Сунда абулеб предметияб ц1ар?
А) предметалъул г1аламат бихьизабулеб каламалъул бут1аялда
Б)жинца предмет бихьизабулеб каламалъул бут1аялда
В) предметалъул къадар бихьизабулеб каламалъул бут1аялда
Предметияб ц1аралъе кинал суалал лъолел?
А) чан? чанабилеб?
Б) щиб? (-в?, -й?, -ал?)
В) кинаб? (-в?, -й?, - ал?)
Предметиял ц1арал рате .
А) яц, палугьан, мадугьал, г1орц1ен
Б) х1урматияб, недегьаб, т1адег1анаб
В) бакана, вач1унев вуго, х1алт1изе гьабуна
Предметияб ц1арул чан жинс бугеб?
А) 2
Б) 4
В) 3
Предметияб ц1арул ч1ужуялъул жинсалъул раг1аби рихьизаре.
А) к1одо, Шамай, яцг1ал, х1алт1ухъан
Б) имг1ал, вехь, Х1амид, вац
В) бет1ер, кету, г1арац, г1ундул
Предметияб ц1арул чиясул жинсалъул раг1аби рихьизаре.
А) рагъухъан, к1удада, къарум, вац
Б) Ажай, ункъг1ал, Месей, гьалмагъ
В) хъарахъ, къадако, нису, сабаб
Предметияб ц1арул гьоркьохъеб жинсалъул раг1аби рихьизаре.
А) Пат1имат, цинг1ал, ессарухъан, аварай
Б) муг1алим, х1алт1ухъан, эмен, Расул
В) кумек, руз, загьру, паст1ан, балъголъи
Печалъе хасиятал раг1аби рате. Печ кинаб?
А) х1алихьатаб, ц1орораб, сог1аб
Б) ц1ек1аб, бакъвараб, бортараб
В) аваданаб, хехаб, х1еренаб
Гьал раг1абаз щиб бихьизабулеб бугебали балагьун рикьун хъвай.
Г1едерай, рагъ, муг1алим, бакъ, даг1ба-раг1и, аваданав, ц1орораб, гъеду, ч1ирхъи-хъуй.
А) предмет
Б) лъугьа-бахъин
В) предметалъул г1аламат
Т1анк1азул бак1алда актив падежалъул предметиял ц1аралги лъун предложение хъвай.
… къо х1ехьола, … мугъ рехула.
А) х1алихьатас; Б) бах1арчияс; В) лебалас;
Авар мац1алда г1адатаб падеж чан бугеб?
А) 16
Б) 4
В) 2
Актив падежалда ругел раг1аби рихьизаре.
А) хъалаялъ, къоркъоца, Х1ажияс
Б) Х1амидил, инсул, т1анхил
В) Мусае, оцое, кьералъе
Актив падежалъул кинал ахирал рук1унел?
А) ахир бук1унаро
Б) –асе(-ясе); -алъе (-ялъе); е;
В) –ас(-яс); -алъ(-ялъ); ца
Актив падежалъе кинал суалал лъолел?
А) лъие? сундуе?
Б) лъица? сунца?
В) лъида? сунда?
Хаслъул падежалда ругел предметиял ц1арал кинал суалазе жаваблъун рач1унел?
А) лъица? сунца?
Б) щиб? щив? щий? щал?
В) лъил? сундул?
Хаслъул падежалда ругел предметиял ц1арал рихьизаре?
А) рак1алъул, Г1исал, катил, кьег1ералъул
Б) х1анч1ие, эбелалъе, к1вет1алъе
В) Ват1ан, улка, кеп, даци
Т1анк1азул бак1алда хаслъул падежалъул предметиял ц1арал хъвай?
… х1ат1ал г1едерал;
… кверал г1едерал;
А) х1алт1ухъанасул;
Б) кьурдухъанасул;
В) к1ух1аласул;
Кьовул падежалда ругел предметиял ц1аразе кинал суалал лъолел?
А) лъие? сундуе?
Б) лъида? сунда?
В) лъица? сунца?
Кьовул падежалда ругел предметиял ц1арал рате.
А) к1одоца, ц1улалъ, г1ияхъанас
Б) авал, ригь, гьой, ракь, кьуру
В) гъвет1алъе,ракьалъе, Ват1аналъе, Мусае
Т1анк1азул бак1алда хаслъул падежалда предметиял ц1аралги лъун хъвай гьаб предложение.
… бусенги – Ват1ан, … х1орги-Ват1ан.
А) къоркъое;
Б) х1анч1ие;
В) боц1уе;
Бит1ун кьовул падежалда лъурал раг1аби рихьизаре.
А) бералде, счедалде, инсуде
Б) бералъе, т1ут1алъе, ц1улае
В) эбелалде, къадкизе
Гьал предметиял ц1арал кинал суалазе жаваблъун рач1унел? Катида, гъот1ода, царада
А) сунда? лъида?
Б) сундуе? лъие?
В) сунде? лъиде?
Прилагательноялъ щиб бихьизабулеб?
А) предметалъ гьабулеб иш
Б) предмет
В) предметалъул г1аламатал
Прилагательноял кинал суалазе жаваблъун рач1унел?
А) щиб гьабураб? щиб лъугьараб? щиб х1алалда бугеб?
Б) кинаб? кинав? кинай? кинал?
В) щиб? щий? щив? щал?
Прилагательноялъул чан жинс бугеб?
А) 2
Б) 3
В) 4
Къо абураб раг1уе сипат-сурат гьабулел раг1аби рате.
А) гьуинаб, борхатаб, берцинаб
Б) къокъаб, пашманаб,жакъасеб
В) т1улакьераб, лъедераб, баг1арсияб
Гьадинал сипат-суратал г1аламатал кинал предметиял ц1аразул рук1ине бегьулел? Гьел рикьун хъвай.
Чорокаб, гьуинаб, берцинаб, хинаб, кьог1аб, бац1ц1адаб
А) рет1ел
Б) гьумер
В) пихъ
Гьал предметиял ц1арал жиндие сипат-сурат гьабулел раг1абазда хадур хъвай.
Т1адагьаб, баг1араб, пасих1аб
А) т1агъур
Б) т1егь
В) калам
Прилагательное кида падежалде сверулеб?
А) цадахъ предметияб ц1ар бугони;
Б) цадахъ предметияб ц1ар гьеч1они;
В) прилагательное падежазде сверуларо
Прилагательноязул цолъул г1емерлъул форма бук1унищ?
А) бук1уна
Б) бук1унаро
В) лъаларо
Мух1амадие сипат-сурат гьабулел раг1аби рате.
А) бец1аб, ризаб, лъамияб, ц1ек1аб
Б) гьайбатав, къарумав, ах1макъав, г1антав
В) роц1араб, г1аздалаб, т1ок1к1араб, хинаб
Г1ор абураб раг1уе сипат-сурат гьабулел раг1аби рате.
А) бечедаб,мискинаб, г1аммаб
Б) гьалагаб, хехаб, кутакаб, ццидалаб
В) ч1ух1арай, гьайбатай, йорхатай
Ц1арубак1ал рихьизаре.
А) Мух1амад, гьайбатав, росу
Б) гьай, г1адинай, гьедиг1ан
Б) къоло щуго, анц1го, микьабилеб
Гьумералъул ц1арубак1ал рихьизаре.
А) жив? жий? жалго?
Б) дов, гъов, лъов, гьагъав
В) дун, ниж, мун,гьев, гьеб
Ц1арубак1ал чан бат1ияб гьумералъул рук1унел?
А) 3
Б) 2
В) 1
Ц1арубак1 сундул бак1алда х1алт1изабун бугеб?
Муса росулъе вуссана. Гьев т1оцеве эбел-инсухъе анна.
А) предметияб ц1аралъул
Б) прилагательноялъул
В) рик1к1еналъул
Т1оцебесеб гьумералъул ц1арубак1аз щал рихьизарулел?
А) жал к1алъалел
Б) жидедехун к1алъалел
В) жидер х1акъалъулъ бицен гьабулел
К1иабилеб гьумералъул ц1арубак1аз щал рихьизарулел?
А жидер х1акъалъулъ бицен гьабулел
Б) ) жал к1алъалел
В) жидедехун к1алъалел
Лъабабилеб гьумералъул ц1арубак1аз щал рихьизарулел?
А) жидедехун к1алъалел
Б) жидер х1акъалъулъ бицен гьабулел
В) жал к1алъалел
Глаголалъ щиб бихьизабулеб?
А) предмет
Б) предметалъул г1аламат
В) предметалъ гьабулеб иш, гьеб бугеб ах1вал-х1ал
Глаголалъе кинал суалал лъолел?
А) щиб гьабураб? щиб лъугьараб? щиб х1алалда бугеб? Б) кинаб? кинав? кинай? кинал? В) щиб? щий? щив? щал?
Ц1арубак1 сундул бак1алда х1алт1изабун бугеб?
Инсуца дие к1удияб торг1о бач1ана. Гьединабго торг1о яцалъе бач1ана.
А) прилагательное
Б) предметияб ц1ар
В) ц1арубак1
Ц1арубак1 сундул бак1алда х1алт1изабун бугеб?
Дихъ анц1го гъурущ буго. Гьедиг1анго Мирзахъги буго.
А) предметияб ц1ар
Б) прилагательное
В) рик1к1ен (къадар)
Кинаб мухъилъ глаголал ругел?
А) гьобол, гьудул, гьалмагъ, мадугьал
Б) вач1ана, рещт1ана, вуссана, свакалев вуго
В) тирияб, гьет1-гьет1араб, беричаб, нечараб
Глаголалъул чан заман бугеб?
А) 3
Б) 2
В) 4
Гьал предметаз гьаризе бегьулел ишал рихьизаре, гьелги гьезул мухъилъ хъвай.
Кету, х1анч1и, Ах1мад
А) х1алт1ула, велъула, ц1алула
Б) ч1ирч1идула, роржула, унтула ва холла
В) мимидула, басандула, харула
Предмет щиб х1алалда бугебали бихьизабулел глаголал рихьизаре.
А) х1алт1изе гьабуна, нечезавуна
Б) кьолона, вагъана, семана
В) унтун вуго, квачалев вуго, ворч1ун вуго, пашманго вуго
Предметалъ гьабулеб иш бихьизабулел глаголал рате.
А) кьуна, рагьана, ана, вач1ана
Б) к1иабилеб, гьуинаб, борхатаб
В) Ват1ан, т1алъи, муг1рул, г1орал
Гьал глаголазе г1акса маг1на кьолел глаголал рате.
Т1ерхьана, ана, кьуна, г1орц1ана, бакъвана, бичана
А) бугьана, бакана, вач1ана, бергьана, вакъвана, биччана
Б) бецана, хехлъана, ц1ехана, билана, батана
В) ана, вач1ана, свердана, батана, билана, вокьана
Бач1унеб заманалъул глаголал рате.
А) к1ут1ила, нечела, т1аг1ина, х1унсила
Б) к1ут1ана, нечана, т1аг1ана, х1унсана
В) к1ут1ула, нечола, т1аг1уна, х1унсула
Гьанже заманалъул глаголал рате.
А) баккана, рек1ана, сок1к1ана
Б) баккила, рек1ина, сок1к1ина
В) баккулеб буго, рек1унеб буго, сок1к1унеб буго
Глаголиял ц1арал рихьизаре:
А) унти, вилълъин, божии, ц1орой
Б) унтана, вилълъана, божана, ц1орона
В) унтун вуго, ц1орон вуго
Щиб бихьизабулеб г1ахьалаб заманалъул глаголаз?
А) иш нилъеца бицен гьабулеб мехалъ лъугьунеб бук1ин
Б) цо хасаб заман гьеч1ого, иш бокьараб заманалда лъугьунеб бук1ин
В) иш бицен гьабулелде лъугьун бук1ин
Г1ахьалаб заманалъул глаголал рихьизаре.
А) бакъвана, сорола, барщула, уна
Б) хъвадарана, к1анц1ана, ах1дана
В) кьурдулев вуго, вач1унев гьеч1о, гьабулеб гьеч1о
Г1ахьалаб замананалъул глагол, кинал суалалъе жаваблъун бач1унеб?
А) щиб гьабун бугеб?
Б) щиб лъугьараб?
В) щиб гьабулеб?
Кинал глаголазда абулеб журарал глаголилан?
А) ишалъулъ такрарлъи бихьизабулел глаголазда
Б) к1иго раг1удаса г1уц1арал глаголазда
В) заманазде хисизе бегьулел глаголазда
Гьанже заманалда ругел глаголаз иш кида лъугьунеб бук1ин бихьизабулеб?
А) нилъ к1алъалелде цебе
Б) нилъ к1алъан хадуб
В) нилъ к1алъалеб мехалъ
Гьанже заманалъул глаголал кинал суалазе жаваблъун рач1унел?
А) щиб гьабизе бугеб? щиб гьабилеб?
Б) щиб гьабун бугеб? щиб гьабураб?
В) щиб гьабулеб бугеб? щиб гьабулел ругел?
Гьанже заманалъул глаголал рате.
А) реч1ч1улел руго, т1егьалел гьеч1о, бач1унеб буго
Б) ах1изе буго, рач1ине руго, бекьила
В) бекьун буго, ч1аран буго, бак1арун буго
Бач1унеб заманалъул глаголаз иш кида лъугьунеб бук1ин бихьизабулеб?
А) нилъ к1алъалелде цебе
Б) хасаб заман гьеч1о, иш бокьараб заманалда
В) бач1унеб заманалда
Бач1унеб заманалъул журарал глаголал кинал раг1абазул кумекалдалъун лъугьунел?
А) буго, гьеч1о
Б) бук1ана, бук1инч1о
В) лъаларо
Бач1унеб заманалъул глаголал кинаб суалалъе жаваблъун рач1унел?
А) щиб гьабун бугеб?
Б) щиб гьабизе бугеб?
В) щиб гьабулеб?
Бач1унеб заманалъул глаголал рате.
А) букъун буго, бацун буго, бан буго
Б) бала, босила, рет1ила, гьабила
В) г1ела, тела, разилъила, ц1алила
Жинсиял глаголал рате.
А) векерана, ч1езаюна, вуссана
Б) свуна, т1урана, сверана, анна
В) хьихьана, свакана, к1анц1ана
Жинсиял гурел глаголал рате.
А) бит1ана, вихьизавуна, яхана
Б) хьихьана, х1ехьана, х1алт1ана
В) бач1ана, басандана, бакана
Жинсазде хисулелги хисуларелги глаголал жондорго мухъилъ хъвай.
Беч1ана, сверана, свана, беццана, бегьана, т1урана
А) жинсиял:
Б) жинсиял гурел
Глаголалъул ахирал рит1ун хъварал раг1аби кинаб мухъилъ ругел?
А) бессине, бахинзе, буссинзе, какизе
Б) баккинзе, бахинзе, гьулчине
В) бесизе, боржине, бук1ине, харизе
Предложение сунда абулеб?
А) цо чанго раг1абазул дандраялда
Б) цо чанго раг1уда
В) цо т1убараб маг1на жиндаса бич1ч1улеб цо я цо чанго раг1иялда
Абиялде балагьун чан бат1иял рук1унел предложениял?
А) 4
Б) 3
В) 2
Херай к1одоца ниже г1ажаибал маргьаби рицуна. Абиялъул мурадалде балагьун гьаб предложение кинаб кколеб?
А) т1алабияб
Б) суалияб
В) хабарияб
Дур тарщида ц1ар щиб? Абиялъул мурадалде балагьун гьаб предложение кинаб кколеб?
А) суалияб
Б) т1алабияб
В) хабарияб
Воре, ц1але, ц1але, дир ц1одор, Ц1ияб Ват1ан т1егьазабе, берзул нур. Абиялъул мурадалде балагьун гьаб предложение кинаб кколеб?
А) суалияб
Б) т1алабияб
В) хабарияб
Ч1ахъаги нилъер гьудуллъи! Абиялъул мурадалде балагьун гьаб предложение кинаб кколеб?
А) суалияб
Б) т1алабияб
В) ах1ул
Суалияб предложениялъул ахиралда кинаб ишара лъолеб?
А) т1анк1
Б) суалияб ишара
В) ах1ул ишара
Нилъедаса щиб бугониги гьикъулеб, ц1ехолеб бугони, гьеб предложение кинаб кколеб?
А) т1алабияб
Б) суалияб
В) хабарияб
Нилъедаса щиб бук1аниги гьаби т1алаб гьабулеб бугони, гьеб предложение кинаб кколеб?
А) хабарияб
Б) суалияб
В) т1алабияб
Рек1елъ к1удияб асаргун, х1инкъигун, рохелгун абулеб бугони, предложение кинаб кколеб?
А) ах1ул
Б) суалияб
В) т1алабияб
Ах1ул предложениялъул ахиралда кинаб лъалхъул ишара лъолеб?
А) т1анк1
Б) суалияб
В) ах1ул
Цо сундулниги х1акъалъулъ бицунеб предложение кинаб кколеб?
А) ах1ул
Б) хабарияб
В) т1алабияб
Хабарияб предложениялъул ахиралда кинаб лъалхъул ишара лъолеб?
А) ах1ул ишара
Б) суалияб ишара
В) т1анк1
Подлежащеялъ щиб бихьизабулеб?
А) жинца иш гьабулеб яги жиндир х1акъалъулъ бицунеб предмет
Б) предметалъул г1аламат, сипат-сурат
В) предметалъ гьабулеб иш
Подлежащее кинаб падежалда бук1унареб?
А) актив падежалда
Б) аслияб падежалда
В) хаслъул падежалда
Г) кьовул падежалда
Подлежащеялъе кинал суалал лъоларел?
А) щиб? (-в? –й? –ал)
Б) лъица? сунца?
В) лъил? сундул?
Подлежащеялда гъоркь кинаб мухъ ц1алеб?
А) ___________
Б) ___________
В) _._._._._._.
Подлежащее бате.
Эбелалъ кини къач1ана.
А) эбелалъ
Б) кини
В) къач1ана
Сказуемое сунда абулеб?
А) жинца иш гьабулеб предмет бихьизабулеб раг1уда
Б) подлежащеялъ гьабураб иш бицунеб бет1ераб членалда
В) подлежащеялъ гьабулеб иш т1аде кколеб раг1уда
Сказуемоялъе кинал суалал лъолел?
А) щиб? лъица? лъие? лъида?
Б) кида? киб? щай? кин?
В) щиб гьабураб? щиб лъугьараб? щиб х1алалда бугеб?
Гьаб предложениялъулъ сказуемое бате.
Колхозалъул ахикь расандулел руго ц1алдохъаби.
А) колхозалъул
Б) расандулел руго
В) лъимал
Сказуемоялда гъоркь кинаб мухъ ц1алеб?
Сказуемое предложениялъул кинаб член кколеб?
А) бет1ераб гуреб
Б) бет1ераб
В) лъаларо
Бит1араб дополнениялъ щиб бихьизабулеб?
А) подлежащеялъ гьабулеб иш т1аде кола
Б) предметалъ гьабулеб иш бихьизабула
В) предметалъул сипат-сурат
Бит1араб дополнениялъе кинал суалал лъолел?
А) лъица? сунца?
Б) лъил? сундул?
В) щиб? щив? щий? щал?
Бит1араб дополнение предложениялъул кинаб член кколеб?
А) бет1ераб
Б) бет1ераб гуреб
В) лъаларо
Бит1араб дополнениялда гъоркь кинаб мухъ ц1алеб?
А) ___________
Б) ___________
В )
Гьаб предложениялъулъ бит1араб дополнение бате.
Ц1алдохъабаз ахикь пихъил гъут1би ч1ана.
А) ц1алдохъабаз
Б) ч1ана
В) гъут1би
Раг1абазул дандрай сунда абулеб?
А) цо чанго раг1уда
Б) маг1наялъул рахъалъ цоцалъ бухьараб к1иго я ц1ик1к1ун раг1абазда
В) лъаларо
Раг1абазул дандрай бате.
А) Их щвана.
Б) Щвараб их.
В) Дунял хинлъана.
Тайпа цоял членал кинал членазда абулеб?
А) цого суалалъе жаваблъун рач1унел ва цого раг1удаги рухьарал членазда
Б) маг1наялъул рахъалъ бухьараб к1иго яги ц1ик1к1ун раг1иялда
В) цо чанго раг1абазул дандраялда
Гьаб предложениялъулъ тайпа цоял членаллъун предложениялъул кинал членал ккун ругел?
Г1акаги, бечеги, чахъуги бокьоса къват1ире риччана.
А) тайпа цоял сказуемоял
Б) тайпа цоял подлежащеял
В) тайпа цоял бит1арал дополнениял
Гьаб предложениялъулъ тайпа цоял членаллъун предложениялъул кинал членал ккун ругел?
Ниж ц1алдана, хъвадарана, расандана
А) тайпа цоял сказуемоял
Б) тайпа цоял подлежащеял
В) тайпа цоял бит1арал дополнениял
Тайпа цоял членазда гьоркьоб союз гьеч1они щиб лъолеб?
А) запятая
Б) тире
В) т1анк1гун запятая
Тайпа цоял членазда гьоркьоб кинал союзал такрарлъулел ругони кидаго запятая лъолеб?
А) –ги, ва
Б) жеги
В) я, ялъуни, амма
К1иго тайпа цояб член -ги союзалъ цолъизабун бугони , гьезда гьоркьоб запятая
А) лъола
Б) лъоларо
В) лъаларо
К1игоялдаса ц1ик1к1ун тайпа цояб член –ги союзалъ цолъизабун бугони, гьезда гьоркьоб запятая
А) лъоларо
Б) лъола
В) лъаларо
Гьаб предложениялъулъ запятая лъолищ?
Дунги мунги вассал кола.
А) лъола
Б) лъоларо
В) лъаларо
Я мун я дун я Муса жакъа инсуда хадур маг1арде ине кола. Гьаб предложениялъулъ запятая лъезе
А) кола
Б) кколаро
В) лъаларо
Манапица зурма пула амма Г1алида гьеб иш лъаларо.Гьаб предложениялъулъ аммаялда цебе запятая
А) лъоларо
Б) лъаларо
В) лъола
Гьаб предложениялъулъ маг1наялъул рахъалъ бит1ун ккколеб союз лъе!
Гьеб къо кьерхараб, … хинаб бук1ана.
А) амма
Б) ва, -ги
В) я, ялъуни
Дудаги гьесдаги г1айиб гьеч1о. гьаб предложениялъулъ запятая лъолищ?
А) лъола
Б) лъоларо
В) лъаларо
Гьаб предложение союзалги лъун хъвай.
Катие гьан, т1орахь, карщ бокьула.
А) ва
Б) –ги
В) амма