Меню
Разработки
Разработки  /  Родной язык и литература  /  Уроки  /  6 класс  /  Каламалъул бутIаби такрар гьари. Предметияб цIар ва Прилагательное.

Каламалъул бутIаби такрар гьари. Предметияб цIар ва Прилагательное.

Дарсил мурад ва масъалаби: -каламалъул бутIабазул лъималазда лъараб щула гьаби; -калам цебетIезаби; -лъимал ургъизе,бетIер хIалтIизабизе тIами; -авар мацIалде рокьи бижизаби; -рацIцIалъиялде,берцинхъваялде ва мухIканлъиялде куцай; -цоцалъ рекъон хIалтIизе куцай;гьудуллъи щула гьаби. -лъималазул творчество цебетIей.
14.03.2021

Содержимое разработки

ДАРС-КВН

Дарсил тема: Каламалъул бутIаби такрар гьари. Предметияб цIар ва Прилагательное.

«Авар каламалъул камилаб рагIи».{cлайд1}

Дарсил мурад ва масъалаби:

-каламалъул бутIабазул лъималазда лъараб щула гьаби;

-калам цебетIезаби;

-лъимал ургъизе,бетIер хIалтIизабизе тIами;

-авар мацIалде рокьи бижизаби;

-рацIцIалъиялде,берцинхъваялде ва мухIканлъиялде куцай;

-цоцалъ рекъон хIалтIизе куцай;гьудуллъи щула гьаби.

-лъималазул творчество цебетIей.

Дарсил алатал:тIадкъаязул карточкаби,эмблемаби,жетонал,бергьаразе шапакъатал,магнитофон,диск,СЛАЙДАЛ.

Дарсил ин:

ЦеберагIи.Лъимал,рахьдал мацIалда битIун цIализе,хъвазе ва бицине лъай нужер гIемерисезе бигьаяб иш гуреблъи лъала дида.Амма дир хьул буго нуж захIмалъабакьа хIинкъуларел,лъай босизе мурадги бажариги бугел лъимал рукIиналде.Жакъасеб КВН-дарсида дица нуж рачине руго «МагIарул мацI»-илан абураб гIажаибаб улкаялде.Авар мацI-хIикматал гIемераб мацI буго, гьедин бугеблъи нилъеда жакъасеб дарсидаги бичIчIила.Нилъеца ракIалде щвезабила Предметияб цIар ва Прилагательное.

Киназго рекIехъе:{слайд2}

МагIарул мацI бокьулел ,чIалгIен лъаларел лъимал

Къецазде гъираялда жакъа данделъун руго.

Кинацаго нижеца цадахъ ахIулеб буго

Щаклъи гьечIого гьаниб гьудуллъи бергьинилан!

1-еб къокъа Предметияб цIар

2-еб къокъа Прилагательное.

ТIоцебесеб къец. Къецалда цIар буго 1. «Щибали лъай?»Нужеда лъазе ккола дандияб къокъаялда цIар (1 балл)

1-еб къокъа :Нижер къокъаялда бугеб цIаралъ бихьизабула предмет ва щив?щий?щиб? абурал суалазе жаваблъунги бачIуна.Предложениялда жаниб подлежащеелъунги букIуна(Предметияб цIар)

2-еб къокъа:Нижер къокъаялда бугеб цIаралъ бихьизабула предметалъул гIаламат ва кинав?кинай?кинаб? абурал суалазе жаваблъунги бачIуна.Предложениялда жаниб определениелъун букIуна.(Прилагательное).

Щибаб къокъаялъе карточкаби рикьила.Предметияб цIаралъул жинс бихьизабе{слайд3}

КIиабилеб къец 2.«Жинс бихьизабе!»

1-еб къокъа : эбел,яс,Расул,чу,лъим,ролъ

2-еб къокъа: эмен,вас,Парихан,кету,рас,чед

МугIалим: Хадусеб къецалда цIар буго

2.«ГIаммал цIарал хъвай!»

-Бищун гIемер гIаммал цIарал хъван кьурал бергьине руго гьаб къецалда.Нужее кьолеб буго кIиго минут.Жиб-жиб рагIухъ-цо балл.(цо жетон)

МугIалим:Хадусеб къецалда цIар буго 4. «РагIи лъай!».

Лъималазухъе суратазул ребусал кьела прилагательноялдасан ва предметияб цIаралдасан гIуцIараб рагIабазул дандрай лъазе ккола гьезда цIализе гьеб ребусалда.


5-еб къец «РагIикъотI»

Нужеца хъвазе ккола магIарул захIматал хIарпаздасан байбихьулел рагIаби гьаб рагIикъотI цIезе

Кь

о

Кь

и

н

Кь

а

в

у


Кь

е

гI

е

р


кь

е

н

с

е

р

1) 2)

къ

о

къ

е

д

къ

а

л

и

къ

а

н

цI

а

къ

а

л

м

а

л

Расул ХIамзатов,Фазу ГIалиева,Залму Батирова,ЦIадаса ХIамзат-гьел цIарал лъил кколел ,лъимал?Щиб гьунаралдалъун гьел халкъалда лъалел?БитIун буго,гьел руго магIарулазул хъвадарухъаби.Нилъедаги лъала гьезул кучIдул.Нужеца хIалбихьанищ жеги кучIдул хъвазе?РачIаха,жакъа хIалбихьизин ,къалмил гьунар бугелги ратизе бегьулагури нужеда гьоркьор.

Къец 6.«ГIисинал шагIирал» .

Хасалил хIакъалъулъ ункъо мухъил кечI ургъизе ккола лъималаз.Цинги гьеб цIализе рахъина щибаб къокъаялъул вакилзаби цере.

МугIалим:Хадусеб къецалда цIар буго

Къец 7. «РагIабазул борохь».ТIоцебе цояс хъвала рагIи ,гьелъул ахирисеб хIарпалдасан хадусес хъвала,гьедин киназго хъвала ,цоцахъе кьолаго.1 минуталда жаниб бищун борохь лъил халатаб бугониги,гьезие 2 балл щола.

Физминутка.

Къец 8. «ХIарп хисе!» , «Прилагательное лъугьинабе!»

1къокъа: цо хIарп хисун,рагIул магIна хисизабе,масала:рукъ-рукь

рахъ-рахь магь-магI

рач-рачI гуч-гIучI

рак-ракI мал-малъ

мачу-мачIу хур-хIур

мах-махI

2къокъа: ав,ай,аб,ал жубан ,прилагательноял лъугьинаре, масала:

цIодор-цIодорав:

къимат+……………………………………………………………………………………….………..

гьайбат +………………………………………………………………………………………………..

берцин+……………………………………………………………………………………………………

чIегIер+…………………………………………………………………………………………………….

хIерен+…………………………………………………………………………………………………

кутак+………………………………………………………………………………………………………

МугIалим:Гьанже ирга щвана къокъадул церехъабаз жал гьеб кIвар бугеб цIаралъе мустахIикъал ругеллъи бихьизабизе

Къец 9. *Капитаназул конкурс

Доскаялда цебекунго хъван букIина кIиго предложение.Капитаназ жинди-жиндир предложениязулъ подлежащее,сказуемое,определение ва битIараб дополнение батила ва гъоркь данде кколел хIуччал цIала.

АхIмадица цIахIилаб хIама хIортIе бачана

ХIалимай эбел диде гьанжесаги семичIо.

Цинги словарияб хIалтIи гьабила.

Къец 10. «Лъалищ нужеда?»

БицанкIо чIвай ва кинаб каламалъул бутIаяли бице:

1.Гъваридаб гвандиниб гIакъилаб бетIер(ракI)

2.Билълъун свакалареб,щваралъуб лъалхъулареб (сагIат)

3.Берал гьечIеб,бихьизе кумек гьабулеб жо ( цIороберал)

4.АхIдолареб,хIанчIолареб-жаниве чи виччалареб(рахай)

5.Авлахъалда ретIараб хъахIаб буртина(гIазу)

6.Сордо гьалъул къо буго;къо гьалъул сордо буго;

Беццабилан жиб толеб,сардил чанахъан буго.(руз)

МугIалим:Гьаб къецалда цIар буго

Къец 11. «Ахирисев щивха?»

Цо рагIиялъул рагIаби лъугьинаризе 1 минуталда жаниб (цо рагIухъ-2 балл)

(лахI,сали,сахI,салат,салахI,СалихI,ХIали,талихI,сихI,хIал…)

С а л и хI а т

МугIалим.12.Гьаб хадусеб къецалда нужеда лъазе ккола магIнаялъул рахъалъ гIагарал прилагательноял:

гьайбатай яс- чорокаб гурде-

керчаб рас- сурукъаб гьумер-

къарумав чи гьарзаяб бачIин-

Гьанже рице магIнаялъул рахъалъ гIаксалда кколел прилагательноял:

Халатаб рачел- кьарияв чи-

хъахIаб буртина- къокъаб гурде-

берцинай яс- квачараб сордо-

МугIалим:Гьанже,лъимал,нилъеца хъвазе буго гьитIинабго диктант.Жив-живас кIи-кIи рагIиги хъван,хадусезухъе кьела хIалтIи.Щибаб гъалатIалъухъ 1 балл тIаса бахъила.

Къец 13. Диктант.

Дие цIакъ рокьула магIарул мацIалъул дарсал.Гьел дарсазда нижеда бичIчIула авар мацIалъул берцинлъи.Рахьдал мацIалъул дарсаз нижеда малъула яхI-намус цIунун хьвадизе,кIудиязул адаб гьабизе,ВатIаналде рокьи цIикIкIине.

Диктант хъван бахъарабго,экраналда рагьила диктанталъул текст.Лъимал тIамила жидерго гъалатIал ратизе.БагIараб къалмица ратарал гъалатIал ритIизарила жидецаго.

(ХIалтIаби ракIарила)

Нилъер КВН-дарс рагIалде бакIарана.ДиванчагIаз балал рикIкIунел руго.Гьел балал цоязул цIикIкIина,цойгидал дагьал нахъа ккела.Амма аслияб мурад бергьенлъи гуро.Нилъер аслияб мурад буго, лъимал, нилъер умумуз гIасрабаз бицараб, нилъехъеги ирсалъе щвараб магIарул мацIалъул берцинлъиги бечелъиги нужеда бихьи ва бичIчIи.Гьелдехун нужер рокьи цIикIкIин.Гьеб лъазабизе нужер гъира цIикIкIин.Гьеб мурадалде нилъ жакъасеб дарсида щвеялда дир щаклъи гьечIо.

Баллал рикIкIина.Дарсил хIасил гьабила.Грамотаби ва сайгъатал кьела киназего.Берцинаб магIарул бакъаналдалъун лъугIила дарс.

-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
Каламалъул бутIаби такрар гьари. Предметияб цIар ва Прилагательное. (30.38 KB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт