Школазул аслияб масъалалъун ккола унго – унгояв инсан куцай.
Гьеб бараб буго учителасда. Щивав учителас к1вар кьезе ккола жиндица кьолеб дарс ц1алдохъанасда унго – унгояб куцалда лъай гуребги, гьеб дарсидасан гьев ц1алдохъан к1удияб г1умруялде вахъиналъе к1вар бук1иналдеги.
Гьанже гьаб бихха – хочараб, квешлъиги т1екълъиги г1емерлъараб заманалда гьеб масъала раг1алде бахъиналда т1ад х1алт1изе ккола щивав учитель.
Ц1акъго к1удияб бак1 унго – унгояв инсан куцаялъулъ ккола рахьдал мац1алъги адабияталъги (хасго).
Т1оцебесеб иргаялда, ц1алдохъанасда малъизе ккола жиндирго г1агараб мац1 бокьизе, гьелъул къимат гьабизе, гьеб мац1алдаса ч1ух1изе, гьеб мац1алда к1алъазе. Гьелдасан байбихьула унго – унгояв инсан куцай.
Бищунго к1удияб бак1 гьеб масъала раг1алде бахъинабиялъулъ ккола адабияталъ. Гьеб дарсида ц1алдохъабаз лъай – хъвай гьабула хъвадарухъабазул инсан лъик1авлъун куцаялъе к1вар бугел асаралгун. Мисалалъе босани, Инхоса Г1алих1ажиясул, Ц1адаса Х1амзатил, Расул Х1амзатовасул асараз г1умруялъего лъик1аб лъалк1 тола г1олеб г1елалъул рек1елъ. Гьел асараз ругьун гьарула мекъаб, квешаб сурун бихьизе, лъик1алдасан мисал босизе.
Босизин Г1алих1ажиясул «Гьекъел – мехтел» абураб кеч1. Гьеб кеч1 учителасда унго – унгояб куцалда ц1алдохъанасул рек1елъе т1езе бажарани, к1удияв г1едал гьев васасе рихине руго гьекъелги гьекъолдухъанги, гьес жиндасаго мехтел рик1к1ад тезе буго.
Гьевго Г1алих1ажиясул «Т1абиг1ат – берцинаб жо» абураб кеч1 учителас кколеб куцалда малъани, ц1алдохъанасул т1абиг1аталде дагьабги рокьи ц1ик1к1ине буго, гьес жуламул гъут1би, цо – цояз г1адин, ц1ц1аназе къот1изе гьеч1о киданиги.
Г1алих1ажиясул кицабиял алфазал росани, гьезул гъваридаб маг1наялъ ц1алдохъан кант1изавизе вуго, гьес лъик1алъул рахъ кквезе буго, квешаб гьабизе гьеч1о. Мисалалъе босани, «Ват1аниял т1алабал т1орит1улаго, т1ерхьарал ц1вабзазул ц1ар к1оченаро» - абураб кициялъ ц1алдохъанасда малъула Ват1ан бокьизе, гьелъие г1оло хварал к1очонгут1изе, гьезда релълъарал рук1ине.
Ц1адаса Х1амзатил цох1ого, цогиялъул бицинаро, «Г1умруялъул дарсазул» -киг1ан к1вар бугеб инсан куцаялъе. Гьеб асар щибаб лъимералда бич1ч1изабизе ккола мух1канго, гьеб бараб буго муг1алимасда.
К1удияб к1вар буго г1олеб г1ел куцаялъе Р. Х1амзатовасул «Дир Дагъистан» абураб асаралъул, гьениб ц1алдохъанасда малъула мац1 бокьизе, Ват1ан ц1унизе ва бокьизе, эбел йокьизе, т1абиг1ат ц1унизе ва гьеб гуреб цогидабги. Гьеб кинабго малъулев учитель живго вук1ине ккола ц1алдохъабазе мисаллъун.
МКОУ "Советская СОШ"
Бабаюртовский район с.Советское
Методическое объединение
учителей родного языка и литературы.
Подготовила:
Гасанова Зульфия Касумовна
МКОУ "Советская СОШ"
Бабаюртовский район с.Советское
2017 г.