У рок литературного чтения
на аварском языке
по теме:
«Мух1амад Ах1мадов
«Дие бокьун буго».
9 класс
Подготовила:
учитель родного языка
Гасанова Зульфия Касумовна
МКОУ "Советская СОШ"
Бабаюртовский район с.Советское
Авар адабият. 9 класс.
Тема: Мух1амад Ах1мадов «Дие бокьун буго».
Дарсил мурад: Дагъистаналъул поэт Мух1амад Ах1мадовасул творчествогун лъай-хъвай гьаби; Ц1алдохъабазул калам цебет1езаби, чвахунц1али мух1кан гьаби, коч1олаб каламалде рокьи ц1ик1инаби; коч1ол ма1алъул пасих1лъи берцинлъи бати. Сипатиял раг1абазул маг1на рагьизе малъун, лъималазул г1акълу бег1ери;
Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун ц1алдохъабазул логикияб пикру цебет1езаби;
Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун инсанасул бищун к1удияб талих1 эбел йик1ин бич1ч1изаби, гьелъул адаб - х1урмат гьабиялде лъимал куцай.
Алатал: интерактивияб доска, поэтасул сурат ва т1ахьал, авар театралъул пьесабазул диск.
Дарсил ин.
Класс х1адур гьабила дарсиде.
Жакъасеб нилъер дарсил тема ккола Мух1амад Ах1мадовасул «Дие бокьун буго» абураб кеч1. Хъвай тетрадазда къо-моц1, тема ва дарсил эпиграф:
Эбелалъул рак1 гурх1и
Ц1аялъги бух1уларо.
Эбелалъул рак1 бух1и
Лъадалъги т1ерхьунаро. (кици)
Поэтасул биографиягун лъай-хъвай гьабила: Аваразул шаг1ир Мух1амад Ах1мадов гьавуна 1955 соналъ Гъуниб районалъул Гьонода росулъ. Лъуг1изабуна Москваялъул М.Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт. Х1алт1ана Дагъистаналъул т1ахьазул издательствоялда, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул правлениялъул г1уц1иялъулав секретарьлъун.
Мух1амад Ах1мадов 1977 соналдаса нахъе ккола СССРалъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъун. Гьабсаг1ат х1алт1улев вуго Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул председательлъун. Щибаб хамизкъоялъ Р.Х1амзатовасул ц1аралда бугеб библиотекаялда Мух1амад Ах1мадовасул нухмалъиялда гъорлъ т1обит1ула хъвадарухъабазул творческияб данделъи яги ц1ияб т1ехь къват1ибе биччаялъул данделъи. Гьениб г1ахьаллъи гьабула нижер гимназиялъул ц1алдохъабазги ва рес бук1уна бокьараб суал гьесие кьезе ва гьесул куч1дузухъ г1енеккизе.
Мух1амад Ах1мадовасул эбелалъул х1акъалъулъ хъварал куч1дузул цояб нилъеца ц1алила т1ехьалдасан.
Словарияб х1алт1и. Гьел куч1дузулъ нилъеда ратула цо-цо рич1ч1уларел раг1аби: парахалъи - спокойствие, росдал сверабазде – перекрёстки села, гьурмалъги пархун – мелькнуло на лице.
Учителас кеч1 ц1алила.
Кеч1 лъималаз ц1алила, ахирисеб куплет киназго цадахъ ц1алила.
К1еч1алда т1ад х1алт1и: Нилъеца коч1олъ аллитерация батила, коч1ол роцен бихьизабизе вахъинавила цо ц1алдохъан. (1 куплет)
куплеталда метафора батила:
сипатиял раг1аби – эпитетал: къирараб нуц1а, херлъи лъалеб гьими, росдал свераби
Кеч1алъул идея ва тема батила:
- Кинаб темаялда хъван бугеб гьаб кеч1?
- Идея кинаб кколеб? Жиндирго коч1олъ авторасе щиб загьир гьабизе бокьун бугеб?
- Бит1ун буго, лъимал, эбелалдаса рик1к1ад хут1араб мехалъ гьелде бугеб ч1алг1ен, рокьи, г1ищкъу загьир гьабулеб буго.
- Щай авторас рук1к1унеб заман т1аса бищараб?
(Росдал къват1алги ч1ороголъараб г1адамаз пикрабазеги анищазеги квал квал гьабулареб заман)
- Щай т1урк1изаюлей? Пашманлъиялъищ яги рохалицайищ?
- «Пакъиралъ рохалилъ дир ц1ар шурила» абун хъвалеб буго. Щай шурулеб?
Расул Х1амзатовасул «Маг1арулал» абураб коч1охъего унго-унгояй маг1арулалъ г1адин эбелалъги жиндирго рохелги х1асратги, сабур гьабун, бахчулеб буго. Гьеб куплет рак1алда бугищ?
- Коч1ол ахиралда авторасул кинаб анищ, мурад бугеб? Ц1алея гьел мухъал.
Учитель: Эбел – васалги гьарурай, ясалги гьарурай, гьезие куч1дулги, бакъналги гьарурай; кинабго т1егьалебгин беч1алелъулги, бач1унебгин унелъулги, г1умруялъулги хвалилги хвел жиндие гьеч1ей; гьереси гьеч1ей нуг1. Эбелги эбелалъ кодоб ккураб лъимерги – гьале иях1, гьале бит1араб, гьале намус, гьале берцинлъи. «Дуе эбелалъ кинидахъ кеч1гойищ ах1ич1еб?» - абун буго Х1ажимурадица цо рагъда х1инкъарав чиясда. Эбелалде бугеб рокьи нилъеда бихьула халкъиял кицабазулъги биценазулъги. Нужедаги лъалел ратила эбелалъул х1акъалъулъ кицаби?
Кицабазда т1асан творческияб х1алт1и.
Дицаги росана, лъимал, эбелалъул х1акъалъулъ кицаби. Гьанир гьел кицабазул ахирал жура – гъуран кьун руго. Нужее т1адкъай буго гьел кицабазе бит1араб ахир балагьазе.
Эбел - эмен разияб лъимер – лъуг1и гьеч1еб хазина.
Эбел - инсуе гьабураб хъулухъ – дуего нухде бан тараб т1ех.
Эбел - инсуе кьураб г1акъуба – дурго нухде бан тараб заз.
Гьал кицабазда гьоркьоб биччараб раг1и бате:
Эбел-эмен хер гьарулелги .….. , бах1ар гьарулелги ………….
Эбел – инсул ….. лъималазда, лъималазул ….. гьаваялда.
Эбел – инсул ……. тарав халкъалъе басралъула.
Гьел гурелги кицаби г1емерал руго, лъимал. Щибаб кициялъги нилъее г1акълу, малъа - хъвай кьола. Мисалалъе босилин цойги кици: Лъималаз эбел – инсуе щиб гьабун батаниги, гьезул лъималаз гьезиеги гьабулеб гьебго жо. Гьаб кици нужеда кин бич1ч1улеб, лъимал?
Учитель: Нилъеца ц1алараб Мух1амад Ах1мадовасул кеч1алда ц1ар буго «Дие бокьун буго». Гьедин байбихьулебги буго гьеб. Гьениб гьес жиндирго рокъове вуссине бугеб анищ загьир гьабулеб буго.
Дарсил х1асил.
- Г1енекке, лъимал, живго авторасул ц1алиялъухъги.
- Нилъеца ц1аларал куч1дузулъ, халкъиял кицабазулъ ва биценазулъ кинайлъун йихьизаюлей йигей эбел?
- Гьеб кеч1алдаса нужее бищунго рокьарал мухъал ц1але.
- Гьаб дарсил кинаб бут1аялъ нужее бищун к1удияб асар гьабураб?
Рокъобе х1алт1и: кеч1 рек1ехъе лъазе.