Квералги анц1абго килищги.

Учитель: Бит1ун буго!

Цо т1охалда гъоркь ункъго вац? (стол)

Цо чиясул щуго вас, щуясдаго хъах1аб т1агъур. (квер ва килщал)

(рац1ц1алъиялъул х1акъалъулъ гара-ч1вари).

  1. Дарсил х1асил гьабила:

Дарсги ахиралде щолеб буго, рач1аха нилъеца рак1алде щвезабила гьаб дарсида сундул х1акъалъулъ нилъеца бицараб? Щиб нужеда лъараб?

- Кинал суалазе гьеб жаваблъун бач1унеб?

- Бищунго дарсидаса щиб нужее бокьараб?

  1. Рокъобе х1алт1и: ц1иял раг1аби лъазаризе. Гьит1инабго сочинение «Дир хъизан».

  2. Лъималазе къиматал лъела.



Урок литературного чтения

на аварском языке

по теме:

«Каламалъул бут1а – рик1к1ен»

6 класс

























Подготовила:

учитель родного языка

Садуева

Аминат Наибсултановна

МКОУ " СОШ№8"



5


-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
Каламалъул бут1а – рик1к1ен. (118.57 KB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт