Меню
Разработки
Разработки  /  Родной язык и литература  /  Уроки  /  9 класс  /  Г1абдулмажид Хачалов «Хваразул ц1аралдасан».

Г1абдулмажид Хачалов «Хваразул ц1аралдасан».

Г1абдулмажид Хачалов «Хваразул ц1аралдасан».
04.04.2021

Содержимое разработки

Дарсил тема: Г1абдулмажид Хачалов «Хваразул ц1аралдасан».

Дарсил мурад: Г1абдулмажид Хачаловасул творчество ц1алдохъабазе рагьизе. К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабизе. Рагъда ч1варал Дагъистаналъул бах1арзал рак1алде щвезаризе. Г1.Хачаловасул «Хваразул ц1аралдасан» абураб поэмаялъул аслияб идея рагьизе. Пасих1го ц1алиялъул к1вар борхизабизе.

Алатал: поэтасул суратал ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи», «Х1акъикъат» газета. Эпиграф: Бах1арчиги х1алихьатги цого хабалъ лъола.

Халкъалъин абуни, цоясе бет1ер къулула, цоясе наг1ана кьола.

Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Цересел дарсазда ц1аларал Расул Х1амзатовасул асараздасан фронталияб гьикъи г1уц1ила:

  • Кинал раг1абаздалъун Расул Х1амзатовас эбелалде бугеб рокьи загьир гьабулеб бугеб?

  • Щай эбелалъ горда лъун толеб бук1араб бакараб чирахъ?

  • Щай эбелалъ каву толеб бук1араб къач1ого къирун?

  • Сунда рак1 гурх1улеб бугеб поэтасул коч1ол ахиралда?

  • «Авар мац1» абураб коч1олъ кинаб асар гьабулеб бугеб поэтасе маг1арул каламалъ?

  • Гьеб коч1олъа кинал раг1аби киса-кирего т1ирит1ун ругел?

  1. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила:

Цо-к1иго ц1алдохъан вахъинавила «Авар мац1» абураб коч1ол 5 куплет рек1ехъе бицине.

  1. Учителас бицина дарсил мурад ва тема:

Шаг1ир, хъвадарухъан, драматург Г1абдулмажид Мирзаевич Хачалов гьавуна 1925 соналда Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ. Гьес лъуг1изабуна КПССалъул ЦКаялъул партшколалъул курсал, заочно ц1алун Москваялъул Литературияб институт. Гьев ккола к1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи. Г1умруялъул соназда Г1абдулмажид Хачалов х1алт1ана муг1алимлъун, КПССалъул Гъуниб райкомалда, республикаялъул «Баг1араб байрахъ» газетаялъул жавабияв секретарьлъун, «Гьудуллъи» журналалъул литературияв х1алт1ухъанлъун.

1956 соналда шаг1ирас Дагъистаналъул т1ахьазул издательсьвоялда къват1ибе биччала «Устарасул сайгъат» абураб куч1дузул мажмуг1. Хадусел соназда гьенирго рахъана «Балъголъи», «Хваразул ц1аралдасан», «Дида кьижизе к1оларо», «Аманат», «Ц1ар лъаларев рагъухъан», «Моц1роде воржин», «Ц1удул бусен», «Маг1арул маргьаби» г1адал ва цогидалги т1ахьал.

Гьев ккола гьединго республикаялъул аваразул муздрамтеатралъ лъурал чанго пьесабазул авторги.

  1. Рагъда хварал Дагъистаналъул бах1арзазул х1акъалъулъ гара - ч1вари гьабила. Лъимал рахъинарила гьезул х1акъалъулъ бицине жидедаго лъалеб.

  2. Бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ кицаби хъвала тетрадазда:

  • Бах1арчиясе нусго гьунарги дагьаб.

  • Бах1арчиясул ц1ар ц1вабзазде г1унт1улеб.

  • Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1вазе лъик1аб.

  • Цо лах1заталда жанив бах1арчиги вахъунев, цо лах1заталда жаниб чилъиги холеб.

  1. Учителас ц1алула поэмаялъул байбихьи пасих1го гьоркьоса къот1изе биччач1ого.

  2. Ц1алдохъабаз ц1алила поэмаялъул 1-3 бут1аби.

  3. Дарсил х1асил гьабила:

  • Кинаб калам раг1улин абулеб бугеб хъвадарухъанас росдал годек1аниб?

  • Сунда гьес релълъинарулел ругел годек1абахъ ругел ганч1ал?

  • Кинал г1олохъаби рук1арал аслияв геройги гьесул гьудулги?

  • Кин хисулеб бугеб росдал г1умру рагъ байбихьараб мехалъ?

  • Кинаб калам гьавгун гьабураб рагъда хварав гьудулас?

  1. Рокъобе х1алт1и: Г1.Хачаловасул биография лъазе, коч1ол 4 куплет рек1ехъе лъазе. (59 гьумер. Цо йик1ана эбел азаргоясул - …)








Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Муса Мух1амадов «Манарша». (1926 - 1997).

Дарсил мурад: Муса Мух1амадовасул творчество ц1алдохъабазе рагьизе. Ц1ияб г1умруялъул нух г1уц1улел г1олохъабазул г1умру рагьи. «Манарша» абураб къисаялъул г1адатаб анализалдалъун аслияб идея рагьизе. Пасих1го ц1алиялъул к1вар борхизабизе.

Алатал: хъвадарухъанасул сурат ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи».


Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Фронталияб гьикъи:

  • Кинаб калам раг1улин абулеб бугеб хъвадарухъанас росдал годек1аниб?

  • Сунда гьес релълъинарулел ругел годек1абахъ ругел ганч1ал?

  • Кинал г1олохъаби рук1арал аслияв геройги гьесул гьудулги?

  • Кин хисулеб бугеб росдал г1умру рагъ байбихьараб мехалъ?

  • Кинаб калам гьавгун гьабураб рагъда хварав гьудулас?

  1. Хъадарухъанасул творческияб г1умру рагьила:

Муса Мух1амадов гьавуна 1926 соналъ Шамиль районалъул Гьандихъ росулъ. Муса литератураялде вач1ана поэт х1исабалда. Т1оцересел куч1дул гьес хъвазе байбихьана 1941 соналда 15 сон барав чияс. 1954 соналда Мусаца басмаялде бахъана жиндирго т1оцебесеб « Муг1рул ицц» абураб куч1дузул т1ехь.

1958 соналда къват1ибе бач1ана к1иабилеб т1ехь «Муг1рул расалъуда».

Прозаялде гьев вуссана 1954 соналдаса байбихьун. Ц1алдолезда гьоркьоб Мусал ц1ар машгьур гьабуна «Къисас» романалъ. Бат1и-бат1иял соназда гьес хъвана чанго къиса: «Ханжар», «Муг1рузул сухъмахъал», «Ч1ег1ераб гамач1», «Бакъдаса г1адамал», «Къолдоса зурмихъан», «Борч» ва гь.ц.

1973 соналъ «К1удадал г1анса» абураб т1ехьалъухъ Муса Мух1амадовасе Сулейман Стальскиясул ц1аралда бугеб республикаялъулаб премия кьола. 70 соназ къват1ире риччарал къисабазда гьоркьор бищунго лъик1аллъун риккине бегьула «Гъалбац1 Пат1имат», «Г1аздада бакараб ц1а», «Лъабг1ин». 80 абилел соназда басмаялда рахъана «Бигьародул гъут1би», «Борч».

Муса Мух1амадов нилъедаса ват1алъана 1997 соналъ.

  1. Словарияб х1алт1и: бакълъи, пирсидател, карачелал.

  2. Учителас къокъ гьабун бицина т1оцебесеб бут1а.

  3. Хадусел бут1аби лъималаз ц1алила ва ц1аларалда т1асан г1адатаб анализ гьабила.

  4. Г1адатаб анализалъе суалал:

  • Кинаб хъизаналдаса йик1арай Манарша?

  • Кинав чилъун вихьулев нилъеда Х1айдар?

  • Кинай яс нужее рек1ее г1урай: Манаршайищ яги Пат1иматищ?

  • Щай? Кинаб г1илла бук1араб гьелъие?

  1. Рокъобе х1алт1и: къисаялъул т1оцебесеб бет1ер ц1ализе ва х1асил бицине.


















Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Х1ажи Гъазимирзаев «Васасде»

Дарсил мурад: Х1ажи Гъазимирзоевасул творчество ц1алдохъабазе рагьизе. Х1ажи Гъазимирозоевасул «Васасде» абураб коч1олъ кьолел ругел насих1атал гьаб заманалдаги г1ахьлал рук1ин рихьизари. Коч1ол аслияб идея рагьизе. Пасих1го ц1алиялъул к1вар борхизабизе.

Алатал: поэтасул суратал ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи», «Х1акъикъат» газета.

Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Фронталияб гьикъи гуц1ила:

  • Кинаб хъизаналдаса йик1арай Манарша?

  • Кинав чилъун вихьулев нилъеда Х1айдар?

  • Кинай яс нужее рек1ее г1урай: Манаршайищ яги Пат1иматищ?

  • Щай? Кинаб г1илла бук1араб гьелъие?

  1. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила:

Цо-к1иго ц1алдохъан вахъинавила къисаялъул лъабабилеб бут1ералъул х1асил бицине.

  1. Учителас ц1ияб дарс баян гьабила.

«Гьудуллъи» альманахалдаса Х1ажи Гъазимирзоевасул творческияб нух ц1алила ва гьесул сурат бихьизабила лъималазда.

  1. Мисалияб ц1али бихьизабун, учителас «Васасде» насих1атаб кеч1 ц1алила, гьоркьоб къот1изе биччач1ого. Лъималаз хадуб хал квела. Хадуб цо-к1иго ц1алдохъан т1амила кеч1 пасих1го ц1ализе.

  2. Гьединго ц1алила Х1ажи Гъазимирзоевасул «Гьудуласде» ва «Лъалхъуге, дир барти» абурал куч1дул.

  3. Г1адатаб анализ гьабила ц1аларал куч1дузул:

  • Сапаралъ т1ад вуссарав васасда кин росулъе лъугьине кколин абулеб бугеб поэтас?

  • Щай гьедин абулеб бугеб поэтас?

  • Чилъиялъе чара гьечеб жолъун щиб риккунеб бугеб поэтас?

  • «Чаго хвезе чоге, къадру-асс цуне,

Дудаго рихараб чидай гьабуге!» гьал мухъазул маг1на кин дуда бич1ч1улеб?

  • Щай поэтас гьудуласда абулеб бугеб «дуца маг1арул пандур маг1арул мац1алда гаргазе т1аме», - ян?

  • Къаралазул г1оралда дандекколеб щиб бугеб поэтас?

  • Кинал риторикиял суалал кьолел ругел поэтас нилъее - ц1алулезе?

  • Могарул мацалъеги магарул пандуралъеги кинаб къимат кьолеб бугеб поэтас?

  • Гьал куч1дузул роцен ч1езабе.

  1. Рокъобе х1алт1и кьела: «Васасде» абураб кеч1 рек1ехъе лъазабизе.
































Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Машидат Гъайирбекова «Эбелалъул рак1»

Дарсил мурад:

  1. Машидат Гъайирбековалъул творчество ц1алдохъабазе рагьизе.

  2. Поэтессаялъул рек1ел асар рагьулеб «Эбелалъул рак1» абураб коч1олъ кьолел ругел насих1атал гьаб заманалдаги г1ахьлал рук1ин рихьизари.

  3. Коч1ол аслияб идея рагьизе, пасих1го ц1алиялъул к1вар борхизабизе.

Алатал: поэтессаялъул суратал ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи», «Х1акъикъат» газета.

Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Фронталияб гьикъи гуц1ила:

  • Сапаралъ т1ад вуссарав васасда кин росулъе лъугьине кколин абулеб бугеб поэтас?

  • Щай гьедин абулеб бугеб поэтас?

  • Чилъиялъе чара гьечеб жолъун щиб риккунеб бугеб поэтас?

  • «Чаго хвезе чоге, къадру-асс цуне,

Дудаго рихараб чидай гьабуге!» гьал мухъазул маг1на кин дуда бич1ч1улеб?

  • Щай поэтас гьудуласда абулеб бугеб «дуца маг1арул пандур маг1арул мац1алда гаргазе т1аме», - ян?

  • Къаралазул г1оралда дандекколеб щиб бугеб поэтас?

  • Кинал риторикиял суалал кьолел ругел поэтас нилъее - ц1алулезе?

  • Могарул мацалъеги магарул пандуралъеги кинаб къимат кьолеб бугеб поэтас?

  • Гьал куч1дузул роцен ч1езабе.

  1. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила:

Цо-к1иго ц1алдохъан вахъинавила кеч1 рек1ехъе бицине.

  1. Учителас ц1ияб дарс баян гьабила.

«Гьудуллъи» альманахалдаса Машидат Гъайирбековалъул творческияб нух ц1алила ва гьелъул сурат бихьизабила лъималазда.

Шаг1ир, хъвадарухъан, драматург – Машидат Х1ажиевна Гъайирбекова гьаюна 1927 соналда Г1ахьвахъ районалъул К1арат1а росулъ. Гьелъ лъуг1изабуна Сулейман Стальскиясул ц1аралда бугеб Дагъистаналъул пединститут ва М.Горькил ц1аралда бугеб Москваялъул Литературияб институт. Х1алт1ана «Маг1арулай» журналалъул редакторлъун, Аваразул Ц1. Х1амзатил ц1аралда бугеб муздрамтеатралъул директорлъун, «Гьудуллъи» альманахалъул редакторлъун.

1956 соналда йосана СССРалъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъун.

1950 соналдаса хадур Машидатица басмаялда рахъана «Нек1сиял гьудулзаби», «Т1огьире нухт1а», «Хъвач1ого хут1арал кагътал», «Муг1рузул г1адамал», «Рак1алъ ц1а г1олеб буго», «Маг1арулалъул раг1и», «Имам Шамиль» абурал ва цогидалги т1ахьал. Гьел къват1ире риччана Дгъистаналъул ва Москваялъул т1ахьазул издательствабаз. Авартеатралъ лъуна гьелъул г1емерал пьесабиги.

1981 соналъ «Рак1алъ ц1а г1олеб буго» абураб т1ехьалъухъ М.Гъайирбековалъе кьола Сулейман Стальскиясул ц1аралда бугеб республикаялъулаб премия.

  1. Мисалияб ц1али бихьизабун, учителас «Эбелалъул рак1» насих1атаб кеч1 ц1алила, гьоркьоб къот1изе биччач1ого. Лъималаз хадуб хал кквела. Хадуб цо-к1иго ц1алдохъан т1амила кеч1 пасих1го ц1ализе.

Эбелалъул рак1.

Огь эбелалъул рак1, эбелалъул рак1,

Букъараб зар г1анаб эбелалъул рак1.

Г1умруялъ нахъ тарал г1емерал веказ

Т1олго дур гъварилъи борцине к1варав,

Т1олго дур г1ат1илъи бихьизе к1варав

Инсан жеги вахъун раг1ич1о дида.

Лъимадул рохелалъ зодиб боржунеб,

Лъимадул ургъелалъ ракьулъ т1ерхьунеб,

Т1олабго дуниял жаниб бачараб,

Дунялалъул жаваб т1аде босараб,

Г1адамазул пикру гъорлъе бессараб,

Букъараб зарг1анаб эбелалъул рак1,

Кинаб къуватг1аги дулъ бахчун бугеб!

Ургъел бикьун аск1ор раккулелщиназ

Ц1орорал хинлъизе рач1унелщиназ

Киг1ан босаниги мукъсанлъулареб,

Киг1ан бикьаниги ссун бахъунареб;

Бакъалъ г1адин нижей канлъиги бикьун,

Нижер къисматалъул нухал гвангъулеб;

Дур ц1а ц1унун бугеб х1икматго кинаб,

Букъараб зар г1адаб эбелалъул рак1?!

Жибго гьаб инсанлъи бижизабурал

Улбуздаса цояй йик1иналъцинищ,

Эбел г1умру ц1унун къеркьолеб мехалъ,

Букъараб зар г1анаб гьеб дур рак1алъги

Т1олгоязул унти жаниб бачунеб!

  1. Рокъобе х1алт1и: кеч1 рек1ехъе лъазе.
























Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Фазу Г1алиева «Кини».

Дарсил мурад: Фазу Г1алиевалъул творчество ц1алдохъабазе рагьизе. К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабизе. Рагъда ч1варал Дагъистаналъул бах1арзал рак1алде щвезаризе. «Кини» абураб хабаралъул, г1адатаб анализалдалъун аслияб идея рагьизе. Пасих1го ц1алиялъул к1вар борхизабизе.

Алатал: поэтессаялъул суратал ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи».


Эпиграф:

Дир ракьалда кьалда г1адан холаро -

Хваразул ц1ар лъола ц1и гьаруразда.

Р.Х1амзатов

Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Цересеб дарсида малъаралда т1асан фронталияб гьикъи г1уц1ила:

  • Машидат Гъайирбекова кий гьаюрай?

  • Жиндирго г1умруялъул нух гьелъ киса байбихьараб?

  • Кинаб журналалъул редакторлъун гьей х1алт1арай?

  • Кинаб т1ехьалъухъ гьелъие щвараб С.Стальскиясул ц1аралда бугеб премия?

  1. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила: Машидат Гъайирбековалъул кеч1 «Эбелалъул рак1» рек1ехъе бицине рахъинарила . лъик1 бицаразе къиматал лъела.

Учителас ц1ияб дарсил мурад ва тема бицина: рак1алде щвезабила Фазу Г1алиевалъул творчество: Халкъияй поэтесса Фазу Г1алиева гьаюна 1932 соналъул декабрь моц1алъ Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ. Гьелъул эмен г1олохъанчи вугеб мехалъго хвана, Фазул т1алаб гьабуна ва тарбия кьун г1езаюна эбелалъ – Г1апица.

Фазу гьит1инаб мехалдасаго рак1 г1анч1ай, г1умру ва г1адамал хирияй, гьайбатлъиялъул г1аламатал жиндир чорхолъ рессарай яс йик1ана. Куч1дул гьаризеги гьелъ Г1арани школалда ц1алулеб мехалдаго байбихьана.

Школа лъуг1ун хадуса Фазу Г1алиева ц1ализе лъугьана Мах1ачхъалаялда бугеб руччабазул педагогияб институталде.

Дагьаб мехалъ гьенийги ц1алун, Фазу уна Москваялде, гьениб т1убала г1умруялъул цо лъик1аб мурад – лъуг1изабула Максим Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт.

Ц1али лъуг1ун хадуб Фазу Г1алиева х1алт1ула Дагъучпедгизалъул редакторлъун, гьабсаг1ат гьей ккола «Дагъистаналъул ч1ужуг1адан» журналалъул бет1ерай редактор.

Фазу Г1алиевалъ лъебергоялдаса ц1ик1к1ун т1ехь къват1ибе биччана.

Нилъеда лъала Фазу Г1алиевалъ поэмаби ва къисаби «Ч1агоял къисаби», «Анц1ила микьабилеб их», «Эбел», «Ц1умал муг1руздасан роржуна», «Гьа», «Къисмат», «Ракьул г1ерекъ гьороца унаро», «Хъах1илаб ц1ад», харбазул т1ехь «К1иго микьир».

  • Кида ва кий гьаюрай Фазу Г1алиева?

  • Кинаб хъизамалда гьей г1урай ва лъица гьелъие тарбия кьураб?

  • Кий гьей ц1аларай?

  • Гьанже заманалда кий гьей х1алт1улей йигей?

  1. Словарияб х1алт1и т1обит1ила:

кини, Т1алъаг1ари, чараб къат1ипа, квенч1ел, сухъмахъ, лажбар, лъехъел къаларо, арбабаш.

  1. Учителас байбихьуда ц1алила хабар, гьоркьоб къот1изе биччач1ого.

  2. Хадуб лъимал т1амила ц1ализе, киназго хадуб халги ккун.

  3. Хабаралъул г1адатаб анализ гьабизе суалал кьела:

  • Кинаб композициялда бицунеб бугеб гьаб хабар?

  • Лъил рак1алдещвеял гьел кколел?

  • Кинаб заманалда ккараб лъугьа-бахъин бугеб?

  • Кинаб г1умру бихьизабулеб бугеб гьениб рагъ ккелалде ва рагъул заманалда?

  • Щай киналго г1ажаиблъарал кини бихьараб мехалъ?

  1. Эпиграфалде к1вар кьела: Кин рич1ч1улел нужеда нилъеца эпиграфалъе росарал Расул Х1амзатовасул раг1аби?

  2. Рокъобе х1алт1и: хабар ц1ализе ва х1асил бицине х1адурлъизе.
























Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Г1абасил Мух1амад «Саба-Меседо».

Дарсил мурад:

  1. Г1абасил Мух1амадил творчество ц1алдохъабазе рагьизе.

  2. К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабизе.

  3. Рагъда ч1варал Дагъистаналъул бах1арзал рак1алде щвезаризе. «Кини» абураб хабаралъул, г1адатаб анализалдалъун аслияб идея рагьизе.

  4. Авар халкъалъул цебе бук1араб г1умруялъул х1акъалъулъ бицине. Лагълъуде ккарав чиясул бук1араб г1умру цебеч1езабизе. Бечедазул ва мискиназул г1умру данде кквела.

Алатал: поэтасул суратал ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи». «Рокьул таватурал» абураб т1ехь.


Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Цересеб дарсида малъаралда т1асан фронталияб гьикъи г1уц1ила:

  • Машидат Гъайирбекова кий гьаюрай?

  • Жиндирго г1умруялъул нух гьелъ киса байбихьараб?

  • Кинаб журналалъул редакторлъун гьей х1алт1арай?

  • Кинаб т1ехьалъухъ гьелъие щвараб С.Стальскиясул ц1аралда бугеб премия?

  • «Кини» абураб хабаралъулъ кинаб заманалъул х1акъалъулъ бицунеб бугеб?

  • Кинаб г1умру бихьизабулеб бугеб гьениб рагъ ккелалде ва рагъул заманалда?

  • Кинаб г1умру бук1араб росулъ хут1аразул?

  • Щай г1адамазе г1ажаиблъи ккараб кини базаралдаса боси?

  1. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила: Машидат Гъайирбековалъул кеч1 бицинч1ого хут1арал ц1алдохъаби рахъинарила бицине.

  2. Учителас ц1ияб дарсил тема ва мурад баян гьабила ц1алдохъабазе.

Поэтасул г1умру ва творчество рагьила.

Г1абасил Мух1амад – аваразул шаг1ир ва драматург, Республикаялъул Ц1адаса Х1амзатил ва Мах1мудил ц1аразда ругел премиязул лауреат, гьавуна 1932 соналда Хунзахъ районалъул Лъаг1илухъ росулъ. Х1алт1ана маг1арул районазул росабалъ муг1алимлъун. Ц1алун лъуг1изабуна М.Горькил ц1аралда бугеб Москваялъул Литературияб институт.

Г1абасил Мух1амад ккола 1967 соналдаса нахъе СССРалъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъун. 1965 соналда Дагъистаналъул т1ахьазул издательствоялъ басмаялда бахъана шаг1ирасул «Дерец» абураб куч1дузул т1ехь. Гьелдаса хадур ц1алдолезухъе щола «Сардил чирахъ», «Кьурт1а ц1ум», «Рохьил бакънал», «Маг1арухъ», «Иргаби», «Къат1раби», «Ралъдал карачел», «Рохьил маргьаби» абурал ва цогидалги т1ахьал. Гьес хъвана Ц1.Х1амзатил ц1аралда бугеб аваразул муздрамтеатралъ лъураб чанго пьесаги. Г1.Мух1амад ккола ДАССРалъул искусствоялъул мустах1икъав х1аракатчи.

  1. Г1абасил Мух1амадил «Саба-Меседо» абураб пьесаялда кколеб лъугьа-бахъин къокъго учителас бицина лъималазе.

  2. Словарияб х1алт1и: чабхъен, хъала, нуцал, курхьаби, ц1оралде, си, лагъ.

  3. Ролаздеги бикьун ц1ализе т1амила ц1алдохъаби.

  4. Дарсил х1асил гьабила:

  • Кинал аслиял героял ругел гьаб асаралъулъ г1ахьаллъи гьабулел?

  • Кинаб к1иго т1елалде рикьизе бегьулел?

  • Кинаб г1умру бук1араб нуцалил яс Саба-Меседол?

  • Кинаб г1амалалъул чилъун вихьарав нужеда Булач?

  1. Рокъобе х1алт1и: ц1ализе ва х1асил бицине, Булачил ва Баланурил образ рагьизе х1адурлъизе.




















Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Г1абасил Мух1амад «Саба-Меседо».

Дарсил мурад: Г1абасил Мух1амадил такрар гьабизе. Авар халкъалъул цебе бук1араб г1умруялъул х1акъалъулъ гара-ч1вари гьабила. Лагълъуде ккарав чиясул бук1араб г1умру цебеч1езабизе. Бечедазул ва мискиназул г1умру данде кквела.

Алатал: поэтасул суратал ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи». «Рокьул таватурал» абураб т1ехь, «Х1акъикъат» газета.


Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Цересеб дарсида ц1алараб асаралъул т1оцебесеб бут1аялда т1асан ва хъвадарухъанасул творчествоялда т1асан фронталияб гьикъи г1уц1ила:

  • Кив ва кида гьавурав Г1абасил Мух1амад?

  • Кинаб лъай щвараб Г1абасил Мух1амадие?

  • Кив х1алт1арав хъвадарухъан?

  • Кинаб асаралъухъ гьесие щвараб Ц1адаса Х1амзатил ц1аралда бугеб республикаялъулаб премия?

  • «Саба – меседо» абураб асаралда бицунеб бугеб лъугьа - бахъин кинаб заманалда ккараб?

  • Г1адамазул кинаб г1умру бук1анин бихьизабулеб бугеб гьениб?

  • Сунде ах1улел рук1арал нуцал хан гьесул вазир ва вацасул вас Булачица?

  • Щив гьелда т1ад рекъолев вук1инч1ев?

  1. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила: Г1абасил Мух1амадил биография бицине ва драмаялъул т1оцебесеб пардавалъул х1асил бицине рахъинарила ц1алдохъаби.

  2. Лъималаз бицаралда т1аде учителас жубала Г1абасил Мух1амадил г1умруялъул жеги ц1ик1к1ун баянал, «Х1акъикъат» газетаялдаса. 24 октябрь 2014 соналъул № 44.

  3. Словарияб х1алт1и: тахрукъ, х1ебет, къадар, гъараваш, ялъаргъунев, кулънаг1уч1, дангъва –дунгъби, Мисриялъул - Мисри - , Шамалъул – Шам – Сирия, Гьиндустаналъул - Гьиндустан - Индия, гиназ, бег, азнавур, шагь, шамхал, паша, хулжал.

  4. Учителас мисалияб ц1али бихьизабун ц1алила к1иабилеб пардавалъул байбихьи Татул монолог.

  5. Ролазде бикьун ц1алдохъаби т1амила ц1ализе.

  6. Г1адатаб анализ гьабизе суалал кьела:

  • Кинаб г1умру бук1ун бугеб Баланурил нуцал ханасухъе щвезег1ан?

  • Жиндирго лъимерлъиялъул х1акъалъулъ щиб гьесда рак1алда бугеб?

  • Кин гьев крав лагълъиялде?

  • Кинаб х1укму гьабураб Г1андуник1ица?

  • Жиндаго васият хъвараб мехалъ Булачил г1амал кин хисараб?

  • Кинаб гьоркьоблъи бук1унеб Хасипатидаги Балануридаги гьоркьоб?

  • Щай Баланурица Хасипатил рокьул г1ишкъу нахъ ч1валеб?

  1. Рокъобе х1алт1и: 3-4 пардав ц1ализе ва х1асил бицине лъазе.





Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Г1умарх1ажи Шахтаманов «Къаралазул г1ор».

Дарсил мурад:

  1. Хъвадарухъанасул г1умру ва творчество лъималазе рагьизе.

  2. Литературияб коч1ол кьуч1алда Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ ц1ик1к1инаби.

  3. Коч1одалъун хъвараб асар берцинго ва пасих1го ц1алиялде к1вар кьей.

Алатал: хъвадарухъанасул сурат ва т1ахьал.

Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила: цо-к1иго ц1алдохъан вахъинавила пьесаялъул ахирисеб бут1аялъул х1асил бицине.

  3. Учителас ц1ияб дарсил тема ва мурад бич1ч1изабила ц1алдохъабазда: Хъвадарухъанасул творчествогун лъималазул лъай-хъвай гьабила.

Г1умарх1ажи Шахтаманов ккола аваразул гьунар т1ок1ал шаг1ираздасан цоявлъун. Гьев гьавуна Ч1арада районалъул Мокъсоб росулъ. Гьит1инго тезе ккана инсул росуги г1агараб ракьги. Щай гурелъул цогидал росабазда цадахъго Мокъсобги гочинабуна Чачаналде. Рилъаб росулъ анц1го класс лъуг1изабурав гьев ц1ализе лъугьана М.В. Ломоносовасул ц1аралда бугеб МГУялъул журналистазулаб факультеталде. Гьеб лъуг1изабурав г1олохъанав шаг1ир вуссана Дагъистаналде.

Х1алт1ула цин аваразул «Баг1араб байрахъ» газеталда, «Гьудуллъи альманахалда, Дагъистаналъул хъвадарухъабазул Союзалъул консультантлъун.

Г1умарх1ажияс басмаялде бахъана анц1ила щугоялде г1агарун куч1дузул, поэмабазул ва прозаялъул т1ахьал.»

Т1оцебесеб т1ехь – «Нухда» (1957), «Ц1вабзазул аманат» - (1963),

«Муг1рузул т1огьазда г1азул бац1ц1алъи» (1966), «Г1аздада ц1аял» (1969), «Дандч1вай» (1970), «Эхеде нухт1а» (1978), «Дандч1вай» (1973), «Кьурулъ нух щвеч1еб бис»,

«Мутаг1илги муг1алимги», «Харил квац1и».

Гьесул асарал къват1ире риччана г1урус мац1алде руссинарун Москваялда ва цогидал республикабазда. Г1умарх1ажи заман щвелалдего г1умруялдаса ана.

  1. Учителас мисалияб ц1али бихьизабун пасих1го ц1алила кеч1.

  2. Баянкьовул ц1али г1уц1ила классалда: лъималаз пасих1го ц1алила ва ц1алараб бут1аялъул баян кьезе тела.

  3. Кицаби. Лъималазда гьикъила Ват1аналъул х1акъалъулъ, гьеб бокьиялъул х1акъалъулъ кицаби гьикъила лъималазда. Лъалел ратич1они хъвазе т1амила.

  • Ват1ан хириясе хвел бук1унаро.

  • Ват1ан гьеч1ев чи - чед гьеч1еб таргьа.

  • Нилъер улка – эбел, чияр улка – бесдал эбел.

  • Чияр бак1 бихьич1ого, нилъералъулго къимат лъалареб.

  • Чияр ракьалда ханлъун вук1иналдаса, нилъерго ракьалда узденлъунго вук1ин лъик1.

  1. Адабияталъул теория.

Коч1олъ поэтас х1алт1изарун ругел художествиял ресазде к1вар буссинабила лъималазул. Эпитетал ратила: хъах1илаб зоб, хераб гьве, т1еренал бохдул, тамахаб, г1урччинаб г1урдал сухъмахъч1ван.

  1. Дарсил х1асил гьабила:

  • Кинал художествиял ресал х1алт1изарун ругел коч1олъ поэтас?

  • Рихьизаре коч1олъ риторикиял суалал, обращениял (коч1ол раг1абаздалъун ц1ализе тела).

  1. Рокъоде х1алт1и: Кицаби рек1ехъе лъазе. «Рач1а гьудулзаби» абураб кеч1 рек1ехъе лъазе.










Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Г1арип Расулов «Хазина».

Дарсил мурад: Хъвадарухъанасул г1умру ва творчество лъималазе рагьизе. Литературияб асаралъул кьуч1алда Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ ц1ик1к1инаби. Инсанасулъ Ват1аналдехун, аск1ор ругездехун угеб рокьи, тушманасдехун – чучи гьеч1еб рокьукълъи авторас якъинго бихьизабулеб бук1ин лъимаазде рагьила.

Алатал: хъвадарухъанасул сурат ва т1ахьал.

Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила: цо-к1иго ц1алдохъан вахъинавила Г1умарх1ажи Шахтамановасул «Рач1а гьудулзаби» абураб кеч1 рек1ехъе бицине.

  3. Учителас ц1ияб дарсил тема ва мурад бич1ч1изабила ц1алдохъабазда:

Г1арип Расулов гьавуна 1936 соналда Къах1иб росулъ муг1алимасул хъизаналда. Хъвадаризе байбихьана школалдаго. Лъуг1изабуна Москваялъул Литературияб институт, х1алт1ана телевиденияда, Авар театралда, басмаялда бахъана гьесул 17 т1ехь. Гьесул «Меседил к1к1ал», «Г1анси», «Къисматалъул к1улал чидахъ ругони» абурал ва цогидалги асарал маг1арул т1ахьал ц1алулез гъираялда къабул гьаруна. 2001 соналъ басмаялда бахъана Г1арип Расуловасул «Такъсир» абураб т1ехь. 1981 соналъ басмаялда бахъана «Анищалъул ц1аялда хадур» абураб т1ехь. 1884 соналъ бахъана гьеб т1ехьалъул к1иабилеб бут1а «Къункърабазул моц1».

Г1арип Расуловасул харбаз ц1алулел гьимизарула ва ургъизе т1амула.

  1. Учителас къокъго бицина гьеб хабаралъул аслиял бак1ал ва ц1алдохъабазда цере лъола суалал, хабар ц1алун хадур жаваб кьезе кколел:

  • Кинаб хазинаялъул х1акъалъулъ гьаниб бицунеб бугеб?

  • Кин гьесул суратал бат1ияб пачалихъалде ккарал?

  • Щай гьесие бокьараб гьел т1адруссун Ват1аналде щвезе?

  1. Баян кьовул ц1али г1уц1ила классалда. Цо ц1алдохъанас ц1алула, цогидаз хадуб хал ккола. Ц1алун хадуб ц1алдохъабаз ц1аларалъул г1адатаб анализ гьабула.

  2. Ц1алула 1 бут1а: 191 – 192 гь. Г1адатаб анализалъе суалал:

  • Кинаб заманалда ккараб лъугьа – бахъиналъул гьаниб бицунеб бугеб?

  • Кинав чи вугев гьаб асаралда аслияв геройлъун?

  • Киве ине къасд гьесул бук1араб?

  1. Ц1алула 2 бут1а: 192 – 194 гьумер. Суалал:

  • Кинаб пачалихъалъул шагьаралде сапар бук1араб Г1абасил?

  • Кинал пикраби гьесул рук1арал т1оцебесеб сордо чияр ракьалда балеб мехалъ?

  1. Ц1алула 3 бут1а: 194 – 195 гьумер.

  • Кинаб тарихалъул шагьар бугеб Истамбул?

  • Кинаб шагьар рак1алде щвараб Г1абасида Истамбулалъул къадал рихьидал?

  • Кинал сог1ал сардал гьесда рак1алде щварал?

  1. Рокъобе х1алт1и кьела: ц1ализе 4 – 6 бут1аби ва х1асил бицине лъазе.














Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Багъатар Х1ажиев «Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1».

Дарсил мурад: Багъатар Х1ажиевасул творчество ц1алдохъабазе рагьизе. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун къисаялъул аслияб тема ва идея рагьизе. Аслиял образал рагьизе ругьун гьаризе.

Алатал: поэтасул суратал ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи».

Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Цересеб дарсида малъаралда т1асан фронталияб гьикъи г1уц1ила:

  • Кинав чилъун вихьизавун вугев Г1абас?

  • Кинаб рагъулъ гьес г1ахьаллъи гьабураб?

  • Сунца гьесие кумек гьабураб гьеб рагъул кьог1лъи баччизе?

  • Кир гьесда ратарал жиндирго суратал?

  • Щай ьесие бокьараб гьел нахъе руссине?

  1. Учителас ц1ияб дарсил тема ва мурад баян гьабила ц1алдохъабазе.

Поэтасул г1умру ва творчество рагьила.

Багъатар Х1ажиев гьавуна 1951 соналъ Гъуниб районалъул Къорода росулъ. Жеги школалда ц1алулаго гьес хъвазе байбихьина куч1дул ва харбал. Т1оцересел галаби литератураялде гьес т1амуна прозаялдалъун. Гьел рахъана районалъул «Ц1ияб г1умру» абураб газетаялда. Т1оцересел гьесул асарал басмаялда къват1ире рахъана гьесие 22 сон бугеб мехалъ «Ч1агоял т1угьдул» абураб сборникалда. Хадур къват1ире риччана «Севералда бугеб дир милъиршо», «Дихъ ралагьун ч1а муг1рул» абурал т1ахьал.

Багъатар Х1ажиев х1алт1ана «Ба1араб байрахъ» газетаялда. 1975 соналъ 24 сон барав Багъатар г1ахьаллъула СССРалъул г1олохъанал хъвадарухъабазул совещаниялда. 26 сон барав Багъатар хола Совет союзалъул армиялда вук1аго тохлъукье бач1араб балагьалдаса.

Багъатар хун хадуб Мух1амад Хириясуловас гьесие хъварал мухъал гьадинал руго:

Дир рекIел гьудулас гьабураб сагъат,

Сородулеб щайзе килщазукь къалам.

Къаси, гьал тIамчазде тIадеги къулун,

Мун гьедин пашманго щай щурщудулеб?

Гьедин дуца къураб къаламги дунги.

Къваридго гаргалел руго, дир гьудул,

Гьелъ бицунеб буго, мун ватIалъанин,

ТIокIалъ нижеда мун мун дандчIвазе гьеч1ин

Гьагаб балагьалъул чIегIерал куркьбаз

Канлъи дурр къасдазе къотIизабунин.

Гьелъ щурулеб буго, гьал нилъер мугIрул

Мун араб нухдехун цIаруцIахъдулин.

ЦIадакьа бахчулеб чанил буртIги

Чапун холеб бугин хадубги угьдун.

Дирни хьул букIана дур бурутIалъул

ТIогьиб басандулеб бис лъугьинилан,

Гьелъ меседил лълъарал лъулъазе гьарун

Зодиса цIвабицин рортизарилин.

  1. Словарияб х1алт1и т1обит1ила: х1укму, лугбал, паркъи, жугьаби, къаданижоялда.

  2. Лъималазул к1вар буссинабила эпиграфалъе росарал Инхоса Г1алих1ажиясул коч1ол мухъазде:

Ц1ураб моц1г1ан гьайбатаб гьумер дур,

Гьаглъич1ого чик ин ч1елев йихьидал.

  1. Баян кьовул ц1али г1уц1ила: цин учителас ц1алила, хадуб лъимал тела ц1ализе.

  2. Дарсил х1асил гьабила:

  • Киве ун вук1арав Гьимат?

  • Щай гьев т1адвуссарав?

  • Кинал пикрабалъ вук1арав Гьимат росулъе унаго?

  • Кинаб т1адкъайгун Гьиматги Месейги росулъе рит1арал?

  • Кинал образал рагьун ругел авторас гьаб асаралда?

  • Гьезие кинаб къимат кьолеб нужецаго?

  • Нужерго пикруялда, Гьиматил бак1алда рук1аралани, щибдай нужеца гьабилаан?

  1. Рокъобе х1алт1и: 4-6 бут1аби ц1ализе ва х1асил бицине лъазе.



Родная литература 9 класс.

Дарсил тема: Багъатар Х1ажиев «Севералда бугеб дир милъиршо».

Дарсил мурад: Багъатар Х1ажиевасул творчество такрар гьабизе. Хабаралъул х1асилалда Дагъистаналъул т1абиг1аталъул берцинлъи бихьизаби. Дагъистаналъул умумузул рук1арал г1адатал цереч1езари. Дагъистаналъул ва толго Россиялъул халкъазда гьоркьоб бугеб гьудуллъиялъул бицине. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун къисаялъул аслияб тема ва идея рагьизе. Аслиял образал рагьизе ругьун гьаризе.

Алатал: поэтасул суратал ва т1ахьал, журнал «Гьудуллъи».

Дарсил ин:

  1. Класс х1адур гьабила дарсиде.

  2. Цересеб дарсида малъаралда т1асан фронталияб гьикъи г1уц1ила:

  • Кинал пикрабалъ вук1арав Гьимат росулъе унаго?

  • Кинаб т1адкъайгун Гьиматги Месейги росулъе рит1арал?

  • Кинал образал рагьун ругел авторас гьаб асаралда?

  • Гьезие кинаб къимат кьолеб нужецаго?

  • Нужерго пикруялда, Гьиматил бак1алда рук1аралани, щибдай нужеца гьабилаан?

  1. Индивидуалияб гьикъи г1уц1ила: цо – к1иго ц1алдохъан вахъинавила «Ц1адакьа бахчулеб дир чанил бурут1» абураб хабаралъул х1асил бицине.

  2. Ц1ияб дарс: учителас дарсил мура два тема лъималазе рагьила. Дагъистаналъул т1абиг1аталъул берцинлъиялъул х1акъалъулъ гара – ч1вари гьабила.

  3. Словарияб х1алт1и: гъулбас, лагьараб гьава, мустах1икъаб тема, таваккал, тахшагьар, карачелазда.

  4. Учителас къокъго, тексталде г1агарун бицина хабаралъул 1- 2 бут1абазул х1асил.

  5. Баян кьовул ц1али г1уц1ила 3 бут1аялдаса байбихьун. Цо – цо ц1алдохъанаса ц1алула, цогидаз хадуб хал ккола. Ц1аларалъул хасил бицине рахъинарила ва къиматал лъела.

  6. Дарсил х1асил гьабизе суалала кьела:

  • Щиб заманалъ караб лъугьа – бахъиналъул х1акъалъулъ бицунеб бугеб авторас?

  • Кинаб сипат – сурат кьун бугеб авторас хабаралъул аслияй героиняе? Рате гьел мухъал ва ц1але.

  • Рате гьенир авторас х1алт1изарурал эпитетал. (баг1аркьераб, меседилабилан кколеб расул, кунч1арал беразул, берцинаб жинс бугеб гьурмал гьайбатай г1урус яс).

  • Расулил поэмаялъул мухъаз авторас нилъеда кинаб умумузул г1адат рак1алде щвезабулеб бугеб?

  • Г1олохъанай художницалъ кинаб тема риккунеб бук1араб «к1удияб сураталъе мустах1икъаблъун»?

  • Кинаб дандч1вайха гьабураб маг1арул росулъ г1урус ясалъе?

  • Сундул суратал рахъарал художницалъ маг1арул росулъ?

  • Кинаб къимат кьолеб бук1араб гьелъ жиндирго суратазе?

  • Кинаб ц1ар лъураб Микаг1илица гьелда гьей рокъое т1ойит1улаго7

  • Щиб ругьелалъ гьесул рак1 бохизабураб?

  1. Рокъобе х1алт1и: хабар ц1ализе ва х1асил бицине х1адурлъизе.

































Родная литература 9 класс

Тема: Ах1мадхан Абу-Бакар «Даргиязул ясал» (1931-1991)

Дарсил мурад: Ах1мадхан Абу-Бакар ил творчество лъималазе рагьи. «Хъах1аб сайгак» абураб къисаялъул лъул аслияб тема ва идея бичIчIи. Къисаялда ругел г1адамазул ракI, гIакълу, хасият, цIодорлъи, гIумруялъул хIалбихьи лъималазда бихьизаби. ГIадатаб анализалъул кумекалдалъун лъималазул гIакълу бегIери.

Алатал: хъвадарухъанасул сурат ва тIахьал.


Дарсил ин:

  1. Класс хIадур гьабила дарсиде.

  2. Фронталияб гьикъи гIуцIила:

  • Херал маг1арулаз кинаб къимат кьураб газеталда рахъарал Расулил куч1дузе?

  • Херазул бадибч1ваялъ щиб гьабизе Расул т1амурав?

  • «Лъица хуриб бугеб сусур бет1илеб,

Лъица рек1елъ къараб Рук1к1ен бахъилеб?» - ан абурал мухъазулъ х1алт1изарурал СУСУР ва РУК1К1ЕН абурал метафоразул маг1на ругье.

  • Инсуца кинаб г1акълу кьолеб бугеб васасе-шаг1ирасе? Коч1ол раг1абаздалъунн баян гьабе.

  • Щай х1амзатица васасе бицараб?

  • Щиб кьезе кколеб поэтасул асараз халкъалъе? Т1ехьалдаса ц1але.

  • Г1адамазе куч1дул кин къвариг1ун ругел?

  • Жиндир каранлъ бижулеб, г1олеб, барщулеб бугеб поэзия сунда релълъинабулеб бугеб поэтас? Ц1але гьел куплетал.

  1. ЦIияб дарс: Даргиязул гьунар бугеб хъвадарухъан Ах1мадхан Абу-Бакар гьавуна 1931 соналъ ц1ар араб г1арцул устарзабазул росулъ – Кубачиялда. 1949 соналъ гьоркьохъеб школаги лъуг1изабун, гьев «Колхозалъул байрахъ» абулеб газеталде х1алт1изе лъугьуна. К1иго соналъ газеталдаги х1алт1ун, Абу – Бакар 1951 соналъ А.М.Горькил ц1аралда бугеб литературияб институталде ц1ализе лъугьуна. Литературияб институталда ц1алулаго, 1954 соналъ хъвадарухъанас къват1ибе биччала куч1дузул т1оцебесеб т1ехь.

1955 соналъ литературияб институтги лъуг1изабун, Абу-Бакар т1адег1анал киносценаристазул курсазде лъугьана ва к1иго соналъ гьенив ц1алула.

  1. Учителас рихьизарила лъималазда видео интернеталдаса Ах1мадхан Абу-Бакарил, жиндирго г1умруялъул х1акъалъулъ бицунеб.

  2. Къокъаб х1асил бицина «Хъах1аб сайак » абураб къисаялъул.

  3. Ц1алдохъабаз ц1алила 1 ва 2 бет1ер асаралъул.

  4. Дарсил х1асил гьабила:


-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
Г1абдулмажид Хачалов «Хваразул ц1аралдасан». (128.07 KB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт