Меню
Разработки
Разработки  /  Родной язык и литература  /  Уроки  /  9 класс  /  Открытый урок по родной литературе на тему: "Эльдарилав из Ругуджа" 9 класс

Открытый урок по родной литературе на тему: "Эльдарилав из Ругуджа" 9 класс

Дарсил мурад: Элдариласул г1умруялъул ва адабияб х1аракатчилъиялъул х1акъалъулъ баянал кьезе. «Росу берцин» – асар ц1ализе. Дарсил масъалаби: Калам цебет1езаби, коч1ол сипатияб маг1наябгун анализ гьаби, пасих1го ц1али камил гьаби. Дарсил алатал: авар адабияталъул учебник, Элдариласул сурат.
04.02.2021

Содержимое разработки

Тема: Ругъжаса Элдарилав

(1847 - 1882)

Дарсил мурад: Элдариласул г1умруялъул ва адабияб х1аракатчилъиялъул х1акъалъулъ баянал кьезе. «Росу берцин» – асар ц1ализе.

Дарсил масъалаби: Калам цебет1езаби, коч1ол сипатияб маг1наябгун анализ гьаби, пасих1го ц1али камил гьаби.

Дарсил алатал: авар адабияталъул учебник, Элдариласул сурат.


Дарсил ин:

  1. Дарсиде х1адуриялъул лах1зат.

  2. Литературияб разминка.

  3. Рокъобе кьураб х1алт1иялъул халгьаби. «Имам Гъазимух1амад

ч1ваялде» - анализ.

  1. Ц1ияб тема бицин:

А) Аудирование.

Б) Рич1ч1уларел раг1абазе баян

В) Асар ц1али.

г) Асаралъул анализ гьаби.

5. Дарсил х1асил гьаби.

6. Рокъобе т1адкъай. Элдариласул г1умруялъул ва адабияб х1аракатчилъиялъул х1акъалъулъ баянал кьезе. «Росу берцин» – асаралъул цо бут1а рек1ехъе ц1ализе.


4. Гьунар бугев шаг1ир Ругъжаса Элдарилас рагьана анц1ила ич1абилеб г1асруялъул к1иабилеб бащалъиялъул аваразул лирикияб поэзиялъул гьайбатли т1ехьалъул т1оцебесеб гьумер. Гьев гьавуна 1847 абилеб соналъ Ругъжаб росулъ мискинав вукьарухъанасул хъизамалда. Гьесул бит1араб ц1ар ккола Мух1амад, амма халкъалда гьоркьов гьев загьирлъана Элдарилав х1исабалда. К1удияб бук1ана гьесул хъизан: к1иго яцги, лъабго вацги. Элдарилав вук1ана вацазда гьоркьов бищун к1удияв. Гьесул к1ияйго яц йик1ана росулъго машгьурал коч1охъаби. Элдариласул лъимерлъиялъулал сонал ана, киналго гьесул кьерилазулго г1адин, мажгиталда мутаг1иллъиялда, амма дибирлъун х1алт1изе гьесие бокьич1о.

Куч1дул ах1изе ва гьел гьаризе махщелги бук1ун, гьев загьирлъана халкъалда гьоркьов шаг1ир х1исабалда. Гье­сул коч1охъанасулаб пагьму ва гьунар загьирлъана мутаг1иллъун гьев бат1и-бат1иял росабалъ ц1алулеб заманалда. Цинги гьев машгьурлъана, жинцаго гьарун, куч1дул ах1улев чилъун.

Бертабалъ, гваязда ва цогидалги рохалил данделъабазда х1урматияб гьоболлъун вук1ана коч1охъан. Элда­риласул т1оцересел куч1дузулъ загьирлъана эркенлъи бокьиялъул бакънал.

Мутаг1иллъиялдаса хадув Элдарилав х1алт1ана Сугъ-
ралъ наиб Хуршил Мух1амадил секретарьлъун. Гьеб хъу-
лухъалда вук1аго, гьесие рес щвана г1умру жеги гъва-
ридго лъазе, куч1дул гьаризе ва хъвазе.

Жиндир творчествоялъулаб х1аракатчилъи т1егьалеб мехалъ, г1умруялдаса ват1алъана Элдарилав.

Гьеб хвалде вачана шаг1ир реакциялъул ч1ег1ераб къуваталъ.

Лебалав маг1арулас бахчуларо жиндирго к1удияб рокьи, таваккалалда ах1ула рокьул куч1дул, къват1ир ч1вазарула гьелъие квалквал гьабулелщинал.

Мук1урлъуларев поэтасе тамих1 гьабизе ургъула наиб. Наибасул ясалъухъ рокьи ккарав поэтасе, х1иллаялъ гьоболлъухъеги ах1ун, кьола загьру.

Х1алихьатазда х1ал лъазабич1ого, жинди рек1к1 гьабулеб бук1ин лъаниги, бах1арчиго загьрудал лълъарги гьекъон, 1882 абилеб соналъ Элдарилав хола.

Гьесул хвел зах1матаб камилъун лъугьана г1иц1го ругъеждерие гуребги, т1олго маг1арулазего. Гьеб загьир гьабула гьунар т1ок1ай коч1охъан Г1анхил Мариница:

Алжаналда жаниб чамастакул гъвет1,

Дур кьалбал ракъвараб къиямасеб къо.

Ралъадалъул бакьулъ меседил гама,

Мусрудулъ вукъараб ахир замана.

Щайзе арав, васав, чидар росулъе,

Чарал раг1абазде г1амалги гьабун?

Щайзе, ле, гьекъараб загьруялъул лълъар,

Гьев макручиясул мурадги гьабун?

Щорода бессараб сурмияб дарай,

Дур бицун г1одула г1аданир берал.

Г1андалазул бода ч1вараб баг1арбакъ,

Ч1ег1ерлъана гьанже гьаб Ругъжаб росу.

Жиндирго къокъаб г1умруялда жаниб Элдарилас нахъе тана к1удияб махщалида хъварал дагьалго асарал.

Нилъер къоязда Элдариласул ц1ар сверана асараз Аваристан ч1ух1изабураб поэзиялъул зодихъ гвангъарал ц1ваязул цоялде. Гьединлъидалин Дагъистаналдехун бугеб рокьиялъул бицунаго, гьелъул бищунго бах1арчиял васазул цоявлъун рехсолев вугев Расул Х1амзатовас Элдарилавги:

Рак1алдасан лъала хвел гьеч1ел куч1дул,

Холев Элдарилас ах1араб назму,

Ч1охъдерил ч1ух1бузул загьруги гьекъон,

Гьес бакъан т1амуна, т1амурги к1ут1ун.

Элдариласул творчествоялда жаниб аслияб бак1 ккола рокьул куч1дузул темаялъ. Абизе ккола аваразул лирикияб поэзия Элдариласул ц1аргун цадахъ бижун бач1анилан. Бец1ал г1адатаз ч1ужуг1адан к1век1улел соназ, гьек г1аданцинлъун рик1к1унареб заманаялъ, Элдарилас жиндирго коч1олъ ах1ана гьелъул гьайбатлъиялъул, г1акълуялъул, инсанлъиялъул х1акъалъулъ. Ратана гьей к1одо гьайизе мустах1икъал раг1аби. Васги ясги рокьул къецалдеги т1амун, гьелъул рек1ел бац1ц1алъи бихьизабуна. Г1адамал ах1ана ч1ужуг1аданалъул адаб гьабизе, г1уц1ана гьелъул гьайбатаб сурат:

Ц1олбол гарал г1адал гургинал берал,

Бах1рул къалмид хъварал ч1ег1ерал кьунсрул.

Кьералъул бац1ц1алъи, берзул чалухлъи,

Черхалъул ч1урканлъи, куцалъул рекъей.


Рокьул куч1дузулъ гьес къват1ир ч1вазарула гьелъие квалквал гьарулел г1адаталги законалги. Гьесул асаразул героял ккола т1адег1анал мурадазе г1оло бокьараб гьунаралъе х1адурал, г1аданлъи бугел ва къуватал г1адамал. Гьеб пикру поэтас баян гьабун буго «Макьу», «Рокьул къец», «Алданил яс Меседо», «Гвангъараб чирахъ», «Зобалъул т1авус», «Росу берцинай», «Hyp балеб чирахъ», «Сурат берцинаб булбул» г1адал ва цогидалги куч1дузулъ.

Рокьул куч1дузулъги социалияб лирикаялъулъги Элдариласул цо аслияб къаг1ида - гьес г1умру кьолеб буго к1иго цоцалъ рекъезе к1оларел къуватал данд кьабиялъул формаялда. Гьеб нилъее баянлъула поэтасул ч1ах1иял асаразул цояблъун кколеб «Жергъен гьартун ккана» абураб коч1олъ. Гьелъие кьоч1ое босун буго цоцазде данде ч1араб къуваталда гьоркьоб бугеб тунки.


Героясул щибаб ишалда данде ч1ун буго цоги къуват ва гьединан дагь-дагьккун, т1адеялдаса т1аде х1алуцуна поэмаялда жаниб лъугьа-бахъин.

Гьеб поэма г1уц1ун бугин абизе бегьула ункъо цоцада щулаго бухьараб бут1аялдасан:

Т1оцебесеб бут1а. Шаг1ир ах1ун вуго наибасухъе ва гье-ниве иналде гьесул рак1 к1ибикьун буго - инадай, инародай абун. Амма шаг1ирас щакдари нахъе хъамуна ва ине кьуч1аб х1укму гьабула.

Гьелдаса хадуб поэт уна, ругъеждерил бегавулгун г1акълу дандбазе. Бегавулас шаг1ирасе унгеян амру гьа­була, амма гьас жиндиего бокьараб гьабула.

К1иабилеб бут1а. Ч1охъе щвараб мехалъ, гьесда хадув вач1уна поэт берталъе ах1изе вит1арав гьоболасул вас. Элдариласе бокьун бук1унаро берталъе ине, амма гьев гьоболасул васас вачинч1ого толаро. Берталъ шаг1ирасе загьру кьола.

Лъабабилеб бут1а. Шаг1ир, жиндиего загьру кьеялда рак1ги ч1ун, т1ад вуссуна, ва гьев росураг1алда жиндиего йокьулей ясгун - Меседогун дандч1вала.

Ункъабилеб бут1а. Шаг1ир рокъове вуссуна ва хвалда цебесеб васигат гьабула.

Аслияб куцалда поэмаялъул героял к1иго лагералде рикьула. Цояб рахъалде ккола шаг1ир, гьесул йокьулей гьесул эбел, яцал; цогидаб рахъалде ккола наибги, гьесу: чукъбиги, офицерзабиги, поэтасда, х1ал гьабун, гьекъезе ва ах1изе гьабулелги.

Рокьул къецазул куч1дузда жанибго г1адин, гьанибги Элдарилас к1иябго лагералъе хасиятаб баян кьола.

Т1оцебе шаг1ирас сурат бахъула бах1аразул рокъоб бугеб ах1вал-х1алалъул:

Бах1аразул рокъобе ихтилат, сух1мат буго,

Офицерзаби руго, берцинал ясал руго;

Къолеб г1аракъи буго, кваналеб чакар буго.

Гьаниб кьолеб бугеб бертадул бечедаб суратал рак1алде щвезе гьабула рокьул къецазда жаниб бук1уне ясалъул рукъ. Гьелда хадубго шаг1ирас гьел чакарги ква налел г1аракъиги гьекъолел г1адамазул гогьаб ч1ух1иялъу бицунеб буго:

Гьезул ч1ух1ун теялда чиго нахъ г1унт1иларо. Хвезе рижаралилан гьезда рак1алда гьеч1о.

Гьаб поэмаялда бечедазул рукъ-къайиялъе, гьезу г1амал-хасияталъе ва г1адаталдаса бахъараб гьезул пах руяб хьвада-ч1вадиялъе дурусаб сипат-суратги гьабулаго гьебги какулаго, шаг1ирас бихьизабулеб буго мискинлъи ялда ругел г1адатал г1адамазул намус-ях1алъул т1ок1лъи «Т1абиг1аталъ г1адамал ращадал рижун руго», - ян абула шаг1ирас. Гьесул героясда лъала г1аданлъиялъул даража гьеб пахрулъигун ч1ух1иялъ борцунареблъи. Г1аданлъи борцунеб роценлъун ккола г1адамазул рак1азул рац1ц1алъи, гьезул ишал, пишаби ва анищал.

Пачаясул чиновниказул х1алихьалъиялдеги макруял деги данде лъун буго бит1ахъего хвел босизе унев шаг1ирасул бах1арчилъиги бихьинчилъиги. Гьес жиндирго г1умруялдаса т1адег1ан гьабула жиндир бац1ц1адаб ц1арги намусги. Гьесул ях1алъ гьев ах1араб бак1алде вит1ула - гьединаб буго маг1арулазул нек1огоялдасаго батараб бищун лъик1ал г1адатаздаса цояб.Элдариласул йокьулей бечедав наибасул яс йик1ана. Живго Элдариласул бищун к1удияб бечелъи бук1ана пасих1аб к1алзул гьунар, аваданаб, амма гьебго заманалъ х1инкъи-къай гьеч1еб рак1; г1агарлъиялде, гьудул-гьалмагъзабазде ва хасго жиндирго йокьулей Меседоде к1удияб рокьи. Гьесул бук1инч1о пачаяс кьураб наиблъи, гьарзаяб бечелъи, кинабго рахъалъ г1орц1араб г1агарлъи ва сверухълъи. Гьединлъидал наибасе рек1ее г1олароан шаг1ир, гьесулгун ригьин гьабизе бечедав наиб кинго разилъизе вук1инч1о.

Гьелъ гуребдай бечедав ва нахруяв наиб, маг1арул умумузул г1одосанго батараб г1адатги хвезабун, ах1ун жиндир берталъе вач1арав гьоболасе загьрудул рек1к1аб лълъар кьезе т1амурав!

Элдариласул гьаб поэма ц1акъго релълъараб буго Хочбарил къисаялда. Бищунго гьел г1aгap гьарулеб рахълъун ккола гьеб к1иялъго бицунеб бук1ин бат1и-бат1иял заманазда маг1арулазул социалияб г1умруялъул х1акъалъулъ.

Байбихьудаса ахиралде щвезег1ан Хочбарил коч1олъ нилъеда бихьула г1адатаб халкъалъул вакил ях1-намусалъул, бах1арчилъиялъул рахъалъан ханасдаги гьесул чукъбуздасаги киг1ан т1адег1ан вугевали.

Хочбаридаго г1адин Элдариласул поэмаялъул багьадурасдаги г1емерал х1албихьиял дандч1вала. Наибасухъе ах1ун, гьесухъеги, Хунзахъе вач1аян Хочбарихъего г1адин, кагъат бач1уна. Хочбарица г1адинан, шаг1ирасги росдал г1адамазулгун г1акълу дандбала; Хочбарго г1адин, гьевги, г1адамаз абурабги гьабич1ого, ах1аралъуве уна, Хочбарицаго г1адин, ч1ух1буз т1алаб гьабун, шаг1ирасги кеч1 ах1ула. Жиндирго коч1олъ Хочбарица ах1ула, ханасул боц1и хъамун, жинца гьеб мискинзабазе бикьиялъул. Элдарилас ах1ула наибасул ясалде гьабураб рокьул кеч1. Хочбар ц1адаве к1анц1ула, Элдарилас загьру гьекъола.

«РОСУ БЕРЦИН»

«Росу берцин» абураб коч1олъ Элдарилас ч1ужуг1адан яхинаюлей йиго ц1акъго борхатаб даражаялде. Ясалъул буго инсан божизе зах1малъулеб берцинлъиги, гьайбатлъиги, кинабго рахъалъан рекъонккейги. Гьей релълъинаюлей йиго ц1орол сурах1иялда, куркьбал меседил т1авусалда, гьаваялда т1авап гьабулеб итарк1оялда, рилълъин берцинаб г1ансаялда, бец1аб сардилъ къалъараб чирахъалда, гьаваялъул хъах1миккиялда:

Инсул росу берцинаб

Баг1ap ц1орол сурах1и.

Г1одоса авал канаб

Куркьбал меседил т1авус.

Бец1аб сардилъ чирахълъун

Чахтикь нодо кенч1ола.

Гьаваялъул хъах1микки,

Хъах1ил зобазул т1айра.

Т1олго сверухълъиялдаго ц1ар ун буго ясалъул берцинлъиялъул. Г1агарлъиялъул, т1олго кьолбол къадру ц1ик1к1инабулеб буго ясалъ:

Кьибил къадру ц1ик1к1араб,

Ц1ар бахъарай х1абибат.

Ясалъе сипат гьабизе шаг1ирасда ратулел руго халкъалда гьоркьор т1ирит1арал, бищунго берцинал эпитетал. Гьезги коч1ол пасих1лъи дагьабги т1адег1анаб даражаялде бахинабула: гьайбатаб куц, г1арцул г1анаби, узданаб гьайбатаб черх, чергесал бохдул, ч1ег1ерал берал.

Гьединаб гьайбатаб сипат-сурат, доб ч1ужуг1адан г1одоег1ан гьаюлей бук1араб заманалъ, гьелъие гьабизе махщел г1ей шаг1ирасул к1удияб гьунарлъун рик1к1ин бегьула.

Элдариласул лирика къокълъуларо г1иц1го рокьул темаялда. Гьелъ гъорлъе рачуна шаг1ирасул г1умруялъул за маналда бищунго к1вар ц1ик1к1араллъун рук1арал суалал Гьел ккола инсанасул эркенлъиялъул, маг1арулазул г1умруялъул ва рук1а-рахъиналъул суалал. Рокьул куч1дузда цадахъ Элдарилас хъвана г1умруялда, х1акъикъаталда, xaл къалъул тарихалда хурхаралги асарал Гьединал куч1дузулъги Элдарилав кидаго мискинхалкъалъул рахъалда вук1унаан.

Кинаб бербалагьи бук1араб Элдариласул жиндирго заманалда рижарал ц1иял г1умруялъул дандеккунгут1абазде? Историялдасан нилъеда лъала Элдариласул заманалда Ч1охъ, Сугъралъ, Ругъжаб росабалъ пачаясул х1укуматалъул т1адчаг1и къойидаса-къойиде бечелъулел рук1ин.

Гьанжелъизег1ан лъаларел рук1арал ва гьанже загьирлъарал шаг1ирасул ц1иял асараз, гьесул г1умруялъулги творчествоялъулги х1акъалъулъ ц1иял баяназ нилъее кумек гьабула гьеб суалалъе мух1канаб жаваб кьезе. «Си­бирь къот1иялде», «Сугъралъ росу бух1иялде», «Хъуру-хъа­ра», «Бегавуласде» абурал куч1дуз кумек гьабула нилъее Элдариласул творчествоялъул социалияб рахъ бихьизе.

Жиндирго заманалъул бащалъи гьеч1олъиялъул сурат Элдарилас «Хъуру-хъара» абураб коч1олъ бег1ерго цебеч1езабула:

Т1олго мискинзаби нухдеги рахъун,

Нахъа рукъ кутакав кепалда тола.

Гьел пакъирзабазда зулмуги гьабун,

Залимзаби тола годек1абахъго.

Гарбал рицатазул х1урматги гьабун,

Х1алт1изе рит1ула рет1ел-хьит гьеч1ел.

Гьелдаго цадахъ шаг1ирасул куч1дузулъ ц1адулал раг1аби ч1ораллъун реч1ч1ула къарумал, гурх1ел гьеч1ел старшинабаздаги, т1адчаг1азул амруялъе мут1иг1ал чиновникзабаздаги:

Росдаца жал рищич1ел, жамаг1аталъ т1амич1ел,

Жалго х1акимзабаца рищваталъухъ росарал!

Мискинасе бахъараб хвалчен г1адин х1алт1улел,

Бечедав чи вач1ани, ворч1амиян х1елулел,

Гьезул кинабго мурад махх г1адинан ц1унулел,

Росдал г1ак1аби рахъун, г1аракъидухъ ричулел.

Элдариласул гьединал куч1дуз бицунеб буго жиндир заманалда х1акъикъаталдехун гьесул бук1араб ц1акъго рокьукъаб балагьиялъул. Гьесда бихьулеб буго г1адамал к1ийиде рикьун рук1ин: цоязухъ буго бечелъиги, ихтиярги, х1акимлъиги; цогидазул жидерго х1алт1ул пинкьал рахъарал кверал гуреб жо гьеч1о. Пачаясул х1укуматалъул хъулухъчаг1и Элдариласда рак1-рак1алъго рихун руго. Т1абиг1аталъ кинавго чи ващад гьавун вижун вук1ин, амма г1умруялда абуни, бак1аб ах1вал-х1алалъ гьезда гьоркьоб г1орхъи ч1валеб бук1ин бихьизабула гьес.

Шаг1ирасул творчествоялъул киналго маг1наялъулал ва художествоялъулал хаслъабазул аслулъун буго жин дирго заманалъул г1умруялда разилъунгут1и ва г1агарав инсанасдехун бугеб рокьиялъул пикру, ай Элдариласул асаразе бищунго хасиятаблъун буго гьезда жаниб бег1ераб социалияб тунка-г1уси бук1ин.

Шаг1ирас гурх1ел гьабуларо лъик1аб гуреб г1амал-хасияталъул, рекъеч1еб хьвада-ч1вадиялъул, инсанасул напс х1акъир гьабулеб хасияталъул г1адамазда. «Ц1одорлъи гьабе» абураб коч1олъ шаг1ирас хъвалеб буго:

Ралагьун ратуларел, рортун кквезе щоларел,

Балагьун рихьуларел, г1енеккун раг1уларел,

Жидеда божаралги гьаваялде риччалел

Маиц1ихъабиги ругел къват1-къват1азда сверулел,

К1алдир мац1ал к1ик1векъал, мац1алда ц1урмал рарал.

Элдариласул творчествоялъулъ к1удияб бак1 ккола рук1а-рахъиналъул, маданият борхизабиялъул, г1адамазул гьуинаб гьоркьоблъиялъул, берцинаб г1амал-хасияталъул суалаз. Гьеб загьирлъула: «Рац1ц1алъиялде ах1и», «Ц1ияб приказ», «Дир дарсал» ва цогидалги куч1дузулъ.

Элдариласул куч1дул лъугьана аваразул адабияталда ц1ияб г1аламатлъун. Гьеб ккола рохалил, рокьул, гIaдaнлъиялъyл гьебго заманалда социалиял дандеккунгут1аби къват1ир ч1вазабулеб поэзия. Жиндирго халкъалъул нек1сияб лирикаялдаса кинабго лъик1абщинабги босун, Элдарилас гьеб бечед гьабуна, ц1ик1к1ун церет1езаруна гьелъул хасиятал.

Элдарилас г1умру гьабуна халкъгун цадахъ, гьесда гъваридго рич1ч1ана гьелъул мурадал.

Халкъалъе хъулухъ ги гьабулеб бук1ана гьес гьелъул пикрабиги мурадалги загьир гьарулел раг1абаздалъун. Гьединлъидалин Элдарилсул асаралги маг1арулазе хириял ругел.


РИЧ1Ч1УЛАРЕЛ РАГ1АБИ

Т1аяп - цадахъ киналго лъугьун цоясе кумек гьаби.

Чамастак - пихъида ц1ар.

Ц1ор - Алазан г1урул раг1аллъабазда маг1арулаз Ц1ор абула.

Г1андалал - Гъуниб районалъул цо чанго росу-ракь.

Cypaxlu – ц1орол шиша.

TIaвyc - х1анч1ида ц1ар.

Амру - буюрухъ, т1алаб.

Чиновник – х1укуматалъул чин, хъулухъ бугев чи.

К1ик1векъаб - к1ийиде бикьараб.

Гьартун ккана - бортун ккана.


Суалал ва т1адкъаял

  1. Лъалищ нужеда Элдариласул цониги кеч1?

  2. Элдариласул лъимерлъиялъулаб г1умру кинаб бук1араб?

  3. Щай Элдарилав Ч1охъе арав?

  4. Элдариласул куч1дузул аслияб тематика кинаб бук1араб?

  5. Гьунар т1ок1ай коч1охъан г1анхил Мариница сунда релълъинавулев вугев Элдарилав? Коч1ол раг1аби ц1але.

  6. Нилъеца Элдарилас нахъе тараб адабияталъул ирс дагьаб бугин абизе бегьулищ?

  7. Гьесул творчествоялда жаниб аслияб бак1 кинал куч1дуз кколеб?

  8. Доб ч1ужуг1адан г1аданлъун рик1к1унареб заманаялъ, Эл­дарилас гьей т1адег1анаб даражаялде яхинайи гьунарлъун рик1к1унищ?

  9. Кинал раг1аби, эпитетал, дандекквеял ратун ругел шаг1ирасда ч1ужуг1аданалъе сипат- сурат гьабизе?

  10. Сунде авторас жиндирго куч1дузулъ г1адамал ах1улел ру­гел?

  11. Жиндирго рокьул куч1дузулъ Элдарилас щиб какулеб бу­геб?

  12. Элдариласул лирика цох1ого рокьул куч1дузда къокълъулищ?

13.Г1адамазда гьоркьоб бащалъи гьеч1олъи кинаб коч1олъ авторас баян гьабун бугеб?

14. Кин какулеб бугеб авторас к1игьумерчилъи, гурх1ел гьеч1олъи, къарумлъи?

15. Инсанасул хьвада-ч1вадиялдехун кинаб бербалагьи бугеб поэтасул?

16. «Жергъен гьартун ккана» абураб кеч1 кинаб халкъияб кеч1алда релълъараб бугеб ва щай?

17. Гьеб коч1ол сюжеталъул х1акъалъулъ щиб бицине бегьулеб?

18. Лъалаго загьрудул лълъар гьекъей шаг1ирасул бах1арчилъилъун рик1к1ине бегьулищ?

19. Т1абиг1аталъ кинаб асар гьабулеб бугеб поэтасе?

20. Элдариласулги Хочбарилги г1умруялъул х1акъалъулъ щиб нужеда абизе к1олеб, кинаб рахъалъ гьел цоцада релълъарал ругел?

21. Элдариласул творчествоялда лирикияв герой абураб док­лад хъвай.


-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
Открытый урок по родной литературе на тему: "Эльдарилав из Ругуджа" 9 класс (101 KB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт