Меню
Разработки
Разработки  /  Родной язык и литература  /  Планирование  /  7 класс  /  Методическая разработка по аварской лит 7 класса

Методическая разработка по аварской лит 7 класса

Поурочные разработки уроков аварской литературы в 7 классе.
18.05.2021

Содержимое разработки



Авар адабияталъул дарсал.

7 класс








2016 -2017 ц1алул сон.





















Х1урматиял маг1арулал!

Нужехъе щун буго Дагъистан Республикаялъул Лъайкьеялъул министерствоялъ тастикъ гьабураб программаялда рекъон къач1араб (2 басма) Мух1амадрасул Усаховас ва Мух1амадкамил Гьиматовас 2005 абилеб соналъ къват1ибе биччараб 7 классалъул авар адабияталъул киналго дарсазул конспектаздасан г1уц1араб т1ехь.

Авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алимзабазул цолъиялъул кумекалдалъун, т1ехь г1уц1ана Къамышхъутаналъул гимназиялъул авар мац1алъул ва авар адабияталъул муг1алим Г1алиева Марзигат Хангераевнаялъ.

Гьаб буго х1албихьиялъе нилъер цолъиялъ биччалеб к1иабилеб т1ехь. Гьанир г1емерал руго гъалат1алги г1оларел рахъалги. Къвариг1ун буго нужерго гъалат1алги г1оларел рахъалги х1исабалде росун, т1ехь ц1идасан къач1азе. Нилъеда гъорлъ чанги руго х1албихьи бугел, лъай бугел, гъваридго авар мац1 лъалел муг1алимзаби. Гьари буго гьаб т1ехьалъул х1акъалъулъ нужерго пикраби загьир гьарун, г1оларел рахъазул бицун цолъиялъул группаялде хъваян. Т1ехь биччазе г1ахьаллъич1ездеги гьари буго нужерго пикраби загьир гьареян.

Тавпикъ кьеги, хириял муг1алимзаби, т1адег1анаб даражаялда х1алт1изе.



Г1алиева Марзигат Хангераевна.





ПРОГРАММАБАЗЕ БАЯН


Художествияб адабияталъ кIудияб кумек гьабула кинабго рахъ камилав инсан куцазе, гIагараб халкъалъул рухIияб бечелъиялъул кьучIалда гIолилазе тарбия кьезе.

Гьединлъидал школалда малъизе тIаса рищун руго цIалдохъабазе мустахIикъал, магIнаялъул ва мацIалъул рахъалъ щвалде щварал авар литератураялъул ва вацлъиялъул миллатазул цо-цо асарал. Гьезда тIад хIалтIулаго, лъималазда лъазе ккола художествиял асаразул анализ гьабизе, гьезие битIараб къимат кьезе ва адабияб теориялъул кIвар бугел баяназдаса пайда босизе, гьелдаго цадахъ гьезие рагьизе ккола художествияб каламалъул пасихIлъи ва гъварилъи.

РагIул устарлъиялъул асарал малъи ккола адабияб курсалъул аслияб рахълъун.

Малъиялъул мурадлъун ккола рагIул устарлъиялда лъимал хадур гъезари, камилал художествиял асаразда гъорлъе раккизе ругьун гьари, пасихIаб сипатияб каламалъул тату лъаялде гьел рачин, гьелъул кьучIалда асаразулъ рихьизарурал обществиял гьоркьорлъабаздалъун, гIадамазул гIамал-хасиятаздалъун авторасе абизе ва бихьизабизе бо- кьараб аслияб пикру рагьиялде ва бичIчIиялде рачIин.

Адабияб курсалда жаниб хасаб бакI ккола ватIан хиралъиялъул, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи кквеялъул, дунялалъулго захIматхалкъалъул мурадал цIуниялъул асар цIалдохъабалъ куцаялъ.

Адабияталъул дарсаз лъимал тIамула миллатазул адаб-хIурмат гьабизе, миллатазда гьоркьоб гьудуллъи, вацлъи бищун къиматаб бечелъи хIисабалда къабул гьабизе. Гьеб мурадалъе гIоло цIалдохъабаз лъай-хъвай гьабула цогидал миллатазул литератураялдаса авар мацIалде руссинарурал лъикIал асаразулгун.

Школалда малъизе тIасарищун руго хъвадарухъанасул художествияб рахъалъ камилал, тарбия кьеялъе мустахIикъал асарал.

ЦIалдохъабазда тIадаб буго классалданиги рокъобниги гьел асарал тIуранго цIализе. ЦIалулаго лъугьараб рухIияб асаралъул кьучIалда гьабула анализалъулаб хIалтIиги.

Асарал малъулаго, хъвадарухъанасул гIумруялъул ва творческияб нухалъул хIакъалъулъ баяналги кьезе ккола. Гьелъ квербакъула художествиял асарал гъваридго ричIчIизаризе гуребги, ВатIаналъе ритIухъав, халкъалъул рухIияб байрахъ борхатго кквезе къеркьарав рагIул устарасул хIалуцараб гIумру, жигараб хIаракатчилъи баян гьабизеги. Гьелъул хIасилалда цIалдохъабазда цебе чIезе ккола тIолабго жиндир пагьму-гьунарги рекIел бухIиги хирияб ВатIаналъе, гIагараб халкъалъе хъулухъалъе кьурав гIакъилав авторасул гвангъараб сипат.

Аваразул ва Дагъистаналъул цогидалги миллатазул адабияталъул гIаммаб цебетIеялъул бицинеги программаялда заман бихьизабун буго.

Анализ гьабулелъул, тIадчIей гьабула малъизе рихьизарурал асаразда ва пайда босула цереккун малъараздаса.

РагIа-ракьанде щун, адабияб лъай кьеялъул масъала тIубан бажаруларо, гьединлъидал чара гьечIого тIубазе ккола класстун къватIисеб цIалиялъул программаги.

Гьезда тIасан гара-чIвари гьабизе хасал дарсалги рихьизарун руго. МугIалимасда тIадаб буго цIалдохъабазе цIализе кьезе цохIо рихьизарурал гурелги, ахираб заманалъ басмаялде рахъарал, критиказ реццарал цIиял асаралги.

Щибаб классалъул программаялда кьун буго кIалзул ва хъвавул калам цебетIезабизелъун тIоритIизе кколел хIалтIабазул къадар.

Гьел хIалтIаби щулаго рухьарал руго адабиял асарал малъиялда. Гьединлъидал лъималги ругьунлъула сипатияб каламалде, поэтазул, хъвадарухъабазул пасихIаб мацIалде, рагIаби дандразе, хабар гIуцIизе, магIнаялда рекъараб форма батизе, жидерго пикру къокъго ва баянго загьир гьабизе. Гьелдалъун асаразул анализ гьабизеги, гьезие къимат кьезеги цIалдохъабазул бажари борхула.

Программаялда чIезабун буго, адабияталъул курс малъулаго, лъималазе щвезе кколеб лъаялъул ва лъугьине кколеб бажариялъул мухIканаб гIурхъи-рахъ. Лъазе ккола малъулел асаразул хIасил бицине, щибаб классалъул программаялда кьурал литературияб теориялъул баяназдаса гIатIидго пайда босизе, программаялъ тIадаллъун гьарурал текстал рекIехъе цIализе.

Ругьунлъиялъулгун бажариялъул тIалабал кIийиде рикьун рихьизарун руго:

- Асаралъул анализ гьабун ва гьелъие къимат кьун бажари;

- Калам гIуцIун бажари.

- ГIатIидаб къагIидаялъ класстун къватIисеб цIали гIуцIи.

Программаялда бихьизабун буго щибаб художествияб асар малъизе бикьун кьураб цIалул заман. ЦIалдохъабазул къадаралде, лъаялде ва гьезулгун классалда хIалтIи гьабизе ругел шартIазде балагьун, яги методикияб рахъалъ чара гьечIеблъун бихьулеб бугони, учителасул ихтияр буго, цо-цо темаялъе кьурал сагIтазул къадар, жиндаго лъикIаблъун бихьараб къагIидаялъ, хисизабизе.

Адабияталъул дарсазда цадахъго гIатIидго бачине ккола класстун къватIисеб хIалтIиги: адабияб кружок, цIаларал тIахьазда тIасан бахIсал-конференциял тIоритIи, литературиял хIаял, пасихIго кучIдул, харбал цIалиялъул къецал, концертазде, киноялде, театралде цадахъ ин ва бихьаралда тIасан гара-чIвари гIуцIи, поэтазул, хъвадарухъабазул бакIазде сапарал гьари, литературиял музеязде щвей, халкъияб кIалзул гьунаразул асарал ракIари гIадал тадбирал.


7 класс

(68 саг1ат)

Асарал лъазаризе — 50 саг1ат.

Калам цебет1езабиялъе— 10 саг1ат.

Класстун къват!исеб ц!али бачине — 8 саг!ат.

Байбихьи (1 саг1ат)

Инсан ва гьесул къисмат — адабияталъул аслияб тема.


ХАЛКЪКЪИЯБ К1АЛЗУЛ ГЬУНАР

«Бокьуларо, эбел, рии бач1ине (1 саг1ат)

Вах1шияб г1адат х1исабалда чабхъен каки. Гьелъул балагьаб

хасият бихьизабизе коч!олъ х1алт1изарун ругел ресал.

«Х1ожоги гуржиявги» (4 carlar)

Талавурчилъи, чабхъад хьвади — миллатазда гьоркьоб питна бекьи х!исабалда къисаялда какун бугеб куц.

Х1ожоца гуржияв лагълъун гьавич1ого, васлъун теялъе г1илла. Гьелдаса бижараб гьудуллъи ва гьелъул х1албихьи.

Маг1арулазулги гуржиязулги рух1ияб бечелъи, миллияб г1амал хасият Х1ожолги гуржиясулги сипатаздалъун загьир гьаби.

Къисаялъул г1адатаб, сипатияб мац1.

Адабияталъул теория. Асаралъул г1уц1иялъул х!акъалъулъ баян


XIX Г1АСРУЯЛЪУЛ АДАБИЯ'Г

Инхоса Г1алих1ажияв. «Г1елму ва жагьлу» (1 саг1ат)

Инсанасул г1умруялда жаниб г1елмуялъ кколеб бак!.

Г1елму — хвел гьеч1еб хазина. Асаралъул насих1атаб хасият.


Ц1адаса Х1амзат. «Дибирги Г1анхвараги», «Ашбазалде»

(4 caгlaт)

«Дибирги г1анхвараги»

Диниял къануналги дибирасул ишалги дандеккунгут1иялъул кьуч1алда хъвараб сатирияб асар.

Мискинчиясул г1умру г1анхрилалда релълъинаби — асаралъул хъвалсараб маг1на. Дибирги г1анхвараги гаргазе т1амиялъул мурад.

Рух1ияб тунка-г1усиялда г1анхвара бергьиналъе г1илла.

«Ашбазалде». Г1адамал гуккун, боц1и данде гьабизе лъугьарал даранчаг1азда велъулаго, Х1амзатица кьабулеб сатирикияб ц1ал. Х1ажиясул хъант1и бихьизабизе шаг1ирас х1алт1изарурал эпитетал.

Мац1алъул г1адатлъи, пасих1лъи, бечелъи, кицабаздаса махщалида пайда боси.

Адабияталъул теория. Сатираялъул х1акъалъулъ авалияб баян.


ХХ Г1АСРУЯЛЪУЛ АДАБИЯТ


Асадулагь Мух1амаев. «Маг1арулай» (гьелдаса к1иго кесек):

«Ах1мад т1адвуссин», «Миккикъор» (2 саг1ат)

Лъалареб х1алалъ ругъназул сог1аз хисарав Ах1мад рагьдаса вач1ун эбел - инсуда рещт1ин. Лъазег1ан ккараб гара-ч1вариялда фронталдаги тылалдаги къеркьарал г1адамазул рух1ияб бечелъи, т!адег1анлъи.


Мух1амад Хуршилов. «Г1андалал» (5 саг1ат)


Къисаялъул х!акъикъияб аслу. Гьеб хъваялъул мурад ва замам. Ват1ан хиралъиялъул асар ва гьеб ц1унизе рух! кьун рагъарал умумузул ирс ц1унизе ккей—асаралъул тема. Маг1арулазул чилъи борцунеб роцен—таваккал, бах!арчилъи, къвак1и. Херав Х1асанил, Чупаласул ва цогидалги багьадуразул сипатал. Надир-шагь инжитго къеялъе г1илла.

Адабияталъул теория. Адабияталъул аслиял тайпаби: эпос, лирика ва драма (авалияб баян).


Мух1амад Шамхалов. «Тамашаяв гьобол» (2 саг1ат)


Асаралъул аслияб тема — революциялда цересел соназда Мах1ач Дахадаевасул х1аракатчилъи. Г1олохъанго Мах1ачил бук1араб гьунар ва, макърат1исалъ махх г1адин, г1адамал жиндехунго ц1алеб рагьараб рит1ухълъи.

Мах1ачил сипат рагьизе авторас х1алт1изарурал сипатиял раг1аби ва гьезул к1вар.


Мух1амад Сулиманов. «Васигат» (4 саг1ат)

Ц1аруйго берцин рихьарал ясал хъами, цогидал х1инкъизарун, питна балагьизе рахъин г1адинал инсаплъи хварал нек1сиял г1адатат поэмаялда каки.

Бах1арчияй ясалъул сипат. Гьей маг1арул ясалъул бах1арчияб намус-ях1алъул г1аламатлъун йихьизайи.

Бидулас хъачагълъи рехун теялъе г1илла. Ярагъ ракьулъ букъияльул маг1нa.

Поэмаялъул мац1алъул пасих1лъи, чвахиялъул дуруслъи.

Адабияталъул теория. Поэмаялъул х1акъалъулъ авалияб баян.

Расул Х1амзатов. «Эбелалъ дир кинидахъ», «Дагъистаналъул рохьал» (5 саг!ат)

Г1умруялъул ицц — эбелалде г1урхъи гьеч1еб рокьи шаг1ирас коч1олъ загьир гьабураб куц. Эбелалъул рокьиялъ лъимадул чи лъугьинави, гьелъухъ лъимал улбузда цере даим налъулаллъун хут1и х1еренаб, пасих1аб, сипатияб мац1алъ бицунеб куц.

Маг1арулазул ях1-намусалъул, рух1ияб бечелъиялъул, т1абиг1аталъул, г1агараб Ват1аналде гьезул бугеб рокьул к!одолъиялъул бицунел «Маг1арулал», «Дагъистаналъул рохьал» абурал куч1дул. Жиндирго Ват1аналдаса ва гьелъул миллаталдаса шаг!ирасул ч1ух1и.

Куч1дузул маг!наялъул гъварилъи, мац1алъул сипатлъи, формаялъул рекъонккей.

Адабияталъул теория. Шиг1руяб ва хабарияб каламалъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Коч1ол г1уц1и. Анкьго ва анц1ила цо гьижаялъул роцен, гьезул чвахи.


Муса Мух1амадов. «Инсул гьобол» (4 саг1ат)


Гьоболасул адаб-х1урмат гьаби — маг1арулазул гьайбатаб г1адат бук!ин. Гьалбал хирияв Г1абдулагьил ва гьесул лъадул рух1ияб бечелъи.

Лъик1аб г1адат, цоцахъе кьолаго, рух1ияб хазиналъун наслабаз ц1унизе ва бечед гьабизе ккей — хабаралъул аслияб пикру. Аслиял багьадуразул сипатал. Асаралъул пикру рагьизе т!абиг1аталъул сураталъул бугеб к1вар.

Адабияталъул теория. Адабияб хасият-г1амалалъул х1акъалъулъ авалияб баян.


Фазу Г1алиева «Маг1арулазул нус» (4 саг1ат)

Гьит1инаб халкъалъул тарихалъул к1одолъи. Жакъасеб г1ел бах1арчиял умумузул мустах1икъал ирсилал рук1иналдаса шаг1ирасул ч1ух1и.

Маг1арул руччабазул г1акъилиъи, к1одолъи ва бах1арчилъи поэмаялъулъ ах1ун бугеб куц.

Шуг1айнатил бац1ц1адаб рокьи –инсанасул рек1елъ т1адег1анаб асар.

Рокьиялъе дин гьеч1о, гьелъие миллат гьеч1о – поэмаялъул аслияб пикру.

Дандекквеял, эпитетал, метафорал г1адал сипатиял раг1абазул к1вар. Мац1алъул пасих1лъи.Каламалъул пахруяб чвахи,х1алуцин.

Адабияталъул теория. Поэмаялъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.Коч1ол къот1елалъул х1акъалъулъ баян ва 7,11 гьижаялъул шиг1руяб каламалъул г1уц1и ва чвахи такрар гьаби.

Адабияталъул теория.

Адабияталъул сипатияб каламалъул (мац1алъул)х1акъалъулъ баян.


Багьатар. «Чадил кесек» (2 carlar)

Инсанасул г1умруялда жаниб чадица кколеб бак1. Кванидехун х1урмат гьаби — асаралъул пикру. Хабаралда авторас рорхун ругел суалал.

Адабияталъул теория. Асаралъул г1уц!иялъул (композициялъул) х!акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.


ДАГЪИСТАНАЛЪУЛ ХАЛКЪАЗУЛ АДАБИЯТАЛДАСА

Къияс Мажидов. «Myг1рузул ц1умазе хвел бук1унадай»

(3 саг1ат)

Хъвадарухъанасул г!умру ва адабияб х!аракатчилъи.

Къисаялъул тема ва пикру. Радал г1ужалъе хъвадарухъанас гьабураб сипат-сурат. Падарие Нурали-бабаца кьураб къимат. Г1олохъанав чанахъанасе херас рагьараб балъголъи. Нурали-бабал сипат.

Хабаралъулъ х!алт1изарун ругел сипатиял раг1абазул бугеб к1вар.

Къияс Мажидовасул асаразул мац!алъе хасиятал рахъал.


Багьавудин Митаров. «Бице гьудулзабазда» (1 caг1ат)

Шаг1ирасул г!умруялъул х1акъалъулъ къокъаб баян.

Рокъобе кагъат х1исабалда хъвараб коч1ол пикру — Советияб Армиялъ бергьенлъи босиялда рак1ч1ей ва гьелдаса ч1ух1и.

Ват1аналде къо ккараб мехалъ, керен кьун, гьеб ц1унулезда гьорлъ вук1ине щвей шаг1ирас талих1лъун рик1к1ин.

Фронталъулги тылалъулги цолъи, рух1ияб гъунки загьир гьабизе шаг1ирас х1алт1изабураб коч1ол форма.




Г1алирза Саг1идов. «Г1азул т1аргъал», «Рач1а гьудулзаби»

(2 саг1ат)

К1удияб Ват1анияб рагъда бергьенлъи босиялдаса ч1ух1иялъул асар загьир гьабизе т1абиг1ияб сипаталдаса пайда бугеб куц.

Хит1абияб къаг1идаялда кеч1 г1уц1иялъ рек1ел асар г!ат1идго рагьизе кьолеб рес.

«Рач1а, гьудулзаби». Дагъистаналда гьудуллъиги вацлъиги бищун т1адег1анаб рух1ияб бечелъи бук1ин коч1олъ загьир гьабун бугеб куц. Ват1ан хиралъиялъул, гьелдаса ч1ух!иялъул асар шаг1ирасда кьезе к1ун бугеб куц ва гьелъие ратарал ресал.



Мух1амад-Расул. «Эбелалъул рах1му»

(2 саг1ат)

Васасдехун эбелалъул бугеб к1удияб рокьи ва божилъи сабураб г1орхъода ч1езабизе Насибатил ц1одораб махщел.

Гьит1инлъиялъ ва г1анч1лъиялъ Алмасил ккарал гьалат1ал. Квешлъиялдаса вас ц1унизе эбелалъул божилъиялъул бугеб к1вар.

Щивав багьадурасе авторас кьолеб къимат загьирлъулел сипатиял раг1аби.


Абут1алиб Гьапуров. «Квешлъиялъе квешлъи»

(2 саг1ат)

Лъик1лъи гьабуразе лъик1лъи, квешлъи гьабуразе квешлъи батулеб г1умруялъул закон рагьизе шаг1ирасда батараб тема.

Гьабураб квешлъи кида-къадги жиндаго реч1ч1улеблъи бихьизабун бугеб куц. Абут1алибил насих1атиябгун философияб маг1на. Раг1абазул г1адатлъи, маг1наялъул гъварильи, г1акълуялъул камиллъи.


Мух1амад Гунашев. «Ц!адулал соназул учитель»

(4 саг1ат)

Жиндиего бокьун, К1удияб Ват1аниб рагъде арав учителасул къисмат. Поэмаялъул х1акъикъияб кьуч1. Рагъул авлахъалда бохги тун, школалде т!адвуссарав учителасул рух!ияб бечелъи. Жиндир ц1улал бох бук1инцин лъазе теч1ого, окопазул форма хисич1ого, гулбуз борлъ-борлъараб шинелалда гъорлъ, бергьенлъиялъул къо бач1инег1ан гьев хьвадарав куц. Фронталда улбул ругел лъималазе эменлъиги учительлъиги цадахъ гьаби. Жиндирго мукъсанаб квен ракъарал ц1алдохъабазе кьун, к1удияб ях1-намусалда вук1ин.

Учителасул камилаб сипат г!уц1изе шаг1ирас х1алт1изарурал дандекквеял, метафорал, эпитетал ва гьезул к1вар.

Адабияталъул теория. Поэмаялъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Мац1алъул пасих!лъи, х1алуцин, аллитерациялъул бечелъи. Анкьго гьижаялъул роцен ва гьелъул к!вар.

Рек1ехъе лъазаризе

Ц1адаса Х1амзат. «Ашбазалде». (Цо бут!а).

Мух1амад Хуршилов. «Г1андалал». (Цо кесек).

Расул Х1амзатов. «Маг1арулал».

Г1алирза Саг1идов. «Г1азул т1аргъал».


Жидецаго ц1ализе кколел асарал


Ц1адаса Х1амзат. «Дир г1умру». «К1удияв Х1асан».

Мух1амад Шамхалов. «Ч1ег1ерав чи».

Асадулагь Мух1амаев. «Чаландар».

Шах-Эмир Мурадов. «Маг1арухъ рогьел».

Расул Х1амзатов. «Маг1арул къиса» (поэма). «Маг1аруласул ват!ан».

Г1арип Расулов. «Кьог1ал конфетал».

Мух1амад Г1абдулх1алимов. «Циги т1инч1ги».

Тажудин Таймасханов. «К1илк1азе биун т1ураб гулла».

Фазу Г1алиева. «18 абидеб их».

Абакар Т1агьиров. «Г1андадерил ралъдахъ».

Г1умар-Х1ажи Шахтаманов. «Кьурулъ нух щвеч1еб бис».

Мух1амад-3аид Аминов. «Гьудуллъиялъул улка».

Мух1амад Атабаев. «Замана».


VII классалда адабиял темабазда т1орит1улел к1алзулал ва хъвавулал х1алт1абазул аслиял тайпаби

Ц1алдохъабазул жидерго зах1маталъул, гьез жамаг1аталъе гьабулеб пайдаяб х1алт1ул бицарал сочинениял хъвай.

Художествиял ва рич1ч1изе бигьаял г1елмиял текстал чвахун ва paгlyн ц1али.

Художествиял асарал яги гьезул кескал пасих1го ц1али.

Хабарияб асаралъул яги гьелъул цо бут1аялъул план г1уц1и. Ц1алдохъанас жиндирго к1алъаялъе план г1уц!и.

Багьадураздехун, гьезул ккарал ишаздехун бижараб жиндирго пикруги загьир гьабун, бицунги хъванги, жинцаго ц!аларал асаразе, художниказ рахъарал суратазе, рихьарал фильмабазе къимат кьей.

Авар мац1алъулгун бухьен

Бич1ч1изе бигьаяб г1елмияб мац1.

Жиндирго пикру бицунеб сочинение.

Хабарияб тексталда т!асан (г1ат1идго, къокъго, тlaca бищун) х1алт!и унеб куцалъул бицунеб, инсанасул сурат цебеч1езабулеб изложение.


Лъаялъул ва бажариялъул рахъаль VII классазул ц1алдохъабазда цере лъолел аслиял т1алабал

Щалдохъабазда лъазе ккола:

•лъазарурал асаразул ва гьезул авторазул ц1арал, ц1аразул маг1на;

•лъазарурал хабариял асаразул багьадуралги гьез г1ахьаллъи гьабулел ишазул т1елги;

•лъазабураб асаралъул г1уц1иялъул хасал рахъал;

•адабиял терминал: махсара, сатира, метафора, адабияталъул тайпаби;

•рек1ехъе лъазаризе программаялда рихьизарурал текстал.


Ц1алдохъабазухъа бажаризе ккола:

I

•хъвадарухъанас г1уц1арал сипатиял лъугьа-бахъинал пикрудалъ гвангъун цереч1езари;

•багьадурасул г1амал-хасият рагьизе х1ажатал лъугьа-бахъинал лъазабулеб асаралдаса т!асарищизе;

•пикруябгун художественияб рахъ рагьизе сипатиял раг1абазул бугеб к1вар батизе;

•муг!алимас кьураб логикияб суалалда рекъон асаралъул багьадурасул г1амал-хасият рагьизе;

•лъазабулеб бугеб асаралъул к!иго багьадурги дандеккун, гьездехун авторасул бугеб бербалагьи загьир гьабизе.

II

Минуталда жаниб 110-120 раг1и кколеб хехлъиялда рич!ч1изе бигьаял, г!елмиял ва художествениял текстал рит1ун, дурун, раг!ун, ц1ализе;

•художествиял асарал пасих!го ц1ализе;

•хабарияб асар изложение х1исабалда бицинеги хъвазеги;

•хабарияб асаралъул, яги гьелъул цо бут1аялъул план бахъизе;

•ц1алдохъанасул жиндирго к1алъаялъе план г!уц!изе;

•багьадураздехун, гьезул ишаздехун бухьараб ва цогидал искусствоялъул асаразе къимат кьезе (бицунги хъванги).







Дарсил тема: «Инсан ва гьесул къисмат - адабияталъул аслияб тема.

Дарсил мурадал: 1.Т1ехьалъулгун ц1алдохъабазул лъай-хъвай гьаби.

2.Ц1алдохъабазда ц1ияб темаялъул мурад бич1ч1изаби. Инсанасул г1умруялда жаниб адабияталъул к1вар баян гьаби. Калам берцинлъиялъе ругел ресал рихьизари.

3. Художествияб литератураялдаги г1елмуялдаги гьоркьоб бугеб бат1алъи бихьизаби.

4. Ц1алдохъабазул ц1алудехун гъира бижизаби.


Дарсил алатал: т1ахьал, авторазул суратал.

Дарсил ин.


1.Ц1алдохъабазе салам кьела. Риидалил каникулал кин т1орит1аралали гьездаса ц1ех-рех гьабила. К1вар кьела гьезул рет1а-къаялде.

2.Ц1ияб дарс байбихьи.

Гъорлъе лъугьиналъул накъит.

Учитель: «Хириял ц1алдохъаби!

Нужеца нахъа тана анлъго сонил ц1али. Гьанже нуж щун руго анкьабилеб классалде. Исанаги нилъеца литературияб г1елму малъизе буго. Художествиял асарал ц1алулаго, нужеда лъазе ккола литературияб г1елмуялда х1ажатал баянал. Ругьунлъизе руго асараздаса лазат босизе, гьезие бит1араб къимат кьезе. Г1адамазулъ г1аданлъун вук1ине ккани, лъайги г1акълуги щвезе ккола. Лъай-г1акълуялъул къунареб иццлъун ккола т1ехь. Т1ехь кинха бижараб?

Хъвай-хъваг1ай бижаралдаса нахъе, поэтаз, хъвадарухъабаз, г1алимзабаз, жидерго гьунарги г1акълуги жанибе буссинабун, т1ахьал хъвала ва, жалго хваниги, хвел гьеч1ел асарал нахъе тола. Гьеч1о жакъа нилъгун Инхоса Г1алих1ажияв, Ц1адаса Х1амзат, Мах1муд, Элдарилав, Х1амзатил Расул, амма гьезул г1акъилал ва гьайбатал асарал жакъаги нилъгун руго ва азарил соназ рук1ине руго т1аде рач1унел г1елазе. Гьез нахъе тарал асараз нилъеда малъула ц1одорго хьвадизе, квешлъи рихине, лъик1лъи бокьизе. Гьединлъидал т1ехь ккола рух1ияб бечелъилъун, рух1ияб хазиналъун. Щибаб т1ехьалда жаниб нилъеда батула гьелъул авторасул г1акълуги, х1асратги, рокьиги, ццинги. Цох1ониги т1ехь бук1унаро жинда жаниб пайдаяб г1акълу гьеч1еб. Гьединлъидал нилъеца т1ахьазул бергьун къимат гьабизе ккола.

Поэтаз ва хъвадарухъабаз хъварал асарал ккола нилъер рух1ияб бечелъи. Гьелда абула адабиятилан. Гьеб рух1ияб бечелъи кодосев чилъун вук1ине ккани, к1вах1 тун, т1ахьал ц1ализе ккола ва гъваридго бич1ч1изе ккола авар халкъалъул литература.

Ц1алдохъабазе рикьила ц1алул т1ахьал. Т1ехь хъварал авторазул суратал рихьизарила ва къокъго гьезул х1акъалъулъ бицина. Т1ехьалъул бут1абазе баян кьела. Гьединго баян кьела литература абураб раг1уе (адабият) ва гьединго адабияталъул тайпабазе.


3.Ц1ияб тема рагьи: «Инсан ва гьесул къисмат-адабияталъул аслияб тема»

Муг1алимасул ц1али.

Ц1алдохъабазе кьела гьадинал баянал:

1Адабият» абураб раг1ул маг1на щиб кколеб?

2.Кина-кинаб бук1унеб литература?

3.Адабияталъул тайпаби, жанрал рихьизари.

4.«Образ» абураб раг1ул маг1на.

5.Г1елмуялдаги литератураялдаги гьоркьоб бугеб бат1алъи.

4.Ц1алдохъабазулгун накъит гьаби.

-Цо пасих1аб калам яги коч1ол мухъ рехсе. Хал гьабе, калам

берцинлъизе, гьениб эпитет х1алт1изабун бугищали.

-Щибха кколеб художествияб литератураялъул аслияб тема?

-Мисал бачун бихьизабе.

-Художествияб литератураялъул кинал тайпаби нужеда

лъалел?

-Щиб жо кколеб фантазия?

-Бищунго г1емер кинал асаразулъ гьеб батулеб?

-Рак1алде щвезаре анлъабилеб классалда ц1аларал асарал.

5. «Халкъияб к1алзул гьунар»

Словарияб х1алт1и

Баллада-х1икматаб лъугьа-бахъиналъул бицунеб кеч1.

Легенда - ц1акъго г1ажаибаб, х1икматаб ишалъул бицунеб хабарияб асар.

Халкъияб к1алзул гьунаралъул х1акъалъулъ бици.

Халкъалъ ургъарал художествиял асаразда к1алзул гьунаралъул асаралилан яги фольклорилан абула. Фольклор буго ингилис мац1алдаса бач1араб раг1и, авар мац1алда гьелъул маг1на ккола халкъияб г1акъиллъи, ц1одорлъи абураб. Фольклор абураб раг1и т1олго дунялалъулго мац1азда х1алт1изабула гьаб маг1наялда.

Литературиял асаразул ц1ар ч1варав, якъинав автор вук1уна. Масала, дунялалдаго машгьураб «Къункъраби» абураб коч1ол автор ккола Расул Х1амзатов. Фольклоралъул автор ккола кинабго халкъ.

Нужеца ц1алараб «Ралъдал чу» маргьаялъул автор, ц1ар ч1ван, нилъеда абизе к1оларо. Гьев вук1ун ватила гьунар бугев, пасих1аб мац1алъул, бечедаб фантазиялъул г1акъилав чи. Гьеб маргьа г1адамаз, наслабаз наслабазухъе кьун, цо-цо жо т1аде жубан, цо-цо т1аса бахъун, къач1а-к1ат1ан нилъехъе щвана, авторасул ц1ар хут1ич1о.

Т1оцебе Дагъистаналда басмахана рагьана Мух1амад - Мирза Мавраевас. Гьенир г1емерал т1ахьал къват1ире риччана маг1арулаз. Рахъана фольклориял асаралги басмаханаялда. Гьеб х1алт1улъ к1удияб жигарчилъи гьабуна Г1абдулат1ип Шамхаловас, Шигьабудин Микаг1иловас, Мух1амад-Саид Саидовас, Багьжат Испагьиевалъ, Сиражудин Х1айбуллаевас ва цогидазги. Гьединго маргьаби ва куч1дул данде гьаруна Ч1ик1аса Айдемирица.

Рач1а цересел классазда ц1аларал фольклориял асарал рак1алде щвезаризин. Нужеца ц1алана «Церги чакъалги», «Къайицадахъал», «Вацги яцги», «Цилг1ин» абурал маргьаби. Хасго нужее бокьун батила «Ралъдал чу» абураб маргьа.

Фольклориял асаразда гъорлъе уна бат1и-бат1иял балладаби, легендаби, халкъиял къисаби, кицаби, бицанк1аби.

6. Дарсил х1асилал гьарила:

-Щиб нужеда ц1ияб жо лъараб?

-Щиб бич1ч1ич1еб?

-Дарсил щиб нужее бокьараб?

7.Рокъобе х1алт1и: гьумер 3-7, бокьараб баллада яги легенда ц1ализе (интернеталдаса, журналаздаса пайда босизе бегьула).


Дарс х1адур гьабуна

Г1ахьвахъ районалъул Лологъонилъ

росдал школалъул муг1алим

Пахрудинова Айшат Назирбеговнаялъ.


Тема: «Унсоколоса ХIожоги гуржиявги» - (халкъияб къиса)

Т1оцебесеб дарс

Малъиялъул мурадал:

1.ЦIалиялъул бажари камиллъизаби.

2.ГIадатаб анализалъул кумекалдалъун лъималазул гIакълу бегIери.

3.Лъималазул кIалзулаб калам цебетIезаби. ВатIаналде рокьи бижизаби.

ХIажалъулеб алат: халкъиял асаразул выставка, адабияталъул тIехь, компьютер, проектор, халкъияб бакъан.


Дарсил ин:

I. Дарсиде хIадуриялъул лахIзат.

II. Дарсил тема лъазабила. Темаялда тIасан авалияб гара-чIвари гьабила.

МугIалимасул цеберагIи (халкъияб бакъаналда гъоркь)

НекIо, феодалияб заманаялъ, давлаялъ хьвади (ай хъачагълъи) бечедал чагIазул ва гьезул лъималазул гIадатлъун букIана. Гьеб нахъегIанаб гъарачилъи бахIарчилъилъун, рецц-цIаралъе мустахIикъаблъун рикIкIине гьез цIакъ хIаракат бахъулеб букIана. Чу босизе рес бугел узденал гIолохъабиги бечедаз жидедаго хадур цIалел рукIана. Цо-цо хъантIарал чагIи хутIизегIан, мискинзабазе, жидецаго хур бекьулел, бокь бахъулел, жидерго гъиналдалъун бетIербахъарал магIарулазе чабхъад хьвади рихараб, инжитаб жолъун букIана. Чабхъад араз боцIи-рикъзи гуребги, рес бугел бечедал гуржиязул лъимал, ясал хъамулел рукIана. Гьез гьел хадур квергIураб гIарац-меседалъухъ нахъе кьолел рукIана. ЦIар чIвараб боцIи кьезе рес гьечIезул лъимал лагълъуда кколел рукIана. Бечедал чагIазе рагьдателал, цере хIалтIизе гIадамал къваригIулел рукIиндалха. ЗахIматалъул хъизаналде ккарал, жидерго рукъалъул лъималлъун хьихьулел, гIезарулел рукIана, жидер заманалде рахарабго, ригьин-цIаги гьабун, тIуралел рукIана.

Гьединав гIадатав Унсоколоса магIаруласул ккараб къисаялъул бицине буго нилъеца жакъасеб дарсида.

III.Словарияб хIалтIи тIобитIила малъизесеб темаялда тIасан. Лъималаз рагIаби жидерго хасаб тетраталда (словарикалда) хъвала.

1. Къиса – хабариял асаразул цо тайпа. Гьеб ккола лъугьа-бахъиназул рахъалъан хабаралдаса бечедаб, романалда данде ккун, гIемерго гьитIинаб, аслияб къагIидаялъ цо-кIиго багьадурасул гIумруялъул бицараб, цогидал гIахьалчагIазулги къисматалда хъатIулел ишал кколеб, аслияв багьадурасул цIаралдасан бицараб сипатияб асар.

2.МестIерзаби – тохтирзаби

3.Хъош – баш – гьикъа-бакъари, салам кьун гьабулеб гара-чIвари.

4.ХатIа – гъалатI, мекъи ккараб тохаб иш.

5.ЛекIи – гуржияз магIарулазда абулеб цIар.


IV.Учителас къиса художествияб къагIидаялъ бицина. Бицине гьунар гьечIес лъалхъичIого пасихIго цIалила. Хадуб рагIараб къисаялъул пикру гьабизе 2-3 минуталъ тела.

V.Къисаялъул гIадатаб анализ гьабила суалазул кумекалдалъун:

- Къисаялъул аслиял героял щал?

- Гьезул гьоркьоблъи кинаб бугеб?

-Эмен ХIожо бечедазулдай яги мискинзабазда гъорлъадай вукIарав? Сундалъун нилъеда гьеб чIезабизе кIолеб? (Бечедаз месед-гIарацалъухъ нахъе кьолаан, яги рагьдателаллъун, лагъзаллъун хIалтIизарулаан асирал, мискинзабаз рокъоса чилъун толаан).

- ХIожоца жиндирго асир-гуржияв ватIаналде кин тIовитIарав?

Щиб гьелъ бихьизабулеб?

- Гуржиясе аслияб тарбия лъидасан щвараб?

-«Бидухъ би» абураб гIадат лъица хIалтIизабулеб букIараб?

-Гуржияс чIвазе жиндихъе васал ритIеян ругьел баялъе

гIилла щиб?

- Жидерго вас ХIожоца чIван ватараб мехалъ, гуржиясги

лъадуцаги гьесдаса жидерго къварилъи балъго гьабуна. Гьеб

ишалъ кинав чилъун гуржияв вихьизавулев?

-ХIожол ХIожоца чIвазелъун жиндирго кIиявго вас Гуржиялъе

ритIиялъе гIилла щиб?

-РитIичIелани, гуржиясда дандеккун, кинав чилъун ХIожо

ккезе вукIарав?

-Рит1ичIони, щиб лъугьинилан гуржияс кагътида хъвалеб

бугеб?

(ЦIалила «…нилъер гьудуллъи тIечIого гIаданлъиялда

билълъинабизе ракIалда батани ».)

- Гьудуллъи-божилъи хвезегIан, магIарулас щиб тIаса бищулеб

бугеб? МагIарулал кинал чаг1илъун нилъеда рихьизарулел?

-Бечедаз гьедин гьабилаандай?

-Гуржиясда магIарулазул «Бидухъ би» абураб кици кисан

лъалеб букIараб?

-ЧIвазеян кьезарурал ХIожол васалги хьихьун, гуржияв чIеялъе

гIилла щиб?

- Гьелъ гуржияв кинав чилъун вихьизавулев?

- ХIожол васал гьес чIваралани, кинав чилъун гьев рикIкIине

бегьилеб букIараб?

-МагIарулазул кинаб гIадат гуржиясда берцин бихьулареб

букIараб?

- Къисаялда жаниб гуржиясда, гьесул лъадуда хасал цIарал лъечIого теялъе гIилла лъалищ? (Лъималазда лъалеб батичIони, учителас бицина): «Гьелъие гIилла буго, цо чиясул яхI-намусалъул ва сахаватлъиялъул гуреб, тIолго гуржихалкъалъе хасиятаб рухIияб бечелъиялъул чиясул бицунеб букIин, гьесул бакIалда бокьарав гуржияв вукIине бегьи, гьеб миллат гьудуллъиялъе кьучIаб букIин бихьизабизе, цо гуржиясулъ тIолабго халкъалъул тIадегIанаб рухIияб бечелъи загьир гьаби. ЦохIо ХIожода гурони, къисаялда цониги героясда хасаб цIар абун гьечIо. Гьебги щивав гIадатав магIаруласде ишан гьаби гIадаб аваразда гьоркьоб тIибитIичIеб тIокIцIаргIадаб жо буго. Гьелъие гIиллаги добго буго.»

VI. Дарсил хIасилал гьарила.

- Чабхъен щиб жо кколеб?

- Къисаялъул аслиял героял щал?

- Къиса бокьанищ нужее?

-Халкъалъ кинаб къимат кьолеб букIараб цо-цо гIадамаз некIо

заманалъ ЦIоралде чабхъенал гьариялъе?

- Гьанже заманалъ гьарулищ чабхъенал?

VII. Рокъобе хIалтIи.

1.Къиса лъугIизегIан цIализе.

2.ТIадкъала чвахун, бичIчIун, гъалатI биччачIого, къиматалъе цIализе лъазе.

3.Ратарал ричIчIуларел рагIаби хъван росизе.

К1иабилеб дарс


Тема: «Унсоколоса ХIожоги гуржиявги».

Малъиялъул мурадал:

1.Халкъияб къисаялъулги маргьабазулги мацIалъул пасихIлъи, гIадатлъи, г1уцIиялъул релълъен бихьизаби.

2.ЦIалиялъул бажари камиллъизаби.

3.Тексталда букIахъе хIасил бицине ругьунлъи.

ХIажалъулеб алат: тIехь, компьютер, проектор.

Дарсил ин:

I. Дарсиде хIадуриялъул лахIзат.

II.Рокъобе хIалтIул хал гьаби:

1.Учителас цIехела:

- Кинаб мацIалъ хъван бугеб къиса? РичIчIуларел рагIаби

ратанищ?

-Къисаялъул калам кинал асаразда релълъараб бугеб? (Халкъиял маргьабазда).

-Гьелъие гIилла щиб? ЛъачIони, живго мугIалимас бицина: «Гьеб маргьаго гIадин, гьунар бугел хабарчагIаз чархида кколаго, къачIалаго, гIадатаблъун гьабулаго бачIараб буго

нилъехъе».

БакIалъул (диалектияб) цониги рагIиго дандчIванищ нужеда? Гьелъие гIилла щибдай?

- Халкъиял асарал кинал кколел, щай гьезда халкъиялин

абулеб?

- Халкъиял асаразул кинал тайпаби нужеда лъалел?

- Халкъиял асаразул бищунго нужее бокьулеб тайпа щиб?

2.Викторина «БицанкIо чIвай»

- Щиб жо кколеб бицанкIо? (БицанкIо ккола шигIруяб яги хабарияб формаялда, релълъен-хъваялъул кьучIалда гвангъарал сипатаздалъун гIуцIараб, цIар балъго тараб предметалъул хасият-гIамалалъул хIакъалъулъ къокъаб асар)

- Хур хъахIаб,

Хьон чIегIераб,

Квералъ хьалеб,

КIалалъ бакIарулеб? (ЦIалулеб тIехь)


- Радал кванде ункъхIатIилаб,

Къаде кванде кIихIатIилаб,

Къасде кванде лъабхIатIилаб.

(Инсанасул гьитIинаб, гIолохъанаб ва хераб заман)



- КигIан бугониги,

Жиндие гIей гьечIеб. (Лъай, гIакълу)


- Бищун бакIаб гьир. (налъи)


-КвананагIан гьарзалъулеб,

ГьекъанагIан гIемерлъулеб. (гIелму)


- Риххун лъуни, магIна гьечIел,

Кьерда лъуни, гаргадулел. (хIарпал)


- ХIатIал кваналеб,

Кверал къинлъулеб. (гъветI)


- ГIалах бакьулъ цохIо гъветI,

ГъотIода тIад анцIила кIиго гIаркьел,

Щибаб гIаркьалида лъе-лъебер тIегь,

Щибаб тIогьодаги къоло ункъ-ункъ гIеч,

Щибаб гIечудаги лъабкъо-лъабкъого пурчIун. (ЛъагIел, 12 моцI,

моцIрол 30 сордо-къо, сордо-къоялъул 24 сагIат, сагIтие 60 минут )


3. Гьанже ралагьизин цIализе нуж кин хIадурлъаралали. (ЦIализе ва хIасил бицине рахъинарила 2-3 чи.)

-ТIоцевесев цIалдохъанас цIалила ва хIасил бицина, тексталде гIагарун, авалияб бетIералъул.

-КIиабилев цIалдохъанас кIиабилеб бетIер, «живго цохIо къайи чIван чIун вуго» абураб бакIалде щвезегIан цIалила чвахун, хIасил бицина.

-Лъабабилев цIалдохъанас кIиабилеб бетIер лъугIизегIан цIалила. ЦIалиялъе ва хIасил бициналъе къимат кьела.


III. Жалго жидедаго чIун цIализе кьела 3 бетIер ва тIадкъала гуржиясул гIамал-хасият рагьулел глаголиял гIуцIаби ратизе. Гьезул кьучIалда гьесие къимат кьезе хIадурлъила.

-Дараби гьаризе тIамунила; лъикIаб квен кьун, хьихьанила; цIакъ ургъел гьабунила; холеб бакIалдаса вахъинавуна; цIакъ нечезавуна; бан къвалгун къочанила; дир ракI Гуржиялъе цIалаан; дир ракI Унсоколоб букIунаан; вац вихьаравгIан, вохана; гьоркьоблъи тIатун, лъикI ккана; лъикIаб чу-ярагъ, ретIел-тIех къачIанила; сайигъатал лъун, цIакъ лъикI нухда лъунила.

-ЦIакъ абураб рагIи чан нухалъ хIалтIизабун бугеб къисаялъулъ? Гьелъул мурад щиб?

-«Бицунеб рагIухъ балагьуге, гьабулеб ишалъухъ балагье»,– ян малъула кициялъ. Гьелъул магIна щиб? Щай халкъалъ гьедин абулеб?

- Гьабулеб ишалъухъ балагьун, гуржияв кинав чилъун нилъеда цеве чIолев?

(Глаголиял гIуцIабазул кьучIалда хIасил гьабун, рехсела гуржиясул гIакъиллъи, цIодорлъи, гIаданлъи, гIадан хиралъи, сахаватлъи, лъикIлъи кIочонгутIи, гьудуллъи-вацлъиялде цIайи).

IV.Ункъабилеб бетIер цIализабизе иргадал рахъинарила 3 цIалдохъан.

-ТIоцевесес цIалила «Рокъове щун дагьаб мех балелде, гьес чIужуги ячанила» - абураб бакIалде щвезегIан, ва тексталде гIагарун, гьелъул хIасил бицина.


-КIиабилес гьев щвараб бакIалдаса «Гьал ун хадуб, кколеб жо гьабунила гуржияс васасе» абураб бакIалде щвезегIан.


-Лъабабилес гьеб бакIалдаса лъугIизегIан цIалила ва гьебго къагIидаялъ хIасил бицина.


V.Ункъабилеб бетIералъул хIасил гIаммлъизабизе гара-чIвари гьабила:

-ХIожол ХIожол кинаб рухIияб гьунаралъ гуржияв гIажаиблъизе гьавурав? Кинав чилъун гьенив ХIожо вихьулев?

-Гьединаб яхI-намус цохIо ХIожое хасаб жойищ яги авар халкъалъего хасиятаб рахъищ?

-Гьоболлъиялъул закон цIунизе ва яхI баччизе гуржиясул бугеб гьунар сундулъ загьирлъараб?

-Гьеб хасият кинабго гуржихалкъалъе гIаммаб жо букIин сундалъун чIезабилеб?

-«Бидухъ би» - ян абураб рехун тезе ккараб аваразул гIадатищ букIараб чIвазе кIиявго вас Гуржиялъе ритIиялъе аслияб гIилла? Сунде ракIчIун гьез гьел Гуржиялъе ритIарал?

- Гьеб ишалъулъ кинав чилъун нилъеда ХIожо вихьулев?

- ЯхI-намусалъе, гьудуллъиялъе кинал цIакъаллъун рикIкIине бегьулел? Гуржиявищ ХIожойищ?


VI. Дарсил хIасилал гьари:

1.Гьаб асаралъул маргьаялда релълъараб рахъ щиб кколеб, къисаялда релълъараб рахъ щиб кколеб?

2.«Бидухъ би» абураб магIарул басрияб гIадаталде гуржиясулги магIаруласулги балагьи кинаб бугеб?

3.Къисаялъул идея щиб кколеб? (Миллаталъул гIадамазда гьоркьоб гьудуллъи).

VII. ЛъикIго цIаларал, дарсида жигараб гIахьаллъи гьабурал лъималазе къиматал лъела.

VIII. Рокъобе хIалтIи.

1.Къисаялъул аслияб пикру жинда жаниб загьирлъулеб 5 бетIер цоги нухалъ цIализе ва идея загьирлъулел мухъал хъван росизе.

2.ТIехьалда кьурал тIадкъаял т1уразе. (гьум. 19)

3.ВатIаналда, гьудуллъиялда хурхарал кицаби хъван рачIине.


Лъабабилеб дарс

Дарсил мурадал:

1.Анализалъул кумекалдалъун, ХIожол ХIожолги гуржиясулги миллияб рухIияб бечелъи, тIадегIанаб инсаплъи ва гьудуллъиялъе кьучIлъи рагьи ва гьеб кинабго кIиябго миллаталъе хасиятаб рахъ букIин чIезаби.

2.Гьанже гьеб гьудуллъи бахун бугеб даража бихьизаби.

3.ГIагараб ракьалде, миллаталде, мацIалде рокьи бижизаби.

4.ГIадатаб анализалъул кумекалдалъун лъималазул гIакълу цIубазаби.

ХIажалъулеб алат: тIехь, проектор, компьютер.

Эпиграф:

«ВатIаналдаса бачIунеб

кьогIаб кIкIуйги гьуинаб

букIунеб»

(халкъияб аби)


Дарсил ин:

I. Дарсиде хIадуриялъул лахIзат

II. Рокъобе хIалтIул хал гьаби:

1.Щиб жо кколеб кици, баян кье. (Цо цIалдохъанас бицина, хадуб проекторалдасан бихьизабила).

- Кици ккола хIасилалде щвараб гIакъилаб пикру. Кициялъе хасиятаб буго насихIат, малъа-хъвай гьаби, гIакълу кьей, бицараб жо гIаммлъизаби.

-Рокъоре кьун рукIана ВатIаналда хурхаралниги, гьудуллъиялда хурхаралниги кицаби хъвазе. Лъимал тIамила иргадал цо-цо кици цIализе ва магIна баян гьабизе.

2.МугIалимас цIехела:

- Нилъеца абун букIана 5 бетIералда рагьулин къисаялъул аслияб идея абун. Хъварабищ нужеца?

- Хал гьабила тетрадазул. Цо цIалдохъанас цIалила. (Лълъар борхулаго, гуржиясги ХIожоцаги абурал рагIаби. «Бидул тушманлъи бидул вацлъиялде буссинабизе рекIел хIал гIурав бахIарчиясул савлухъалдасан гьекъола»).

- Хал гьабила тIехьалъул тIадкъаял тIураялъухъ.

III. Къисаялъул гIаммаб анализ. ХIасил тIокIкIинабулел суалал кьела:

- Гуржияв вас кIудияв гIунагIан пашманлъиялъе гIилла щиб? («ВатIаналдаса бачIунеб кьогIаб кIкIуйги гьуинаб букIуна» - ян абураб кициялъул магIна бухьинабила гуржиясул гьариялда).

- Эмен ХIожоца васлъун гуржияв гьесул инсул ватIаналде витIи кинаб ишлъун нужеда бихьулеб?

- Чабхъад хьвадулел бечедал чIухIухъабаз киндай гьеб рикIкIана доб заманаялъ? ГIадатал рекьарухъабаз каканадай гьеб иш?

- ХIожоца гьабураб лъикIлъи гьесул васасе кин батараб? «Сагъи кьода гьабураб Гьима гIорухъ батулеб» абураб кици гьаб къисаялда бухьинабизе рес бугищ?

- ХIожол ХIожое Гуржиялъе чабхъад ине бокьиялъе гIилла щиб? Хъачагълъун, талавурчилъун инчIого, гьев гьоболлъухъ щай инчIев? Гьесда Гуржиялъ вац вукIинги лъалаанин. (ХIасил гьабила: чIухIбузул харбазги, хъачагълъи гьунар-цIарлъун бихьараз бицаралда божиялъ, эменги унев вукIанин абиялъ, живгоги инсул ирс босизе гIун вукIин бихьизабизе бокьиялъ.)

- Чабхъад унилан ХIожол инсуе давла щварабищ? Гьелдаса хайир бахъарабищ?

- Чабхъан вахъин инсул бахIарчилъийищ, яги гьабун борчIараб къадараб ишищ букIараб?

- ХIожол ХIожое чабхъад вахъин сундалъун лъугIараб?

(Асирлъиялдалъун).

- Сундалъун лъугIизе бегьулеб букIараб?

- ХIожо батIаго къайи чIван чIеялъе гIилла щиб? Гьелдалъун кинав чилъун гьев вихьулев?

- ТIубараб илхъи хъамизе цохIо жиндаго гьесда бажаризе букIанищ?

Лъукъун гуржиязухъе кквезе щвараб мехалъ, ХIожоца щибго жо бицунаро. Гьелъ кинаб хасият рагьулеб гьесул?

- ХIакъикъаталда, ХIожо гуржиязул асирлъун ккана, маххалги ран, лагълъун гьавизе бегьулеб бакIалда гьезул хIукму кинаб ккараб?

- «Цо - цояз абунила бацIица бацIил гIамал теларин, рачIа чIван рехизе» абун. Гьедин бацIида данде ХIожол ХIожо кквеялъе гIилла щиб? БитIараб къимат букIарабищ гьеб? Жиндирго талавурчилъи бицине рекъараб гьунарчилъи гуреблъи ХIожол ХIожода кида лъараб? «… дун дуца цIакъ нечезавуна, хасго гьаб лъукъел ккеялъе сабабги дун рокъове вачун хьихьулеб гIадаб букIинчIелъул».

-ТIокIалъ чабхъаде анадай ХIожол ХIожо?

-ТIоцебесеб чабхъадулаб сапаралъ ХIожода щиб малъараб? (КIиябго миллаталда – гуржияздаги магIарулаздаги – гьоркьоб тушманлъи тунка-гIусийищ, яги вацлъиялъулаб гьудуллъийищ букIине кколеб?) – абураб суалалъе кинаб жаваб гьесда батараб? Сунца биххулареб гьудуллъи гьабизе гьев тIамурав?

-ГIаданлъиялъе ва гьудуллъиялъе гIоло ХIожоца кинал захIматал ишал тIаде росарал?

-Гьесдаса къечIого вук1ине гуржияс щиб гьабураб?

-Ахир-къадги кинал бергьарал? (Цонигиял бергьичIо, бергьана гьудуллъи - вацлъи).

IV. Къисаялъул хIасил гьабила:

Къисаялъ нилъее нугIлъи гьабула доб мехалъго магIарулаздаги гуржияздаги гьоркьоб щулияб гьудуллъи букIиналъе. Гьанже кинаб бугеб гьел миллатазул гьоркьоблъи? (Доб тунка-гIусиялъул лъалкI хутIичIо, гьудуллъиги вацлъиги хIалигъун тIегьана. Гъуниб ва Душетия районазул гьудуллъи, Тифлисалъул вузалда цIалулел дагъистаниял, нилъехъ – гуржиял. Нугъаялъул ва Кочубеялъул авлахъазде гIигун гуржиял рачIин, хIажалъани, гьезие харидалъун, кIалцIудалъун кумек гьаби, гуржиялъ гIумру гьабулел гIемерал магIарулал рукIин, рагъдаги хIалтIулъги цадахъ къеркьей ва гь.ц. мисалал рачина).

- Къисаялъ нилъеда щиб малъулеб бугеб?

- Къисаялъул аслияб магIна кинал мухъазда жаниб загьир гьабун бугеб? (Лъимал балагьизе тIамила. БажаричIони мугIалимас бихьизабила. Гьединги хадур гъечIони гуржиясги ХIожоцаги сахлъиялъул лълъарал рорхулеб мехалъ абурал рагIабазе кIвар кьезе тIамила. ТIадчIей гьабила ХIожол ХIожолъги гьесда релълъарал цогидалги лекIазул яхI-намус абурал гуржиясул рагIабазда ва гьикъила:

-ЦохIо ХIожол ХIожоейищ гуржияс къимат кьолеб бугеб? (ХIасил гьабила).

V. Гьабураб хIалтIухъ балагьун лъималазе къиматал лъела.

VI. Рокъобе хIалтIи:

«ХIожол ХIожолги гуржиясулги образал» абураб темаялда тIасан сочинение хъван бачIине.

Тестал.

1.Кинал асарал кколел халкъиял кIалзул гьунаразул?

А) Хъвадарухъанас хъварал асарал.

Б) Халкъалъ гIуцIарал художествиял асарал.

В) Цебе заманалда ккарал лъугьа-бахъиназул бицунел асарал.


2.«Унсоколоса ХIожоги гуржиявги» абураб халкъияб къисаялъул автор щив?

А) Загьид ХIажиев

Б) ГIумархIажи Шахтаманов

В) Гьеб ккола халкъияб къиса


3.«Унсоколоса ХIожоги гуржиявги» абураб халкъияб къисаялъулъ щиб какулеб бугеб?

А) Талавурчилъи, чабхъад хьвади, «бидухъ би» рецIел боси.

Б) МагIарулаздаги гуржияздаги гьоркьоб гьечIеб гьудуллъи.

В)«Бидухъ би» абураб магIарулазул басрияб гIадаталде гуржиясул бугеб бербалагьи.


4.«Унсоколоса ХIожоги гуржиявги» къисаялъул аслияб идейияб магIна щиб?

А) «Бидухъ би» абураб магIарулазул басрияб гIадаталде дандечIей гьаби.

Б) БатIи-батIияб миллаталъул гIадамазда гьоркьоб гьудуллъи букIине ккей тIалаб гьаби.

В) Гуржиязул гIадамазул рекIел сахаватлъи бихьизаби.


5.ЦIоралъул ракьилан магIарулаз кинаб ракьалда абулеб?

А) Гуржиязул, азербайджаназул ракьалда.

Б) Дагъистаналъул ракьазда.

В) Калмыказул ракьазда.


6.ЦIоралде чабхъенал лъагIалил щиб заманалда гьарулел рукIарал?

А) Хаслихъе

Б) Риидал

В) Ихдал

Жавабал: 1 - б, 2 – в, 3 – а, 4 – б, 5 – а, 6 – б


Дарс х1адур гьабуна

Гъуниб районалъул

Шомгъода гьоркьохъеб школалъул муг1алим

Ах1мадова Аксират Мух1амадг1алиевнаялъ.








Тема: «Бокьуларо, эбел, рии бач1ине» - халкъияб кеч1.


Малъиялъул мурад:

1.Халкъиял лирикиял ва эпосиял куч1дузул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Баллада щиб кколебали баян кьей. Кеч1 хъвараб формаялде ц1алдохъабазул к1вар буссинаби, диалогалъе баян кьей.

2.Чвахун, пасих1го, бит1ун кеч1 ц1алиялъул бажари камиллъизаби.

Коч1олъ кидагосел эпитетал х1алт1изарун рук1ин ва ц1алдохъабазда гьел ратизе бажари. Антонимал, фразеологизмаби ратизе бажари.

3.Вах1шияб г1адат х1исабалда чабхъен каки, гьелъ г1адамал балагьалде рачунеблъи – коч1ол аслияб тема бук1ин ц1алдохъабазда бич1ч1и.


Дарсил тайпа:

Ц1ияб материал малъи, малъараб такрар гьаби.


Дарсил алатал:

Доска, компьютер, графопроектор, т1ахьал, словарал, тетрадал, халкъиял асаразул т1ахьазул выставка, халкъиял куч1дузул диск.


Дарсил ин:

1.Ц1алдохъаби дарсиде х1адур гьари.

2.Рокъобе кьураб дарс гьикъи (фронтально).

1.«Литература» абураб раг1ул маг1на щиб кколеб? Кина-кинаб бук1унеб литература? («Литература» абураб раг1ул маг1на ккола «хъвараб жо» абураб. Литература бук1уна: тарихияб, г1елмияб, философияб, диналъулаб, художествияб).

2.Художествияб литератураялъул аслияб тема щиб кколеб? (Гьелъул аслияб тема ккола инсанасул г1умру ва къисмат. Гьесул хасият-г1амал, хьвада-ч1вади).

3.Художествияб литератураялъул кина-кинал тайпаби, жанрал нужеда лъалел? (Художествияб литератураялъул рук1уна бат1и-бат1иял тайпаби, жанрал: романал, къисаби, поэмаби, шиг1раби, къасидатал, назмаби, пьесаби ва гь. ц.)

4.«Образ» абураб раг1ул маг1на щиб? («Образ» абураб раг1ул маг1на ккола хъвадарухъанас жиндирго асаралда г1ат1идго бихьизабулеб г1умруялъул сурат абураб)


3.Ц1ияб дарс малъи. («Бокьуларо, эбел, рии бач1ине»)

1.Авалияб гара-ч1вари.

А) Кинал асаразда абулеб к1алзул гьунаралъул асаралилан? (Халкъалъ г1уц1арал ва к1алзул формаялда (бицун) халъкъалда гьоркьор т1ирит1арал асаразда).

Б) Халкъияб к1алзул формаялъул асаразул кина-кинал тайпаби нужеда лъалел? (Маргьаби, кицаби, бицанк1аби, абиял, рокьул, кьалул куч1дул)

В) Халкъиял асаразул кинаб к1вар бугеб? (Халкъияб к1алзул гьунаралъул асараз к1удияб кумек гьабула халкъалъул тарих, хасият-г1амал, пикраби, хьулал, анищал, г1умру, яшав лъазе. Хасго гьез кумек гьабула мац1алъул хаслъаби баянго рихьизе. Халкъиял асараз нилъ рух1ияб культураялъул рахъалъ бечед гьарула, гьайбатаб бокьизе, сурукъаб рихине ругьун гьарула. Гьениб бицун батула халкъалъул ват1аналде бугеб рокьиялъул, чияр ракьал рахъулел хъамалчаг1азде данде гьабулеб къеркьеялъул, миллатазда гьоркьоб бук1ине кколеб гьудуллъи-вацлъиялъул).

Г) Кинал халкъиял асарал нужеда церехун малъарал? («Къайицадахъал», «Ралъдал чу», «Цилг1ин», «Церги чакъалги», «Вацги яцги», «Гьабигьанасул лъимал» - маргьаби, «Кьурулъ хут1арав Г1али», «Муг1рузул Г1али» -куч1дул).

Д) Халкъиял лирикиял ва эпосиял асаразул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьабила. Халкъиял куч1дузул тайпабазул бицина. Мисалалъе росила ва лъималазе ц1алила рокьул, кьалул куч1дуздаса куплетал ва гьединго лъималазе гьарурал куч1дуздаса ва маг1абаздаса мухъал.


Рокьул:

Унге мун ц1оралде, ц1ар берцинаб х1инч1,

Мун ц1оралде ани, ц1оролин керен.

Бахунге Алазан, г1ангис буртина,

Алазан бахарал нахъ руссунарин.


Кьалул:

Такъиялда кьабун, гьет1ула хвалчен,

Гьури пулеб мехалъ т1оралда релълъун.

Кинан гьай тушмангун къеркьараяли

Кьурдулеб чодаса бук1ана лъазе.


Лъималазе ах1улел (васазе):

Бел-газа гузилав,

Раххан хурхилав,

Ххалаб гъот1ол пихъил

Гъуни ч1ах1ияв.


Ясазе:

Берцинал къач1алалде,

Къолое хур лъилъулей

Чалухал рахъиналде,

Балъда нахъа ятарай.


Маг1аби:

Гьанже г1одила дун г1урухъ ялагьун,

Г1ел бащадалщинал цереса ингун,

Цинги зигардила зонохъ балагьун

Зобал х1айранай дур х1исабал гьарун.


Лирикиял куч1дул ккола г1адамасул чорхол бат1и-бат1иял асарал, сверухъ бугеб т1абиг1аталде, г1адамасул г1умруялде ва ч1аголъиялде бугеб бербалагьи жиделъ загьир гьабулел поэзиялъул асарал. Лирикиял асараз авар поэзиялда жаниб к1вар бугеб бак1 ккола, ва гьезул къадарги цогидал тайпаязул куч1дуздаса г1езег1анго ц1ик1к1араб буго.

Халкъиял лирикиял асаразда гьорлъе уна бат1и-бат1иял балладаби, легендаби, халкъиял къисаби. Жакъа нилъеца бицине буго нужер ц1алул т1ехьалда кьун бугеб «Бокьуларо, эбел, рии бач1ине» абураб халкъияб балладаялъул.

Баллада ккола х1икматал лъугьа-бахъиназул бицунеб кеч1. Балладаялда жаниб бицен гьабулел лъугьа-бахъинал халкъалъул г1умруялъул бат1и-бат1иял рахъазда хурхарал рук1уна, ва гьезулъ халкъалъе ва гьезул г1умруялъе, к1вар бугел суалазда т1асан гьабула гара-ч1вари. Балладабазе цогияб хасиятаб рахъ буго цо хасаб халкъалъ г1уц1арал гьел цо чанго миллаталъе г1аммаллъун ккей. Даргиязда ва лаказда гьоркьорги машгьурал руго «Кьурулъ хут1арав Г1али», «Камалил Башир», «Бахтика», «Азайнисей», «Хочбар» абурал асарал.

Жакъа нилъеца бицен гьабулеб «Бокьуларо, эбел, рии бач1ине» абураб балладаялда бицунеб буго чияр ракьалде чабхъад хьвадиялъул, давла гьабиялъул, гьеб бечедал чаг1азул мурадал ц1унун гьабулеб иш бук1ин, мискин халкъалъе гьеб х1ажат гьеч1олъиялъул. Бихьизабулеб буго чабхъеназги, хъачагълъиялъги балагьалде рачунеблъи. «Чабхъад щвараб боц1и чабхица аги»,- ян буго маг1арулазул кици.

2. Словарияб х1алт1и гьаби.

А) Рич1ч1уларел раг1абазе ва раг1абазул дандраязе баян кьела. (цереккунго гьел слайд гьабун, экраналда рихьизаризе х1адур гьарун рук1ина). Гьелъ кумек гьабила дарсил заман т1ок1лъизабизе. Муг1алимас гьениб баян кьела кеч1 диалогияб къаг1идаялъ г1уц1араб бук1иналъул.


3.Учителас кеч1 пасих1го ц1алила, хадуб ц1алдохъабаз ц1алила цо нухалъ жидеего. Кеч1 диалогалъул формаялда г1уц1ун бугелъул, ролазде бикьун ц1ализе бегьила.


4.Ц1алун бахъараб мехалъ гьезие суалал кьела.


А) Кинаб заманалда ккараб лъугьа-бахъин рехсон бугеб коч1олъ? (Ц1акъго цебе заманалда. Ханзабазул-бегзабазул заманалда. Феодалияб г1уц1иялъул заманалда).

Б) Сундулъ гьеб ч1езабизе к1олеб? Мисалалъе коч1ол мухъал ц1ализе т1амила:

«Бокьуларо, эбел, рии бач1ине,

Риидал рачуна чуял магъилъа,

Рек1ейго г1оларо ихго бач1ине,

Ихдаде къокъуна къокъа Ц1оралде.


В) Щай ясалъе бокьулареб рииги ихги? (Щай гурелъул гьеб заманалда гьарулел рук1ана Ц1оралде чабхъенал)


Г) Щайдай, лъимал, гьеб заманалда гьарулел рук1арал чабхъенал? (Щайгурелъул Ц!ор буго Гуржиязул, Азербайджаназул ракь. Гьеб буго Дагъистаналъул рорхатал муг1рузда нахъа бугеб бак1. Хасало г1азу-ц1ералъ гьенире нухал къан рук1уна. Муг1руздасан гьенибе нух бахъизе к1оларо.)


Д) Щибилан ясалъ эбелалда гьарулеб бугеб? Кинаб жаваб эбелалъ кьолеб бугеб? (Бате гьеб бак1 коч1олъ, ц1але раг1изабун)


Е) Щайдай эбелалъ инкар гьабураб ясалъул гьариялъе? (Щай гурелъул доб заманалда бац1ц1адаб рокьиги рогьояб ишлъун рик1к1унеб бук1индал, эбел х1инкъун ятила яс к1алухъ яхъилилан)


Ё) Ясалъ щиб гьарулеб бугеб жиндирго вокьулесда? Бате гьеб бак1 коч1олъ, ц1але раг1изабун.


Ж) Киг1ан гьараниги г1енеккич1ого, чабхъад арав жиндирго вокьулесе кинал сипатал гьарулел ругел ясалъ? Бате гьеб бак1, ц1але. (Гьелъ вокьулесе къабукъун унеб бах1арчияб ц1удул, хъергъуялъул, тайланалъул сипатал гьарулел руго. Ц1оросезде хит1аб гьабулеб буго ц1одорго рук1айин, ясал ц1унейин гьеб ц1удудаса).


З) Иццухъ ясалда кинаб хабар раг1араб? Щиб гьелъ гьабураб? Бате гьеб бак1, ц1але раг1изабун. ( Гьелда раг1ана жиндирго вокьулев ч1ваялъул ва гьев чияр ракьалда хут1иялъул хабар. Гьей, дунялалдасаги г1умруялдасаги рак1 буссун, накалда хъурщун, хашадилаго яч1уней йиго рокъое, хвезе егизе).


И) Рокъое щварай ясалъ щибин гьарулеб бугеб эбелалда? Кинаб жаваб эбелалъ гьелъие кьолеб бугеб? Бате гьеб бак1 т1ехьалда ва ц1але раг1изабун.


К) Кидагосел эпитетал ратизе ва гьезул к1варалъул бицине т1амила ц1алдохъаби. (Ц1алдохъабазда ратула: билил гордал, рорхатал муг1рул, гъваридал к1к1алал, г1арцул ягъзият, ц1орорал иццал, хъах1илал маччлал, хъах1аб г1арац, меседил г1ерет1, г1арцул къвал, баг1араб гурде, чиллайдул гъалал, т1еренаб катан, х1улидул бусен, ч1ух1арав эмен, пахруял вацал, ч1ег1ераб нухъа).

- (Коч1олъ г1ат1идго пайда босун буго кидагосел эпитетаздаса. Гьез кумек гьабулеб буго коч1ол калам пасих1лъиялъе, дурусаб чвахиялъе)


Л) Цоги, лъимал, коч1ол калам пасих1лъиялъе сундасан пайда босун бугеб коч1олъ? Ралагье гьел коч1охъ. (Коч1ол калам пасих1лъиялъе пайда босун буго антонимаздаса: «Дур баг1араб гурде ч1ег1ер белъина»;

«Катан т1ерен бугин, т1ул бицат бугин»

Цоги пайда босун буго фразеологизмабаздаса: «Катан т1ерен бугин» - чорхол х1ал лъуг1ун буго, «Т1ул бицат бугин»-к1одолъун, унтун бугин маг1наялда.

4. Ц1ияб дарс щула гьаби.

1.Щиб жо кколеб диалог? «Бокьуларо, эбел, рии бач1ине» абураб баллада кинаб къаг1идаялда г1уц1ун бугеб? (Диалогалъул къаг1идаялда г1уц1ун буго)

2.Щиб жо кколеб чабхъен? (Давлаялда хадур чияр ракьалде гъара гьабизе ин)

3.Аслияб куцалда гьеб лъий х1ажатаб бук1араб? (Бечедазе)

4.Щай мискин халкъалъе чабхъенал рокьуларел рук1арал? (Щай гурелъул чабхъеназги хъачагълъиялъги халкъ балагьалде бачуна, гьедин щвараб боц1и-рикъзиялда баракат бук1унаро).

5.Балладаялъул аслияб пикру щиб? (Вах1шияб г1адат х1исабалда чабхъен каки, гьелъ г1адамал балагьалде рачунеблъи бихьизаби).

6.Дарсил х1асил гьабила, х1аракатаб г1ахьаллъи гьабуразе рецц-бакъ гьабила, къиматал лъела.

5.Рокъобе х1алт1и кьей.

1.Хрестоматиялъул т1адкъаял т1уразе ва гъалат1 биччач1ого, пасих1го, чвахун кеч1 ц1ализе лъазабизе.

2. 4-5 сурат цебе ч1езабизе (бицун) х1адурлъизе.

3.Нужеего бокьараб бак1ал росун тексталдаса сценкаби лъезе х1адурлъе.

4.Юсуп ва М-Т1амир Синдикъоваз ах1улеб халкъияб кеч1 биччала г1енеккизе.

(«Унге мун ц1оралде, ц1ар берцинаб х1инч1, мун ц1оралде ани, ц1оролин керен»)

5.Дарс лъуг1ана, лъимал, къо-мех лъик1. Лъик1 х1алт1ана, х1алч1адал, баркала.

Дарс х1адур гьабуна Бежт1а участкаялъул

Хашархот1а росдал гьоркьохъеб школалъул

авар мац1алъул ва адабияталъул муг1алим

Х1ажиева Пат1имат Муртазалиевнаялъ.



Революциялда цебесеб литератураялдаса.


Ц1адаса Х1амзат « Дибирги г1анхвараги»

Т1оцебесеб дарс.

Малъиялъул мурадал :

1.Революциялада цебесеб литератураялъе ва художествияб асаралъул г1уц1иялъе авалияб баян кьей.

2.Ц1адаса Х1амзатил г1умруялъул ва творческияб х1аракаталъул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби.

1.Коч1одалъун хъвараб асар бит1ун, чвахун ц1алиялъул бажари борхизаби.

2.Мискинзабазул г1умру г1анхрилалда релълъинаби – асаралъул хъвалсараб маг1на бук1ин, дибирги г1анхвараги гаргазе т1амун, мискинзабазулги бечедазулги гьоркьоблъи рагьунеб бук1иналде ц1алдохъаби кант1изари.

3.Аллитерациялъул практикияб лъай-хъвай гъварид гьаби.

4.Анализалъул кумекалдалъун лъималазул г1акълу бечед гьаби, г1умруялъул т1адег1анлъи лъималазда бихьизаби. Жидерго пикру загьир гьабизе ругьун гьари.

Алатал: ц1алул т1ехь, Ц1.Х1амзатил сурат, (щвани г1анхрил сурат)



Дарсил ин

1. Дарс байбихьила рокъобе х1алт1и т1убан бугищали хал гьабиялдасан.

2.Гъорлъе лъугьиналъул накъит. Нилъеца бицана халкъиял к1алзул гьунаразул асаразул х1акъалъулъ.Жакъа нилъеца бицине буго художествиял асаразул г1уц1иялъул х1акъалъулъ. Бокьараб литературияб асар босун балагьани,нилъеда бихьула гьеб камилго г1уц1араб бук1ин. Художествияб асар ккола хъвадарухъанас г1емер зах1мат т1ад кьун, пасих1аб мац1алдалъун г1уц1араб, г1адамасул г1умру, къисмат ва г1амал-хасият жинда жаниб бихьизабураб х1алт1и. Художествияб асаралъул элементаллъун ккола тема,идея,сюжет,композиция. Щиб жоха кколеб художествияб асаралъул «тема» Тема ккола , художествияб асаралда жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб жо.Щибаб асаралда гъорлъ чанго темаги чанго пикруги бессун бук1уна. Гьединго бук1ине бегьула цо темаялда т1асан хъвараб асарги. Масала асаралъул тема бук1ине бегьула гьудуллъи,рокь,вацлъи ва гь.ц.

Художествияб асаралъул аслияб пикру гьеб ккола идея. Идея асаралъул мухъилъ бат1аго кьун бук1унаро, гьеб бессун бук1уна кинабго асаралъулъ, т1огьолъ гьоц1о г1адин. Масала, нилъеца цебехун ц1алараб «Унсоколоса Х1ожоги гуржиявги» абураб халкъияб къисаялъул темалъун рик1к1ине бегьула миллатазда гьоркьоб гьудуллъи ккеялъул хасаб мисал бачун бихьизаби. Идея ккола берцинаб вацлъи миллатазда гьоркьоб бугони, г1умруги аваданаб бук1ин,чабхъенал каки.

Нилъеца т1адехун бицана художествияб асаралъул сюжетги композицияги бук1унин, кинниги бицен гьабун бугелъул къокъабго баян кьезе буго гьезиеги, амма гьезул х1акъалъулъ г1ат1идаб баян хадуб кьезе буго. Композиция гьеб ккола киналго бут1аби цо цок1алаб тартибалде ккезабураб асаралъул г1уц1и. Сюжет – гьеб буго асаралда цо иш ялъуни лъугьа-бахъинал церет1ей.

Дагъистаналъул литература ккола нус-нус соназ, к1вах1 лъач1ого, муг1рузул улкаялъул халкъаз г1уцараб хазина. Литература ккола халкъалъул г1умруялъул гьумер, гьенир загьирлъула халкъалъул пикраби, гьайбатал къасдал. Гьединлъидал революциялда цебесеб литература ц1алулаго, нилъеда бич1ч1ула кинаб г1умру бук1араб доб мехалъ маг1арулазул. Цебесеб авар адабият г1емерисеб динияб кьуч1алда г1уц1араб бук1ана. Гьеб заманалда маг1арулаз г1араб алфавит рекъезабун буго жидерго мац1алда данде кколедухъ,гьелда ц1арги лъун буго «г1ажам» абун. Доб заманалъул т1оцересел аваразул шаг1ирзабилъун рик1к1ине бегьула Къудукьа Мусал Мух1амад, Г1аймакиса Абубакар, Гьарак1униса Саг1ид, К1удалиса Х1асан.

Революция ккелелде цебе маг1арулазул рук1а-рахъин ц1акъго язихъаб бук1ана. Халкъ зурулеб бук1ана бечедаз, х1акимзабаз ва пачаясул чукъбуз. Мискинхалкъалда бихьараб къоялъул, гьез х1ехьезе ккараб зулмуялъул х1акъалъулъ руго доб заманаялъул асаралги. Аваразул цересел шаг1ирзаби рук1ана халкъалъул рахъ кколел, х1инкъи гьеч1ел къеркьохъаби, гьерсалги х1акимзабазе х1елх1едиги гьезул асаразулъ бук1унароан. Гьединаллъун рик1к1ине бегьула Эльдарилав, Г1анхил Марин, Мах1муд,Ч1анк1а , Ц1адаса Х1амзат ва гь.ц. Революция ккелалде Ц1адаса Х1амзатица хъварал асаразда гьоркьосан бищунго маг1на гъваридал бук1ана «Дибирги г1анхвараги» .

Муг1алимас тема раг1изабила: жакъа нилъеца малъизе буго Ц1адаса Х1амзатил «Дибирги г1анхвараги» абураб кеч1. Рач1аха нилъеца рак1алда щвезабила щиб нилъеда Ц1адаса Х1амзатил х1акъалъулъ лъалеб ва кинал асарал 5-6 классазда нилъеца ц1аларал.

1.Ц1алдохъабазул жавабазухъги г1еккун, муг1алимас Ц1.Х1амзатил х1акъалъулъ бицина. Дагъистаналъул халкъияв поэт Ц1адаса Х1амзатица гьанжесеб аваразул литератураялъе кьуч1 лъуна ва гьеб гучалда цебет1езабуна. Ц1адаса Х1амзатица нахъе тана кинабго рахъалъан бечедаб ва халатаб г1умру. Х1амзатил творчествоялъул бищунго хасиятаб рахъ: бег1ераб раг1иялъул сатира, халкъалъул г1умру лъай, г1адатаб ва бечедаб мац1, мух1канлъи.

«Дибирги г1анхвараги» абураб кеч1 гьес хъван буго 1915 соналъ, гьеб буго нусалда бич1ч1изе ясалде абулеб г1адин дибирасул г1амал бихьизабизе, г1анхварадул к1алдир сатириял раг1абиги лъун, хъвараб кеч1.

2.Словарияб х1алт1и:

Т1ехьалда кьураб коч1ол ахиралда ругел рич1ч1изе зах1матал раг1аби ц1ализари ва гьезул маг1наялда хадур гъезари.

3.Учителас к1вараб пасих1лъиялда «Дибирги г1анхвараги» абураб кеч1 ц1алила, лъуг1изег1ан лъалхъич1ого.

Цо нухалъ жидецаго сасараб гьаркьида ц1ализеги тун, цо-цоккун, к1и – к1иккун киназдаго кеч1 ц1ализабила. Гъалат1 биччач1ого, пасих1го ц1алиялде к1вар кьела.

4.Коч1ол х1асил бич1ч1ун бугищали гара-ч1вари гьабила

- Щал ругел гьаб коч1олъ аслиял героял?

- Щив кколев дибир?

- Г1анхвара (сурат бихьизабун) нилъер гьаниб бук1унебищ, лъимал?

- Гьабулебищ гьелъ хуруе зарал?

- Щай ва сунде дибирасул ццин бахъараб?

-Гьаб нилъеца ц1алараб коч1олъ диниял къануналги дибирасул ишалги дандекколел ругищ?

-Х1амзатица коч1олъ г1анхвара дибирасда гаргазабун буго. Щиб мурад поэтасул бугеб гьеб гаргазе т1амиялъул, нужер пикруялда? (Лъимал поэтасул мурадалда хадур гъолел гьеч1они,учителас жинцаго гьабила гьеб х1асил).

Коч1олъ Х1амзатица рехсон руго жиндирго г1умруялъулъ ккарал лъугьа- бахъинал. Гьел гьес рицунел руго дибирасул рахъалдасан. Масала: жалакъурисев жулалъ вухи, жиндирго рачел бикъарав х1инкъизави ва гь .ц. гьелдалъун гьес бихьзабулеб буго дибир кинабго жоялда хадувгъурав, г1емер жо бажарулев чи вук1ин.

7.Цоги нухалъ иргадулаб ц1али г1уц1ун, кеч1 ц1ализабила.

- Нужее асар гьабунищ гьаб кеч1 ц1алулаго коч1ол чвахиялъ?

( Аллитерациялдаса кутакалда пайда босун буго поэтас гьаб коч1олъ)

- Щиб жо кколеб аллитерация? (Коч1олаб каламалъулъ, цого гьаркьал такрарлъун лъугьунеб дурусаб чвахи)

Радал дур хъизаналъ хъандиро кьабун

Хъат балеб бак1аса гьод бекун буго

Карт1ил к1алт1а вук1ун к1алал гьикъизе

К1иабизе мунги вихьулищ вач1ун.

Гьаб куплет учителас жинцаго ц1алун, бихьизабила гьез коч1олаб каламалъе пасих1лъи кьолеб куц.

5.Аллитерация батизе цо-цоясе к1и-к1и куплет кьела( 15 чи вугеб классалъе) (учителасда мустах1икъаблъун бихьухъе)

Жавабазухъ г1енеккила, бит1ун бицаразе рецц гьабила. Гъалат1ал ратани, классго т1аде лъугьун, рит1изарила.

6.Рокъобе кьела Т1ехьалда гьум.24-27 кьун ругел литературиял терминал рек1ехъе лъазаризе. Коч1ол роцен ч1езабизе. Чвахун, бит1ун къиматалъе кеч1 ц1ализе х1адурлъизе.


К1иабилеб дарс

1. Дарс байбихьила кьералккун кеч1 ц1ализабиялдасан.

Хадуб къиматалъе 3-5 ц1алдохъанасда ц1ализабила. Бит1ун ва чвахун ц1алиялъе къимат кьезе жалго лъимал т1амила. Гьезул пикру х1исабалде босун ц1алиялъе къиматал лъела.

2. Литературиял терминал лъазариялъул хал гьаби: Щиб жо кколеб тема,идея,сюжет?

3. Революциялда цебесеб авар литература цебет1езабурал шаг1ирзаби рехсе

4.Сипатиял раг1абазде мугъги ч1ван, коч1ол анализ гьабила.

Гьелъие суалал:

- Г1анхрида ццин бахъарав дибир кин х1адурарав гьебгун дандч1вай гьабизе? (т1ил босун, ханжар борчун, квешаб ният гьабун, васиятги хъван).

- Щай гьес хъван васият кисиниб лъураб? (гьев хвезеги бегьилилан кколеб бук1ана гьесда)

-Кинаб ах1вал-х1ал хуриб батараб? (гьеб бак1 т1ехьалда батизе ва ц1ализабизе)

- Дибир вук1а, цогидав чи вук1а рух1ч1аголъиялдехун инсанасул г1асияб къасд бук1ине бегьулищ?

- Г1анхриде дибирас гьабураб каламалдасан щиб нилъеда бич1ч1улеб бугеб, кинаблъун гьеб гьес рик1к1унеб бугеб? (х1алт1ич1ого г1анхрие кваназе бокьун бук1ин, жив дибир вугелъул гьесул хуриб зарал гьабизе бегьулареблъи.)

- Г1анхрие дибир вук1а цоги бат1ияв чи вук1а бат1алъи бугищ гьаб коч1олъ?

-Дибир гьелъул т1анч1азда гурх1улев вугищ? (гуребани парт1ан т1ом бахъилаан, х1акъалдаса х1инкъи загьир гьабулеб буго).

- Кинаб х1укму гьабизе гьесде рак1алде ккараб? (г1унхрузде тиризе чи тезе, руз хьихьизе)

- Г1анхрица кинаб жавабха дибирасе гьабураб? ( Аллагьасул х1укмуялдаса рорч1изе рес гьеч1елъул, щай жинда ццин бахъулеб, къадаралда данде вагъизе бегьулареблъи, гьединго мух1канго рицунел руго цоги г1адамазги жанаваразги гьелъие кьолел г1азабал)

- Кин нужеда кколеб поэт (Ц1.Х!.) г1анхрида гурх1улевищ вугев , яги ццин бахъунищ вугев?

- Г1анхрил жавабазухъ г1енеккидал, поэтас гьелъул г1умру лъил г1умруялда релълъинабун бугеб? (мискинчиясул г1умруялда)

- Гьаб коч1ол ахирисеб к1иго мухъалъул маг1наялде к1вар буссинабе:

Т1аде-хариялде я дунго хвела,

Ялъуни дибирлъун бат1ияв ккела

- Щиб нужеда бич1ч1араб?

Учителасул баян: Дибирасги г1анхвараялъги – к1иязго чияр гъийин кванала, амма Аллагьас г1анхвараялъе бат1ияб нух кьун гьеч1они, щибха гьелъ гьабилеб?!

Г1акълу - пикруялъул бет1ергьан инсанасул нух бат1ияб буго, гьес жиндаго релълъарав цогидасул зах1мат кванай гьеб такъсирчилъи буго. Коч1олъ сундалъунха дибирас г1умру гьабулеб бугебан бихьизабун буго?

Гьелъие жаваблъун гьал мухъал руго:

Исана дидасан бегьараб зарал

Закаг1ат – сах1алдаса босеха, дибир!

3. Коч1ол мац1 бечелъизе, пасих1лъизе сундасан пайда босун бугеб Ц1.Х!амзатица? (кицабаздаса , к1алдир ругьунал халкъиял калимабаздасан)

- Цоги нухалъ коч1ода берги щвезабун рате гьел кицаби ва калимаби.

Г1емер лъадахъани г1ерет1 бекулин

-Бак1лъани х1амица гьир рехулин

- Парт1ан т1ом бахъи

-Х1урулъ т1ерхьун.

-Мискинзабазе заз, залимазе нах ва гь.ц.

- Коч1олъ журарал раг1аби г1емер х1алт1изарун руго, рак1алде щвезабе гьезул бит1унхъвай ва гьединал раг1аби рате (тира-свери, квана - гьекъолеб, гурх1ел- ц1об)

4. Лъималазул жавабазухъ г1енеккун, учителас дарсил ахираб х1асил гьабила, къиматал лъела ва гьал суалазе жавабазухъ г1енеккила:

-Жакъасеб дарсида дида лъана......

-Дарсида дие зах1малъана.....

-Жакъасеб дарсида дие бищун бокьана....

- Гьаб дарсида дида бич1ч1ана....

5.Рокъоб кьела коч1олъан цо бокьараб сюжеталъе бахъун сурат босизе.

Х1адур гьабуна Абдулмуслимова Курсият Мух1амадрасуловналъ

Хасавюрт районалъул Первомайское росдал

И.Исаковасул ц1аралда бугеб школалъул

авар адабияталъул муг1алималъ


Тема: «Ашбазалде гьабураб»


Малъиялъул мурад:

1.Шиг1руяб асар пасих1го ц1алиялъул даража борхизаби.

2.Коч1ол роцен, наку, аллитерация батизе т1амун, коч1ол г1уц1иялъул низам бич1ч1изаби.

3.Сатира абураб терминалъул маг1на ва бач1иналъул х1акъалъулъ лъималазе баян кьей.

4.Революция ккеялдего капитализмаялъул г1узраби маг1арухъе рахиналъул, г1арцуе лагълъи гьабизе байбихьараб куц баян гьаби. Халкъалъул би ц1улел базаргабазул цоясул бицун, Х1амзатица гьел х1арамзабазда сатирикияб ц1ал кьабулеб куц баян гьабун, гьеб цебего Х1амзатица какараб дармиде рачин, гьанжесеб х1укуматалъул инжитлъи бук1иналда ц1алдохъаби хадур гъезари.

Дарсил алатал: Суратал,компьюпер, слайдал, т1ахьал.

Т1оцебесеб дарс


Дарсил ин:

1.Доскаялда хъварал гьал раг1аби маг1нагун цадахъ ц1ализарила:

Пул-г1арцул сурсат

Тафаруж кепалъе - гьадинго кепалъе

Приказчик – кашавар - хъулухъчиги богогьанги

Падар - мац1- турк - лъараг1 мац1

Х1ебдалал - хундерил расалъиялъул севералдехун ругел росабазул чаг1и.

Карц - цо чиясе гьабураб туснахърукъ

Сухари - корониб бежараб бакъвараб чед

2.Муг1алимасул баян:

Гьац1алухъа Х1ажияв абулев тукенчияс районалда, ай Г1араниб хъаладухъ ц1идасан ашбазги (столовая) рагьула. Гьениве кваназе ах1ун, Х1амзатида гьарула гьеб ашбаз беццун, жиндие цо кеч1 гьабеян.

«Х1ажиясул гьари нахъ ч1вазе к1веч1ого» Х1амзатица гьеб ашбазалъул кинабго х1акъикъат бицараб кеч1 гьабун, Х1ажиясухъе бит1ула. Х1ажиясда лъала гьеб кеч1 раг1арав чи жиндир ашбазалде вач1унаревлъи. Гьеб къват1ибе раг1изе бокьич1ого, Х1ажияс кьоло – гъолон жиндирго хъах1аб чу Х1амзатида цебе ч1езабула. Чуг1анасеб месед кьуниги, рес щиб, ца таралъ мег1ер толелъул, кеч1 халкъалда жаниб т1ибит1ун ана. Гьеб бук1ана 1898 абилеб сон.

Ашбазги гьоркьоб мехго бахъич1ого, къазе ккола.

3.Муг1алимас к1вараб пасих1лъиялда гьеб кеч1 ц1алила, ц1алдохъаби т1охьоде т1аде ралагьила. (6 минут)

4.Муг1алимасда т1ад рекъезабун, цо нухалъ киназго хоралда ц1алила.

5.Гьеб лъик1го бажарани, рач1ина кьералккун ц1алиялде. Цо - цо кьералъ цо-цо гьумер ц1алила. Кьерал дагьал ругони, цоги ирга гьабила.

6.Муг1алимас сатира абураб терминалъе баян кьела:

Сатира - грек мац1алдасан латиназ босун, гьенисан нилъехъе щвараб термин ккола гьеб. Нек1сияб Грециялъул биценазда рекъон, гьезул г1емерал аллагьзабазда гьоркьов вук1ун вуго жинда Сатиран абулевги, чамг1аллъиялъги, саяхълъиялъги, гьекъолдиялъги, къухьаб г1амал - хасияталъги жиндир ц1ар арав аллагь.

Гьесул ц1аралда адабияталде бач1ун буго сатира абурабраг1и. Жамг1ияталда жаниб бугеб сурукъаб, нахъег1анаб, инжитабщинаб жо къват1ир ч1вазарулел асаразда абулеб комедиялъул, юморалъул, ирониялъул нилъеца бицана. Гьелъул аслияб г1аркьел ккола иришгъат (сарказм). Гьелъ г1айибазда бух1иледухъ рагьун, бадиб кьабула, гьеб жамг1ияталда какулеб заралияб иш т1аг1ин т1алаб гьабула.

Гьединлъидал бищунго г1унгут1аби ч1ван лъолеб сатира ккола иришгъат. Гьелъие гвангъараб мисаллъун ккола Х1амзатил гьаб ашбазалде гьабураб кеч1. Гьеб коч1охъабаз хехго кодобе босана ва росабалъ данделъабазда ах1ана. Гьац1алухъа Х1ажиясги ашбаз къазе ккана. Гьаб кеч1 раг1ун хадуб, щивха вач1инев гьесул ашбазалде кваназе.

7.Муг1алимасул баян:

Советияб заманалда гучалда пачалихъги цебе т1олеб бук1ана. Х1алт1ухъасул къиматги гьаваялде бахинабун буго. Фабрикал-заводаз халкъалъе х1ажатаб къайи къват1ибе биччалаан, жиндирго багьаги лъун, даранчаг1азе рес бук1инч1о гьеб багьа хисизабизе, х1алт1удаса рахъулаан, судалде кколаан. Бакуялдаса, Москваялдаса тукабаздаса босун, Дагъистаналде баччун, хираго бичулел базаргабиги камулароан. Гьединал т1адго кколаан, спеклянталин абун, тамих1алде ц1алаан.

Рач1ана т1адруссун капитализмаялде, пачалихъалъул бут1руз спекулянтазда бизнесменал абураб ц1арги тун, гьанже пачалихъалъго гьезие кумек гьабулеб буго. Гьезда гьоркьор рахъана олигархал - ц1акъго бечелъарал бизнесменал – пачалихъалъул моц1у ц1унк1изе щварал.

Гьанже маг1арул росаби ч1унтулел, ч1ороголъулел руго. Хурзал рекьулел гьеч1о - боц1уе кваназе, бецизе тун руго хурзал, хьиндалаз пихъ - г1еч боц1уе баялде ккун буго, Аргентиналдаса бахъараб гени - г1ечги Россиялде баччун.

Совхозалда г1и къунц1изе чи щолев гьеч1о, къунц1арабщинаб квас жиндеего толеб бугониги. Цебе фабриказ щибаб килоялъул квасул кьолеб бук1анаб 250 гъурущ гьанжесеб г1арцул. Россиялда квас х1ажат гьеч1о гьанже.

8.Дарсил х1асил гьаби.

2.Рокъобе х1алт1и кьела Ц1. Х1амзатил г1умруялдаса баянал лъазаризе. Кеч1 пасих1го ц1ализе.

К1иабилеб дарс.

1.Муг1алимас т1обит1ила баян кьовул ц1али. Ц1алдохъабазда ц1ализабила т1оцебесеб к1иго куплет. Гьикъила:

- Маг1арул росабалъ гостиницал ругищ гьанже?

- Руго районалъулго идараби жанир х1алт1улел ч1ах1иял

росабалъ.

-Гьединал росаби районалда чандай рук1арал гьанжеги

чандай ругел?

-Цо-цо росу батизе бегьула.

-Цогидал районалъул росабалъ т1аде рач1арал гьалбал кир

рещт1унел?

- Жиде - жидер гьалбадерилъ.

- Гьобол гьеч1ев чи вач1ани, гьев кив рещт1унев?

-Росдал г1елас гьев иргадал бугъула гьобол восизе ирга т1аде щварасде. Г1елас гьоболав чи вачуна гьобол къавул гьавизе ирга т1аде щваразухъе ва гьезда абула гьобол къабул гьавеян. Гьанже г1ел гьеч1о росабалъ. Гьобол рещт1уна бокьарав чиясда.


Баян: Гьелдаса нахъе гьев чиясул гьалбаллъун, лъугьуна гьеб рукъалъул агьлу, к1иязго гьоболлъи лъазабула ва гьоболасул хъулухъ т1убала ва х1урматалда т1овит1ула. Нухда кваназе жо цадахъ бугев, гьобол гьеч1ев росулъ сордо базе мажгиталде уна.

Дагъистан мут1иг1 гьабун хадуб, щибаб районалъул марказалдалда (централда) г1урус аскараз эхетана хъулби. Базарги гьелда аск1об лъола, тукабиги гостиницаби гьенир рала. Капитализмалъул гьоркьорлъабиги гьенир загьирлъула - аслияб къаг1идаялъ даран-базар. Хунзахъ районалда гьединаб бак1 бук1ана Ц1ада росдада цебе бугеб Г1арани хъала. (Г1урус хъала). Гьеб лъугьана аслияб дармил бак1лъун.

- Жиндирги хиял кканин, хур - рукъги бичун, гьениб тукен рагьизеян, абулеб буго коч1олъ. Мурад щиб? Гьенир бечелъаразул «мугъал рекизе». (Мугъал рекизе абураб фразеологизмаялъе баян кьела)

Муг1алимас ц1алила:

Унгоха, бах1арзал, х1ал хъублъун буго,

Х1ажиясул ашбаз бихьаралдаса.

Боц1уда рак1 бакъван, вакъвалев вуго

Гьесул кухниялда кванаралдаса.


Суал: Гьаниб Х1амзатица беццулебищ бугеб Х1ажиясул ашбаз, какулебищ бугеб?

- Беццулеб буго.

Муг1алим: Гьалеха Х1амзатил сатираялъул аслияб рахъ: беццулебан каки.

Ц1алила:

Г1урул гуч бук1аго, ц1ул бахъилилан,

Ц1акъго гъираялда жанив к1анц1ана.

Жакъа бугинха цо кваналеб къоян,

Къвалакь т1агъурги ккун, т1аде лъугьна.


Баян: Ц1акъаб, ч1ух1араб батилилан. Х1амзатица гьелъул х1урмат гьабун, т1агъургицин бахъула.

Ашбазалда жанир бак1азул бак1алда ганч1ал ратиялъ бицуна гьеб ашбазалъул къобух1и, язихълъиялъул.

2.Ц1алдохъабаз ц1алила ашбазалъул х1акъикъат рагьарал куплетал. Раг1ун ц1алила Х1амзатица ашбазалъе кьураб къимат:

Дица гьаб бак1алда кванаялдаса.

Карцалъув т1амиго т1аса бищила.

Чакар - чайги гьекъон, гьаниб къогог1ан,

Къудукьго бокьила бидвиххун ккезе


Баян: Лъаг1алида жаниб лъабго моц1алъ гурони, жаниб бакъ щолареб Къудукь бокьилин туснахъ рукъ бук1ине чи ч1варав чиясе г1адин. Хоралда ц1алила хважаин Х1ажиясул «Кинаб сурпа - къай батараб?»- илан кьураб суалалъе Х1амзатица гьабураб жаваб.

3.Ц1алдохъабазда т1адкъала иргадал цо-цо куплетги босун, коч1ол роценги, накуги, аллитерацияги ч1езабизе.

Муг1алимас т1ад сверун хал гьабила т1адкъай т1убаялъул

Дарсил х1асил гьаби. Къиматал лъела.

Рокъобе х1алт1и: Коч1ол цо бут1а рек1ехъе лъазабизе..



Т1ехьалда лъезе гьаб материал къач1ана

Кьамышхъутаналъул гимназиялъул

авар адабияталъул муг1алим

Г1алиева Марзиятица.

Советияб литератураялдасан


Малъиялъул мурадал:

1.Лъималазе советияб литература щиб заманалъул литература кколебали бицине ва гьелъ жанибе бачунеб адабияталъул бич1ч1и кьей;

2.Революция бергьун хадуб, нилъер маданият ва адабият цебет1ей;

3.Г1адамазул рух1ияб бечелъи цебет1еялъе бугеб к1варалъул баян кьей;

4.Нилъерго мац1алде, Ват1аналде, маданияталде рокьи бижизаби;

Дарсил алатал: Революциялда хадусел шаг1ирзабазул ва хъвадарухъабазул сураталгун презентация, гьезул т1ахьал, диск гьезул куч1дузул

Дарсил ин:

1.Х1адурлъиялъул лах1зат

2.Ц1ияб тема

1.Гъорлъе лъугьиналъул накъит;

Дарс байбихьила Р.Х1амзатовасул "Муг1рул тун авлахъалде рахъунел маг1арулал « - абураб коч1одалъун. Гьабила гьелда т1асан накъит.

-Щиб гьарулеб бугеб Р.Х1амзатовас?

-Щай гьедин абулеб бугеб? Нужер пикру.

Умумузул аби буго:

-Заман цо х1алалда ч1оларо, - ян.1920 соналда Совет власть бергьун хадуб г1адамазул г1умруялъулъги г1емерал хиса-басиял ккана. Нилъер умумузе рес щвана хъвай-ц1ализе лъазабизе, жидерго маг1ишаталде руссине, г1елмуялда т1ад ч1езе, маданият адабият цебет1езабизе.

Гьедин маг1арул мах1ги, ях1ги, намусги кинабго рух1ияб бечелъи, кинабго х1аракат, зах1мат авар адабият цебет1еялъе квер бакъана революция бергьун хадуб гьал шаг1ирзабаз ва хъвадарухъабаз:

(слайдал хъвадарухъабазул сураталгун)

Гьезие рес щвана жидерго асарал къват1ире риччазе, гьел халкъалъеги г1аммаллъун лъугьинаризе, щай гурелъул къоабилел соназда Темирхан -Шураб рагьараб басмаханаялъ квербакъана шаг1ирзабазе гьел асарал басмаялде рахъине. Гьеб бук1ана заманаялъ г1адамазе кьураб унго-унголъунги к1удияб рагьилъун.

1922 соналъ рахъана т1оцересел букварал, ц1алул т1ахьал, гьединго художествиял асаралги. Совет власталъул заманалда х1адурана г1емерал учительзаби, тохтирзаби, инженерал, рагьана 3 институт ва цо университет. Дагъистаналда рахъана г1емерал машгьурал, гьунар бугел г1алимзаби.

Гьеб рахъалъан мисал босизе бегьулевлъун г1елмуги г1акълуги коч1олъ бессарав шаг1ирлъун ккола Ц1адаса Х1амзат.

(слайд Ц1.Х1амзатил сурат ва гьесул чанго асар)


-Рак1алде щвезарила 5 классалда ц1аларал асарал.

Х1амзатил заманаялъулго хъвадарухъабилъун ккола Заид Х1ажиев,Ражаб Динмух1амаев,Асадула Мух1амаев,Мух1амад Хуршилов ва цогидалги. Гьез жигар бахъулеб бук1ана куч1дул, поэмаби гурелги, харбал, къисаби, романал, комедияби хъвазеги. (т1ахьазул выставка)


К1удияб Ват1анияб рагъул заманалда нилъер адабият лъугьана халкъалъул пикру бихьизабулеб гучаб алатлъун. Аслияб тема бук1ана тушманасде бугеб гьалагаб ццин, Ват1аналде бугеб рокьи, бах1арчилъи ва хиянатлъи. Хъвадарухъабаз жиндирго бег1ераб къалам буссинабуна тушманасде данде. Хъвана г1емерал асарал тушманасде бугеб рокьукълъиги, Ват1аналде бугеб рокьиги, т1аде къо ккараб мехалъ халкъалъул цолъиги бихьизабулел. Гьединаздаса цояллъун ккола Ц1адаса Х1амзатил поэма

"Шамил", Заид Х1ажиевасул "Кьалул куч1дул" абураб т1ехь, Ражаб Динмух1амаевасул "Хиянатчи" къиса ва цогидалги.

Рагъул соназда кинабго совет халкъалъулго г1адин, маг1арулазул рух1ияб къуват щулалъана, адабият бечелъана хъвадарухъабазда к1вана гьайбатал образал г1уц1изе.

Литератураялде гъорлъе лъугьана ц1ияб г1ел хъвадарухъабазул ва шаг1ирзабазул. (слайдал ва шаг1ирзабазул суратал Р.Х1амзатовасул М.Мух1амадовасул, М.Сулимановасул, Машидат Гъайирбековалъул, Ф.Г1алиевалъул ва цогидазулги)

Гьедин Дагъистаналъе кунч1араб ц1валъун ва свин гьеч1еб чирахълъун лъугьана Р.Х1амзатов. Гьесул асарал кинабго дунялалдаго машгьурал руго.

(Р.Х1амзатовасул Москваялда бук1араб "Достояние Республики" абураб передачаялдасан фрагмент бихьизабила)

Х1асил гьаби;

Совет власталъ халкъалъе кьурал ресазул, г1адамаз хъвай - хъваг1ай лъазабиялде кьураб к1варалъул, шаг1ирзабазе ва хъвадарухъабазе жидерго асарал халкъалъухъе кьезе щвараб ресалъул, бищунго аслияб халкъалъул рух1ияб бечелъи цебет1еялъул х1акъалъулъ бицараб жоялъул х1асил бачун, суалал кьела.

Материал х1адур гьабуна

Буйнакск шагьаралъул №3 школалъул

авар адабияталъул муг1алим

Саг1идова Равзанат Ибнух1аджаровнаялъ.

Мух1амад Хуршилов

«Г1андалал»

Малъиялъул мурадал:

1.Ц1алул бажари камиллъизаби.

2.Къисаялъул х1акъикъияб аслу ва гьеб хъваялъул мурад ва заман бич1ч1изаби.

3.Анализалъул кумекалдалъун Ват1ан хиралъиялъул асар ва гьеб ц1унизе рух1 кьун рагъарал умумузул ирс ц1унизе ккей баян гьаби.

4.Надир-шагь инжитго къеялъе г1илла бихьизаби.

5.Адабияталъул аслиял тайпабазе бич1ч1и кьей.


Т1оцебесеб дарс

Дарсил ин.

1.Лъимал дарсиде х1адур гьари. Дарс байбихьила рокъобе х1алт1и ц1ехеялдаса ва фронталияб ц1ех-рех гьабиялдаса.

Ц1ияб дарс

Мух1амад Хуршиловасул г1умру ва творчествияб нухалъул бицина (доскаялда бук1ина гьесул сурат)

Мух1амад Хуршилов гьавуна 1905 соналъ Гъуниб районалъул Сугъралъ росулъ. Ц1алана Темир-Хан-Шураб реалияб училищеялда, хадув Москваялда росдал маг1ишаталъул кооперациялъул т1адег1анал курсазда.

Гьес хъвана «Г1андалал» абураб къиса, «Сулахъалъ нуг1лъи гьабула» - роман, к1иго пьеса. Гьесул «Г1андалал» абураб къиса маг1арул мац1алде буссинабуна Мух1амад-Саг1ид Саг1идовас. Гьениб бицунеб буго Ираназул шагь Надириде данде маг1арулаз гьабураб къеркьеялъул.

2.Учителасул цебераг1и - авалияб гара-ч1вари

Дагъистаналъул ва маг1арулазул тарихалда жаниб бищун гвангъараб гьумерлъун ккола чияр ракьал рахъулев Надир-шагь щущахъ виххизави. Нухда ругелщинал ракьалги рахъулаго, росаби рух1ун, руччаби инжит гьарун, ч1унтиги хвелги бекьулаго, рик1к1ун х1ал к1олареб аскарги бачун, Дагъистаналде щола пахруяв Надир-шагь. Гьесда кидаго рак1алде ккелароан г1исинал миллатазул, гьит1инабго Дагъистаналъул ракьалда батилин жиндир аскаралъе къор гъунин. Амма х1акъикъаталда пасатав шагь инжитго вуссана Дагъистаналдаса нахъе, Мох1об авлахъалда аскарги бекьун.

Дагъистаналъул бах1арчилъиялъул, къо х1ехьеялъул, Ват1аналде бугеб рокьул х1акъалъулъ, жибго гьеб кьалул х1акъикъаталъул халкъалъ бицуна куч1дузулъ, маргьабалъ, рехсола кицаби-абиязулъ. Гьеб бах1арчияб рагъул бицунеб буго «Г1андалал» абураб къисаялдаги.

Мух1амад Хуршиловас, гьеб къиса хъвалалде, лъазаруна х1акъикъиял лъугьа-бахъинал, ц1алана тарихиял т1ахьал. Рак1арун данде гьаруна гьеб къеркьеялъул х1акъалъулъ халкъалъ г1уц1арал к1алзул творчествиял асарал. Амма Хуршиловасда рак1алда бук1инч1о г1елмияб х1алт1и хъвазе, тарихияб х1акъикъаталдасаги ват1алъич1ого, гьесие бокьун бук1ана литературияб асар хъвазе, ва гьелда жаниб жиндир г1агараб халкъалъе хасиятал рахъал рихьизаризе. Гьеб масъала хъвадарухъанас к1удияб махщалида т1убазабуна. Абизе мустах1икъаб буго «Г1андалал» жакъа къоялъги Дагъистаналъул прозаялъул бищун камилал, гьайбатал асаразул цояб бугилан.

3.Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул х1акъалъулъ тарихияб баян.

Учителас гьеб тарихияб баян бицина. Бицине гьунар гьеч1ес лъалхъич1ого пасих1го ц1алила.

4.Дарс щула гьабиялъе суалал.

Хадуб раг1араб тарихияб баяналъул пикру гьабизе 2-3 минуталъги тун, гьикъила:

-Кинаб кициялдалъун байбихьулеб бугеб гьеб къиса?

-Дагъистаналде чан нухалъ вач1арав Надир-шагь?

-Ираналъул шагьзабазулги шагьилан абун машгьурлъарав Надирида «дунялалъего х1инкъи кьолев» бодул бет1еран абиялъе г1илла щиб бук1араб?

-Т1аде маг1арухъе ворч1изе къасдалда вук1арав шагьасул рик1к1ен гьеч1еб аскаралъе щиб ккараб?

-Кинаб халкъияб коч1олъ рехсон бугеб Хиц1иб магъилъ маг1арулаз къажаралгун гьабураб рагъул?

-Кинал бах1арзазул ц1арал рехсон ругел гьанир Мух1амад Хуршиловас?

-«Ябуялъ ябу ккола, бидаялъ бида ккола» кициялъул маг1на

кин нужеда бич1ч1улеб?

-Гьонодаса Залим сундуениги чучуларев чи вук1ин ва чармил рак1 бугев бихьинав х1ара вук1ин сундалъун нилъеда бич1ч1улеб бугеб?

5. Дарсил х1асил гьаби.

-Щиб жакъасеб дарсида ц1ияб жо нужеда лъараб?

-Бокьанищ нужее дарс?

6. Рокъобе х1алт1и.

Рокъобе кьела:

1.Мух1амад Хуршиловасул г1умру ва творчествияб нух лъазабизе.

2.Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул х1акъалъулъ тарихияб баян ц1ализе.

3.Ват1ан ц1унулезул бах1арчилъиялъул х1акъалъулъ кицаби ц1ехезе.




К1иабилеб дарс.


1.Дарс байбихьила ц1алдохъабаз рокъобе кьураб т1адкъай т1убан бугищали хал гьабиялдаса.

Кьела гьадинал суалал:

-Кинал кицаби нужеца жакъасеб дарсиде х1адур гьарурал? (ц1ализе т1амила, кицабазул маг1на бич1ч1улеб бугищали ц1ехела).

-Мух1амад Хуршиловасул г1умруялъул ва творчествияб нухалъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

-Кинал асаразул автор кколев Мух1амад Хуршилов?

Надир-шагь щущахъ виххизавиялъул х1акъалъулъ тарихияб баян цо-к1иго ц1алдохъанасда гьикъила. Хут1аразе кьела гьадинал суалал:

-Чанабилеб соналъ маг1арулазул аскараз къажаразда т1ад бергьенлъи босараб?

-Киб бак1алда ккараб рагъул бицен гьабулеб бугеб къисаялда?

-Гьонодаса Залимида «Х1едумег1ер» абун т1ок1ц1ар ах1иялъе г1илла щиб бук1араб?


Ц1ияб дарс.

1.Доскаялда ч1ах1ахат1алъ хъван бук1ина анц1ила микьабилеб г1асруялда бук1араб къажаразул кици «Шагь г1адаллъун ватани, Дагъистаналъул халкъалда данде рагъ гьабизе виччан те».

- Кин нужеда гьаб кици бич1ч1улеб?

2.Словарияб х1алт1и. Цереккунго раг1аби доскаялда хъвала баян кьезе:

Руккел - къокъа, аскар.

Чулахъ - квер гьеч1ев.

Ясир - асир.

Сугъур - цебе маг1арулаз квасул куназ бессулеб бук1араб ххам.

Намартав - рек1к1ав.

3.Т1оцебесеб бет1ер ц1алила.

Ц1алдохъабазе суалал кьела.

-Кинаб сипат - сурат гьабун бугеб Надирил боялъе?

-Гъулиханасе кинаб буюрухъ кьураб шагьас?

4.«Шагьасул чапар» абураб бет1ер цо-цоккун лъималазда ц1ализабила.


Суалал кьела:

-Надир-шагьас г1андалаздаса щиб т1алаб гьабураб?

-Надирил т1алабаз г1адамазе кинаб асар гьабураб?

-Г1андалазул шагьасе кьураб жаваб кинаб бук1араб?

-«Къо т1аде щвана» абурал раг1аби кин нужеда рич1ч1улел?

-Тушманасда данде рахъаян ах1и лъица бараб?

5.«Г1андалаз х1укму гьабулеб буго» абураб бет1ер ц1алила, суалал кьела:

-Яргъид г1уц1арал маг1арулал годек1анир щай данделъун рук1арал?

-Чупалав щив кколев? Гьесие кинаб сипат гьабун бугеб? Гьел раг1аби рате.

-Х1албихьи бугел цересел рагъухъабазул пикру кинаб бук1араб?

- Г1андалаз кумек киса т1алаб гьабураб?

- Гьез щиб х1укму гьабураб?

6. Дарсил х1асил гьаби.

Ц1алдохъабазе къиматал лъела.

7.Рокъобе х1алт1и.

Рокъобе кьела т1оцебесеб лъабго бет1ер ц1ализе, ц1аларалда т1асан сурат бахъизе.


Лъабабилеб дарс.


1.Дарс байбихьила ц1алдохъабаз т1адкъай т1убазабун бугищали хал гьабиялдалъун.

Лъималаз рахъарал суратазе къиматал лъела, выставка гьабила. Жидецаго бахъараб бак1алъе баян кьезе т1амила.

Рокъоб жидецаго ц1алараб лъабабилеб бут1аялда т1аса суалал кьела.

Ц1ияб дарс.

Словарияб х1алт1и. Цереккунго раг1аби доскаялда хъвала баян кьезе.

Къажарал-Ираналъул халкъалда ц1ар.

Дозорал - нух бац1ц1ад гьабизе цере рит1арал рагъухъаби.

Жаллатал-ч1вадарухъаби, г1ащт1ичаг1и.

Аскерал-рагъухъаби.

Х1арамзада-къват1улъа жо, эмен гьеч1ого гьабураб лъимер.

Х1арамхана-бихьиназе кеп-ихтилаталъе руччаби толел рук1араб бак1.


2.«Шагьасул буюрухъ» абураб бет1ер ц1алила.

Жеги лъималазда рич1ч1уларел раг1аби ругищали ц1ехела.

Суалал кьела:

-Надир-шагь ццидахиналъе г1илла щиб бук1араб?

-Г1андалазул жаваб раг1араб мехалъ, шагьас аскаралъе кинаб

буюрухъ кьураб?

-Надирил бодулазул къокъаялъе кквезе щварав г1андаласул

рагъухъанасе гьез кинаб г1акъуба кьолеб бук1араб?

-Гьев рагъухъанасе кинаб сипат гьабулеб бугеб? Раг1аби рате т1ехьалда (Гьесул т1ут1ун кескал рахъараб чухъида гъоркьан каранда би чвахулеб ругъун бихьулаан. Т1аде вахъине къеркьолаго, гьес, г1алхул жанавар г1адин гъулгъудулаго, бидул ц1урал цабзаз к1иябго гъежалда хурхун ругел бодулазул кверал х1анч1-х1анч1улел рук1ана, ццидал ц1урал гьесул берал рик1к1аде ралагьун рук1ана. Пара-пара гьабураб, ц1об тун кьабун тамахлъиялде ккезабураб къаркъалаялъул я унти, ялъуни г1акъуба лъалеб бук1инч1о.)

-Гьес кинаб хвел босараб?

-Херав Х1асанилги гьесулги бах1арчияб хвел дандеккве.

-Шагьасул бодулазул вах1шилъи сундулъ загьирлъулеб бугеб?

3. Дарсил х1асил гьабила.

-Кинаб асар гьабураб жакъасеб дарсица нужее?

-Ц1ияб жо жиб лъараб?

4. Рокъобе х1алт1и.

Рокъобе кьела «Херав Х1асан» абураб бет1ералдаса цо кесек рек1ехъе лъазабизе («Гьаваялда бежараб гьанал мах1 бахъун бук1ана» абураб бак1алдаса «…Гъулиханасул гьурмаде туна» абурал раг1абазде щвезег1ан.)

Х1укму гьабулаго херасулги Чупаласулги к1алъаяздаса, херав Х1асанилги асирлъуде ккарав рагъухъанасулги Гъулиханасе жавабал къват1ире росун хъван рач1ине ч1ах1ахат1алъ.


Ункъабилеб дарс.


1.Дарс байбихьила ц1алдохъабаз т1адкъай т1убазабун бугищали хал гьабиялдаса.

Лъималаз асаралдаса къват1ире росун хъварал, х1укму гьабулаго, херасулги Чупаласулги к1алъаяздаса, херав Х1асанилги асирлъуде ккарав рагъухъанасулги Гъулиханасе жавабал ц1алул кабинеталъул къадада стенд гьабун, рекъезарила.

Хъварал раг1абазде к1вар кьела. Ват1аналде бугеб рокьи бихьизабулел ва гьелъие г1оло рух1 кьезе х1адурал рук1ине ккей гьез бихьизабулеб бук1иналде к1вар кьела.

Ц1алдохъабазе рокъобе лъазабизе кьураб бет1ералдаса кесек рек1ехъе пасих1го бицине т1амила. Суалал кьела.


Ц1ияб дарс.


1.Словарияб х1алт1и.

Такъия-бет1ер ц1унизе т1ад лъолеб, хвалчада къот1изе к1олареб махх-чараналъул т1агъур.

Хъалхъан-хочодаги хвалчадаги данде живго ц1унизе цебе кколеб гургинаб тепси г1адаб алат.

Гвардия-т1аса рищарал рагъухъабаздасан г1уц1араб къокъа.

Бикьакълъараб-жуба-гъубараб.

3.«Тушман минатахъ щущазави» абураб бет1ер ц1алила. Цоги рич1ч1уларел раг1аби ругищали ц1ехела. Гьезие баян кьела.

4.Кинабго асаралдаса цадахъго суалал кьела.

-Чупалас Надир-шагьасул аскарал кин гуккаралали бице. Щай гьез рагъде кват1ун гурони байбихьич1еб?

-Рагъул сурат кин цебе ч1езабулеб бугеб авторас?

-Рух1 бахъулев вугев Мег1ерк1ич1ида бугеб х1ал кин загьир гьабун бугеб? Холеб мехалъги гьев бодул бет1ерлъун хут1и сундалъун бихьулеб?

-Нужер пикруялда рекъон, Надир-шагьасул рик1к1ен г1емераб бо щущахъ биххизабизе маг1арулазда к1веялъе сунца кумек гьабураб?

-Къисаялъул байбихьуда кьун бук1араб кициялъул маг1на кин нужеда бич1ч1араб?


5. Дарсил х1асил гьабила.

6. Рокъобе х1алт1и.

Рокъобе кьела гьаб планалда рекъон къисаялъул х1асил бицине лъазабизе.

План:

1.Надир-шагь Дагъистаналде щиб мурадгун ва кинан вач1ун вук1арав?

2.Надир-шагьас г1андалаздаса щиб т1алаб гьабураб?

3.Г1андалаз шагьасе кинаб жаваб кьураб? Гьез тушман нахъч1вазе кинаб х1адурлъи гьабураб?

4.Г1андалазул жаваб раг1араб мехалъ, шагьас аскаралъе кинаб буюрухъ кьураб?

5.Херав Х1асанил бах1арчияб хвалил ва тушбабазул вах1шилъиялъул бице.

6.Г1андалал тушбабигун кин рагъарал?

7.Г1андалазул руччабаз, хераз рагъухъабазе кинан кумек гьабураб?

8.Г1андалазул цевехъан Мег1ерк1ич1-Чупаласул бах1арчилъиялъул бице. Гьев кин хварав?

9.Маг1арулазе кумекалъе щал рач1арал?

Гьеб асаралда т1асан нужерго кинал пикраби ругелали ургъе.


Щуабилеб дарс.


1.Дарс байбихьила ц1алдохъабаз «Г1андалал» абураб къисаялъул, цебеккунго кьун бук1араб планалда рекъон, х1асил бициналдаса.

Ц1ияб дарс


Адабияталъул аслиял тайпабазул х1акъалъулъ авалияб баян.

Учителас дарс бицина.

Художествияб литератураялъул лъабго рикьи буго, баянго абуни, киналго асарал хъван ратула лъабго бат1ияб тайпа бат1а гьабизе лъаледухъ. Гьеб лъабабго тайпа ккола адабияталъ инсанасул г1умру ва х1акъикъат бихьизабулеб къаг1ида. Гьел тайпабазда ц1аралги гьадинал руго: эпос, лирика, драма.

Эпосалъе, лирикаялъе ва драмаялъе баян кьела. Мисалал рачина.

-Нилъеца бицен гьабураб лъабабго тайпаялъул руго бат1и-бат1иял т1елал, жанрал.

Доскаялда бук1ина гьаб таблица:


Адабияталъул тайпаби

Жанрал

Эпос

Роман, поэма, къиса, хабар, очерк, басня

Лирика

Маг1у, кеч1 элегия, къасидат,сатирияб кеч1,къасидат.

Драма

Комедия, трагедия, драма


3.Ц1алдохъабазе т1адкъай кьела исана ц1аларал асаразул тайпаги жанрги бихьизабизе.

4.Дарс щула гьабиялъе суалал:

-Литературияб чан рикьи - тайпа бугебали бице.

-«Эпос» абураб раг1ул маг1на кин нужеда бич1ч1улеб?

-Кинал эпосиял асарал нужеца ц1аларал?

-Эпосиял асаразул кинал жанрал, тайпаби рук1унел?

-Хабар щиб жояли рак1алде щвезабе.

-Щиб жо кколеб лирика? Лирикиял асаразе мисалал раче.

-Щиб жо кколеб драма? Кинал жанрал гьелъул ругел?

- М. Хуршиловасул «Г1андалал» абураб асар кинаб тайпаялда гъорлъе унеб? Гьелъул жанр бихьизабе.

5. Дарсил х1асил гьаби.

6. Рокъобе х1алт1и.

Рокъобе кьела адабияталъул аслиял тайпабазул х1акъалъулъ авалияб баян ц1ализе.

Дарс х1адур гьабуна

Г1ахьвахъ районалъул Лологъонилъ росдал

гьоркьохъеб школалъул авар адабияталъул муг1алим

Пахрудинова Г!айшатица.



Мух1амад Сулиманов

«Васигат»

Т1оцебесеб дарс.

Малъиялъул мурад:

1.М.Сулимановасул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ цебехун щвараб лъай щула гьаби ва т1адеги баян кьей;

2.М.Сулимановасул «Васигат» поэмаялъулгун ц1адохъабазул лъай-хъвай гьаби, гьенир кколел лъугьа-бахъиназе къимат кьезе ц1алдохъаби ругьун гьари;

3.Берцин рихьарал ясал хъамулел, хъачагълъи гьабулел, цогидал х1инкъизарун, питна балагьулел, инсаплъи хварал г1адамал къват1ир ч1вазари;

4.Бах1арчияй ясалъул сипат рагьи, гьей маг1арул ясалъул намус-ях1алъул г1аламатлъун йихьизайи;

5.Бидулас хъачагълъи рехун теялъе г1илла баян гьаби, ярагъ ракьулъ букъиялъул маг1на рагьи;

6.Пасих1го ц1али камиллъизаби;

7.Поэмаялъул х1акъалъулъ баян кьей.

Дарсида х1алт1изабулеб материал:

1. М.Сулимановасул х1акъалъулъ презентация;

2. М.Сулимановасул т1ахьазул выставка.

3.Коч1охъанас, пандурги хъван, ах1улеб «Васигат» поэмаялдаса кесек.

4. М.Г1исаевас хъвараб «М.Сулиманов хвеялде» абулеб кеч1 рик1к1уней аудио-видео.

5.«Васигат» поэма щула гьабиялъе презентация.

6.М.Сулимановасул х1акъалъулъ гьудул-гьалмагъзаби, хъвадарухъаби.

7.»Х1акъикъат» газета.


1. Муг1алимасул цебераг1и.

Жакъа нилъеца бицине буго Дагъистаналъул машгьурав хъвадарухъан, поэт, драматург, переводчик Мух1амад Сулимановасул х1акъалъулъ.

-Нужеда щиб гьесул х1акъалъулъ раг1араб, лъалеб? (Рак1алде щвезабила 5 классалда малъараб «Х1инкъараб сапар»).

М.Сулимановасул г1умру ва къисмат мустах1икъаб буго т1убараб къиса хъвазе. Лъимерлъиялдаса байбихьун ахириял къоязде щвезег1ан х1икматаб бук1ана гьесул г1умру. М.Сулимановасул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ бицина ц1алдохъанас:

- М.Сулиманов гьавуна 1919 соналъ Хунзахъ росулъ. Гьесул эмен вук1ана Гъумекиса, эбел Хунзахъа. Эмен вук1ана лъач1ого чиги ч1ван, росу тун, къват1иве (Хунзахъе) вач1арав чи. М. Сулиманов гьавураб къоялъ, жеги вас вихьилалде, бидул тушбабаз хадуб халги ккун, ч1вана гьесул эмен. Эбелги росасе ун, Мух1амад херай к1одол ц1обалде ккана. Хадуб гьесие тарбия щола советияб школа-интернаталда, детдомалда. 1938 соналъ авар педучилищеги лъуг1изабун, маг1арул росабалъ учительлъун х1алт1ула.

Муг1алим: К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьараб мехалъ Мух1амад, г1арзаги кьун, Ват1ан ц1унизе ана. Северияб Кавказалъул, Прибалтикаялъул, лъабабилеб Белоруссиялъул фронтазда бах1арчиго вагъула, чанго нухалъ лъукъула. Рагъдаса хадув Москваялда М.Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт лъуг1изабуна.

Дагъистаналде т1адги вуссун, радиокомитеталда, «Гьудуллъи» альманахалда редакторлъун х1алт1ула, хадув машгьурав хъвадарухъан вахъуна.

М.Сулиманов вук1ана гьудулзаби хирияв, рак1г1ат1идав, г1умруги г1адамалги хирияв, г1акъилав, х1алимав инсан. Гьесие бокьулароан х1елх1елчилъи, жагьилчилъи. Гьев вук1ана т1адег1анаб ях1алъул, къо х1ехьеялъул чи. Г1умруялъул ахириял соназ, живго зах1матго унтун вук1аниги, канлъи босарай лъадуда аск1оса нахъе вилълъинч1ого, гьелъул т1алаб гьабуна гьес ва ц1иял асарал г1уц1иялда т1ад х1алт1ана. Гьес рух1 кьун т1убалаан гьалмагъасул къвариг1ел. Гьесул т1оцебесеб т1ехь «Гургур маг1арда» къват1ибе биччана 1948 соналъ. М.Сулимановас хъвана куч1дул, харбал, къисаби, пьесаби, публицистикиял макъалаби. Гьес авар мац1алде руссинаруна Шекспирил, Пушкинил, Шевченкол, Маргарита Алигерил асарал. М.Сулимановасул асаразул аслияб рахъ бук1ана г1адамазул квешал рахъал, г1унгут1аби, чороклъаби къват1ир ч1вазари, бец1лъиялде, квешлъиялде данде рагъ гьаби. Хвана М.Сулиманов 1988 соналъ. Живго хваниги, гьес нилъее нахъе тана хвел гьеч1ел асарал.

(Бицунаго цадахъ бихьизабила гьесул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ презентация).

1.Хадур рач1ина гьесул «Васигат» поэмаялде. Халкъалда гьоркьоб бищунго машгьураб буго гьесул халкъияб маргьаялъул кьуч1алда хъвараб «Васигат» абураб поэма. (Муг1алимас бицина цебе ц1акъго т1ибит1ун бук1араб, гьанжеги дандч1валеб ясал хъамулеб къабих1аб пишаялъул).


2.Поэма пасих1го ц1алила муг1алимас, ялъуни лъик1 ц1алулев ц1алдохъанас.

3.Накъит, хъачагъ, къолден, канн, чангит, нигат, бахкен, чухъа раг1аби тетрадазда хъвала ва баян кьела.

4.Хут1арал минутазда гара-ч1вари гьабила:

- Нужее поэма бокьанищ?

- Кинаб асар гьелъ нужее гьабураб?

- Кинал героял нужее рокьарал, кинал рокьич1ел? Щай?

- Яс кинайлъун йихьизаюн йигей поэмаялда жаний?


3. Рокъобе х1алт1и.

1.М.Сулимановасул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ бицине.

2.Т1адеги баянал ралагьизе.

3. Поэма ц1ализе ва анализалде х1адурлъила.


К1иабилеб дарс


1.Дарс байбихьила рокъобе кьураб х1алт1и гьикъиялдаса.

2.М.Сулимановасул г1умруялъул ва творчествоялъул бицина 2-3 ц1алдохъанас, щвараб бак1алдаса. Т1адежураял киназго гьарила.

3.Поэмаялъул анализ гьаби.

- Гьаб асаралъул аслияб тема щиб?

- Кин байбихьулеб бугеб поэма?

(Байбихьула т1абиг1аталъул беричал суратаздасан)

(Бакъуе керен кьураб, керчаб рохьалъ бацараб… т1ехьалдаса

ц1алила)

- Байбихьи гьединаб бук1иналъ кинал пикраби нилъер

рижулел?

- Колода г1умру гьабун щал ругел?

- К1иявго багьадурасе характеристика кье.

- Кинаб х1икматаб хабар Магьдица Г1алиасх1абие бицараб?

-Кин нужеда кколеб, щайдай гьес гьеб ургъел бикьараб

Г1алиасх1абие? Гьанжелъизег1ан жаниб тун бук1араб гьеб

бициналъе г1илла щибдай ккараб?

- Нужее рек1ее г1унищ Магьдиги Г1алиасх1абги? Щай?

- Магьдил хабаралъул нужее бокьич1еб жо щиб?

-Яс рек1ее г1унищ нужее? Гьелъул г1амал-хасияталъул

къокъго бице. ( Эмен - вацазул къадру ц1уни, бах1арчилъи,

намус – ях1 борхатго кквей)

-Жакъа къоялъ дандч1валищ гьединал ясал? Мисалал раче.

-Ясалъул эмен, вацал кинал чаг1илъун нилъеда рихьулел?

- Гьезие би г1одоб т1езе бокьун бук1анищ? ( Инсул раг1аби

т1ехьалдаса ц1алила)

- Щайха вас разилъич1ев ракълида иш т1убазе? Нуж рази

ругищ гьесда? Бит1араб жо гьабулеб бугищ гьес?

- Ясалъул бах1арчилъи, намус-ях1 сундулъ нилъеда бихьулеб?

- Ясалъул раг1аби ц1але (Дуда к1алъалей йигей рокьи ккарай

яс гуро…

Хвалчен гурони дуда т1ок1аб к1алъазе гьеч1о – щвезег1ан).

-Магьдица щиб гьабураб? Жиндаса бергьарав чи данде

ч1вараб мехалъ, бах1арчи вугищ гьев? Кинаб ц1ар нужеца

гьесие кьелеб?

- Гьелдаса хадув кинав чи гьесул лъугьарав?

- Щай асаралда «Васигат» абун ц1ар лъураб?

- Гьеб поэмаялъул маргьаялда релълъараб жо бугищ?

Поэма х1икматаб бук1ин сундаса нилъеда бихьулеб?

- Ярагъ ракьулъ букъиялъе г1илла щиб?

- Поэмаялда щиб беццулеб ва щиб какулеб бугеб авторас?

4. Дарсил х1асил гьабила. Къиматал лъела.

5. Рокъобе х1алт1и.

Ролазде бикьун, ц1ализе х1адуризе; суратал рахъизе ва маг1на бицине.

(Суратал рахъила альбомалъул т1анчазда)



Лъабабилеб дарс

1.Суратал рахъарал ц1алдохъаби доскаялде рахъинарила. Жидецаго бахъараб сураталде данде кколеб эпизод бицине т1амила. Лъик1ал суратазе хасаб рецц-бакъ гьабила. Хадур суратал рак1арила.

2. Ролазде бикьун, ц1али г1уц1ила. ( Автор, Магьди, нухлулав, яс, эмен). 2-3 ирга гьабила. Ц1алиялъе къимат кьела классалъго.

3.Мац1алъул пасих1лъиялде к1вар кьела. Эпитетал, метафораби, гипербола батизе т1амила.

4.Литературияб теория. Поэмаялъул х1акъалъулъ авалияб баян кьела.

Тетрадазда хъвала. «Поэма» - грек мац1алдаса бач1араб раг1и. нилъер мац1алда «г1уц1и», «цо жо гьаби». Поэма ккола, къисаго г1адаб к1вар бугел лъугьа-бахъиназул бицунеб, тарихияб, ва бах1арчияб темаялда коч1одалъун хъвараб асар. Поэма рик1к1ине бегьула коч1одалъун хъвараб къисалъун. М.Сулимановас «Васигат» поэмаялда гъоркь къиса абун хъван буго. Гьев мекъи гьеч1о. Авторас г1уц1ун буго пасих1го хъвараб, коч1одалъун героязул ишал ва пикраби рагьараб гьайбатаб къиса. Гьелда абизе бегьула поэма-къисайилан.

Поэмаби бат1и-бат1иял рук1уна: лирикиял, эпикиял, лирикагун эпос жубарал. Поэмаялда ц1ик1к1унисеб бак1 лъугьа-бахъиназул бициналъ кколеб бугони, гьелда эпикияб абула.)

Рак1алде щвезарила церехун малъарал поэмаби.

5. Хут1араб заманалда ц1алдохъабазул ц1алиялъул хал гьабила.

6. Дарсил х1асил гьабила, къиматал лъела.

7. Рокъобе х1алт1и.

1.М.Сулимановасул «Васигат» поэмаялдаса бах1арчияй маг1арулалъул сипат абураб темаялда сочинение хъвазе. Ялъуни муг1алимас классалъул х1адурлъиялде балагьун, тестал х1адурила.

4 дарсида сочинение хъвала, ялъуни тестал кьун малъараб щула гьабила.

( Презентацияби ва цогидаб материал муг1алимас дарсида гьоркьоб кколеб куцалъ жинцаго х1алт1изабила)

Дарс х1адур гьабуна

Гъуниб районалъул Х1от1оч1 школалъул

авар адабияталъул муг1алим

Мух1амадова Г1унайзатица.



Дарсил тема: Э.Капиев «Жиндирго х1акъалъулъ Сулейманил хабар».


Дарсил мурад:


1)Э.Капиевасул г1умру ва творчествоялъул х1акъалъулъ ц1иял баянал кьей; асаралъулъ кьурав героясул образ рагьи; ц1алдохъабазул ц1алул бажари борхизаби.

2)Прозаялдалъун хъвараб текст бич1ч1изе ругьун гьари; хабаралъул аслиял героязул г1амал-хасияталдаса пайда босизе ругьун гьари; ц1алдохъабазул нахърател бечед гьаби, литературияб мац1алда жаваб кьезе ругьун гьари.

3)Авар мац1алдехун, адабияталдехун, тарихалдехун, Ват1аналдехун рокьи ц1ик1к1инаби; сахлъи ц1унизе кколеблъи баян гьаби; асаралъул героязул мисалаздалъун лъик1абги квешабги бат1а гьабизе ругьун гьари.

Дарсил алатал: Э.Капиевасул, С. Стальскиясул суратал.


Дарсил ин:

1. Дарсиде х1адурлъи.

2. Учителас хал гьабила ц1алдохъабаз рокъобе кьураб х1алт1и гьабун бугищали. Фронталияб опрос (цебесеб дарсида малъараб материалалдасан суалал кьела).

• М.Сулимановасул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб? Авар адабият цебет1езабизе гьес кинаб квербакъи гьабураб?

• «Васигат» абураб поэмаялъул аслияб тема кинаб бугеб? Сунда абулеб темаян?

• Поэмаялъул героязе кинаб къимат кьолеб бугеб авторас?

• Кинавлъун вихьизавун вугев нилъеда Магьди?

• Поэмаялъул кинал героял нужее рек1ее г1урал?

• Поэмаялда т1абиг1аталъе сурат кьураб бак1 бате ва ц1але.

3.Ц1ияб тема малъи.

• Ц1алдохъабаздаса дарсил мурад т1алаб гьаби.

- Кин нужеда кколеб, сундуе г1оло нилъеца Э.Капиевасул

биография ва асарал школалда малъулел?

•Ц1алдохъабазул жаваб учителас г1ам гьабила.

•Э.Капиевасул г1умруялъул ва литературияб х1аракатчилъиялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьела, гьесул сураталгун ва асаразул сборникалгун лъай-хъвай гьабила.


Муг1алим: Эффенди Капиев ккола Дагъистаналъул машгьурав поэтазул цояв. Гьев гьавуна 1909 соналъ Гъазигъумекиб абулеб росулъ. Эффенди Капиевасул лъимерлъиялъул заман ана Ставрополалда, гьениб гьес лъазабуна г1урус мац1 ва Пушкинил, Лермонтовасул, Кольцовасул асаралгун лъай-хъвай ккана. 1919 соналъ Э.Капиевасул хъизан Дагъистаналде т1ад буссана ва Буйнакск (Темир-хан-Шура) шагьаралда ч1ана. Гьенивго Э.Капиев Буйнакск шагьаралъул педучилищеялда бугеб интернаталде ц1ализе уна.

1928 соналъ педучилищеги лъуг1изабун Э.Капиев Аксай росулъ г1урус мац1алъул учительлъун х1алт1ула.

1930 соналъ Э.Капиев Мах1ачхъалаялде вач1уна ва лъараг1 мац1алда бахъулеб «Елдаш» абураб газеталъул мухбирлъун х1алт1ула. Гьелго соназ Э.Капиевас г1емераб х1алт1и гьабуна Дагъистаналъул хъвадарухъабазул асарал г1урус мац1алде руссинаризе ва халкъиял асарал тартибалда ккезаризе. Гьеб х1алт1ул х1асиллъун ккана гьел соназ къват1ире риччарал «Маг1арулазул куч1дул» ва «Ганч1ида накъищал» абурал т1ахьал. 1934 соналъ данделъун бук1араб Дагъистаналъул хъвадарухъабазул съездалда Капиев вищула Союзалъул правлениялъул членлъун. Гьебго соналъ гьес г1ахьаллъи гьабула Москваялда данделъун бук1араб хъвадарухъабазул т1оцебесеб т1олгосоюзалъул съездалдаги. Гьенибго лъай-хъвай ккола М.Горькилгун ва г1емерал хъвадарухъабазулгун.

1935 соналъ Э.Капиев хъизангун цадахъ Пятигорскиялде гочуна ва «Г1олохъанав ленинец» газеталъул редакциялде х1алт1изе лъугьуна. Амма гьеб заманалда гьесие аслияблъун лъугьана «Поэт» абураб т1ехьалда т1ад х1алт1и.

Рагъул соназда Капиев фронталъулав мухбирлъун вук1ана, гьес хъвана г1емерал очеркал, макъалаби. Амма зах1матаб унтуца гьесие рес ккеч1о рагъда г1ахьаллъизе, тушманасда т1ад бергьенлъи босараб къо бихьизег1ан гьев ч1аго хут1ич1о, 1944 соналъул январь моц1алда зах1матаб операциялдаса хадув гьев хвана.

4.Словарияб х1алт1и. Учителас раг1аби ц1алила ва гьезие баян кьела.

Гьор – сеновал, боц1уе раг1и- хер жаниб лъезе гьабураб бак1.

Купец – базарган

Хъарк1ас – мискинчи

Петер – гостиница

Рагьт1ател – дворовой работник, батрак, цеве х1алт1изе тарав чи.

5.Учителас хабаралъул къокъаб х1асил бицина.

•Революциялда цебе г1адамазул бук1араб ах1вал-х1ал баян гьаби;

•Сулейман Стальскиясул лъимерлъи, гьес гьит1инаб къоялдаса байбихьун чадил т1алаб гьабизе ккей; бат1и-бат1иял бак1азде х1алт1изе аралъувги гьесда бич1ч1ула кибго мискинчи зулмуялда вук1ин; Сулейман росулъе т1адвуссин ва росулъ ругел г1адамазул ах1вал-х1ал; т1оцебесеб кеч1 хъвай.

• Хабаралда рехсон вугев Кочхюралдаса Саг1идил къисмат рак1алде щвезабила (Мурсалхан какун кеч1 хъвайдал, гьес Саг1идил берал рахъула) ва цойгидал мискинал поэтазе кьолеб бук1араб г1акъуба - къварилъиялъул бицина (Эльдарилав, Йирчи Гъазахъ, Мах1муд, Батирай ва гь.ц).

6.Малъараб материал щула гьаби (жаваб тексталда батизе).


•Сулейманил гьит1инаб заманалъул х1акъалъулъ бице. Кинаб

лъимерлъи гьесул бук1араб?

• Мискинзабазул язихъаб г1умру кин лъараб Сулейманида?

• Сулейман кив ва кин х1алт1изе ккарав?

• Кида байбихьараб Сулейманица куч1дул гьаризе?

• Кинаб дандч1вай ккараб Маллалги Сулейманилги?

• Лезгиязул поэт Кочхюралдаса Саг1идил х1акъалъулъ щиб бицунеб бугеб хабаралда?

•Цойгиги Сулейман Стальскиясул заманалъул поэтал кинал лъалел нужеда?

7.Дарсил х1асил гьаби. Къиматал лъей ва баян гьари.

Рокъобе х1алт1и: Хабар ц1ализе ва идейиябгун – художествияб анализ гьабизе ругьунлъизе.


Дарс х1адур гьабуна

Кизилюрт шагьаралъул №2 школалъул

авар адабияталъул муг1алим

Закаряева Пат1иматица.




Асадула Мух1амаев


Маг1арулай

(«Маккикъор» абураб бут1а)


Малъиялъул мурадал:

1. Авторасул г1умруялъул ва х1алт1ул нухалъул (творчествоялъул) х1акъалъулъ ц1алдохъабазе баян кьей.

(лъараб г1ат1ид гьаби).

2. Тексталъул х1асил бич1ч1изаби. Авторасул аслияб пикру бич1ч1изе ва гьеб х1акъикъияб г1умругун дандекквезе малъи. (ай идеялде) к1вар буссинабизе (аслияб бак1 рагъул соназда маг1арул росулъ ккараб лъугьа – бахъиналъе кьун буго. Бицунеб буго маг1арул росулъ рагъул соназда бук1араб г1умруялъул. Х1афизатил образалда (хасияталдалъун) бихьизабулеб буго руччабаз баччараб бах1арчияб зах1маталъул, къох1ехьеялъул. Кинаб бугониги зах1малъиялда цере къуркьуларел, къвак1араб хасияталъул, сабурал ва х1еренал руччабазул образ.

3. Ц1алдохъабазул ц1алул ва к1алзул калам дурус гьаби.

4.Литературиял теориял (эпитетал, метафора, кульминация, кицаби ва дандекквеял …) ратизе

5.Къисаялдаги хабарияб асаралдаги гьоркьоб бугеб бат1алъи бич1ч1изабизе.

6.Темаялъул х1асил бич1ч1изе бигьалъизе лъугьа - бахъиназе къимат кьолаго тартиб ц1унизе ругьун гьари.

7. К1удиял асаразул къокъго ва тексталде г1агарун х1асил бицинеги ц1аларалъул анализ гьабизеги ц1алдохъабазул бугеб бажари цебет1езаби.

8. Авторас, литературиял героязул г1амал – хасият, гьезул ишаздалъун ва каламалдалъун рагьун бук1унеблъиялъул баян кьей, щивав героясе, ват1аго восун, анализ гьабизе лъай .

9. Художествияб тексталдаса лъугьа -бахъиналги х1акъикъияб г1умруялъул х1ужжабиги дандеккун жидерго пикраби загьир гьаризе ругьунлъи.

10.Ват1аналъе рит1ухъаллъун, зах1мат бокьулеллъун, рак1бац1ц1адаллъун, жидеде гьабураб божилъиялъе рит1ухъаллъун, кинаб зах1мат дандч1ваниги къуркьулареллъун рук1ине кколеблъиялъул асар ц1алдохъабазулъ бижизаби.

Дарсил тайпа: Ц1ияб материал малъи.

Дарсил алатал: А.Мух1амаевасул т1ахьал, суратал, тестал- карточкаби, авторасул асаразул х1акъалъулъ хъварал х1алт1абазул цебелъей, ч1ужуг1аданалъул суратал, словарал, компьютер, графопроектор ва цогидабги .


Дарсил ин


Т1оцебесеб дарс

1. Дарсиде ц1алдохъаби х1адур гьари.

2.Рокъобе х1алт1и ц1ехезе «Жиндирго х1акъалъулъ Сулейманил хабар»

Муг1алимас, хабаралъул г1ахьалаб ц1ех- рех гьабила, я бицун (устно) суалаздалъун, яги хъван, тестал карточкабаздалъун (кьералккун) .

Ц1алдохъаби дарсил темаялде кант1изари

Ц1адаса Х1амзат «….».

(гьеб живго муг1алимас рек1ехъе ц1алила, яги пасих1го ц1алила. Бегьила аудиозапись х1алт1изабизеги) ц1алулаго тексталде данде кколел слайдал рач1ина, яги рахъарал рук1ина.

--Кинаб тарихияб к1вар бугеб лъугьа – бахъиналда хурхинабулеб бугеб? ( К1удияб Ват1анияб рагъда)

--Авторас лъил х1акъалъулъ бицунеб бугеб, щиб бокьун бугеб Х1амзатие бич1ч1изабизе? ( Бергьенлъиялъе г1оло маг1арул руччабаз тылаллда гьабураб къеркьеялъул, х1аракаталъул бицине)

--Нужеда кин кколеб, сунда хурхарабдай бук1инеб нилъер жакъасеб гьаб дарс. (Ват1анияб рагъул заманалда тылалда маг1арул руччабаз бергьенлъиялъе г1оло бихьизабураб зах1маталда).

Муг1алимасул гъорлъе лъугьиналъул накъит.

--Цох1о рагъда рук1арал гурелги бергьенлъиялъе г1оло къеркьана тылалда ругелги. Бихьиналги рагъде ун, кинабго х1алт1и руччабаз, лъималаз, хераз гьабулеб бук1ана. «Бергьенлъиялъе г1оло» гьедин ах1улеб бук1ана щивасул рак1алъ. Хасго руччабазде т1аде ккун бук1ана цебе бихьиназ гьабулеб бук1араб зах1матаб х1алт1и.

Ц1акъго ток1лъи ва х1аракат бихьизабурал руччабазе, х1укуматалъ кьуна «Зах1маталъул Бах1арч1ужу» абураб шапакъат (орден). (Ц1алдохъабазда жибго эб бихьизабизе бегьила. Гьел орденал щвеч1ел чаг1и ругеб росу батиларо)

Нилъер хъвадарухъабазги к1вар кьуна руччабазул бах1арчилъиялде, къимат гьабуна гьезул зах1маталъул, ва абизе бегьула къанаг1атги ватиларин гьеб темаялде к1вар кьеч1ев шаг1ир яги хабарчи (прозаик). Рагъ байбихьаралдаса жакъа къоялде щвезег1анги, киг1анго нилъее бокьич1еб г1умруялъул лъугьа – бахъин гьеб бук1аниги, хъвадарухъабазда т1адаблъун бихьана къварилъабаз ц1ураб, тарихалда жаниб бихьулеб бак1 жинца тараб, Ват1анияб рагъул темаги къалмикьа борч1изе тезе бегьунгут1и. Гьел жалгоги рук1ана рагъда (рагъухъаби - хъвадарухъаби), лъалищ нужеда гьезул ц1арал?

М.Сулиманов, Р.Динмух1амаев, Г1. Хачалов, Э. Капиев, Б. Митаров, гьезул х1акъалъулъ берцинго бицунеб буго («Гьудуллъи» журнал, гьум. 71, «Хочода бащалъулеб бук1ана раг1и»П.Варисовас). Гьез расги барахщич1ого, жидерго асаразда жаниб, аслияб бак1 кьун буго рагъул заманалда ва гьеб лъуг1ун хадубги маг1арул ч1ужуг1аданалъ бихьизабураб гьунаралъе, ях1алъе, сабру ва къох1ехьеялъе, зах1мат бокьиялъе.

Цоги гьединал руччабазул х1акъалъулъ хъварал асараллъун ккола: Гьевго Ц1адаса Х1амзатица «Вехьасул къиса » абураб поэмялда аслияб бак1 кьун буго рагъул заманалда росасул бак1 ккун вехьлъун ч1арай Г1айнаил образалъеги. Гьединго, дол рагъулал зах1матал соназ, маг1арулалъул образ прозаялдалъун г1ат1идго рагьун бажарана : Г1абдулмажид Хачаловасда «Солдатасул лъади» абураб къисаялда.

Фазу Г1алиевалъ «Эбел» къисаялдаги ва руго гьел гурел цогидалги.

Жакъа нилъеца дарсида лъай - хъвай гьабизе буго Асадула Мух1амаевас хъвараб «Маг1арулай » абураб къисагун.

Жибго ц1аралъ къокъго баян гьабулеб буго асаралда жаниб аслияб бак1 лъие авторас кьун бугебали.

«Маг1арулай» (къисаялъе къокъабго баян кьела муг1алимас)


Рич1ч1изе зах1матал раг1абазе баян кьей (гьел т1ехьалда кьун руго, ударение лъун бихьизабила);

Каскараб, тансу, никъа, хьонбак1 (жуб. раг1и), риххелал—рихх - риххарал (кьибил такрарлъун), х1алалъ – балалъ (балалъ щибго маг1на гьеч1еб раг1и)


Синонимал антонимал

Каскараб (диалект.) - лъедераб, ризаб

Бошлъи ч1обоголъи ц1ей

( чи гьеч1еб бак1

Хъарк1аслъун беэнлъи гьеч1ого буччун


(муг1алимасда лъала кинал раг1аби ц1алдохъабазда рич1ч1уларел г1адал ругелали, гьединал раг1абазеги гьадинал баянал кьезе бегьула)


Муг1алимас ва лъик1 ц1алулел ц1адохъабаз тект ц1алила (заман г1олеб гьеч1они, тексталде г1агарун хабар бицунги, текст ц1алун лъуг1изабила)

«Маккикъор» ц1алун хадуб дагьабго х1ухьбахъи гьабила, ц1аларалъул пикраби загьир гьареян абила ц1алдохъабазда, бич1ч1ич1елдасан суалал кьеян абила.

Муг1алимасул суалал:

1. Х1афизатги Меседолги къец сунда т1асан ккараб?

2. Ахикь ругел ясазул даг1баялъе Ибрагьимица кинаб диван къот1араб ясазе? (диван абураб раг1ул маг1на рак1алде щвезаби)

3. Маккикъоралъул х1акъалъулъ щиб абулеб бук1ун бугеб г1адамаз?

4. Гьес кинаб г1акълу кьураб к1ияйго гьудулалъе.

5.Х1афизатги Меседоги «Маккикъоринире» ун рук1ин Ибрагьимида кин лъараб?

6. Сунца гьесул рах1ат хвезабураб? Гьел ралагьизе ине щай гьев г1едег1арав? Щайдай гьев, лъидаго абич1ого, живго арав?

7.Меседоги Х1афизатги нохъоде ун рук1ин сундалъун мух1канлъараб Ибрагьимие?

8. Ясал ралагьизе арав Ибрагьим щай нахъ вуссине ккарав?

9.Балъгояб сапаралъ иналде ясал ургъанищ, кинабго х1исабалде босун, х1адурлъи гьабун бук1анищ гьез?

10. Къват1ире рахъунаго, жалго унеб бак1 бицинч1олъи бит1ун гьабун бугищ Меседоцаги Х1афизатицаги? Щайдай гьел, лъидаго абич1ого жалго арал?

11. Кинай ч1ужулъун авторас Х1афизат йихьизаюлей йигей?

12. Кинаб бак1 ясазда гьеб нохъо батараб? Сунца гьел г1ажаиблъизе гьарурал? (нохъоялъул сипат гьабураб бак1 бате) Рак1алдаго гьеч1ого кинаб санаг1алъи бахъи гьезие ккараб?

13. Лъица Меседоги Х1афизатги хвасар гьарурал?

14. Цоги кинаб ц1ар лъезе бегьилеб бук1араб гьаб бут1аялде? Нужерго ц1арал ургъе («Ах1уд рахъин», «Балъгояб сапар», «Хазинаялда хадур», «Ц1огьазул нохъода», «Макказул шагьаралда»)

( Гьелде т1аде жидерго суалал ва т1адкъаялги г1уц1изе бегьила) Мисал: (ц1алдохъабаз баян кьезе)

--Лъица баян кьелеб гьал раг1абазе?

(къаданиблъиялда, рахъккун, диван къот1изе, бер к1ут1изе, гъарц1и, наг1адала, щайт1анищ къинлъун бугебали, ца бик1изе г1уч1 бекизе никъадул к1к1орцин, хъач1лъун, лах1туг1ан, х1алигъун, гванзлъун, лъаргъун, лъарамухъ, бер реч1ч1ана, кьег1 гьабун, рак1ч1ана, маг1дан, к1армахараб, ц1ира гъинч1ел, х1ебтил къандалъо, квер квашун)

Ц1алдохъабаз ратизе:

Дандекквеял—гъарц1и г1адаб, бараб г1адин, ханждал гох1ал, лах1туг1ан рук1к1араб, г1иял бокь г1адин, рестораналда г1адал,

Олицетворение: мугъ рехун, хьибил кьун, нохъазда жаниб багъун.

Рокъобе т1адкъай:

- «Маккикъор» раг1а - ракьанде щун ц1ализе, х1асил бицине лъазе (киназего)

-Тексталъе план г1уц1изе ва хъвазе( 2-3 ц1алдохъанасе)

-Бажарараз «Маккикъоралъур» яги «Ц1олбол ахикь», яги жидецаго т1аса бищараб темаялда т1асан сурат бахъун босизе.

-Тестал карточкаби г1уц1изе.

-Рич1ч1уларел раг1аби авар каламалъул тетрадазда хъван росизе

--Т1ехьалда кьурал суалазда рекъон, х1асил бицине х1адуризе. (муг1алимас, жинцаго, ц1алдохъабазул бажариялда рекъон х1алт1и бикьила).


К1иабилеб дарс


«Ах1мад т1ад вуссараб сордо»

Дарс байбихьила муг1алимас коч1ол куплетал аудиозаписалдасан риччаялдаса, мисал:

«Кунч1ун руго ц1ваби хъах1илаб зодихъ,

Хъах1аб дунялалде т1адеги къулун,

Т1адруссаразулги руссинч1езулги,

Рагъул бах1арзазул рух1ал руго гьел.»

(«Рагъухъаби - хъвадарухъаби» Мух1амад Беркиханов)

(Авторасул сурат ва коч1ол раг1аби доскаялда рала)

Литературиял т1адкъаял

-Лъил х1акъалъулъ гьеб кеч1?

-Роцен бате?

-Дандекквей бате?

-Щай авторас рагъухъаби ц1вабзазде данде кколел ругел?

-Аллитерация бате?

-Коч1ол роцен ч1езабе?

-Эпитет бате?

Грамматикияб х1алт1и:

Лабиалияб гьаракь— ( ц1ваби)

К1ирекъарал гьаркьазул бит1унхъвай (руссарал)

Жубараб раг1и ( т1адруссинч1ел)

К1удияб х1арп (Бах1арзал кидаго гьит1инаб х1арпалъ. Коч1олъ щай к1удиялъ? Щай абуни – коч1олъ авторас гьеб киназего г1ахьалаб ц1ар г1адин х1алт1изабун бук1иналъ. Авторасул гьединаб ихтияр бук1уна)

-Щал?- абураб суалалъе жаваблъун бач1унеб предложение.

Бате( 4 предл.)

-Гьанже заманалъул глаголлъун бугеб предложение.

Бате ( 1. предл.)

-Кин? Абураб суалалъе предложение (2.предл.)

-Ахиралда хут1араб предлож суал бате (лъил?)

-Маг1на хвеларедухъ хисизабураб, ай бит1араб тартиб т1аса

бище ва гьелда рекъон кеч1 ц1але:

1)-(1,4,3,2) 3)- (2,1,3,4.)

2)-( 2,3, 4,1) 4)-(3,1,4,2)

- Бит1унхъвай рак1алда ч1езабе (хъах1ильяб – ц1алула. Хъах1илаб – хъвала. Дуниял - абула. Дунял хъвала)

Рак1алда ч1езабе: Авторасул изну гьеч1ого, раг1аби хисизаризе бегьуларо, хасго кеч1 рек1ехъе бицунаго ва ах1улаго.

Цоги кинал куч1дул лъалел нужеда гьелде маг1на г1агарал?

(«Къункъраби» Расул Х1амзатовасул).

Гьес сунда релълъинарун ругел солдатал? (гьесухъаги изнуги босун, джигиты хисана солдатазде. Цох1о дагъистаниязе хасият гьабулеб гьеб « джигиты» « солдатазде» хисиялъ кеч1 дунялалъул рагъда т1аг1аразе г1ахьалаблъун ва машгьураблъун лъугьана).

Муг1алимасул раг1и.

--Чанги хъизанал рук1ана маг1арухъ рагъда вац, эмен, вас, рос т1аг1анин, ч1ванин абуниги, г1езег1ан соназ каву къач1ел ва горда лъураб чирахъ нахъе босич1ел. Халатаб ва сабураб хьулгун, рагъдаса руссинч1ел бихьиназул г1ага - божаразе, к1удияб рохел бук1ана рагъдаса росуцояв вуссин. Киналго гьикъаризе рач1унаан, ва щивасул рек1елъ бук1унаан жидер рокъосел гьезда рихьич1одаян, гьезул хабар лъалародай гьесдаян абураб пикру. Киналго рук1ана ругъназул черх ц1ун, сакъатал ккун рач1анигицин к1варич1оанин рач1аралдасайин абун абулел.

Ва кколаан гьадинги.

Ц1ияб дарс ц1али

Муг1алимас т1аде к1вар кьезе ц1алдохъабиги т1амун, «Ах1мад т1ад вуссараб сордо» ц1ализе лъик1 ц1алулел ц1алдохъабазул къокъа т1аса бищила ва ролазде бикьун ц1ализе т1амила ( автор, Г1иса, Г1ашура, гьобол)----(« Г1исаги гьоболги жиндир х1акъалъулъ гаргалел рук1ин бич1ч1арав» --абураб бак1алде щвезег1ан), (гьениса бахъараб муг1алимас тексталде г1агарун хабар бицина «Гьоболас гьит1инав Ах1мадида гьикъана»… - абураб бак1алде щвезег1ан)

Муг1алимас ц1алила «--Гьеб раг1уца Г1ашура дагьайги ц1акъ йиххун хут1изаюна» - абураб бак1алъа « Мах1ач гьелда т1ад хурхун ч1ич1идизе лъугьана» - абураб бак1алде щвезег1ан .

Цинги щвараб бак1алъан ц1алдохъабаз ц1алила, ролазде бикьун « Гьев вуго дир, т1улбикьарав (гьеб раг1уе баян гьабе) вац, нужецаги гьев васлъун те», абураб бак1алде щвезег1ан,

Муг1алимас, гьениса бахъараб, тексталде г1агарун, « Ах1мад, гьанже нилъее гьазул хабар лъуг1уларин, гьудул, бицея,» -абураб бак1алде щвезег1ан текталде г1агарун бицина. Гьениса бахъараб «Гьанже дицаги бицина дунго ч1аголъараб куц» абураб бак1алде щвезег1ан ц1алдохъабаз ц1алила.

«Дидасаго хьул къот1араб мехалда…»- («Ах1мадил хабар») тексталде г1агарун бицина. ( гьедин бицинч1они заман г1оларо)

Ц1алдохъаби, ц1аларалъул пикру гьабизеги тела (1 мин.)

Рокъобе х1алт1и ц1ехела.

Авторасул х1акъалъулъ раг1и.

--Авторасул биография ва творчество бицин (1-2 ц1алдохъанасухъе презентациягун х1адурлъи гьабизе т1адкъай цебесеб дарсидаго кьун бук1ина, гьез гьабун батич1они, муг1алимас жинцаго бицина).

- Суратал рак1ари.

-Планалъул хал гьаби. (Лъик1аб доскаялда бай, батич1они муг1алимас, жинцаго г1уц1араб бала, гьелда рекъон араб дарсида бицараб рак1алде щвезабизе).

-«Ахикь ккараб бах1с»

- «Ах1уд рахъин»

-Ибрагьим нахъ вуссин

-«Хазинаялда» хадур

-Къоринире ккей

-Хвасарлъи

(къокъго текст бицин), ц1алдохъабаз, жидецаго,

сураталде данде кколеб пункт бищила ва х1асил бицина.

Тестал - карточкабазул хал гьабила, гьездасан муг1алимас ц1алдохъабазе суалал кьела.

--Т1аде суалал кьезе бегьила, ц1алдохъабаз цоцазе къимат лъела.

(Яги бегьила муг1алимас киназего суалал кьун г1ахьалаб ц1ех - рех гьабизеги) Мисал:

--Ахикь щиб сабаблъун даг1ба ккараб Х1афизатилги Меседолги? --- Кинал рит1араллъун нужеда рихьулел? Ва щай?

--Кьижарав Ибрагьим сунца ворч1изавурав?

- Ибрагьимил сунца рах1ат хвараб?

--Щай гьев живго арав ясал ралагьизе.?

--Кинаб х1асилалде гьелъ гьев вачарав? Нужеца кин гьабилеб бук1араб гьесул бак1алда?

-Х1афизат щий кколей? Кинай ч1ужулъун гьей нилъеда йихьулей?

Авторас Х1афизатил образ рагьизе х1алт1изарурал мухъал рате?

(…--Т1аде кумек бач1инег1ан, г1унун ч1ун рук1ани, нилъер бакъан лъик1 ккеларо, Меседо, - ян абуна Х1афизатица. «-Рач1а»…) гьел раг1абаздасан нилъеда бич1ч1ула гьей лебалай, жиндаго рак1 ч1арай, жигарай, г1умруялъул жавабиябги зах1матабги рахъ жиндаго т1аде босизе х1адурай ч1ужу йик1ин.

-Меседол х1алт1уе кинаб къимат кьун бугеб, г1айиб гьелда гьеч1олъи бихьизабизе ратулел мухъал кинал ругел?

(-- Гьейги йиго к1вах1 гьеч1ей, т1аде босараб иш раг1а - ракьанде щун т1убазабулей, нечарай, зах1мат бокьулей ч1ужуг1адан)

-- Кинаб «гъалат1» Меседоцаги Х1афизатиццаги биччараб?

-Росдал г1адамал, ах1уд рахъун, гьел ралагьизе ин, нилъеда лъил раг1абаздалъун бич1ч1изабулеб бугеб авторас? (Залихал)

-Росуцоязда кинха лъараб гьел « Маккикъоралъуре» ун рук1ин? (Ибрагьимица бицун).

-Лъицаха гьел хвасар гьарурал?


« Ах1мад т1ад вуссараб сордо». Анализалъе суалал


1.Гьаниб бицен гьабулеб иш кидал лъугьараб, «Ах1мад т1ад вуссин»?

2. Янгъизго, къварилъиялда ругел херазул рак1 чучизе сунца кумек гьабулеб бук1араб?

3. Г!исаца ва Г1ашураца гьобол кин къабул гьавурав? «Гьобол вач1унареб къо бач1унгеги» гьелъул маг1на щиб? (кицабаз, гьоболасул къадру – къимат гьабулеб бук1ин бихьизабулеб буго. Гьев рихарав чи нахъег1анав чи вук1ин вихьизавулев вуго).

4. Гьев гьобол госпиталалдаса вач1унев чи вук1ин сунца бицунеб бук1араб?

5.Г1иса гьоболасда гьикъари нужеца кинаб хасиятлъун, рик1к1унеб? (гьединаб г1адат бук1ана цебе. Ва гьанжеги буго, ц1унизеги ккола гьеб лъик1аб г1адат)

6.Кинал раг1абаздалъун Г1исаца гьоболасул рек1ее бигьалъи лъугьинабизе х1аракат бахъулеб бук1араб?

7. Г1исал суалазе кинал жавабал кьурал солдатас?

8.Цин гьоболасда гьикъарич1ого жидерго къварилъи бицанищ гьез? Щай? (Гьеб бук1ана гьоболасул адаб гьаби)

9.Жидерго къварилъиялъул щибилан бицараб Г1исацаги Г1ашурацаги?

10. Гьит1инав васасда т1асан кинаб к1алъай ккараб гьезул? Инсул ц1ар васасде лъолеб г1адат бук1анищ? Гьеб ц1ар лъеялъул х1акъалъулъ щибилан абураб гьоболасда Г1исаца?

11.Г1исаца ва Г1ашураца Х1афизатил х1акъалъулъ щиб бицараб гьоболасда? Кинаб асардай гьоболасе гьабураб , щибдай гьесул рак1алъ абураб? (гьай - гьай вохун ватила, ахихъанлъиялъул иш хун гьеч1еблъи бич1ч1ана гьесда, васги хьихьун, херал эбел – инсул т1алабги гьабун, гьей ятиялъ рохалил асар гьабун батила. Нусго баркала кьун батила гьесул рак1алъ Х1афизатие).

12. Гьеб хабаралде гьит1инав васас « кинаб к1вар гьабулеб бук1араб»?

13. Кинал г1ужалгун ва сакъатгун гьев т1ад вуссарав?

14. Щай Ах1мдан абураб ц1ар гьоболас Мах1ачин хисараб?

Гьединаб (ц1ар хисулеб) г1адат, ихтияр бугищ гьоболасул?

15.Ах1мадица живго вас вук1ин бициналъ кинаб рихха - хочи лъугьинабураб? Рак1алдаго бук1инч1еб жо раг1иялъ кинаб асар гьабураб гьезие? (кульмин. момент)

16. Лъил х1акъалъулъ «къец» ккараб гьезда гьоркьоб? Васасда эбел – инсуда щиб бич1ч1изабун бажарараб, сунда т1ад ургъизе т1амурал?

17 «Гьанже тушман бат1ияв вуго…» гьел раг1абаздасан нилъеда Ах1мад кинав чилъун вихьулев? Разилъанищ гьел васасда?

18 Сурхайилги Ах1мадилги дандч1ваялъулъ щиб бихьулеб нилъеда? Кинаб гьоркьоблъи гьезул бук1араб?

19. Т!оцебесеб бут1аялдаги к1иабилеб бут1аялдаги ругел аслиял героязул образал дандекквей? Щал гьел?

20. Росуцояз Г1исалги Г1ашуралги рохел г1ахьал гьабунищ?

(гьеб бак1 ц1алдохъабазухъа, сценка г1адаб жо г1уц1ун, бихьизабун бажарани, лъик1 бук1инаан. Цо пагьму бугев вас Ах1мадил ролалда тела жиндирго ц1аралдасан бицина хабар ц1алдохъанас (росуцояз) гьесие суалал кьела, муг1алимас кумек гьабила).

Гьесги (Ах1мадлъун тарав ц1алдохъанас), муг1алимас цебеккунго х1адурараб карточкаялдасан ц1алун, рагъул темаялда т1асан, суалал кьела ц1алдохъабазе.

--К1удияб Ват1анияб рагъул х1акъалъулъ кинал харбал,

куч1дул, къисаби нужеда лъалел?

--Чанабилеб соналъ рагъ байбихьараб ва лъуг1араб?

--Чан дагъистанияс гьениб г1ахьаллъи гьабураб?

--Бах1арзал - дагъистаниял лъалищ нужеда?

--Дагъистаналда т1оцебе «Совет Союзалъул Бах1арчи» абураб ц1ар лъие щвараб? (гьесул ва цогидазулги дагъистаналъул героязул суратал рихьизарила)

-- Нужерго росулъа районалдаса рагъда т1аг1аразул ц1арал лъалищ? Бице.

Муг1алимас ц1алдохъабазе къиматал лъела.

Рокъобе х1алт1и:

--К1иябго текст раг1а - ракьанде щун ц1ализе. Х1асил лъазабизе.

--Росулъа, ялъуни цоги жидедаго лъалел, « Рагъул героязул» яги «Зах1маталъул х1аракатчаг1азул» - х1акъалъулъ материал бак1аризе.

--Тестал карточкаби г1уц1изе

--Сурат бахъизе, мисал:

«Ах1мад рокъов эбел - эменгун»

« Гьудулзабазул дандч1вай»

« Рагъдаса вач1арав солдат росуцоялгун»



Дарс х1адур гьабуна

Гумбет районалъул Ц1ияб – Аргъвани росдал

гьоркьохъеб школалъул муг1алим

Мансурова Мадинат Арабиевнаялъ.



Мух1амад Шамхалов

«Тамашаяв гьобол»


Т1оцебесеб дарс

Дарсил мурад:

1.Мух1амад Шамхаловасул творчествоялъулгун

ц1алдохъабазул лъай - хъвай гьабизе.

2.Лъимал асаралъул аслияб пикру рагьизе т1амизе.

3.Дагъистаналъул тарихалде раккун, улкаялда ккарал хиса-

басиязул ц1алдохъабазе бич1ч1и кьезе, нек1сиябги советиябги г1уц1иялъе баян кьезе т1амизе.

4.Мах1ач Дахадаевасул образ рагьизе, гьесул Дагъистаналъе бук1араб к1варалъул бицине.

5.Ц1алдохъабазул калам цебе т1езабиялъе к1вар кьезе.

Дарсил тайпа: Ц1ияб дарс бицин.

Дарсил алат: Т1ехь, компьютер, графопроектор.

Лъимал дарсиде х1адур гьари.

Рач1а дир, ц1алдохъаби, цадахъ рекъон ц1алдезин?

Нилъер цебесеб тарих ц1ехон лъазе гьабизин,

Авар адабияталъул дарсиде г1инт1амизин

Инкъилабалъул заман рак1алде щвезабилин.

(Ц1алдохъаби дарсиде х1адурун ругищали хал гьабила)

Дарсил ин:


Рокъобе кьураб кеч1 лъалеб бугодаян хал гьабила.

Тема раг1изабила.

Авторасул х1акъалъулъ раг1и.

1.Слайд. Ц1умада районалъул Лъондода росдал сурат бихьизабун, ц1алдохъабазда ц1ехела гьаб росу лъалищан, лъач1они дицаго бицина. Кинав хъвадарухъан гьениса кколеван ц1ехон ц1алдохъабазда бич1ч1изабила Шамхаловасул творчествоялъул х1акъалъулъ лъималазда лъалеб жо бугищали.

2.Слайд. Мух1амад Шамхаловасул сурат бихьизабила. Мух1амад Шамхаловасул творчествоялъе къокъаб баян кьела. (Т1ехьалда кьураб материал г1ела)

Ц1алдохъаби темаялде кат1изари.

3. Слайд

Нижеда кидаго к1очене гьеч1о

К1алалъ туманк1ги бан, тушман ч1вараб къо.

Къаникь щапаниги щвела рак1алде,

Щвараб г1ор г1адинан мун вач1унеб къо.

Дур кверзул ралъдалъан ц1а пирхизег1ан,

Ц1уял кулаказул канлъи босич1о.

Гендарил парсахъе мун вахинег1ан

Ханзабазул рокъоб маг1ирукъ лъеч1о.

Берцинаб раг1уде г1ин т1амич1езда

Г1арададул гулла гаргазабуна.

Гоцинскиясул бецал бандазда

Большевиказул гуч бихьизабуна.

Муг1алим.

-Лъимал, гьаб кеч1 ц1алулаго кинаб заман нужеда рак1алде щолеб? (Революциялъул заман)

Муг1алим.

-Кинаб революциялъул бицунеб бугеб, лъимал, авторас? (Дагъистаналда бук1араб революциялъул)

-Цоги кин абилеб революцияйин абизе ккани. Ц1алдохъабазда лъач1они словаралда хъвазабила муг1алимас бицун. (революция - инкъилаб)

Муг1алим

-Дагъистаналда революция бергьиналъе квербакъи лъица гьабураб, лъимал? (Мах1ач Дахадаевас, Уллубий Буйнакскияс, Мух1амадмирза Хизроевас, ва гь .ц.)

Муг1алим.

Бит1араб буго, лъимал, Дагъистаналда революция бахъизе квербакъи гьабуразул цоявлъун ккола Мах1ач Дахадаев.

Муг1алим.

-Лъица дие бицинеб кида Россиялда бергьараб инкъилаб? (Россиялда инкъилаб бергьана 1917 соналъ)

Муг1алим.

-Лъица нухмалъи гьабулеб бук1араб гьеб инкъилабалда?

Россиялда 1917 соналъ бергьараб инкъилабалъе нухмалъи гьабулеб бук1ана Владимир Ильич (Ульянов) Лениница. К1удиял рагъал рук1ана Дагъистаналъул ракьалда 1918-19 соназда. Бечедаз мискинхалкъалда гьабулеб зулмуялде данде рахъана т1олго Дагъистаналъул мискинхалкъ.

Муг1алим.

Революциялда цебе Мах1ачхъалаялда щиб ц1ар бук1араб, лъимал? Цебе Мах1ачхъалаялда ц1ар бук1ана Анжи абун.

Муг1алим.

-Кида Мах1ачхъалаялъе гьеб ц1ар кьураб? (Ц1алдохъабазда лъалеб батич1они, муг1алимас жиндицаго бицина.)

Революциялдаса хадуб ц1ар раг1арав революционер Мах1ач Дахадаевасул ц1ар кьуна Анжи шагьаралъе. Советияб х1укуматалъ доб революциялъул заманалда г1емерал революционеразул ц1арал кьуна г1емерал шагьаразде, къват1азде. Гьедин кьураб бук1ана Мах1ачил ц1ар Анжи шагьаралъе.

Муг1алим.

Кин кколеб, лъимал, нужеда щайдай нилъеца Мах1ач Дахадаев рак1алде щвезавурав?


Ц1ияб дарс малъи.


Жакъа нилъеца ц1алила, лъимал, Мах1ачил х1акъалъулъ Мух1амад Шамхаловас хъвараб «Тамашаяв гьобол» абураб хабар. Мух1амад Шамхаловас жиндир асаралда ц1ар кьун буго «Тамашаяв гьобол» абун. Нилъер масъала ккола щай авторас асаралда тамашаяв гьобол абун ц1ар кьун бугебали лъазаби.

Муг1алимас пасих1го текст 1-2 бут1рул ц1алила, хисун ц1ализабила лъик1 ц1алулел ц1алдохъабазда. Балагье ругелищ ц1алараб бут1аялда рич1ч1уларел раг1аби?

Словарияб х1алт1и.

4.Слайд.

Саглал - сагула (т1имугъ) абураб раг1иялъул г1емерлъул форма.

Къвалалхалат - чахъдал т1ахьазул гьабураб халатал къвалалги ругеб т1имугъ, горбода тахтаги ккураб.

Исхъали - квасул ххам.

Хьина (хна) - бот1рол рас, магжил рас релълъен белъунеб,

Хьач1ун - бигьа гьабун,

Дакъикъа - секунда,

Таг1зир - тамих1.

Дарсил анализ гьаби.

Муг1алим.

-Сундасан авторас байбихьун бугеб, лъимал, хабар?

(Авторас асар байбихьулеб буго Марада росу бугеб бак1алъул бициналдаса)

Муг1алим.

-Кинаб раг1и асаралда жаниб г1емер такрарлъулеб бугеб, т1оцебесеб абзацалде балагье. (Гьениб г1емер такрарлъулеб раг1и ккола кьижараб бегараб гъалбац1)

Муг1алим. Щайдай, лъимал, авторас гъалбац1 кьижараблъун бихьизабулеб? Г1инт1аме цо гъалбац1 кьижун буго, росу г1одобе биччан буго, годек1анир хараби ккола кьижарал чаг1ийилан. Гьелъул г1аксалда гьобол вач1ун вуго Петербургалдаса, Петербург гьалделеб бугилан абулеб буго авторас.

Цоги авторас абулеб буго кидадайила гъалбац1 борч1ила? Щай данде кколеб кьижараб росуги гьалдолеб Петербургги? Щайгурелъул росдал г1адамазул г1умру буго цок1алаб, г1одобе биччараб. дибирас малъарабги гьабун, Аллагьас хъварасе хъварабилан ч1араб халкъ буго Марада росулъ, Петербургалда инкъилаб бергьана, гьелъин гьеб гьалделеб бук1араб?

Муг1алим.

-Лъил бак1алда рещт1арав гьобол? (Гьобол рещт1ана Булатил

бак1алда)

Муг1алим.

- Кин къабул гьавурав росулъ г1одор ч1араз гьобол? (киналго маг1арул росабалъ ругел г1адамаз г1адин, гьезги гьобол х1урматалда къабул гьавула).

Муг1алим

- Сунца росулъ ругел г1адамаздаса гьобол ват1а гьавулев вук1арав? (К1к1вараб мегежалъги рет1араб рет1елалъги)

Муг1алим

-Гьоболасулги росдал г1адамазулги сундул х1акъалъулъ гаргар ккараб, щиб бич1ч1араб г1адамазда? (Г1адамаца гьесда гьикъулеб бук1ана рак1алде кканщинаб, гьезда хехго бич1ч1ана гьобол г1емер бак1 бихьарав ц1одорав чи вук1ин. -Мун Питералдегийищ щварав, гьеб дуниялалъул раг1алищан ц1ехана г1адамаз гьоболасда.

Муг1алим

-Щиб гьоболас г1адамазда бич1ч1изабураб? (Гьес бич1ч1изабула Петербургалда добехунги цоги шагьарал, улкаби рук1ин, дуниял ц1акъ к1удияб бук1инги)

Муг1алим

-Цоги щиб гьоболас бич1ч1изабураб халкъалда (гьоболас халкъалда бич1ч1изабула пачаясул къуват г1одобе кколеб бук1ин, халкъалъ гьев нахъе вачахъулев вук1инги)

Муг1алим.

-Лъие рек1ее г1олареб гьоболасул калам (гьеб рек1ее г1оларо гъункараб гьумералъул чиясе, х1инкъадго г1ажаибго валагьулаан гьев гьоболасухъ)

Муг1алим.

-Сункьа х1инкъун рук1арал годек1анир г1одор ч1арал г1адамал? (Гьезие бокьун бук1уна гьоболасул харбихъ г1енеккизе, амма х1инкъула жидеде цо балагь бач1ине бегьулилан.)

Дарс щула гьаби.

Муг1алим.

-Жакъа нужеда ц1ияб жо щиб малъараб, лъимал? (Нижеда жакъа малъана Мух1амад Шамхаловасул «Тамашаяв гьобол» абураб хабаралъул цо бут1а.)

Муг1алим.

-Цоги щиб нужеда лъараб? (Нижеда лъана революционеразул х1акъалъулъ г1емераб жо, Мах1ач Дахадаевасул ц1ар Анжи шагьаралъе кьун бук1ин.)

Муг1алим.

Асаралъул аслияв багьадур щив вугилан кколеб нужеда? (Асаралъул аслияв багьадур гьобол ккола т1аде вач1арав тамашаяв гьобол.)

Муг1алим.

-Кин нужеда кколеб щай гьобол тамашаяв вугев?

( Щайгурелъул гьоболас бицунеб калам бат1ияб, заманалдаги росдал г1адатаздаги данде кколареб, х1инкъараб бук1ун)

Дарсил х1асил гьаби.

-Лъимал, жакъа ц1ияб жо щиб нужеда лъараб?

Мах1ачхъала шагьаралде «Мах1ачхъала абураб ц1ар кьеялъе г1илла щиб?

Кинаб тарихияб заманалъул асаралда бицунеб бугеб?

Асар лъуг1инег1ан ц1ализе.

Рокъобе х1алт1и.

1.«Дагъистаналъул революционерал» абураб проект бахъизе.

2.Т1ехьалда ругел т1адкъаязе жаваб кьезе лъазабизе.

3.Мух1амад Шамхаловасул г1умруялъул бицине.

Дарсида лъик1 г1ахьаллъаразе къимат кьела.

К1иабилеб дарс


Слайд 1. Мух1амад Шамхаловасул сурат экраналда бихьизабила, гьеб гьеч1они жибго сурат базеги бегьула доскаялда.

Слайд 2. Мах1ачхъалаялъул вокзалалда Мах1ач Дахадаевасе бараб памятникалъул сурат


Дарсил мурад:

1.Мух1амад Шамхаловасул «Тамашаяв гьобол» асаралъул к1иабилеб бут1аялъул анализ гьабизе.

2.Маг1арулазул кицаби, абиял, дандекквеял рак1алде щвезаризе, асаралда жанир гьел рихьизаризе.

3.Мах1ачил сипат рагьизе авторас х1алт1изарурал сипатиял раг1аби рихьизарун, гьезул к1варалъул бицине.

4. Хабар аслиял бут1абазде бикьун гьелъул композиция кинаб бугебали бицине.

5. Пасих1го ц1алиялде к1вар кьезе.

Дарсил тайпа: Щула гьабиялъул дарс.

Дарсил алатал: Т1ехь, доска, графопроектор, компьютер.

Дарсил ин:

1.Класс дарсиде х1адур гьабила.

2.Рокъобе х1алт1и ц1ехела «Тамашаяв гьобол» асаралда т1асан.

Рокъобе х1алт1и ц1ехела фронталияб ц1ех-рех гьабиялдалъун.

Мух1амад Щамхаловасул г1умруялъул ц1ех-рех гьабила. «Дагъистаналъул революционерал» абураб проект гьабун бугодаян хал гьабила, гьелъул ц1ех-рех гьабила.

-«Тамашаяв гьобол» хъвараб заман кинаб кколеб?

-Кинаб росулъ иш лъугьунеб бук1араб?

-Кин къабул гьавурав гьобол Марада росдал жамаг1аталъ?

-Щай авторас асар байбихьулелъул росу релълъинабулеб

кьижараб гъалбац1алда?

-Петербург щай гьалдолеб бук1араб?

-Дандекквей щиб кколеб?

-Метафора щиб кколеб?

-Эпитет сунда абулеб?

-Кицаби щал жал кколел?


Темаялде кант1изари.

Слайд 3.

Будун дандамаги дибир гьороги,

Дибирасул дарсал к1и-к1иккун хваги.

Хирияб х1адисан х1акъаб каламан,

Х1иллачи ватула терелев харбид.


Ц1ияб тема рагьи.

( Ц1алдохъабазухъе цереккунго кьела, х1адурлъизе рук1ине, гьал хадур кьезе ругел суалал)

Муг1алим.

-Лъимал, балагье доскаялде (экраналде), (цо ц1алдохъанасда ц1ализабила) лъил раг1аби гьал кколел?(Инхоса Г1алих1ажиясул раг1аби)

Муг1алим.

- Щайдай Г1алих1ажияс будун дибирасде гьадинал хъач1ал раг1аби абулел ругел? (Хиянатал, жидер х1алт1и рак1бац1ц1ад гьабуларел дибирзабазде вуго Г1алих1ажи гаргадилев)

Муг1алим.

-Кинав вук1ине кколев унго-унгояв дибир? (Рак1бац1ц1адав, х1алалаб, х1арамаб бат1а бахъизе лъалев, бесдалазул буголъиялда кверщел гьабуларевлъун). (Жакъасеб къоялде данде кквезе)

Муг1алим.

Мах1ачица кин ч1езавурав марадерил росдал дибир? (Мах1ачица Лабаза-х1ажида бихьизабуна кин гьев х1ежалде аравали, гьес эмен хун хут1арал бесдал лъималазул ах-хуралъул бет1ергьанлъун гьев вахъиналъул, х1атта цо-цо росулъ ругел г1адамазда лъаларел х1ужжаби Мах1ачида лъалел ратана.)

Муг1алим.

-Щиб гьабизе Мах1ач вач1ун вук1арав Марада росулъе? (Кьижун бугеб халкъ борч1изабизе, бечедазул зулмуялде данде гьеб халкъ бахъинабизе)

Муг1алим.

-Бажарарабищха, лъимал, Мах1ачида гьеб? (Бажарана).

Муг1алим.

-Мах1ачил каламалъухъ бищунго щив г1енеккун вук1арав? (Г1ебаб гьумералъул чи лъик1 к1вар кьун г1енеккана Мах1ачил каламалъухъ, бихьулеб бук1ана Мах1ачил калам гьесие рек1ее г1олеб бук1ин.)

Муг1алим.

-Кида г1адамазда гьев Мах1ач вук1ин лъараб? (Булатил вацг1ал ч1ван вугин хабар бач1ингун, киналго хехдарула, рец1ел босизе г1едег1ула. Мах1ачида бихьулеб бук1ана г1адамазул ццин г1одоб къинабизе кколеблъи, гьев Булат г1одове виччазавизе лъугьиндал, мун ч1а, Мах1ачилан жавабалъул бак1алда Булатица абидал, дов мегеж г1ебав чиясда бич1ч1ула гьав Мах1ач вук1ин.)

Муг1алим.

-Мах1ачица сунде ах1улеб бук1араб халкъ? (Сабру гьабизе, г1адада би г1одобе т1еч1ого тезе, ккараб х1акъикъат лъазабизе, г1айибияв ц1ехезег1ан г1енеккун ч1езе)

Муг1алим.

-Кин нужеда кколеб, щайха г1адамал г1одоре руссунел рук1инч1ел? (Росулъ цо чиясде къо кканани, киналго цок1алго цадахъ рахъунеб г1адат бук1анила марадерил, Мах1ачица г1адинал раг1аби гьез абуралани гьел х1инкъунилан ккелаан хварасул г1агарлъиялда ва гьезда квеш бук1инехъин бук1ана цонигиял нахъе къанани).


Муг1алим.

-Кинаб сих1ру ургъараб Занадерил жамаг1аталъ тунка-г1уси гьукъизе, марададерил ццин г1одоб къинабизе? (Гьез 120 сон барав херав чи, молода лъун вач1ана, хъах1аб буртинаги т1ад бан. Гьелъ марадерие к1удияб асар гьабуна, гьел г1одоре риччана, халкъалда бич1ч1ана киналъего г1айибияв Алимпаша вук1ин.)

Муг1алим.

-Бит1араб буго, лъимал, г1айибияв Алимпашаги гьевго г1адал бечедалги рук1ин бич1ч1изабуна Мах1ачица халкъалда. Мискинхалкъ цоцаде гьусун, рагъизарулел. Маг1арулазул буго гьадинаб кици « Малъарасул гуро бох бекулеб, к1анц1арасулин». Алимпашаца х1инкъи кьун т1аде гьусула мискинав хъаравул жеги мискинав вехьасде - х1асил хвел ккана. Жеги дунялалъул гордо бихьич1ел г1адал, кьижараб гъалбац1алда релълъараб росдал г1адамазе рек1ее г1уна Мах1ачил калам, Мах1ачил бит1араб каламалъ кьижараб гъалбац1 борч1изабуна. Гьединал лъугьа-бахъиназул х1асилазги цоги бечедал чаг1азул зулмуги х1ехьезе к1веч1ого, бергьана, лъимал, доб инкъилабги.

Асаралъул г1уц1и (композиция)

1.Гьобол годек1аниве вач1унеб бак1 асаралъул байбихьи ккола,

2.Булатил вацг1алги ч1ван, г1адамал рортанхъулел даг1бадулел ругеб бак1 асаралъул тунка-г1уси бугеб бак1 ккола.

3.Алимпашал г1айиб т1атинабураб бак1 асаралъул ахир ккола.

Адабияталъул теория.

Муг1алим.

-Кинаб къаг1идаялда авторас асар хъван бугеб, лъимал?

Асар хъван буго пасих1аб мац1алда. Калам берцин гьабизе авторас х1алт1изарун руго сипатиял раг1аби, г1емер дандч1вала:

дандекквеял - найил т1улби киниги т1ат1ала лъурал рукъзал, рии бакьулъ г1азуг1ан ц1орораб, боржараб жо г1адин къанаг1атаб, квешаб жо г1адин, рохьоб бац1 г1адин,

эпитетал-гъалараб т1агъур, гурц1аб сурт1агъур, хириял вацал, метафораби-гьалдолеб г1умру,

кицаби-сабру алжаналъул к1ул, чияр бечелъиялда х1ал хъублъуге, ццидал чода арав вуссинч1о, сабруялъул чода арав вуссана,

фразеологиял сверелал- къуръаналда хъвазе бегьулел раг1аби.

Ц1алдохъабаз жаваб кьеч1они, муг1алимас рачина бит1араб жавабалде.

Словарияб х1алт1и

Рич1ч1уларел раг1аби ругищали лъималазда ц1ехела

Сурт1агъур - бухари т1агъур, г1иял т1ехьалъул гьабураб,

начальник - х1аким,

марал, занал - бак1алъул г1адамазда ц1арал.

Дарс щула гьаби.

Муг1алим

-Жакъа нилъеца кинаб асаралъул бицараб? (Мух1амад Шамхаловасул «Тамашаяв гьобол» абураб хабаралъул.)

-Асаралда кинаб заманалъул лъугьа-бахъиналъул бицунеб бугеб? (Гьениб бицунеб буго революциялда цебе заманалъул)

-Аслияв багьадур щив кколев? (Гьанив аслияв багьадур Мах1ач Дахадаев ккола)

-Кинав чилъун нилъеда Мах1ач Дахадаев вихьулев? (Нилъеда Мах1ач вихьула раг1и бицун бажарулев, г1одове виччарав, ц1одорав, сабурав инсанлъун.)

-Сундасан нилъеда лъалеб Мах1ач бажари вугев вук1ин? (гьеб нилъеда лъала, доб заманалда рекъон, динияб росулъ жинца г1адамал хадур ц1арав, жиндие г1адамал мук1урав, росдал дибир Лабазан-Х1ажияв гьесда къезавизе к1вана, рагъалъ гуреб, к1алалдалъун, ишалдалъун, гьес хадуб ц1алеб бук1араб халкъ Мах1ачица жиндирго рахъалде буссинабуна.)

(Асаралда ругел цо-цо багьадуразе къимат кьезе т1амила ц1алдохъаби, гьел бак1ал ц1ализе ц1алдохъаби т1амила, чвахун ц1алиялъеги къимат кьела)


Дарсил х1асил гьаби

Муг1алим.

-Бич1ч1арабищха, лъимал, нужеда асар?

-Бищунго кинаб бак1 нужее бокьараб?

-Ругелищ асаралда жанир лъугьунел лъугьа-бахъиназулъ

жакъа къоялда данде кколел бак1ал?

Лъик1аб г1ахьаллъи гьабурал ц1алдохъабазе къимат кьела.

Рокъобе х1алт1и

-Асаралъул аслиял багьадуразул образал рагьун сочинение

хъвазе.

-Расул Х1амзатовасул биография ц1алун босизе.


Дарс х1адур гьабуна Гумбет районалъул Ингишо

гьоркьохъеб школалъул авар мац1алъул муг1алим

Ахкубегова Гулисат Хабибовнаялъ.



Дарсил тема: Р.ХIамзатовасул гражданияб лирика.

«Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1елани»


Дарсил мурад: Расулил гражданияб лирикаялъул хIакъалъулъ цIалдохъабазе къокъаб баян кьей. КечI пасихIго цIали, гьелъул хIасилгун цIалдохъабазул лъай-хъвай гьаби. КочIол анализалда тIад хIалтIи. ЦIалдохъабазул логикияб пикру цебетIезаби.

Дарсил алат: Расулил эбелалъул ялъуни херай магIарулалъул сурат.

Жиндирго цеберагIиялда мугIалимас къокъаб куцалда бицина Расулил гражданияб лирикаялъул хIакъалъулъ, рехсела чанго кечI, гьезда гьоркьор «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1елани», «Дагъистаналъул рохьал», «МагIарулал» аб куч1дул ах1ич1елани урал программаялда кьун ругел кучIдулги. Цинги мугIалимас кечI пасихIго цIалила (лъикI букIина рекIехъе цIалани). Хъорщода, бихьулеб бакIалда чIвала магIарулалъул сурат. МагIнаялъул рахъалъ кечI ккола шагIирас эбелалъе, магIарулалъе, гьелъ жиндирго васасда цебе тIубараб налъуе ахIулеб бугеб кечIлъун. Гьединлъидал гьеб цIализе ккола пасихIго, чIухIараб борхатаб гьаракьалдалъун.

МугIалимасда хадуб кечI цIалила лъикIго хIадурлъи бугев цIалдохъанас. Лъималаз хал кквела гьесул цIалиялда хадуб. ЦIалараб жоялъул хIакъалъулъ цIалдохъабазул пикру лъазе мурадалда кьела суалал:

– Кинаб асар гьабураб нужее кочIоца?

– ШартIияб къагIидаялда чан бутIаялде бикьизе бегьилеб кечI?

КечI бикьизе бегьила лъабго бутIаялде. Щибаб бутIа лъугIула «Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани» абурал рагIабаздалъун.

Хадусеб этап – кечI цIалдохъабаз пасихIго цIали ва гьелъул анализ гьаби. Текст, бутIабазда рекъон, микь-микь мухъ ккун, чанго цIалдохъанас цIалила. Гьезул цIалиялда хадуб мугIалимас хал кквела, каламалъул гъалатIал ритIизарила.

Анализ тIобитIулаго кьела суалал:

– Кинал рагIабазде кIвар кьун бугеб кIиабилеб бутIаялда?

–Сундул пикру гьабулеб бугеб шагIирас ахираб бутIаялда? (дунял, гIумру, гIадан, даимлъи)

ЦIалдохъаби тIамила рагIаби кьун ругеб тартибалъул хал гьабизе (мацI, цIар... даимлъи ва гь. ц.).

– Щайдай кочIол гьадинаб гIуцIи бугеб? Масала, лъабабилеб бутIа тIоцебесеблъун, тIоцебесеб лъабабилеблъун щайдай хъвачIеб?

Лъималазухъа жаваб кьун бажаричIони, мугIалимас гьабила гьезие кумек.

Гьеб тартибалда шагIирас жиндирго пикраби кочIолъ загьир гьариялъе гIилла ккола инсанасул гIумру, дунял гIагараб мацIалдаса, миллаталдаса, живго гьавураб ва гIураб ракь-улкаялдаса байбихьулин абураб магIна.

Цинги цIалдохъабазул кIвар буссинабила кочIол мацIалдехун, гьелъул гIуцIиялдехун, бакъаналдехун. Масала, лъималазул пикру буссинабила кочIолъ дир, дида, дие, дилъ абурал цIарубакIал анлъго нухалъ такрарлъиялъе. Гьединго анлъго нухалъ такрарлъулеб буго, «букIинчIо» абураб рагIи ва гьелъул батIи-батIиял формаби.

Лъимал тIамила кочIол сипатиял рагIаби ратизе ва гьел баян гьаризе. Гьезул логикияб пикру камил гьабиялъул мурадаллъун, гьезие кьезе бегьула гьединал суалал:

– Щай шагIирас кочIода «Эбелалъ дир кинидахъ кучIдул ахIичIелани» абураб цIар лъураб?

– Кинаб цIар нужеца кочIода лъелаан? Дарсил ахиралда кечI цоги нухалъ цIалила,

Рокъобе тIадкъай: кечI пасихIго цIализе, гьелда тIасан гара-чIвари гьабун бажаризе, класс тун къватIисеб цIалиялъул тIохьодаса «МагIарул къиса» абураб поэма цIализе.


Т1ехьалда лъезе материал бит1ун бач1ана

Гъизилюрт шагьаралъул т1оцебесеб гимназиялъул

муг1алим Малаалиева Х1абибат Исрапиловнаялъ.

Дарсил тема: Расул Х1амзатов

«Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1елани»

Дарсил мурад:

1 Расул Х1амзатовасул г1умруялъул ва творчествоялъул лъай-хъвай гьаби.

2.Г1адатияб анализалдалъун эбелалде бугеб г1урхъи гьеч1еб рокьи коч1олъ загьир гьабулеб бук1ин бихьизаби.

3.Логикиял суалазул кумекалдалъун лъималазул г1акълу цебет1езаби.

4.Аллитерациялъулгун практикияб лъай-хъвай гъварид гьаби.

Дарсил алатал: Расул Х!амзатовасул суратал , дискал, т1ахьал, докладал, интерактивияб доска.

Дарсил тайпа: г1адатияб гуреб дарс.

Дарсил ин:

I.Дарсил байбихьи

- Салам кьей.

Рорч1ами, хириял дир ц1алдохъаби,

Ц1ияб г1умруялде дуниял ц1азе,

Г1ун рач1унел ругел, ч1агоял т1угьдул.

-Ассаламу г1алайкум, хириял гьалбал,

Х1урмат т1адег1анал муг1алимзаби.

-Жакъа нилъер буго г1адатияб гуреб дарс. Дарсил темаги буго дунялалда ц1ар раг1арав поэт Расул Х1амзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани»- абураб кеч1.

II.Рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьаби. Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай»- абураб асаралда т1асан тестал т1орит1и.

-Гьанже, лъимал, цере квералги лъе берцин гьабун г1одор ч1а.

-Лъица бицинеб «Щиб кьун бук1араб нужее рокъобе лъазабизе?»

-Гьанже Асадула Мух1амаевасул творчествоялдасаги «Маг1арулай»- абураб асаралда т1асаги т1орит1изе руго тестал.

-Нужеца, лъимал, щибаб суалалъул номерги лъе, гьелда хадуб бит1араб жавабги хъвай, фамилиябиги хъвай.

1.Асадула Мух1амаев щиб районалдаса кколев?

А. Хунзахъ.

Б. Г1ахьвахъ.

В. Шамил.

2. Щиб росулъ гьавурав?

А.Гьоц1алъ.

Б. Гьамущив.

В. Лъаг1илухъ.

3. Асадула Мух1амаевас хъварал асарал рихьизаре.

А. « Ашбазалде гьабураб», «Дибирги г1анхвараги»

Б. «Поэт», «Сулейманил х1акъалъулъ хабар»

В.«Чаландарил сапар», «К1удадаги васги»,

«Маг1арулай»

4.Сундул х1акъалъулъ бицунеб бугеб Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» - абураб къисаялъулъ?

А.Рагъул соназда маг1арул цо росулъ бук1араб

г1умруялъул, руччабазул бах1арчияб зах1маталъул.

Б.Революциялда цересел соназда маг1арул

г1олилазул х1аракатчилъиялъул.

В.Мискинзабазул цебе бук1араб кьог1аб г1умруялъул

ва язихъаб яшавалъул.

5.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялда Х1афизат кинай яслъун йихьизаюн йигей?

А. Бах1арчияй, х1инкъи-къай гьеч1ей рагъухъанлъун.

Б.Гурх1ел-рах1му гьеч1ей, сих1ирай,

к1игьумерилай, сог1ай г1аданлъун.

В.Сабурай, къох1ехьолей, зах1мат бокьулей ,росасе ва

г1адамазе хиянатлъи гьеч1ей яслъун.

6.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялдаса

Х1афизатида т1ад щиб къан бук1араб?

А. Ахил бригадирлъи гьабизе.

Б.Росдал лъималазе муг1алимлъи гьабизе.

В.Колхозалъул бригадирлъи гьабизе.

7.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялдаса Ах1мад щив кколев?

А.Халкъалъеги Ват1аналъеги хилиплъарав хиянатчи.

Б.К1удияб Ват1анияб рагъул г1ахьалчи, араб бак1

лъач1ого т1аг1ун вук1арав гьев, т1адвуссун вач1уна.

В.Дагъистаналда Совет власталъе г1оло

къеркьаразул цояв.

8.Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялдаса Х1афизатги Меседоги Маккикъоралъуре иналъе г1илла щиб бук1араб?

А. Макказул ханазда хадур.

Б. Ц1огьазда хадур.

В. Макказул ракалда хадур.

9. Асадула Мух1амаевасул «Маг1арулай» къисаялда

«Ах1мад, гуро, Ах1мад гуро. Мах1ач буго, Мах1ач! Гьале, гьудул, гьале дур эмен …Ах1мад! Гуро Мах1ач» - лъица лъида абурал раг1аби гьал колел?

А.Ах1мадица жиндирго васасда.

Б.Г1исаца жиндирго вас Ах1мадида.

В.Г1исаца жиндирго васасул васасда. Гьанже, лъимал, дица бит1араб жаваб ц1ализе буго нужеца бит1аралда хадуб жубай лъе, мекъса хъваралда мухъ ц1ан те. Къиматалги лъе.

III.Ц1ияб тема бицин – асаралда т1ад х1алт1и.


-Рач1а гьудулзаби сапар бухьизин,

Х1амзатил Расулил шиг1рабазулъе.

Шаг1ирал рук1уна даим ракьалда,

Шиг1раби хут1уна халкъалъе нахъе.


-Маг1арул халкъалъул къадруяв поэт,

Ч1ух1и т1адег1анав, маг1арул инсан.

Такрарлъи дуй гьеч1ев Х1амзатил Расул,

Даимлъана дур ц1ар Дагъистаналъе.

-Нилъеда жакъа нилъер республикаялъул бет1ер Рамазан Г1абт1улат1иповас абулеб буго нуж т1ад руссайила маг1арул гъанситохъе, маг1арул иццухъе, маг1арул ракьалде, маг1арул коч1оде,маг1арул кули-рукъалде.

Нужеца маг1аруллъи ц1унейила. Нужеца лъим гьекъейила маг1арул иццазул (шиша ц1ураб шагьаралъул лъим гьекъеч1ого).

Нилъер маг1арул иццул лъимлъун, маг1арул иццул бац1ц1алъилъун, маг1арул иццул роц1илъун поэзиялда вук1ана вуго ва г1асрабаз хут1изе вуго Расул Х1амзатов.

Нилъеда к1удияб ч1ух1игун абизе к1ола нилъ Расулил ракьалдасаги, Расулил мац1алдасаги ругилан.

а) Расул Х1амзатовасул творчество бицинабила суалаздалъун.

1. Щив кколев Расул Х1амзатов?

2.Чанабилеб соналъ гьавурав? Щиб районалда ва щиб

росулъ гьавурав? Лъил хъизаналда гьавурав Р. Х1амзатов?

3 Кив ц1аларав Расул Х1амзатов?

4 Расул Х1амзатовасул творчествоялда аслиял темаби щал

кколел?

5.Расул Х1амзатовасул кинал асарал нужеда лъалел?

6. (т1ахьазул бицина) Расул Х1амзатовас хъвана ункъогоялдасаги ц1ик1к1ун т1ехь, нилъеца гьесул т1ахьал паспорт г1адин ц1унизе ккола.

б) «Вера Васильевна» «Маша» -халкъазда гьоркьоб гьудуллъи щулалъи ва цебет1ей буго коч1ол аслияб пикру. Г1урус ч1ужуг1аданалъ маг1арулазе гьабураб рак1 бац1ц1адаб кумек. Миллатазда гьоркьоб рагъулъги х1алт1улъги т1егьан бач1араб щулияб гьудуллъи – вацлъи.

в) «Россиялъул солдатал», «Къункъраби» - халкъазда гьоркьоб бугеб гьудуллъи – вацлъи. Г1адамазе ват1аналъул хиралъи. Рагъухъабазул бах1арчилъи, рух1ияб бечелъи, тушманасдаса бергьун гурони, къун ч1езе к1унгут1и.


-Маг1арулазул ях1-намусалъул, рух1ияб бечелъиялъул, ват1аналде гьезул бугеб рокьул к1одолъиялъул бицунеб буго. Расул Х1амзатовасул поэзиялда к1удияб бак1 ккола эбелалъул х1акъалъулъ хъварал куч1дуз. Бищун щвалде щвараб, к1вар ц1ик1к1араб кеч1 ккола «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани». Расул Х1амзатовас г1емер абулеб бук1ун буго Эбелалъул ахирисеб х1ухьел ц1алаго жив аск1ов вук1инч1елъул, г1умруялъго жиндасаго т1аса лъугьуларин абун. Х1акъикъаталдаги, Расул Х1амзатов Япониялда вук1ун вуго. Расулил эбелалъги Расул вущараб кини цебе босизабунила.

а) Учителасул цебераг1и:

-Дие г1умру кьурай

Хирияй эбел,

Дие г1акълу кьурай

Дарманай эбел

Дие мун йокьула

Ракьалда бищун.

- Расул Х1амзатовасул эбелалда ц1ар щиб бук1араб?

- Нилъеца эбелалъул къо кида к1одо гьабулеб?

- Эбелалъул х1акъалъулъ кинал кицаби нужеда лъалел?

1.Лъималазул щиб унтаниги цадахъ эбелалъул рак1ги унтулеб.

2.Эбел-инсуе гьабураб хъулухъ дуего нухде бараб т1ех.

3.Эбел-инсуе кьураб г1акъуба дурго нухде бан тараб заз.

4.Эбел-инсул х1урмат тарав халкъалъе басралъула.

- Щибав инсанасул г1умруялда жаниб бищунго к1удияб бак1 ккола эбелалъ.--Эбелалъул х1акъалъулъ кеч1 гьабич1ев цог1аги шаг1ир, кеч1 ах1ич1ев цог1аги коч1охъан гьеч1илан абизе к1ола дида.

-Гьанже нилъ г1енеккизе руго Бакълъухъа шаг1ир Жабраг1ил Х1асановас улбузде гьабураб Дагъистаналъул артист Хирамух1амад Хирамух1амадовас рик1к1унеб «Ракьалде биччараб бичасул х1имкат» - абураб коч1охъ.

б) Словариб х1алт1и:

кини-

къосинаан-

мах1ал

даимлъи

в) Учителасул мисалияб ц1али.

г) Лъималаз иргадал кеч1 ц1алила, гьеб заманалда бихьизабила диск эбелалъул х1акъалъулъ.

д) Баян гьабиялъул ц1али г1уц1ила.

- Щиб загьир гьабулеб бугеб шаг1ирас гьаб коч1олъ?

(Эбелалде бугеб к1удияб рокьи)

-Эбелалъул рокьиялъ, гьелъул х1еренлъиялъ лъимал сунде куцалел ругел? (лъик1аб хьвади-ч1вадиялъе, лъимадул чи лъугьинавулин абулеб буго)

-«Рик1к1ада сапаралдаги нилъеда нух къосине сунца биччаларин» - абулеб бугеб? (эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1алъ)

- Киг1ан хирияб бугеб поэтасе эбелалъ кинидахъ ах1араб кеч1?

-Нужеда лъалищ лъимал кинидахъ ах1улел куч1дул? Кинидахъ куч1дул ц1акъ церего раккана.

Кинидахъ ясалъе ах1улеб кеч1, киниги к1ик1улаго, бицинабила 3-леб классалъул ц1алдохъаналда.

-Эбелалъул х1акъалъулъ лъималазда лъалел куч1дул рицинарила.

-Кеч1 чан гьижаялъул роцода хъван бугеб ч1езабила.

-«Эбелалъул х1ат1икь буго алжаналъул к1ул» - абураб х1адис буго. Кеч1 ах1изе раг1и кьела ясалазе. (Эбелалъул квералда жаниб раг1аби хъваГьеб зе т1амила)

Аллитерация ч1езабила.

Дие дуниял, г1умру

Г1агарлъизе бук1инч1о.

Г1адан хадув холедухъ

Хиралъизе вук1инч1о.

А.Кеч1 чан бут1аялде бикьизе бегьилеб? (Кеч1 бикьизе бегьила лъабго бут1ялде)

Б. Щибаб бут1а кинал раг1абаздалъун лъуг1улеб бугеб?

В. Кинал раг1абазде к1вар кьун бугеб к1иабилеб бут1аялда?

Г. Сундул пикру гьабулеб бугеб шаг1ирас ахираб бут1аялда? (Дуниял, г1умру, г1адан даимлъи)

Д.Раг1аби кьун ругел тартибалъул хал гьабе. - Щайдай гьадинаб г1уц1и бугеб?

Масала: Лъабабилеб бут1а т1оцебесеблъун щайдай хъвач1еб, яги т1оцебесеб лъабабилеблъун. Гьеб тартибалда шаг1ирас жиндирго пикраби коч1олъ загьир гьариялъе г1илла ккола инсанасул г1умру, дунял г1агараб мац1алдаса, миллаталдаса живго гьавураб ва г1ураб ракьалдаса байбихьулин абураб маг1на.

Е.Кинаб мац1алдалъун хъван бугеб? ( Х1икматго пасих1аб, дурусаб, чвахун рач1унел раг1абаздасан нилъеда бигьаго рак1алда ч1олеб мац1алъ хъван буго)

Ж.Коч1олъ кинал раг1аби такрарлъулел ругел? (Ц1арубак1ал чан нухалъ такрарлъулел ругел?

З. Глаголалъул гьеч1олъиялъул форма бате? (бук1инч1о) – чан нухалъ такрарлъулеб бугеб?

-Дунялалдеги г1умруялдеги шаг1ирасул г1ашикъаб рокьи сунца бижизабулеб бугеб?

-Шаг1ирас коч1олъ щиб загьир гьабулеб бугеб?

IY Дарсил х1асилал гьари. Къиматал лъей.

-Лъил творчествоялъул жакъа нилъеца бицараб?

-Щиб кеч1 ц1алараб, ах1араб?

-Р.Х1амзатовасул щиб кеч1 нужее бищунго бокьараб?

Нилъер поэзиялъулъ хисиги гьеч1еб, хвелги гьеч1еб мех бахъаниги, заман аниги, бищунго аслияблъун ккола эбелалъул х1акъалъулъ кеч1. Гьанже, лъимал, нуж г1енекке нужее гьарулел ругел насих1атазухъ.

Y.Рокъобе х1алт1и.

Р.Х1амзатовасул «Эбелалъ дир кинидахъ куч1дул ах1ич1ел ани»- абураб кеч1 рек1ехъе лъазабизе. Эбелалъул х1акъалъулъ сочинение хъвазе. Бихьулищ лъимал кинал берци - берцинал раг1аби абулел ругел нилъер улбузул х1акъалъулъ. (Эбелалъул раг1абаздалъун бакъ бахъи) Рач1а, гьанже эбелалъул х1акъалъулъ цо берци - берцинал раг1аби абилин

Х1алимай, х1еренай, х1асратай, йокьулей, хирияй,

Дирги нужеде к1удияб гьари буго улбузул х1урмат гьабе ,гьел къварид гьаруге рохизаре лъик1ал къиматазда ц1але лъик1аб хьвада - ч1вади гьабе, йохизае дунялалъул канлъи нилъее кьолей хирияй эбел. Нилъ кидаго даим улбузда цере налъулаллъун руго, эбелго г1адин нилъее бокьизе ккола эбелалъул мац1ги .

Англиялъул Оксфордалъул университеталъул преподаватель филологиял г1елмабазул доктор Сайман Крипсица абуна «Бищунго берцинаб мац1 дунялалда маг1арул мац1 буго»

-Гьединлъидал нуж, дир хириял лъимал, ч1ух1изе ккола маг1арулал рук1иналдаса ва маг1арул мац1алда к1алъазе к1олин абиялдаса.

Нилъерго жакъасеб дарсги дие лъуг1изабизе бокьун буго нилъее киназего хирияй маг1арулазул шаг1ир, к1удияб раг1ул устар Т1убх1ат Зургьаловалъул раг1абаздалъун.

Нуж щалали лъазе

Лъилали лъазе

Лъазе гьабе, бабал

Эбел - инсул мац1

Миллатго гьеч1еллъун

Хут1унгут1изе

Хвезе тоге, бабал

Бищун лъик1аб мац1.

Гьаб дарсил план х1адур гьабуна

Хасавюрт шагьаралъул 17 школалъул

муг1алим Бадрудинова Заира Тажудиновналъ.


Дарсил тема: Р. ХIамзатов, «МагIарулал»


Дарсил мурад: КечI пасихIго цIали. МагIнаябгун сипатияб анализ тIобитIизе цIалдохъаби ругьун гьари. КочIол мацIалъул хаслъаби загьир гьари. МагIарул халкъалдаса Расулил бугеб чIухIи цIалдохъабазда бихьизаби.

Дарсил алат: МагIарул росдал годекIаналъул сурат. «БагIараб байрахъ» газета (13 июль, 1991 сон).

Дарс байбихьила рокъобе кьун букIараб тIадкъаялъул хал гьабиялдаса. «МагIарул къиса» абураб поэма цIалун бугищали лъазе, гьелда тIасан лъималазе кьела суалал. Хадуб хъорщода хъвала дарсил тема ва абила «МагIарулал» абураб кечI Расулица хъванин 1945 соналдайин. Гьеб сон ккола КIудияб ВатIанияб рагъда нилъер халкъалъ Германиялда тIад бергьенлъи босараб сонлъун. Жиндирго хасаб бахIарчияб бутIа гьеб бергьенлъи босиялъулъ лъуна гьитIинаб магIарул халкъалъги. Гьелдаса чIухIарав Расулица хъвала «МагIарулал» абураб кечI ва гьениб загьир гьабула жиндирго рекIел рохалилаб асар.

КечI тIоцебесеб нухалъ пасихIго (лъикI букIина рекIехъе) цIалила мугIалимас. Гьесул цIали букIина чIухIараб, борхатаб гьаракьалдалъун, мисалияб, кочIодехун лъималазул ракI ва пикру буссинабулеб. МугIалимасда хадуб кечI пасихIго цIалила цIалдохъабаз. Гьезул цIалуда хадуб хал кквела, гьездаса тIалаб гьабила кечI, авторасул рекIел асар цIунун, цIализе.

Анализ гьабиялъул мурадалда классалда цере лъела гьал суалал:

– Кинаб хасияталъул гIадамаллъун рихьизарулел ругел Расулица магIарулал?

– «Релъи-хъуй гьечIого рохизе лъалел...» Кин нужеда гьал рагIаби ричIчIулел. (ГIадатияб хасияталъул гIадамал)

– Бажарулищ магIу чвахичIого гIодизе? Щиб шагIирасе гьел рагIабаздалъун абизе бокьун бугеб?

(Къо хIехьей. Бихьинаб хасият).

–«Г1ищкъул рекIараб цIа цIунизе лъалел...» Гьазул магIна щиб?

(Рокьул, гьудул-гьалмагълъиялъул къадру-къимат гьабизе лъалел).

–Кин бичIчIулеб нужеда «РикIкIен дагьлъаниги, гьунар гIемерал» абураб пикру?

(БахIарчилъи. Бечедаб тарих).

–«МагIарулал» абураб кочIол кинал рагIабазулъ загьирльу-леб бугеб шагIирасул аслияб пикру?

Божизе бегьила гьаб дир халкъалда, –

МагIарулал ругел лъикIал гIадамал.

– Щиб бугеб релълъараб жо (рахъ) «МагIарулал» абураб кочIолъги «Эбелалъул кинидахъ» абураб кочIолъги?

ЦIалдохъаби тIамила кIиябго кочIол пикруялъулги гIуцIиялъулги релълъарал рахъал ратизе.

Анализ гьабун хадуб цIалдохъаби цоги нухалъ кечI цIализе тIамила.

Рокъобе тIадкъай: «МагIарулал» абураб кечI пасихIго цIализе ва рекIехъе лъазабизе.



Дарсил тема: Р. ХIамзатов. «Дагъистаналъул рохьал».


Дарсил мурад: КечI пасихIго цIализе цIалдохъаби ругьун гьари. КочIол аслияб пикру цIалдохъабазе баян гьаби. КочIол магIнаялъул гъварилъи, мацIалъул сипатлъи рагьи.

Дарсил алат: МагIарул рохьазул сурат.

Цебесеб дарсида тIасан гара-чIвари гьабун хадуб хъорщода хъвала цIияб дарсил тема ва чIвала сурат. КочIолъ лъималазе бичIчIизе захIмалъизе бегьула цохIого цо рагIи – «гъулдухъан» абураб. МугIалимас, кечI цIализе байбихьилелде цебе, гьеб хъорщода хъван баян гьабила:

Гъулдухъан-гъулдул-гъвел-мегIералъул лабаллъи, хьибил.

ТIоцебесеб нухалъ кечI цIалила мугIалимас. ЛъикI букIина гьеб рекIехъе цIалани. МугIалимасда хадуб кечI цIалила 1–2 цIалдохъанас. Гьезул цIали лъугIун хадуб, байбихьила кочIол анализ гьабизе.

– Лъил хIакъалъулъ бицунеб бугеб кочIолъ?

–Щиб релълъинабулеб бугеб авторас магIарулазул гъутIбузда? (КьучI, гIумругун тарих)

– Кинал сипатиял рагIаби хIалтIизарун ругел шагIирас гIагараб халкъалдехун жиндирго рокьи загьир гьабизе? (Хириял, гъункарал).

– Щайдай Расулица жиндирго халкъ Дагъистаналъул рохьазда, гъутIбузда релълъинабулеб бугеб?

ЛъаратIа, ЦIунтIа ругел рохьал руго гучал, рорхатал рохьал. Гьезул гучлъи, эркенлъи тIабигIаталъе мукIурлъунгутIи Расулида бихьулеб буго магIарул халкъалъулги, гьелъул гIумруялъулги, тарихалъулги хIисаб гьабураб мехалъ. Гьанир цIалдохъаби тIамила тIабигIаталдехун авторасул бугеб бербалагьи загьир гьабулел мухъал кочIолъ ратизе.

Анализ гьабун хадуб, цIалдохъаби тIамила кечI цIализе. МугIалимас хал кквела гьезул цIалиялда хадуб, ритIизарила каламалъулъ ккарал гъалатIал.

Дарсил хIасил гьабулаго, классалъе кьела суал:

– Кин нужеда бичIчIулеб кочIол ахираб куплеталъул магIна?

– Щиб авторасе гьелдалъун абизе бокьун бугеб?

Огъ, дир гъаларал гъутIби –

Гъункарал магIарулал.

Нуж гьадинги дагь руго,

Думалъ цIунизе ккола!

Жаваб кьезе лъималазе захIмалъани, мугIалимас гьабила гьезие кумек. Ахираб къотIел ккола Расулица жиндирго халкъалдехун гьабулеб бугеб хитIаб, цоцазул хIурмат гьабеян, къадру-къимат цIунеян, умумуз васият гьабухъе гъункун, цоцалъ рекъон рукIаян абураб магIна жиндилъ бугеб.

Гьеб кечIалдалъун лъугIула 7 классалда Р. ХIамзатовасул гIумру-гьунаралъулгун лъай-хъвай гьаби. ЛъикI букIина мугIалимас, церехун лъазарурал асаралги ракIалде щвезарун, хIасил гьабуни. ЦIалдохъабазда гъикъила щиб гьезда гьоркьоб релълъараб бугебали, сунца гьел цолъизарулелали ва Расулил кинаб аслияб пикру загьирлъун бугебали гьеб лъабабго кочIолъ.

Рокъобе кьела кечI пасихIго цIализе.


Т1ехьалда лъезе материал бит1ун бач1ана

Гъизилюрт шагьаралъул т1оцебесеб гимназиялъул

муг1алим Малаалиева Х1абибат Исрапиловнаялъ.


Тема: «Дагъистаналъул рохьал» Расул Х1амзатов


Дарсил мурадал: Маг1арулазе хирияв шаг1ирасул х1акъалъулъ бицина.

Коч1олгун лъай-хъвай гьабила.

Г1агараб Ват1аналде рокьи бижизабила.

Дарсил авалалда учителас Расулица хъварал куч1дузул х1акъалъулъ къокъабго баян гьабила. Гара-ч1вариялъул гьадинаб маг1на бук1ине бегьула. Гьанир гьаруна, г1уна ва хвана нилъер цересел умумул. Гьел бах1арчиго рагъана Дагъистаналда т1аде к1анц1арал тущбабигун. Гьез ц1унана нилъер ракьги, мац1ги, г1адаталги, г1умруги. Дагъистаналъул тарихалда гвангъараб ц1валъун кенч1ана Генуса бах1арчи Имам Шамилил хвел гьеч1еб ц1ар .

19 ич1абилеб г1асруялъул бакьулъ имам Шамилида к1вана Дагъистаналъулги Чачаназулги ракьалда г1уц1изе кьуватаб пачалихъ – Имамат. Амма тушманасул ц1ик1к1араб къуваталъ гьеб биххизабуна.

Шамилил бах1арчилъиялъул маг1арулазул ях1-намусалъул, рух1ияб бечелъиялъул, сог1аб х1акъикъаталъул, г1агараб Ват1аналде гьезул бугеб рокьул к1одолъиялъул бицунеб буго гьаб коч1олъ.

Жакъасеб дарсида нилъеца т1адч1ей гьабила Расулил «Дагъистаналъул рохьал» абураб кеч1алда.

Доскаялда х1уби гьарун хъван рук1ина рич1ч1уларел раг1аби. Учителас абила : «Дица кеч1 ц1алила ,нуж г1енекке ва жигар бахъе, гьаракь-бакъаналъухъ,чвахиялъухъ балагьун, доскаялда хъварал раг1абазул киналъул маг1на загьирлъулебали», - ян.

Учителас кеч1 ц1алила. Ургъизе заманги тун, хадуб гьикъила, цоги нухалъ ц1ализе ккелищан. Ккани, ц1алила, ккеч1они, доскаялда хъварал раг1абазул хал гьабила, коч1олъ кинаб маг1наялда кьун ругояли, цоги бат1ияб маг1наялда предложениял ургъизе т1амила.

Хадуб гьикъила:

Расулица жиндирго Ват1аналде, жиндирго халкъалде бугеб рокьи кин загьир гьабулеб бугеб?

Шамил, Х1ажимурад г1адинал Дагъистан ч1ух1арал васаз абурал раг1абаздаса пайда босиялъ коч1ол маг1на кин гъварилъун бугеб?

Дагъистаналъул кина-кинал бах1арзал нужеда лъалел гьезул ц1арал рице?

Гъалат1 биччач1ого кеч1 пасих1го ц1ализе т1амила:

А) цин учителасул цебехъанлъиялда гъоркь.

Б) хадуб кьерал ккун, (к1и - к1иккун).

В)к1иго-лъабго ц1алдохъанас къиматалъе. Пасих1лъи г1еч1они, лъик1го х1адурлъизе т1адкъан, къимат лъеч1ого тела.

Щибаб куплеталъе аслияб маг1на загьир гьабулеб цо-цо сурат ургъизе т1амила. Ахиралда классалъе мух1канлъила кинаб куплет босаниги Ват1анги, Ват1аналде бугеб рокьиги бихьизабулеб бук1ин.

Рокъобе кеч1 рек1ехъе лъазабизе кьела.

Дарсие конспект хъвана

Республикаялъул профессионально – педагогикияб колледжалъул

авар адабияталъул муг1алим

Джамалодинова Г1айшат Мух1амадовнаялъ.

Тема: М. Мух1амадовасул «Инсул гьалбал».

Цо жакъасеб къо,

к1иго метериселъул багьаяб бук1уна


Т1оцебесеб дарс.

Дарсил мурад:

1.Гьоболасул адаб-х1урмат гьаби маг1арулазул гьайбатаб г1адат бук1ин якъинго лъималазда бич1ч1изаби.

2.Гьалбал хирияв багьадурасул ва гьесул лъадул рух1ияб бечелъи лъималазе рагьи.

3.Г1умруялда къварилъи г1ат1илъи х1ехьезе ккеялъул, намус ц1униялъул рахъал щула гьаризе малъи, улбузул малъиги рит1ухълъиги г1умруялда г1емер х1ажатаб бук1ин загьир гьаби.

4.Аслиял багьадуразабазул сипатал рагьи

Дарсил алатал:

1.Хъвадарухъанасул сурат.

2.Нек1сияб рук1а - рахъиналъул, росдал г1адамазул сурат ва

къокъаб видео фрагмент.

1 дарс.

1 Дарсил ин.

Учителас хал гьабила араб дарсил.

Р.Х1амзатовасул творчествоялда т1аса лъималазе суалал кьела. Гьесул машгьурал асарал рик1к1ине ва г1умруялъулгун литературияб х1аракаталъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьезе т1амила ц1алдохъаби.

2. Ц1ияб дарс бициналде словарияб х1алт1и гьабила. Доскаялда хъвала тексталда ругел зах1матал раг1аби ва гьезие баян кьела.

Жанах1-рукъалда цебе бугеб бак1.

къапила – къокъа.

гунглазе-ц1орон т1илг1ан лъугьине.

думалъго-кидагоялъе.

хъазан кьолозе-ц1еда хьаг лъезе.

тасамах1лъи-к1вар гьеч1олъи.

Ракьхасало – ц1орораб хасалил завалалда.


3.Ц1ияб дарс. М.Мух1амадовасул «Инсул гьалбал»


А) Муса Мух1амадовасул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ къокъаб баян кьела (ц1алул т1ехьалдаса пайдаги босун). Гьес хъварал асаразул бицина, хасго лъималазе хъваразул. Хадусел классазда М.Мух1амадовасул асараз к1удияб бак1 кквезе бук1инги бицина ц1алдохъабазда. Хадуб дарс байбихьила гъваридаб цо к1иго кици т1амиялдалъун.

1)Жидерго лъимерлъи к1очарал эбел-инсуца лъималазе лъик1аб тарбия кьоларо.

2)Киг1ан гвангъараб бугониги, цо хут1араб ц1ваялъ зоб берцин гьабуларо.

3)Болъодухъа т1аде вахунелъул гьоркьехун хут1арал к1очон тоге, кида къадги мун гьезухъе нахъвуссинч1ого хут1уларо.

В) Муг1алимас хабар художествияб къаг1идаялъ бицина, ва ц1алдохъабазе асар кколел бак1ал ц1алила хабаралда гьоркьоса

4.Лъималазда бич1ч1изабила гьаб хабар советияб адабияталде гъорлъе унеб бук1ин.

Гьединго бицина «Инсул гьалбал» хабаралъулъ ругел багьадурзабаз х1ехьараб зах1малъиялъул.

Дарсил композиция: (къокъаб х1асил)

-Иш кколеб буго хасало. Кавсаратилги Магьдилги берталъе сурсат босизе арав Муслимги, г1олохъабиги Шишилик1 маг1арда, г1аздалъ машинаги къан, аск1об бугеб колоде Амирх1амзахъе щола. Гьениб гьезул ккола унго-унгояб лъай – хъвай. Амирх1амзаца бицуна рик1к1адал рагъул соназ жиндирго лъимерлъиялда ккараб лъугьа - бахъинал. Гьес ц1ехолев вук1ана г1умруялъго пикрабалъ хут1арав Ганзахъа Г1абдула. Гьес бицана анц1ила ункъго сон барав жив Г1абдулал гьоболлъун ккеялъул х1акъалъулъ ва жиндир мурад т1убазабураб куцалъул. Амма к1икъоялда анц1го соналдаса къисматалъ Г1абдулал агьлуялъул чаг1и Шишилик1 маг1арда Амирх1амзал кумекалде ккола ва гьесул беразда ц1ияб пардав рагьула.

5.Муг1алимас лъалхъич1ого хабаралъул х1асил бицун бахъарабго, х1асилалда т1аса суалал кьела.

1.Хабаралда аслиял багьадурзабилъун щал рихьизарун ругел?

2.Живго Амирх1амзаги гьесул ч1ужу Умакусумги кинал ч1аг1илъун рихьизарун ругел авторас гьаб хабаралъулъ? (киг1анги гвангъараб сипаталъул г1адамаллъун ва г1умруялъул бич1ч1и бугеллъун)

3.Амирх1амзаца живго Г1абдулахъе гьоболлъухъе ккеялъул х1акъалъулъ бицараб хабаралъ кинаб асар гьабураб г1енеккаразе?

4.Нужерго умумузул гьалбал гьединал ратизе бокьилищ нужеда?

5.Гьалбал щал кколел, кинал г1адамал кколел гьел?

6.Нужго гьоболлъухъе аралъуб ккараб цо лъугьа - бахъиналъул бице.

7.Магьдилги гьесул абуралъулги хасиятал кин нужеда рич1ч1улел? (ях1-намус бугел ва адаб х1урмат бугел)

8.Магьдил бах1арчиял рахъал рате? (г1аздалъа нух бахъулаго, жинда риидалил хьитал рук1иналъухъ балагьич1ого, жиндирго къуватги жанги гьес цевеги ун, нухбахъиялъе кьола)

9.Хасало маг1арда кинаб пейзажияб портрет г1уц1изе бегьулеб?

Дарс щула гьаби.

1.Т1ехьалда кьураб к1иабилеб абзацалда сундул х1акъалъулъ бицине авторас байбихьи гьабун бугеб?

2.Лъаг1алил щиб заманалда иш кколеб бугеб?

3.Хасало маг1арухъ кинаб сипат цебе т1амулеб?

4.Авторас нилъеда авар халкъалда гьоркьоб гуреб цоги миллатазда гьоркьобги гьудуллъи г1аламалъего бергьараб къуват бук1ин кинал мисалаздалъун бихьизабун бугеб?

К1иго минуталъул разминка.

б-х1арпалдаса байбихьулел раг1аби хъвазе тексталдаса ва гьезие синонимал ратизе.

бог1оллъи-чед

барти-чодул тайпа

бах1арлъи-г1олохъанлъи

Рокъобе х1алт1и.

1.Хабаралъул 1- 2 бет1ер ц1ализе

2.К1вараб х1алалъ х1асил бицине

«Инсул гьуинлъи дида лъач1о, дов хеккого хвана»,- гьал раг1аби лъил? Гьаб предложениялъулъ рек1ел х1ал кин загьир гьабун бугебали тест ц1езабе.

А) зигарди

Б) рек1ел угьи

В) г1ишкъу

Г) пашманлъи


К1иабилеб дарс.


Дарс байбихьила рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьабулаго. Г1адатаб анализалъул кумекалдалъун, хабаралда ккаралъул бицине байбихьила, муг1алимасул нухмалъиялда гъоркь.

4-5 ц1алдохъан хабаралъул х1асил бицине т1амила. Ц1алдохъабазе къиматал лъелалде суалал кьела.

Лъимал т1амила хабаралда релълъараб цоги асар кинаб бугебали данде кквезе.

2.Сипатияб анализ.

Гьелъие гьадинал суалал кьела.

1.Гьаб хабар бигьаго ц1алун бажарулеб бук1иналъе, гъираялда ц1ализе бокьиялъе г1илла сундулъ нужеда бихьулеб? (мисал баче)

2.Гьоболасул адаб – х1урмат гьаби маг1арулазул гьайбатаб г1адат бук1ин бихьизабулел кицаби ратизе т1амила гьаб хабаралъулъ. Гьелги, цоги жидецаго ургъун рак1алде щвезаруралги тетрадазда хъвазе т1амила.

3.Асаралда ругел аслиял багьадурзабазе къимат кьезе т1амила ц1алдохъаби. Муг1алимас багьадур абураб раг1иялъе баян кьела.

4.Цох1о кесек мисалияб къаг1идаялъ ц1алила, муг1алимас т1адкъай кьела ц1алдохъабазе синонимал рищизе.

5.Муг1алимасул кумекалдалъун хабаралъул анализ гьабила.

6.Муса Мух1амадовасул цоги кинаб хабар нужеца ц1алараб?

Хабаралъул сюжет бицине к1игоял т1амила, хут1араз бах1с гьабила, ай литературиял багьадурзабазул образал г1уц1ила ц1алдохъабазул фантазиялъул кумекалдалъун, фантазия г1умруялда ккарал лъугьа – бахъиназул бук1ине кколеблъиги загьир гьабила.

7.Заманалда данде кколеб г1адамазул рак1азулъе лъугьунел образал г1уц1арал мухъал т1ехьалда ратун ц1ализе т1амила ц1алдохъаби.

Мисал: гьумер 177 – ункъабилеб абзац.

Цебесеб соналъ бакъги бан, мукъсанго гурони т1ощелги бач1инч1ого, бач1араб гьебги т1аг1араб, т1аде г1уччинлъиги баккич1еб бищунго лазат бахъараб заман бук1ана. Дунги гьит1инай ясги картошкаялъ хьихьун рук1ана: щибаб богое щу-щу т1амулаан нижеца гьеб ц1ет1е. Цинги белъиндал чехъон х1аризе гьебги гьабун, т1аде г1ат1ал х1урги щван карщги гьабун кваналаан. Т1аг1ана картошкаги, лъуг1ана г1ат1ги, байбихьана рокъоб бугеб къайи-къоно бича-хисизе. Ахиралдаги гъансиниса къват1ибе бахъана мунагьал чураяй эбелалъул бук1араб къат1ипадул хъабало.


Авар мац1алъулгун бухьен гьабила.

Т1адехун кьураб тексталдаса, гьал къот1елазде балагьун, прилагательноял, ц1арубак1ал ва наречиял рищизе т1амила.

Ц1арубак1ал ……………………………………………………………………

Прилагательноял……………………………………………………………..

Наречиял …………………………………………………………………………

Дунги, т1аг1амаб, гьит1инай, къат1ипадул, ицил, мух1канго, рокъоб гъансиниса

Амирх1амзаца хабаралда г1емер бицунеб буго жиндирго г1умруялъул гьудул Умакусумил х1акъалъулъ. Хасго гьалбадерида цебе гьес гьелдехун гьадинаб хит1аб гьабулеб буго

-Дир цох1о йигей, цойги йик1инеги гьеч1ей, лъади. Дуда лъалищ, кинал гьалбал гьаб раг1дулъ бураналъ рачун рач1аралали, лъалеб батич1они, дица баян гьабила, амма дуца ц1идасан хъазан кьолой.

1. Гьаб хит1абалдаса нужеда кинал г1адамал Умакусум ва Амирх1амза рук1ин бич1ч1улеб?

2.Амирх1амзал рек1ел аваданлъиялъул асарги рик1к1адал соназул къваридаб къисматги кинал лах1затазда нилъеда бихьулеб?

3.Гьезул росулъ ккараб лъугьа – бахъин бугеб бак1 батизе т1амила ва гьеб диалог к1игояз ц1ализабила. Маг1азитил г1ох1–абураб бак1алде ккараб ишалъул бицине т1амила ц1алдохъаби.

Разминка к1иго минуталда жаниб Б х1арпалдаса байбихьулел раг1аби хъвазе, ва цо к1ирекъараб х1арп хъвалеб раг1и батизе.

Рокъобе х1алт1и: Т1ехьалда кьурал суалазе жавабал х1адуризе ва х1асил бицине лъазе.

Дарсил анализ х1адур гьабуна

Болъихъ районалъул Г1анди школалъул

авар адабияталъул муг1алим

Г1умаханова Минай Г1умахановнаялъ.





Дарсил тема: Фазу Г1алиева «Маг1арулазул нус».


Дарсил мурадал:


1)Дагъистаналъул халкъияй поэтесса Фазу Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ лъай г1ат1ид гьаби.

2)Гьит1инаб халкъалъул тарихалъул к1одолъи лъималазда бихьизаби. Жакъасеб г1ел бах1арчиял умумузул мустах1икъал ирсилал рук1иналдаса шаг1иралъул ч1ух1и лъималазе рагьи.

3)Литературияв героясул х1акъалъулъ баян г1ат1ид гьаби. Маг1арул руччабазул г1акъиллъи, к1одолъи ва бах1арчилъи поэмаялъулъ ах1ун бугеб куц бихьизаби.

4)Литературияб тексталъул кьуч1алда Ват1ан хиралъиялъул асар лъималазулъ ц1ик1к1инаби. Дагъистаналъул тарихалъе бит1араб къимат кьезе ругьун гьарулаго, лъималазул г1акълу ц1убазаби.

5)Поэмаялда шаг1иралъ гьарзаго х1алт1изарун ругел дандекквеял, эпитетал, метафорал г1адал сипатиял раг1аби ратизе ругьун гьари. Чвахун, бит1ун ц1алиялъул бажари борхизаби.

6)Такрар гьабила адабияталъул теория: коч1ол къот1ел, шиг1руяб каламалъул г1уц1и, адабияталъул сипатияб каламалъул баян.

Алатал: Хъвадарухъаналъул сурат ва т1ахьал, Имам Шамилил ва гьесул хъизаназул суратал, презентация.



Т1оцебесеб саг1ат.

Дарсил ин:

1.Класс х1адур гьабила дарсиде.

Церехун малъарал асарал рак1алде щвезаризе викторина х1ала ва цо-к1иго.

2.Викторина. (Учителас ц1алула асаралъул бут1а, ц1алдохъабазда лъазе ккола кинаб асаралдаса гьаб босараб)

А) «Хабар гьеч1ого, цо нухалъ гуржияс кагъат бач1анила. Лъималазул хабадеги рахине, гьел рак1алде щвейги гьабизе, дагьаб мех жидехъги базе, рач1аян ах1улел рук1анила гьес».

Б) Дунги мунго г1адаб квана-гьекъолеб,

Рух1 бугеб х1айванин, х1акъ батиларищ?

Г1исинаб т1елалъул т1анч1иги рачун,

Т1илгун гьардухъищха гьанже дун инеб?

В) Халкъалъ чурпадалъе гьан буссулелъул,

Гьодал ругоан дур гургинго рехун;

Киназго чайдалъе чакар балелъул,

Керен унтилилан тун буго дуца.

3.Учителас экраналда имам Шамилил х1акъалъулъ видеоролик бихьизабиялдаса байбихьила дарс. Гьелдаса лъимал рачина дарсил темаялде: лъималазда гьикъила гьезул пикруялда кинаб тема жакъа бугебилан. Ц1алдохъаби жалго рач1ине ккола сундул х1акъалъулъ жакъасеб дарсида бицине бугебали пикруялде.

4.Муг1алим: Бит1араб буго, лъимал, жакъа нилъеца бицине буго имам Шамилил х1акъалъулъ. Гьесул х1акъалъулъ г1емерал руго хъварал асарал, рахъун руго т1ахьал, фильмал. Гьединабго цо асаралъул х1акъалъулъ бицина нилъеца жакъасеб дарсида. Гьеб буго Фазу Г1алиевалъ хъвараб поэма «Маг1арулазул нус».

5. Рач1а нилъеца т1оцебе рак1алде щвезабила Фазу Г1алиевалъул г1умру ва творческияб нух.

Халкъияй поэтесса, хъвадарухъан, жамг1ияй х1аракатч1ужу Фазу Г1алиева гьаюна 1932 соналъул 5 декабралда Хунзахъ районалъул Гиничукь росулъ. Гьелъул эмен г1олохъанчи вугеб мехалъго хвана, Фазул т1алаб гьабуна ва тарбия кьун г1езаюна эбелалъ – Г1апица.

Фазу гьит1инаб мехалдасаго рак1 г1анч1ай, г1умру ва г1адамал хирияй, гьайбатлъиялъул г1аламатал жиндир чорхолъ рессарай яс йик1ана. Куч1дул гьаризеги гьелъ Г1арани школалда ц1алулеб мехалдаго байбихьана.

Школа лъуг1ун хадуса Фазу Г1алиева ц1ализе лъугьана Мах1ачхъалаялда бугеб руччабазул педагогияб институталде.

Дагьаб мехалъ гьенийги ц1алун, Фазу уна Москваялде, гьениб т1убала г1умруялъул цо лъик1аб мурад – лъуг1изабула Максим Горькил ц1аралда бугеб Литературияб институт.

Фазуца зах1маталъулаб г1умруялде байбихьана жеги гьоркьохъеб школа лъуг1арабго, 1950-1954 соназда учительницалъун х1алт1ун. 1962 соналдаса 1971 соналде щвезег1ан х1алт1ана Дагъистаналъул Ц1алулгун педагогияб издательствоялъул редакторлъун, 1971 соналдаса нахъе х1алт1улей йик1ана «Маг1арулай» («Женщина Дагестана») журналалъул бет1ерай редакторлъун.

Фазу Г1алиева ккола нусгоялдасаги ц1ик1к1ун поэзиялъулалги прозаялъулалги асаразул автор ва басмаялда бахъана лъебергоялдаса ц1ик1к1ун т1ехь. Нилъеда лъала Фазу Г1алиевалъ поэмаби ва къисаби «Ч1агоял къисаби», «Анц1ила микьабилеб их», «Эбел», «Ц1умал муг1руздасан роржуна», «Гьа», «Къисмат», «Ракьул г1ерекъ гьороца унаро», «Хъах1илаб ц1ад», харбазул т1ехь «К1иго микьир».

Улкаялъул ва Дагъистаналъул адабият цебет1езабиялъулъ, бечед гьабиялъулъ бихьизабураб ва жамг1ияб х1аракатчилъиялъе г1оло гьелъие кьуна Советияб ракълил фондалъул медаль, Рекъел ц1униялъул Советияб комитеталъул ва Т1олгодунялалъул ракьал ц1униялъул комитеталъул Юбилеялъулал медалал, къват1исеб чанго пачалихъалъул х1урматалъулал шапакъатал; к1иго «Х1урматалъул г1аламат» орден, Халкъалъул гьудуллъиялъул к1иго орден, улкаялъул бищунго т1адег1анаб Святой апостол Андрей Певозданиясул орден.

Бищун т1адег1анаб щапакъатлъун Фазу Г1алиевалъ рик1к1уна «Россиялъул ч1ух1и» орден. «Т1олабго г1умруялъ дие ч1ух1илъун бук1ана Россия, гьанже гьелъ дун рик1к1уней йиго жиндирго ч1ух1илъун. Гьелъие рит1ухъайлъун йик1ине жигар бахъила дица», - ян абула Фазуца.

6.Ц1иял раг1аби: тарих, щакъи, чаран, шавкъ, къасд, чукъби, апараглъи.

7.Поэма ц1али. Учителас, мисалияб ц1али бихьизабун, байбихьила поэмаялъул 1 бут1а ц1ализе, хадуб ц1алдохъаби т1амила ц1ализе. Ц1али лъуг1ун хадуб, дагьаб заманалъ тела лъимал ц1аларалъул пикру гьабизе.

8.Поэмаялъул ц1алараб бут1аялъул г1адатаб анализ гьабун, аслиял героязул образал рагьила.

Муг1алим: Фазу Г1алиевалъул щибаб т1ехь, щибаб асар – гьеб ккола рек1ел цо кесек, г1умруялъул х1акъалъулъ гьарурал пикраби, анищал ва хьулал рехсарал сипат-суратал, образал. Гьединабго буго «Маг1арулазул нус» абураб поэмаги. Рач1а, лъимал, балагьила кинал образал рагьун ругел гьаб поэмаялъулъ.

- «Маг1арулазул нус» абураб поэмаялъул кинаб аслияб тема бугеб?

- Ах1улгох1алъул х1акъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

- Поэмаялъул байбихьуда кинаб сипат - сурат гьабун бугеб Ах1улгох1алъе? (лъималаз жабаб ц1алула поэмаялъул тексталдаса)

Ц1алдохъан: Т1ад яхъун ч1ун йиго дун

Гьаний Ах1ул гох1алда….

Муг1алим: Ах1ул гох1алъул тарих,

Тарих хъван тарал ц1умал,

Дагъистаналъул имам,

Муг1рул улка ц1унарав.

- Кинав имамасул х1акъалъулъ хъвалеб бугеб гьаниб

поэтессаялъ?

- Щиб нужеда лъалеб Имам Шамилил х1акъалъулъ?

- Кив вукъун вугев, лъимал, имам Шамиль?

Щибилан хъвалеб бугеб Фазу Г1алиевалъ гьелъул

х1акъалъалъ?

Ц1алдохъан: Дагъистаналъул имам,

Маг1арухъ хоб батич1ев,

Бихъун т1ад мусруги бан,

Маг1арулаз вукъич1ев….

Муг1алим: Дуда хьолбохъ ч1ун дида

Ч1ужуг1адан йихьула.

- Лъимал, кинай ч1ужуг1аданалъул х1акъалъулъ бицунеб

бугеб поэтессаялъ гьаниб?

Дой йиго эрменияй,

Аннайилан ц1ар лъурай,

Дой йиго маг1арул нус,

Щуг1айнатлъун лъугьарай….

Муг1алим:

- Гьелда аск1орго нилъеда рихьулел руго маг1арул ясазул образал. Маг1арул ясазул х1акъалъулъ кинаб пикру бугеб Фазу Г1алиевалъул?


Ц1алдохъан: Муг1рул гучал руччаби,

Муг1рул ц1ар арал ясал,

Маг1арул тарихалда

Меседил мухъал хъварал…


Муг1алим:

- Кин нужеда рак1алде кколеб, лъимал, щай авторалъ абулеб бугеб:

Жидер ц1арал к1очарал,

Жидер хобал т1аг1арал?

- Гьел руччабазул образазда аск1об нилъеда бихьулеб буго жийго Фазу Г1алиевалъул образги.

Гьале, нужер наслудал

Яс, дун к1алъалей йиго…

- Гьел муг1рул гучал руччабазде дандеккун жийго кинай йигин хъвалеб бугеб поэтессаялъ?

Нуж кьураби г1адинал

Кьварарал гучал руго,

Дун аск1обе бортараб

Гьит1инаб ч1имих йиго.

9.Рокъобе х1алт1и: Ф.Г1алиевалъул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ лъазе, поэмаялъул 2 бут1а ц1ализе, ц1алдохъабазул цо къокъаялда т1адкъала 3 бут1аялдасан цо гьит1инабго церерахъин х1адуризе.


К1иабилеб саг1ат.

1.Класс х1адур гьабила дарсиде.

Адабияталъул теория рак1алде щвезе цо-к1иго тест гьабила учителас ц1алун яги презентациялда экраналда рихьизарун.

2.Тестал.

«Унсоколоса Х1ожоги гуржиявги» абураб асаралъул жанр:

1) хабар

2) халкъияб къиса

3) халкъияб роман

4) поэма

Сунда абулеб темайилан?

1)асаралъул г1уц1иялда.

2)асаралда жанир лъугьа-бахъинал цо тартибалда рихьизариялда.

3)художествияб асаралда жиндир х1акъалъулъ бицен гьабулеб жоялда.

4)хабарияб калам пасих1лъиялъе х1алт1изарулел сипатиял раг1абазда.

Гвангъараб сипат-сурат цебеч1езабизе релълъен - хъваялъул кьуч1алда г1уц1араб каламалъул сверелалда абула:

1)аллитерация

2)метафора

3)эпитет

4)дандекквей.

Щиб кколеб аллитерация?

1)Гвангъараб сипат-сурат цебеч1езабизе релълъен- хъваялъул кьуч1алда г1уц1араб каламалъул сверел.

2)Коч1олаб каламалъулъ, цого гьаркьал такрарлъун, лъугьунеб дурусаб чвахи.

3)Г1адамазул хасият, махщел, бажари х1айваназул хасиятлъун бихьизаби.


3.Рокъобе х1алт1и гьикъила.

Муг1алим: Араб дарсида нужее рокъобе кьун бук1ана Фазу Г1алиевалъул биография ва творчество лъазабизе. Гьанже нилъеца хал гьабила кин нужеда лъалеб бугищали Фазу Г1алиевалъул г1умру ва творчество. Дица нужехъе кьела карточкаби, гьезда хъван буго Фазул биография, амма гьоркьор риччан руго раг1аби ва тарихал. Нужеца гьел хъвала ва хадуб нилъеца хал гьабила.

Гьеб х1алт1и т1убала щибав ц1алдохъанас жинцаго, хадуб аск1ор г1одор ч1араз цоцахъе кьола карточкаби, бит1ун т1убан бугищали хал гьабизе. Хал гьабизе экраналда кьола бит1араб жаваб хъвараб карточка, гьелдеги балагьун лъималаз цоцазе къимат лъола ва учителас гьел къиматал журналалде росула.

Муг1алим: Гьаб х1алт1иялда нужеца хъван ругоан нужедаго лъалел Фазу Г1алиевалъул г1емералго асарал. Гьелги ва цогидалги Фазу Г1алиевалъул т1ахьал руго нилъер библиотекаялдаги. Нужер рес буго гьел ц1ализе.

4.Словарияб х1алт1и:

Муг1алим: Нужее рокъобе кьун бук1ана 2 бут1а ц1ализе. Гьеб бут1аялда ратанищ нужеда маг1на рич1ч1изе зах1матал раг1аби? (муг1алимас баян гьарила): Къолден, икъбал, чол чангит, асир, лагъ.

5.Г1адатаб анализалъе суалал кьела:

 Кинаб анищ бук1араб маг1арул г1олохъабазул тушманасда данде рагъулаго? Гьелъие жаваб балагье поэмаялъул 2 бут1аялдаса ва ц1але.

 Шамиль кин вагъулев вук1арав тушмангун?

 Эрменияй Аннае кинаб сипат-сурат гьабун бугеб гьаб бут1аялда?

 Кин гьей ккарай Дагъистаналде?

 Асирлъуде ккедал, Аннал пикрабалъ Шамил кинав чи вук1арав?

 Х1акъикъаталда кинав чи Аннада Шамил ватарав?

 Поэмаялда Шамилие сипат - сурат гьабураб бак1 нахъойги ц1але. Гьеб сипат – сурат лъил ц1аралдасан гьабун бугеб?

 Асирлъуде кколеб мехалъ кинаб х1ал бук1араб Аннал?

 Хадуб гьеб кин хисараб?

 Шамилидаги Аннадаги гьоркьоб рокьи бижиялъул кин бицун бугеб авторалъ?

6. Тексталда т1ад х1алт1и:

 Кинал дандекквеял х1алт1изарун ругел поэталъ маг1арул васазе сипат-сурат гьабулаго?

Щивасул рак1 бук1ана,

Чарамул къолден г1адаб.

Щивасул зар бук1ана,

Залимаб бомба г1адаб.

Гьал г1емерал рук1инч1о,

Амма т1аде къо ккедал

Къогоясул бак1алда

Вук1ана цо муг1рул вас…

 Шамиль кин вагъулев вук1арав тушмангун?

Гьезда цеве вахъарав

Имамасе черхалда

Лъураб ругъун чуризе

Заманацин бук1инч1о.

Буг1ун ч1орто къазабун

Къад рацун толаан гьел,

Къаси даруги бахун,

Устарас къач1азег1ан.

Муг1алим: Гьединан бах1арчилъиялда рагъана нилъер умумул тушманасда данде. Щай абуни, гьезие бокьулаан жидерго Ват1ан, бокьулаан эркенлъи. Рак1алде ккола къо бач1араб мехалъ, нужер щивас гьединго бах1арчилъиялда ц1унинилан нилъер Ват1ан тушманасдаса.

- Кинал нужеда лъалел кицаби бах1арчилъиялъул ва Ват1ан бокьиялъул х1акъалъулъ?

Кицаби:

А) Ват1ан хириясе хвел бук1унаро.

Б) Чияр ракьалда ханлъун вук1иналдаса нилъерго ракьалда узденлъун вук1ин лъик1.

В) Бах1арчиясул ц1ар ц1вабзазде г1унт1улеб.

Г) Тушманасе наку ч1вазег1ан, жиндирго къаданиб зани ч1вазе лъик1аб.

Гъ)Цо лах1заталда жанив бах1арчиги вахъунев, цо лах1заталда жаниб чилъиги холеб.

7.Ролаздеги бикьун ц1алила поэмаялъул 3 бут1а.


8.Рокъобе х1алт1и: Тетрадазда хъвазе кицаби ва гьел рек1ехъе лъазаризе, бит1ун чвахун ц1ализе, аслиял образал рагьизе поэтессаялъ х1алт1изарурал сипатиял раг1аби – эпитетал ратизе.


Лъабабилеб саг1ат.

1.Класс х1адур гьабила дарсиде.

2.Рокъобе кьураб х1алт1и т1убан бугищали хал гьабила. Цо чанго ц1алдохъан вахъинавила кицаби рицине.

3.Лъабабилеб бут1аялъул инсценирование.

Муг1алим: Поэмаялъул лъабабилеб бут1аялда бицунеб буго кинаб къисмат ккараб Дагъистаналде щварай Аннал. Гьебги нилъеда бихьизабизе буго нилъерго классалъул ц1алдохъабаз. Гьелда т1ад гьел г1емерго х1алт1ана, ралагьана къвариг1арал алатал ва т1ад рет1улеб рет1ел. Гьанже гьеб кинабго х1алт1ул х1асил нилъеда бихьизабила гьез.

4.Г1адатаб анализалъе суалал:

 Аннае Дагъистан бокьиялъе г1илла щиб ккараб?

 Рагъдаса вуссараб мехалъ Шамилиде щиб ургъел бикьараб Аннаца?

 Шамилица эрменияй Аннада Шуг1айнатилан бусурманаб ц1ар хисиялъе г1илла щиб ккараб?

5.Поэмаялъул ахирисеб 4 бут1а ц1алила лъималаз. Учителас к1вар кьела чвахун ва бит1ун ц1алиялде.

6.Адабияталъул теория такрар гьаби: кеч1 чвахун, дурусго бач1иналъе г1иллалъун бук1уна гьениб авторас гьарзаго аллитерация х1алт1изабиялъ. Рач1а нилъецаги гьаб поэмаялдаги аллитерация кин х1алт1изабун бугищали хал гьабизе.

Гьаниб муг1рул васаца

Баг1араб бил щакъидалъ

Бег1ерал хвалчаби ччун,

Чармилал кьурабазда

Кьабг1ун бик1ун буго гьеб.

Муг1алим: Художествиял асарал г1уц1улаго, хъвадарухъанас жигар бахъула бат1и-бат1иял лъугьа-бахъинал, г1адамазул г1амал-хасиятал, хьвада-ч1вади баянго, пасих1аб мац1алдалъун рихьизаризе. Адабияталъул мац1алъул аслиял хасияталлъун ккола гьеб берцинаб, пасих1аб, г1адамазул рек1ее асар гьабулеб, сипатаз бечедаб бук1ин. Мац1 пасих1 гьабизе хъвадарухъабаз пайда босула хасал сипатиял алатаздаса, къаг1идабаздаса; гьел г1емерал руго: синонимал, антонимал, эпитетал, дандекквеял, метафораби, метонимиял, ирония, аллегория, гиперболаби ва гь.ц. гьезул цо-цоязул х1акъалъулъ нужеда малъана цересел дарсаздаги. Гьел ресал гьарзаго х1алт1изарун руго Фазу Г1алиевалъги гьаб асаралда. Нилъеца гьанже гьел ресал рихьизарила гьаб таблицаялда рекъон.


Образал

Эпитетал

Дандекквеял

Метафора

Ах1улгох1алъул

Гьит1инаб щобдасан

Рич1ун т1ехь г1адин

Оцол бет1ерг1анасеб

Щуг1айнатил




Муг1рул васазул




Муг1рул ясазул









Учителасул нухмалъиялда гъоркь, лъималаз щибаб образ рагьизе поэтессаялъ х1алт1изарурал къаг1идаби ралагьула ва хъвала таблицаялда.

7.Рокъобе х1алт1и: таблица ц1езабизе, 4 бут1аялъул рек1ее г1ураб кесек рек1ехъе лъазабизе.

Дарс х1адур гьабуна

Ленинкенталъул №35 гимназиялъул

авар адабияталъул муг1алим

Мух1амадова Гулишат Г1абдусаламовнаялъ.



Дарсил тема: Тажудин Таймасханов «Яхl»


Дарсил мурадал:

1. Хъвадарухъанасул гlумру ва творчество лъималазе рагьизе

2. Хабаралъул аслияб пикру баян гьаби. Битlун ва пасихlго цlалиялде кlвар кьезе. Черхалъе зарал бугел пишабаздаса рикlкlад чlезе, гьабураб къотlуе хилиплъунгутlизе, гьереси бицунгутlизе лъимал ругьун гьари.

3. Яхl-намус лъималазулъ куцазе гьесизари.

Дарсил тайпа: Цlияб лъай щвеялъул дарс.

Дарсил алатал: Хъвадарухъанасул сурат, тlахьал, призентация.


Дарсил ин:

1. Класс дарсиде хlадури.

2. Араб дарсил материал такрар гьаби.

- Поэма сунда абулеб?

- Щиб кколеб метафора, эпитет?

-Ф.Гlалиевалъул хlакъалъулъ щиб нужеда лъалеб?

«Магlарулазул нус» абураб поэмаялда аслиял багьадурзаби

щал кколел?

- Кинаб магlарда, лъил бет1ерлъиялда гъоркь ,сундуе г1оло

гьабулеб рагъул бицен гьабулеб бугеб?

- Кинаб анищ букlараб магlарул гlолохъабазул тушманасде

данде рагъулаго?

- Кинаб сипат-сурат гьабун бугеб Аннае?

-Шамилица эрменияй Аннада Шугlайнатилан бусурманаб

цlар хисиялъе гlилла щиб букlараб?

- Кинай лъадилъун Шамилие Шугlайнат лъугьарай?

Шамилил хlакъалъулъ кучlдул рехсела, цо-цо лъугьа-бахъинал рак1алде щвезарила

3. Цlияб тема.

1. Хъвадарухъанасул биографиялъе баян кьела.

Тажудин Таймасханов гьавуна 1931 соналъ Кизилюрт районалъул Чирюрт росулъ. Гьес лъугlизабуна М.Горькил цlаралда бугеб Литературияб институт. Гьелдаса хадув хlалтlана Дагъгизалда редакторлъун ва «Багlараб байрахъ» газеталда.

Магlарулазда гьоркьов Т.Таймасханов машгьурлъана поэт ва прозаик хlисабалда. Таймасхановасул тlоцебесеб тlехь «Дир жаваб» къватlибе биччана 1963 соналъ. Хадур къватlире риччана харбазул тlахьал «Ч1егlераб накlкl», «Зоб кьерхун букlана», кучlдузул тlахьал «Рекlел хlасрат», «Сардилъ пири», «Сафар-Чапар». Хъвана гьес лъималазе кучlдулги.

Гьединго Тажудиница хъвана лъабго поэмаги: «Кlиго эбел», «Такъсир», «Ралъдал вас». Магlарул мацlалде руссинаруна Ш. Руставелил, Рудакил, Фирдоусил кучlдул.

Гьев нилъедаса ватlалъана 1979 соналъ.


2. Дарсил эпиграф:

Рагlи хвей - бахlарчиясе живго хвей гlадаб жо.

(Халкъияб кици)


3. Цеберагlи.

Инсан ккола дунялалдаго бищунго къиматаб жо. Инсанасул ракьалда вукlиналъул аслияб магlна: жинца лъикlал ишал гьари,берцинаб хьвада-чlвади, живго гlадинасе кумекалъе вати,сундулго адаб гьаби. Гьедин бижула инсанасулъ иман ва яхl-намус. Намус буго яхlалъул гьудул. Яхl гьечlев чиясда намусги букlунаро. Бихьинчиясул лъикlал гlамалазда гъорлъ рехсезе мустахlикъал руго гьадинал хасиятал: гlадатлъи, сабру, бихьинчилъи, кьураб рагlи кквей, сахаватлъи, Ватlаналде рокьи, адаб, яхl-намус.

4. Словарияб хlалт1и.

Чlулх, къвагъизабизе, къанда, гlаршин.

5. Учителасул мисалияб цlали.

6. Хабаралъул анализ гьаби.

- Годекlанив гlодов чlун вукlарав херасде аскlове щив

вачlарав?

- Гlолохъанчияс кисиниса къватlибе щиб бахъараб?

- Щай кlудияв чи гьесухъ гурхlун валагьарав?

(Гьесул гlолохъанлъиялда ракl барахщун, хъалияналъ,

гьекъел-мехтелалъ гьесул черхалъе гьабулеб заралалъул

пикру гьабун.)

- Херас жиндирго хlакъалъулъ щиб бицараб?

Гьеб бакl цlализе тlамила лъимал.

- Лъил рагlабаз гьезда яхl гъураб?

- Кинаб къотlи гьабураб кlиявго гьудулас?

(К!иясго къотlи гьабуна хъалиян бухlунгутlизе)

- Сунца рахlат толеб букlинчlеб?

(Хъалиян бухlизе бегьунгутlиялъ)

- Гlорцlизегlан кlкlуй бахъизе кив гьев арав, гьесда гьенив щив

вихьарав?

-Кlиявго гьудуласул къец ккун букlинч1ебани кlвелаандай

заралияб пиша тезе?

-Авторас героязул сипат-сурат бихьизабизе кинал

дандекквеял хlалтlизарун ругел?

(Хъергъудал гlадал цlодорал берал, къадалъ гамачl лъолев

чияс гlадин, хlелкал гlадин лъугьун рукlана кlиялго, кисинир

папиросал панкъал гlадин лъугьун ругоан.)

7. Цlияб тема щула гьаби.

Кицаби.

Асаралда т1асан кицаби рицинарила лъималазда. Гьезие баян кьезе т1амила

•Намус бичун чилъи хварав.

•Намус ккола, чиясул тlадегlанлъиялде тlамулеб гали!

•Намус гьечlеб черхалдаса цlунаги, чи божулареб

гlамалалдасаги цlунаги

8.Тарбия кьеялъул накъит.

Лъималазда бичlчlизабила гьекъел-мехтелалъул, хъалияналъул черхалъе бугеб заралалъул, бихьинчияс кьураб рагlи дунял бихханиги хвезе бегьунгутlиялъул, кlудиязул гlакълу гlадахъ босизе ккеялъул.

9. Дарсил хlасил гьаби.

- Нужее бищунго асаралъул щиб рек1ее г1ураб?

- Сунда тlад ургъизе тlамулел ругел авторас?

(Жидеего цlодорлъи гьабизе, гьудуллъи цlунизе, кlудиясул

гlакълуялъухъ гlенеккизе)

10. Рокъобе хlалтlи.

Хабар цlализе ва хlасил бицине, бищунго нужеего бокьараб бакlалъул сурат бахъизе.

Дарс х1адур гьабуна

Мирзоева Хатимат Дахададаевнаялъ

МБОУ «Лицей № 8», Мах1ачхъала шагьар





Къияс Мажидов «Муг1рузул ц1умазе хвел бук1унадай».


Малъиялъул мурад:

1.Хабарияб асар берцинго чвахун ц1ализе лъай;

2.Хабарияб асаралъул г1адатаб анализ гьабизе малъи;

3.Маг1арул чиясул бах1арчилъиялъул мисалалдалъун, лъималазулъ бихьинчилъи, къвак1и куцай, т1абиг1аталде рокьи бижизаби.

Дарсил алат: Хъвадарухъанасул сурат, ц1умалъул сурат, т1ахьазул выставка. (рес бугес проекторалдаса бихьизабизе)




Дарсил ин

Т1оцебесеб дарс


1.Рокъобе кьураб т1адкъай киназго т1убазабун бугищали хал гьабила. Араб дарсил темаялдаса суалал кьела, рахъизе кьурал суратазул халгьабила. Х1асилал рачун, къиматал лъела.

2.Къияс Мажидовасул г1умруялъул ва творчествоялъул х1акъалъулъ баян кьела.

3.Цин муг1алимас бицина Къ. Мажидовасул биография, цинги т1ехьалда гьесие кьун бугеб баян ц1ализе жалго лъимал т1амила.Ц1аларал тексталъул х1асил бицине т1амила.

(Къияс Мажидов гьавуна 1911 соналъ Ахты районалъул Ахты росулъ нартихъанасул хъизамалъе………………………..)


4.Къ. Мажидовасул асаразулгун лъай-хъвай гьабила.

Бажарарас авторасул т1ехьалда гьеч1еб цо асар босила, лъималазда гьеб пасих1го ц1ализабила, цадахъ анализ гьабила.

5.Авторасул хабаразулъ бицун буго Дагъистаналъул т1абиг1аталъул берцинлъиялъул, бат1и-бат1иял рух1ч1аголъабазул ва х1айваназул г1амал-хасиятазул х1акъалъулъ. Гьез лъимал ругьун гьарила г1агараб т1абиг1ат бокьизе ва гьеб ц1унизе

6.Дарсил х1асилал рачина ва къиматал лъела.

7. Рокъобе кьела Къияс Мажидовасул творчество лъазабизе ва гъалат1 биччач1ого ц1ализе ругьунлъизе..


К1иабилеб дарс

Дарсил ин

1.Дарс байбихьила Къ. Мажидовасул биография ц1ехеялдалъун.


2.Художествияб къаг1идаялъ муг1алимас т!олго хабаралъул къокъаб х1асил бицина, яги лъималазе к1удияб асар гьабиледухъ гьеб ц1алила.


3.Словарияб х1алт1и т1обит1ила.

Доскаялда хъварал раг1аби чанц1улго бит1ун ц1алила, гьезие баян кьела

(Цав-тахар, Пайдар, т1авагьин, мач1у, ц1аг1ел, ирс, бис)

4.Хъвадарухъабазул асаразулъ т1абиг1аталъул сипат г!емер дандч!вала. Гьеб хасго ц!ик!к!ун буго Къ. Мажидовасул асаразулъ. Гьелдалъун автораз загьир гьабула эбелаб ракьалде жидерго бугеб рокьиги, асаразулъ героязул рек1ел х1алги. Гьанир авторас муг1рул ц1умалги, бах1арчиял маг1арулалги данде ккун руго.

5.Х1асил бич1ч1ун бугищали хал гьабизе суалал кьела.

1.Сундул х1акъалъулъ хъвараб бугеб гьаб асар?

2.Нурали-бубаца кинаб къимат кьураб Пайдаралъе?

3.Ц1ум кин хварабали бице.

4.Херасе гьелъ кинаб асар гьабураб?

5.Муг1рул бисалги г1алхул ц1ц1аниги щай гьесде мут1иг1ал рук1арал?

5.Лъимал пасих1го ц1ализе т1амила.

6. Калам цебет1езаби:

1.Муг1рузда радал г1ужалъе сипат – сурат гьабураб бак1 бате ва гьеб ц1але.

(Цав-тахаралъул х1инкъарал нухал нахъа тезе гьес бищунго санаг1атаб заман, ай июль моц1алъул цудунаб радал г1уж т1аса бищун бук1ана…………..)

2. Чанахъанасул рукъалъе сипат-сурат гьабураб бак1 бате ва гьеб ц1але.

а) Гьаниб чанахъабазул рокъоб батараб т1аг1ел – г1уч1алъ щиб бицунеб бугеб?

(Чанахъанас цо жиндирго гуреб, цогидазулги ургъел гьабулеб буго (гьениб бук1ана ц1аг1ел, мач1у, спичкаби, ц1ам, санидул г1уч1ал).

Цоцазе кумек гьабиялъул бугеб пайда. Жакъа нилъеца гьабуни, метер цогиясги гьабун, гьедин ругьунлъун уна цоцазе пайда гьабиялде).

7.Рокъобе кьела

1. Хабар бит1ун, чвахун пасих1го къиматалъе ц1ализе.

2. Аслиял лъугьа-бахъиназул цо чанго сурат бахъизе.


Лъабабилеб дарс

Дарсил ин


1.Дарс байбихьила лъималазда асар пасих1го ц1ализабиялдалъун.

2.Асаралъул анализ гьабила


1.Сунде кант1изавурав херав Нурали-бубаца г1олохъанав чанахъан?

(Жиндирго мисалалдалъун гьес гьев т1амулев вуго сверухъ бугеб т1абиг1аталъул, г1алхул ц1ц1аназул, бисазул т1алаб гьабизе. Гьес бич1ч1изабулеб буго г1аданги, т1абиг1атги цоцазда рухьарал рук1ин, цоял-цоязе гьеч1ого т1уралареллъи.)

2.Г1олохъанав чанахъанас кинаб гьа бараб?

(Жиндирго черхги, рух1ги кьезе т1абиг1ат ц1униялде).

3.Щай Нурали-бубал гьеб ц1ум тушман бук1араб?

(Гьелъ муг1рул ц1ц1ани, бисал, бурт1ал ч1валаан).

4.Щай херав Нурали-буба г1одарав?

(Гьесул рак1 гурх1ана хераб, бах1арчияб ц1удуда. Киг1ан гьелда ццин бахъун бук1аниги, гьев бахиллъулаан ц1удул бах1арчилъиялда, гьелъ жиндирго рак1бац1ц1адго гьабураб г1умруялда. Гьесда рак1алде щун батизе бегьула жиндирго г1умруги).

5.Кинаб пикру гьабизе т1амулел ц1удул хвелалъ?

(Херлъараб ц1удуца т1аса бищараб хвелалъги пикру гьабизе т1амула: жиндаго чан гьабизе к1веч1еб мехалъ, чияда бараблъун бук1ине бокьуларо ц1умалъе, гьелъ кидаго т1аса бищана эркенлъи).

6.Кинаб къимат кьолеб бугеб Бубаца хераб ц1умалъе?

(Гьелъул бук1ана къвак1араб рак1, бах1арчияб г1умру, рак1бац1ц1адго ц1унана наслу-тухумалъул къадру).

7.Гьаниб Бубаца лъил г1умруялда данде кколеб бугеб ц1удул г1умру?

(Бах1арчияв маг1аруласул г1умруялда).

8.Щиб гьарулеб унго-унгоял маг1арулаз Аллагьасда?

(Унго-унгоял маг1арулаз Аллагьасда гьарула инжитлъи, къабих1лъи т1аде бач1ине биччагеян. Жидедаго херлъун яшав гьабизе к1веларин ккедал, чияр ц1обалде ккеч1ого рук1ине, гьез гьарула хвел. Хвел ц1удулго г1адин, г1адамасулги ч1ух1араб, чияр ц1обалде ккеч1еб бук1ине бокьи баян гьабулеб буго Нурали-бубаца).

9.Сунде ах1улел ругел авторас, херав Нурали-бубал раг1абаздалъун?

(Г1олохъанаб г1елалъ умумуздасан мисал босизе ккеялде, гьезул киналго лъик1ал ишал к1очене бегьунгут1иялде, ях1ги, намусги, г1аданлъиги кидаго маг1аруласда цадахъ бук1ине кколин)

10.Гьаб хабаралъулъ авторасе щиб абизе бокьун бугеб?

(Бах1арчияв, наслу-тухумалъулги, жиндиргоги къадру ц1унарав чиясул херлъиги берцинаб бук1унин, хвелги к1очонареб бук1унин абизе)

11.Нужеда кин бич1ч1улеб гьаб маг1арулазул аби: « Г1алхул чундуздаги лъалин сахаватав чи ват1а гьавизе». Асаралъулъ гьеб бугеб бак1 бате.

Нужедаго лъалел кицаби, абиял рице.

Тексалда т1ад х1алт1и 1.Гьаб хабаралъулъ рате эпитетал, метафораби, дандекквеял.

(Х1айранал бакънал, рек1ел г1ат1илъи, къвак1араб рак1, бах1арчияб г1умру, рещалъараб сордо……..)- эпитетал.

(Ч1ег1ерал раг1адал……)- метафора.

(Маг1арулалги, ц1умалго г1адал, унго-унгоял бах1арзал руго…….)-дандекквей.


Щиб мурадалда гьел х1алт1изарун ругел?


Рокъобе х1алт1и: т1убанго асарги ц1алун, хабаралъул план г1уц1изе, гьелда рекъон къокъаб х1асил бицине.


Х1адур гьабуна

Гумбет районалъул Т1адинхо гьоркьохъеб школалъул

маг1арул мац1алъул ва адабияталъул муг1алим

Мух1амат1аминова Сакинат Х1айбулаевнаялъ.




Тема: Багьавудин Митаров «Бице гьудулзабазда».

Дарсил мурадал:

1.Пасих1го ц1алиялъул бажари камил гьаби.

2.Г1урусазда ва дагъистаниязда гьоркьоб гьудуллъи – вацлъи рагъул окопазухъ щулалъараб куц бихьизаби. Халкъалъул гьединаб гьудуллъи бищунго гучаб къуват бук1ин баян гьаби.

3.Ват1аналдехун ва бах1арчилъиялдехун ц1алдохъабазул рокьи бижизаби.

Дарсил ин.

1.Дарсиде ц1алдохъаби х1адур гьари.

2.Рокъобе кьураб х1алт1и киназго т1убан бугищали хал гьаби.

3. Х1асил бич1чун бугищали суалал кьела.

-Нужее хабар бокьанищ?

-Нужее бищунго щиб бокьараб? (2-3 ц1алдохъанасухъ г1енеккила)

(Дие бищунго бокьана бицен вацрабаналъул х1акъалъулъ хут1ун буго г1ажаибаб бицен: гьенив ц1ц1ани хьихьун вук1аравила г1ажаибав вехь…ва гь. ц.)

1. Муг1рузул радал г1ужалъе кинаб сипат гьабун бугеб Къияс Меджидовас?

2.Ц1ум кин хвараб ва херасе кинаб асар гьелъ гьабураб?

3.Херав чанахъанасул х1акъалъулъ щиб нужеда бицине к1олеб, кинав чи гьев вук1арав?

Ц1ияб дарс.

Дарсил алатал: хъвадарухъанасул сурат, рагъда г1ахьаллъарал хъвадарухъабазул суратал, призентация.


1.Лъималазда доскаялдаги хъван тема лъазабила, гьеб малъиялъул мурад бицина.

2.Учителас Багьавудин Митаровасул г1умруялъул ва литературияб х1аракаталъул х1акъалъулъ бицина.

Табасараназул Советиб литератураялъе кьуч1 лъурав поэт, переводчик Митаров Багьавудин гьавуна 1912 соналъ Хив районалъул Кандик росулъ мискинав векьарухъанасул хъизамалда.

1926 соналъ Грозныялда лъуг1изабуна Коммунистияб росдал маг1ишаталъул школа.

1939 сонаъ СССралъул хъвадарухъабазул Союзалъул членлъун лъугьана. Хъвадаризе байбихьана 1932 соналдаса байбихьун, т1оцересел куч1дул къват1ире риччана « Баг1араб Табасаран» газеталъул гьурмазда. Б. Митаровас табасаран мац1алде руссинаруна Пушкинил, Лермонтовасул, Толстоясул, Стальскиясул асарал.

1941 соналъ къват1ибе биччазе х1адурун бук1ана Багьавудиница хъвараб куч1дузул т1ехь «Рек1ел гьаракь». Амма рагъ байбихьиялъ гьелъие квал - квал гьабуна.

К1удияб Ват1анияб рагъ байбихьарабго, г1арзаги кьун, Багьавудин Буйнакскиялда бугеб рагъулаб училищеялде ц1ализе лъугьана, хадув фронталде ана.

1944с. Украиналъул ракьал тушманасдаса ц1унулаго, Винницкий областалда г1умруялдаса ват1алъула.

1974с. «Бице гьудулзабазда» шиг1рабазул т1ехь къват1ибе биччала.


3.Словариб х1алт1и.

Доскаги рагьун, рич1ч1уларел ва бит1ун ц1ализе кколел раг1аби рихьизарила.

Хейнкелал - немцазул самолетазул цо тайпаялде ц1ар.

Пехота – лъелаб аскар.

Взвод – г1олохъабазул къокъа.

Гьужум - атака.

4.Бит1ун ц1ализе ва рак1алда ч1езабизе:

Эбел - Ват1ан, нак1к1, к1к1уй, рак1ч1ола, ц1ик1к1ун, вуссинин, рик1к1аде, бакът1ерхьуде.

5.Къокъго бицина рагъул х1акъалъулъ.

1941 соналъул саг1ат 6 нилъер пачалихъалде т1аде гитлерил армиялъ г1арада базе байбихьана. Ват1ан ц1унизе ва гьелъие г1оло рух1 кьезе х1адураб бук1ана т1олабго халкъ. Г1уц1ун рук1ана жидеего бокьун рагъде унезул штабал. Щивасул мурад бук1ана гитлерилаб фашизмаялда т1ад бергьенлъи боси. Гьеб рагъда г1ахьаллъи гьабуна дагъистаналъул шаг1ирзабазги хъвадарухъабазги.


1. Абакар Т1агьировас

2. Ражаб Динмух1амаевас

3. Мух1амад Сулимановас

4. Г1абдулмажид Хачаловас

5. Мут1алиб ва Багьавудин Митароваз.


Жакъа нилъеца бицине буго Багьавудин Митаровас хъвараб «Бице гьудулзабазда» абураб кеч1.

6.Муг1алимас пасих1го кеч1 ц1алила т1алабиял глаглолал – сказуемоялде к1варги кьун.

7.Хадуб учителасда цадахъ киназго ц1алила кеч1, разияб х1алалда бажариледухъ.

Лъимал т1амила коч1олъ дандекквеял ратизе

(к1к1уйлъун гьеб бетун бугин, гьаваялда роржунел баг1ар ц1вабзазул х1анч1аз). Самолетазе авторас гьабураб сипат (баг1ар ц1вабзазул х1анч1и)

8.Дарс щула гьаби.

1.Щай советияв солдат вохарав вугев «фронталда цадахъ» х1инкъи бугел рохьазда вагъулев вук1иналдаса? (коч1олъ жаваб бате)

«Дун вуго совет – солдат

Эбел - Ват1ан ц1унулев,

Гьелъ талих1ав вуго дун»

2. Поэтасул сунда рак1ч1ун бугеб? (коч1олъ бате жаваб)

- Гьале рогьана сордо

Рахъана ниж гьужумалъ,

Гьаб рагъда нилъ бергьина

Бице гьудулзабазда.

3. Лъимал, рагъ абураб раг1иялъ кинаб асар нужее гьабулеб?

Кинал раг1абаздалъун нужеца гьеб загьир гьабилеб, къват1ибе кьелеб?

(Балагь, хвел, вах1щилъи, къварилъи, зулму, г1оди, ц1орой, бух1и)

4. Кинха, лъимал, гьеб рагъда нилъеда бергьине к1вараб?

А.Ват1аналде бугеб рокьиялъ.

Б.Бах1арчилъиялъ, къох1ехьеялъ.

В.Къуваталъ, тушманасде бугеб цциналъ

Г. Вацлъиялъ, гьудуллъиялъ.

Суалаздаса хадуб, ц1алдохъаби пасих1го ц1ализе т1амила. Заман г1уни, рагъул цо гьит1инаб кесек бихьизабила.

9.Рокъобе х1алт1и: кеч1 пасих1го рик1к1ине. Сочинение «К1удияб Ват1анияб рагъда дир росуцоял».

Дарсие конспект хъвана

Г1ахьвахъ районалъул Местерухъ росулъа

авар адабияталъул муг1алим

Фатаг1алиева Зарият Сахратулаевнаялъ.




Дарсил тема: ГIалирза СагIидов (1933 – 1978)

« ГIаздалал тIагърал»

Дарсил мурадал:

1.КIудияб ВатIанияб рагъда бергьенлъи босиялдаса чIухIиялъул асар загьир гьабизе тIабигIияб сипаталдаса авторас пайда босулеб куц рагьи.

2.ТIабигIаталдехун авторасул бугеб бербалагьи бихьизаби; 3.ЦIалул бажари борхизаби.

Дарсил алатал:

ШагIирасул сурат, тIахьазул выставка, тIабигIаталъул (гIазул мугIрул) суратал, призентация.


Дарсил ин

Дарсил байбихьуда араб дарс ц1ехела, араб материал щула гьаби мурадалда, суалал кьела.

I.Доскаялда тема хъвала ва дарсил мурадал рицина.

ШагIирасул гIумруялъул ва творчествоялъул хIакъалъулъ къокъаб баян кьела. Цо нухалъ гьесул биография цIалила. ЦIаларалда тIасан, бичIчIун бугищали, лъималазе суалал кьела.

II.КочIол хIакъалъулъ мугIалимасул цеберагIи.

«ГIаздалал тIагърал» абураб кечI мугIалимас пасихIго цIалула, кечI хъвараб заман ракIалде щвезабула, ричIчIуларел захIматал рагIабазе баян кьола:

Самур – Дагъистаналда бугеб гIор.

Хирадай (яс) – къиматай, хирияй

ЧинаригъутIби – борхатаб рохтиялъул гъутIби.


III.КочIол хIасилалда тIад хIалтIила, сипатиял рагIабазул магIна рагьила, кочIолъ гьел ратила:


Эпитетал:

ГIазизал мугIрул, гьайбатаб ихдалий, ц1орораб хасел, г!исинал гъутIби, мугIрул ясал, аваданаб их, хирияб их .


Метафорал:

ГIаздалал тIагърал, лъаразул бакънал


Дандекквеял:

гIазизал мугIрул - гIаздалал тIагърал

гIисинал гъутIби – мугIрул ясал


IV.КочIол тема ва идея рагьила.

КочIол тема:

КIудияб ВатIанияб рагъда нилъер халкъалъ бергьенлъи босиялдаса авторасул чIухIи. Гьединго гьеб Бергьенлъиялъул къо ихдалил заманалда кIодо гьабулеб букIиналдаса рохел ва разилъи загьир гьаби.



КочIол идея:

Ихдалил Байрам – Бергьенлъиялъул къо кIочене бегьунгутIи, гьеб нилъеца киназго кIодо гьабизе кколеблъи, тIабигIат цIунизе ва бокьизе кколеблъи бичIчIизаби.

V. ПасихIго ц!алиялда ва чвахунцIалиялда тIад хIалтIила. Цо-цоккун цIалдохъаби тIамила кIи-кIи кочIол куплет цIализе, битIун ва пасихIго цIалиялде кIвар кьела, хитIабал ратила, гьез кочIое кьолеб чIаголъи бихьизабила. Ахиралда цадахъго цIалиги тIобитIила.

VI. КочIол гIуцIи бихьизабила. КIиго бутIаялдасан гIуцIун букIин баян гьабила.

ТIоцебесеб бутIаялда жаниб бицунеб бугеб тIабигIияб сипаталъул берцинлъиялъул, гьайбатлъиялъул цо хасаб гугьар букIиналъул бицина.

КIиабилеб бутIаялда жаниб бицунеб бугеб Бергьенлъиялъул къоялъул абила, бергьарал гьунараздалъун чIухIараб ихдалил байрам киназего гIахьалаб букIин бичIчIизабила, гьеб байрамалдаса рохиялъул асар рекIелъ цIунизе ккеялъул бицина.

КочIол роцен ва наку батила. Аллитерация бихьизабила. КечI хъван букIин бихьизабила 11-гьижаялдасан; кочIол наку-бакъан рекъезабизе бегьи, гьеб ахIизе бегьи бихьизабила.

Аллитерация:

гI-гI, тI-тI, х-х ...

VII.Дарс щула гьабиялда тIад хIалтIила.

Цоги нухалъ мугIалимас пасихIго кечI цIалила.

Суалал ва тIадкъаял кьела:

1. ГI. СагIидовасул гIумруялъъул хIакъалъулъ лъалеб жо бице.

2. Гьес хъвараб тIоцебесеб тIехьалда цIар щиб?

3. ШагIирасул творчествоялда жаниб аслияб темалъун щиб бугеб?

4.«ГIаздалал тIагърал» абураб кочIолъ сундул бицунеб бугеб поэтас?

5.Щиб байрам кIодо гьабулеб ихдал кинабго халкъалъ?

6.Кинаб асар гьабулеб бугеб нужее гьаб кочIоца?

7.КочIол чвахи кинаб бугеб? Аллитерация ва кочIол роцен бате.

VIII. Рокъобе хIалтIи.

ШагIирасул биография лъазе, кечI пасихIго цIализе ва анализ гьабизе хIадурлъизе.

Дарсил план хIадур гьабуна

Г1алиева ПатIина Закировналъ-

Шамиль районалъул Х1ебда СОШалъул мугIалим.

Тема: Мухlамад-Расул Расулов

«Эбелалъул рахlму»

Тlоцебесеб дарс

Дарсил мурад: художествияб тексталъул гъварилъи рагьизе, авторасе бичlчlизабизе бокьараб жоялда хадургlунтlи.

Масъалаби:

• лъималазда асаралда жаниса цебе лъураб кlвар бугеб суалалъе жаваб балагьизе лъай;

• цlалдохъабазул калам цебе тlезабиялъе шартlал гlуцlизе, ургъизе, анализ гьабизе ругьунгьаризе, творческияб рахъ цебетlезабизе;

• предметалде рокьи бижизабизе, эбел – инсул лъикlаб гlамал-хасият босун, захlматалде рокьи бугев, ритlухъавлъун ц1алдохъан куцай.

Цlалул захlматалъул рахъ гlуцlи

Низамалъулаб:

• Жидецаго тема, мурад, проблема рагьизе.

• Учительгун хlалтlулаго жидерго ишазе къимат кьезе лъазе.

Хадув гlунтlун лъай:

• Жидедаго асаралда жаниб бугеб лъугьа-бахъин рагьизе лъай.

•Тексталъулгун лъай-хъвай гьабун, сундул хlакъалъулъ бугебали хадувгlунтlи.

•Лъугьунеб жоялъул гlилла якъин гьабизе.

Коммуникативиял:

•Щибасул батlи-батlиял пикраби гlадахъ росизе.

•Жиндирго пикру рагьизе, мисалал рачине, баян кьезе.

•Лъималазда цеве вахъун кlалъазе ругьунлъизе.

Дарсил тайпа: цlияб лъай кьеялъул дарс.

Дарсиде алатал: «Авар адабият» 7 класс. М - Р. Усахов, М-К. Гьиматов; презентация, проектор ва компьютер, суратал, карточкаби.



Дарсил ин


1.Дарс байбихьизе хlадурлъи.

Хал гьабила лъималазухъ къваригlунел цlалул алатал ругищали.

-Рорчlами, хириял цlалдохъаби! Жакъа нуж рихьизе цlакъ гъира букlана дир. Гьелъие гlилла щибха?

-Щиб букlаниги лъикlаб жо бицине батила.

-Битlараб буго. Жакъа нилъеца малъизе буго цlакъ кlвар бугеб, ракl базабулеб асар. Гьеб цlалилалде цебе нилъеца гара-чlвари гьабила цебеккун бицараб материалалда тlасан.


2.Рокъобе хlалтlи цlехезе: Гlалирза Сагlидов «Рачlа, гьудулзаби!»

3.Цlияб материал лъазабизе хlадурлъи гьаби.

- Лъимал, кида нужеца нужго талихlаллъун рикlкlунел?

- Анищ тlубараб мехалъ.

- Цо лъикlаб лъугьа-бахъин ккараб мехалъ.

- Эбел аскlой йигеб мехалъ.

-Эбел яги эмен аскlоб гьечlеб лъимералъул къисмат, рекlел хlал кинаб букlунеб?

-Лъимералда гlемер гlакъуба бихьула, рекlелъ пашманлъи букlуна.

-Кинал асарал нужеца цlаларал гьединал лъималазул хlакъалъулъ.

-Кин нужеда ракlалде кколеб, лъил хlакъалъулъдай жакъа

бицине бугеб

- Эбелалъул яги бесдал хутlараб лъимералъул.

4.Цlияб дарсил тема рагьи.

- Жакъа нилъеца бицине буго эмен гьечlого хутlарав васасул хlакъалъулъ. Цlализе буго Мухlамад-Расул Расуловасул асар «Эбелалъул рахlму». Хъвай жакъасеб тема (Слайд l)

5. Лъай борхизабиялъе гlилла, дарсил мурад ва масъалаби ричlчlизари.

- Рахlму абураб рагlиялъул магlна кин нужеда бичlчlулеб?

- Кинха нужеда ракlалде кколеб, щиб нужеда жакъа лъазе

кколеб?

-Тема цlалараб мехалъ, кинаб мурад бугилан кколеб дарсил?

Бичlчlизабе гьеб нужерго гьалмагъзабазда.

- Лъазе ккола асаралъул анализ гьабизе, багьадурзабазе къимат кьезе.

-Гьединго бажаризе ккола цадахъ рекъон хlалтlизе, нужерго пикру загьир гьабизе, бичlчlизе ккола кин эбелалъул къимат

гьабилебали, васасул эбелалдехун кинаб бербалагьи букlине кколебали, ай кинаб кlвар бугеб суал асаралъулъ борхулеб бугебали. (Слайд 2)

6. Цlияб дарс бичlчlизаби

Авторасул гlумруялъул ва творчествоялъул хlакъалъулъ баян кьела. Бицунаго бихьизабила сурат, гьесул гlумруялда хурхарал суратал, журнал - газеталдаса материал. Проекторалъ речlчlизабун, бихьизабила гьесул кlалъайги.

Словарияб хlалтlи: къебед, хаган, тепси, хилъало, чlчlалтlа, маслихlат, гъуд. (Слайд 3)

Мугlалимасул мисалияб цlали.

Лъималазул рекlелъе бортулеб, гъира базабулеб хlалалъ цlалила. Цlалулаго лъималазе цо-цо суалалги кьела. Щибасул пикруялъухъ гlенеккила. «Анадай Алмас эбелалъул тlадкъай тlубазе? Щайдай мадугьал ячlиней йиго?..».Хадуб лъималаздаги цlализабила ахир хутlизегlан.

Тексталъулгун хlалтlи.

- Кинаб асар гьабураб нужее цlалараб хабаралъ? Гьеб бичlчlизабе хабаралда гъорлъа хlужжаялъе аслиял рагlабиги рищун.

- 3 минуталда жаниб, гьел рагlаби рищун, тетрадазда хъвазе.

Слайд 4. (Сихlкъотlи, пикраби, ургъел, рекlел хlал, пашманго, рахlатхвей.)

- Рачlа гьанже ургъизе кьариял ва хlалакъал суалал. Кlи-кlиял рекъон тетрадазда нужеца хъвай лъабго хlалакъабги лъабго кьариябги суал. Хадуб нужеца гьел кьела лъималазе.

Хlалакъал: Асаралъул аслияв герой щив? Алмасие кинаб тlадкъай кьун букlараб? Васасда лъил цlар лъун букlараб?

Кьариял: Кинал пикрабаз эбелалъе рахlат толеб букlинчlеб? Авторас кинаб кlвар бугеб проблемияб суал борхулеб бугеб? Васасул рекlел хlал кин загьир гьабун бугеб?

Хlухьбахъиялъул лахlзат (лугбазе).

7. Тексталда гъорлъа балагьизе ва цlализе:

• Алмасие эбелалъул тlадкъай тlубазе квалквал гьабураб иш.

• Инсулги васасулги релълъарал рахъал.

• Эбелалъ жиндирго рокьиги божиги загьир гьабулеб бакl.

• Инсул хlакъалъулъ бицунеб бакl.

• Васасул рекlел хlал загьир гьаби.

8. Тарбия кьеялъул накъит, гlумруялъулгун бухьен гьаби.

Щибав чиясулъ рукlуна жиндиего хасиятал рахъал. Гlунгутlи камурав чиги вукlунаро. Аслияб къагlидаялъ гlадан куцай, гьесие тарбия щвей бараб буго сверухъ ругел гlадамазда. Алмас гlадинал васазе нилъеца кlвараб кумек гьабизе ккола. Гьел битlараб нухде ккезаризе квербакъизе ккола. Гъалатl кколарев чи вукlунаро, амма ккараб гъалатl битlизабизе лъазе ккола. Лъимал гlадамалъе рахъинаризе, эбелалда бихьулеб гlакъуба бичlчlизе ккола.

9.Хlасилал гьари – рефлексия.

- Жакъа гьабураб хlалтlухъ нужеего къимат кинаб кьелеб?

- Дарсил байбихьуда лъурал масъалаби тlуранищ?

- Бичlчlанищ нужеда авторасе абизе бокьараб жо?

- Дурго хlалтlуе къимат кье. Лъикlаб гьечlеб хlалтlи - багlараб

карточка борхе, гьоркьохъеб – тlогьилаб, цlакъ лъикlаб –

гlурччинаб.

- Кинаб къимат лъолеб дарсида дуего?

Лъималазе къиматал лъела.

10. Рокъобе хlалтlи кьезе, гьеб гьабулеб куц бичlчlизаби.

(Слайд 5)

• Къокъаб хlасил бицине, ролаздалъун хlазе лъазабизе.

• Асаралда тlасан яги дурго хъизаналъул сурат бахъизе


Кlиабилеб дарс

Дарсил мурадал:

• асаралъул гъваридго анализ гьабизе, эбелалъулги васасулги образал рагьизе, гьезие къимат кьезе;

•жидерго пикру загьир гьабизе, рагьун бицине ругьун гьаризе;

•божилъиялда гьоркьоб рекlкl гьабизе бегьулареблъи бичlчlизабизе, эбелалъул къимат гьабулеллъун куцазе.

Цlалул захlматалъул рахъ гlуцlи


Низамалъулаб:

• Кlвар бугеб суалалъе асаралда жаниса мисалал рачун, план гlуцlизе лъай.

• Дандчlварал захlмалъалабиги нахъа тун, хlалтlизе бажари.

Хадувгlунтlун лъай:

• Авторасул пикруялда хадургlунтlи.

• Инсулги васасулги образал дандекквезе лъазе.

• Цо пикруялде рачlине лъазе; квешаб тезе, лъикlаб босизе.

Коммуникативиял:

• Цадахъ рекъон хlалтlизе ругьунлъизе.

• Цоцазухъ гlенеккизе, аскlор ругезул адаб гьабизе ругьунлъизе.

Дарсил тайпа: гlаммаб лъай щвеялъул ва гьеб гъварид гьабиялъул дарс.

Дарсиде алатал: «Авар адабият» 7 класс. М-Р. Усахов, М-К. Гьиматов; презентация, проектор ва компьютер, суратал, т1анчал.



Дарсил ин

1.Дарсиде хlадурлъиялъул лахlзат.

Цадахъ рикlкlина. (Слайд 1)

Гьаб рохалил къоялъ жакъа дарсида

Дурусго хlалтlизе хlадур руго ниж.

Гъалатlал нахъа тун, захlмалъаби тун,

Тlадаб налъи тlубан ина ниж цере.


2.Лъай борхизабиялъе гlилла, дарсил мурад ва масъалаби ричlчlизари. (Слайд 2)

-Цебесеб дарсида нилъеца цlалана Махlамад-Расул Расуловасул «Эбелалъул рахlму» абураб асар.

-Лъида кlвелеб бицине, жакъа дарсида щиб нилъеца гьабизе кколеб? Хlалбихье нужецаго дарсил мурадал ургъизе ва рицине.

- Жакъа нилъеца гъваридго анализ гьабила гьеб асаралъул. Ракlалде щвезабила цебе бицараб материал. Нужеда якъинго бичlчlизе ккола эмен гьечlого хутlарав васасул къисмат кинаб букlунебали, кинал захlмалъаби гьезда дандчlвалелали. Кколищ нилъеца эбел-инсул къимат гьабизе?

- Нужер партабазда тlад лъун руго къиматал лъолел тlанчал. Гьенир къиматал лъезе ккола нужеегоги нужерго классцоязеги. Цlодорго рукlа! Ургъун рагlи бице, борцун гали тlаме.


3. Араб материал лъаялъухъ хал гьаби.

Викторина (Слайд 3,4)

Цlалдохъаби кlи-кlиккун рахъинарун къецбан жавабал кьезе тlамила.

Кинаб кlиго батlияб букlунеб художествияб калам. (Шигlруяб ва хабарияб)

Рагьукъал гьаркьал кочlол мухъазулъ такрарлъи - цебесеб мухъил ахиралдаги, нахъисеб мухъил авалалдаги. (Аллитерация)

Муса Мухlамадовас хъвараб «Инсул гьалбал» абураб асаралъул жанр. (Хабар)

«Магlарулазул нус» лъил асар кколеб? (Фазу Гlалиевалъул)

 Лъица хъвараб ва кинаб кочlол рагlаби гьал кколел?

Релъи – хъуй гьечlого рохизе лъалел,

Магlу чвахичlого гlодизе лъалел,….

(Расул Хlамзатов «Магlарулал»)

Асадула Мухlамаевас хъвараб «Маккикъор» асаралъул жанр. (Къиса)

Кочlодалъун хъвараб, гlемер бутlабаздасан гlуцlараб кlудияб асар. (Поэма)

Цlалдолесул гъира баледухъ, бергьараб шавкъалда сипат – суратазул кумекалдалъун гlумру бихьизабиялде щиб абулеб? (Образ)

Лъил образал рагьулел ругел авторас цебесеб дарсида бицараб «Эбелалъул рахlму» абураб асаралда жаниб? (Васасулги эбелалъулги)


4.Рокъобе хlалтlи цlехезе:

Цо-цоккун рахъинарун дарс гьикъила. Лъималаз ва мугlалимас дарс бицунезе ва гlодор чlаразе суалал кьела.

- Кинал пикрабаз эбелалъул рахlат хвезабун букlараб?

- «Кlвеладай дида вас куцазе, ругьунлъиладай гьев гьерсал

рицине» - ян абурал пикрабаз

- Мадугьалалъул дояса щай эбел пашманго тlад юссарай?

- Малъараб гьабун, Алмас Жавгьар-ункъачол бакlалде вачlун

ватичlо. Гьев рокъовеги вачlинчlо.

- Васасухъ ялагьидал, Насиба тlуркlарай гlадин щай

лъугьарай?

- Гьелда гьев инсуда релълъун вихьана.

- Лъил хъвадарухъан кколев Мухlамад-Расул Расулов?

- Даргиязул.

- Нилъерго асаразда гlей гьабун течlого, нужеца цlализе ккола батlи-батlиял миллатазул асаралги. Нилъеца адаб гьабизе ккола цойги миллатазул гlадатазулги. Цо жулалда рухьарал хьопал гlадин, цоцалъ гъункун, щулаго, ракълида гlадамал чlанани, кигlанги кlудияб къуваталда нилъ къезаризе кlвезе гьечlо.

Мухlамад-Расулил кlалъай бахъараб видеоролик биччала.


5.Асаралъул гъваридго анализ гьаби.

Эбелалъулги васасулги рагlаби лъазарурал лъимал, цере рахъинарун, ролаздалъун бицине тlамила.

-Кинаб къимат кьолеб нужеца ролал хlалезе. Бищунго махщел

лъица бихьизабураб?

Проблемиял суалал:

- Авторас аслиял герояллъун эбелги васги щай росун ругел?

-Кинаб кlвар бугеб суал борхулеб бугеб авторас асаралда жаниб?

- Лъималазе тарбия кьеялъул, хасго бесдал хутlарал.

- Нилъер заманалда кколищ гьеб аслияблъун?

- Лъимералъе щолеб тарбия аслияб къагlидаялда сунда бараб бугеб?

- Эбел-инсуда, сверухъ ругел гlадамазда. Интернеталдасан, телевизоралда бихьулеб жоялда.

- Васасдехун бугеб жиндирго рокьиги божиги гlорхъудаса ине толеб бугищ Алмасил эбелалъ?

- Гьечlо, божилъиялда гьоркьоб рекlкl гьабизе бегьулареблъи берцинго бичlчlизабулеб буго гьесда эбелалъ.

- Эбелалъул рагlуцаги инсул образалъги васасе кинаб асар гьабулеб бугеб?

- Эбелалъ гьев куцалев вуго рагlудалъун, ягъичlого, семичlого. Гьев ругьун гьавулев вуго жиндирго инсудаса мисал босизе.

- Жиндирго гlанчlлъиялъ кколел гъалатlаз гьесул рахlат хвезабулеб букlин бихьизабулеб бугеб бакl бате ва цlале.

- Мадугьалалъги эбелалъги цебеккунго къотlи-къай гьабун букlиналде кантlаралищ нуж?

- «Божилъиялъул цlалаца гlадлу гьабила» абураб инсул каламалъул магlна кин бичlчlулеб нужеда?

- Божилъиялда гьоркьоб гьереси бицине захlмат букlуна. Гьелъ кlвечlо Алмасида гьерсал рицине.

6. Къукъаби ккун хlалтlи.

 Цояз асаралда тlасан сурат бахъила.

 Кlиабилез гьитlинаб сочинение хъвала.

 Лъабабилез эбелалъул ва Алмасил образ рагьун хъвала.

Хадуб хlалтlаби киназего цlалила, сурат бихьила. Учителас гьезие къимат кьела. Хабаралъулъ ратарал кицаби, дандекквеял тетрадазда хъвазе тlамила.(Слайд 5)

- Сунде абулеб композиция? Хабаралъул сюжеталъул аслиял бутlаби рихьизаризе?

- Алмас жиндирго гъалатlазде кантlиялъе аслияб гlиллалъун щиб ккараб?

- Гьев вуго яхl-намус бугев вас. Гьеб бихьулеб буго гьев рекlекълъун вукlиналдаса жиндихъанго ккараб гъалатlалдаса. Яхlги намусги гьечlев вас гьев вукlаравани, гьесие щибго ургъел букlинароан, гьес эбелалъе бер къанщичlого гьерсалги рицинаан. Авторас бихьизабулеб буго нилъеда гьесул рекlел ахlвал-хlал.

7. Гlурус литератураялъулгун бухьен.

- Гьединал лъималазул рекlел анищал, хьулал, пикраби рихьизарун хъварал асарал руго гlурус литератураялдаги. Масала М. Горькиясул «Лъимерлъи» абураб асар. Нужеца гьеб цlалана 6 классалда. Рачlаха нилъ балагьилин гlурус мацlалда бугеб цо передачаялъухъ. Алмасго гlадин эмен гьечlого хутlарав васасул къисмат нилъеца дандекквелин гьаб хабаралда.

Бихьизабила васас эбелалъе хъулухъ гьабулеб бугеб куцалъул видеоролик

- Дандекквеха, лъимал, гьаб передачаялда рахlму бугевлъун щив вихьизавулев вугев? Нилъеца цlалараб хабаралда дандеккун передачаялъе цlар кинаб кьезе бегьилеб?

- «Васасул рахlму»

- Лъил образал жакъа нилъее рагьарал?

- Эбелалъул, Алмасил, Алмасил инсул.

- Нилъ кидаго лъие налъулаллъун рукlине кколел?

- Эбелалъе.

- Тlаде цойги лъил образ рагьараб нилъее?

- Эбелалъе хъулухъ гьабулев васасул образ.

- Кlиявго васасул образ дандеккун щиб нужеда абизе кlвелеб?

- Алмас гьитlинго вуго, гьесул гlакълу жеги цlубан гьечlо. Гьав васасда кинабго бичlчlулеб буго. Гьев вуго цlодорав, рахlму бугев вас.

- Гьев вас вуго гьанже заманалъул бахlарчи? Дида ракlалде ккола гьединаздаса мисал босун хьвадилин нуж абун?


8. Рокъобе тlадкъай (Слайд 6)

 Асаралъул план гlуцlизе ва бицине лъазе.

 Эбелалъул хlакъалъулъ кицаби хъвазе.

 Алмасие ва эбелалъе хасиятал рахъал хъвазе.




9. Дарсил хlасил – рефлексия

-Нужедаго цере ругел тlанчазда гьал предложениял

лъугlизаре ва къиматал лъе. (Слайд 7)

- Жакъасеб гьаб дарсида бищунго бокьана….

- Дида лъикl бичlчlана…

- Дида бичlчlичlого хутlана….

Предложениял цlалун хlасил гьабила, къиматал лъела.


Дарсил конспект хъвана муг1алим

Джамалова Эльмира Насрудиновнаялъ

МБОУ «Лицей № 8»


Абут1алиб Гъафуров «Квешлъиялъе квешлъи»


Малъиялъул мурадал:

1.Поэтасул г1умруялъул х1акъалъулъ баянал кьей;

2.Инсан лъик1ал г1амалазде куцай;

3.Гьабурасе гьабураб батулеблъи лъималазда бич1ч1изаби;

4.Пасих1го, берцинго ц1алдезе лъимал ругьун гьари.


Дарсил алатал: поэтасул сурат, видеоролик, тестал.

Т1оцебесеб дарс.

Доскаялда хъвай-хъваг1ай:

«Чидае гвенд бухъуге, мунго жанив вортулин».

«Жакъа мун т1ад велъарав, метер дуда т1ад велъула».

Дарсил ин:


Рокъобе кьураб х1алт1и т1убаялъул хал гьабила. Цо-к1игояз дарс бицина. Киналъулго х1асил гьабун ц1ияб дарс бициналде рач1ина.

Учителасул авалияб гара-ч1вари. Абут1алиб Гъапуровасул г1умру ва шиг1рияб х1аракаталъул бицина. Гьесул х1акъалъулъ лъималазда лъалеб жо бугищали ц1ех-рех гьабила. 5 классалда малъараб «Дир г1умру» асар рак1алде щвезабила. Цинги лъималазда бицина жакъа гьесул асар ц1ализе бук1иналъул.

Лъималазе суал кьела:

Кин нужеда рич1ч1улел лъик1лъи ва квешлъи абурал раг1аби?

Лъималаз жавабал кьела.

Нилъер г1умруялъул къанун бугоха, лъимал, лъик1лъиги квешлъиги кинаб нилъеца гьабуниги чидае, гьеб кида-къадги нилъехъе т1ад буссун бач1уна.

Гьеб пикруги кьоч1ое босун хъвараб асар гьеб бук1ин бич1ч1изабила ва учителас асар ц1алила.

Суалал: Лъимал, доскаялда кьурал кицаби ц1але, гьел данде кколищ нилъер гьаб асаралъе? Кинаб маг1на бугеб гьал кицабазул?

Словарияб х1алт1и т1убазабила.

Доскаялда кьела раг1аби:

сваризе-бакъвазе, къвак1изе,

г1одойг1анаб - инжитаб, сурараб, къабих1аб;

лъура-зури, мазаби-садакъаде щвараб бека-биххараб, г1иси-микъинлъи;

к1алдираял-удила;

яван - квен, дандежо.


Кинав чилъун вихьизавун вугев Карим?

Щай г1адамал бечедалги мискиналги ругел?

Кинаб г1амал-хасияталъул ч1ужулъун йихьизаюн йигей бегасул бика?

Щай бечедал чаг1и ч1ух1арал, пахруял рук1унел?

Щай гьел къарумал ва хъант1арал, гурх1ел-рах1му гьеч1ел рук1унел?

Киналгойищ гьединал рук1унел?

«Гьесул раг1абазда рак1 релъун йиго бика» абурал раг1абазул маг1на кин нужеда бич1ч1улеб?

Гьанибго баян кьела лъималазе бечелъиялдаса, жидерго рет1а-къаялдаса ч1ух1изе бегьунгут1и (жакъасеб къоялъе гьеб ц1акъго хасиятаб рахъ бук1ин). Г1адамал бечедалги мискиналги рук1ин – гьеб г1иц1го т1адег1анав Аллагьасул иш бук1ин, жакъа бугони бечелъи, метер гьебги гьеч1ого инсан довго Каримил бак1алде ккезе бегьулеблъи, хасго садакъа кьезе бусурбан чиясда т1адаб бук1ин.

Щайха бикада ккараб жиндие квешлъи гьабизе гьардухъанасда к1веларилан? Сунде мугъч1ван гьелъ гьедин абураб?

Гьей бикал бак1алда рук1ун нужеца щиб гьабизе бук1араб?

Лъималаз жавабал кьела.

Видеоролик кьела (цоцае гьабураб лъик1лъи к1очонгут1иялъул, яги бегьула нилъерго ккараб гьединаб лъугьа-бахъиналъул бицинеги яги худ. асаралдаса босараб).

Лъимал, нужер г1умруялда ккарал гьаб темаялда хурхарал лъугьа-бахъинал ругищ, лъида к1олеб рак1алде щвезаризе.

Цо чангояз бицина, жавабал г1емерлъулел ругони рокъобе т1адкъаялда цадахъ кьезе тела.

Заман г1уни цо чангоязда ц1ализабила асар.


Рокъобе х1алт1и: гьит1инабго сочинение хъвазе «Квешлъиялъе квешлъи» абураб темаялдасан, жидерго ккараб лъугьа-бахъинги кьоч1ое босун.

Гьебго темаялда хурхун кицаби, абиял хъвазе.

К1иабилеб дарс.

Дарс байбихьила рокъобе кьураб х1алт1ул хал гьабиялдасан.

Чангояз сочинение ц1алила, хъвараз кицаби, абиял ц1алила, анализ гьабила.

Цинги рач1ина асаралда т1ад х1алт1иялде.

Цо чангоязда асар ц1ализабила.

Лъимал, рач1аха гьаб асаралъул тайпа щибали баян гьабилин.

Гьаб лирикияб асар бук1ин бицина, философияб маг1наялъул, щай гурелъул авторас нилъ т1амулел руго лъугьа-бахъиналда т1ад ургъизе, нилъеего бокьулареб жо чияе гьабизе бегьулареблъи бич1ч1изе, х1асил бокьараб ккезе бегьулеблъиялда т1ад ургъизе.

Хадур сюжет г1уц1ун бугеб куцалда т1ад х1алт1ила.

Экспозиция - Карим гьардезе къват1иве вахъин;

Завязка - гьев бечедай бикахъе гьардезе щвей, ва бикаца чед кьей;

Кульминация -иццухъ Каримилги рек1аразулги дандч1вай ва гьез чед бичун боси, чедги кун, гьел хвей;

Развязка - бикада хабар лъай, гьей г1адаллъи.

Хадуб поэмаялъул г1уц1иялъул разбор гьабила.

Поэмаялъул г1уц1и буго силлабикияб, гьаб асаралъулъ рифма дандеккун буго г1емерисеб бак1алда, масала: хьихьулев-херлъулев, гъарим-Карим, гьаризе – ратизе, росуяли-ругеяли, батизе-батизе…

Киналго рифма бугел бак1ал ц1ализарила. Аллитерация батила: гьудул-гьавугьинан, (гь)

бугин-дунги, (г, д,н) буго-буц1ц1ун, каву-кутакалда,(к)гьаракь-гьардухъан(гь,р)…ратила киналго аллитерацияби ругел бак1алги.

Чан гьижаялъул асар бугебали батила- (7гьижаялъул).

Хадусеб т1адкъай кьела лъималазе асаралда ругел к1ирекъарал х1арпал ругел киналниги раг1аби рат1а росун хъвазе. Гьел адабияталъул тетрадазда хъвала, цинги (бугони компьютер х1алт1изабун) гьеч1они доскаялда кьун киналго раг1абазул хал гьабила:

ккана, рик1к1аде, буц1ц1ун, ккола, ваккизин, рик1к1унеб, ккун, вуссана, иццухъ, бич1ч1ана, вуссинин, г1урччинаб вилълъанилан, баккея, к1к1уй, квербац1ц1алда, г1урччинхарде, бич1ч1уларого, буссунеб, йиччан.

Тексталда цо-цо раг1абазулъ гъалат1 ккун буго (г1одов ч1ч1ана-ч1ана, лълъура-зури-лъура, нахъ вусана-вуссана) гьел раг1абазулъ хъвалаго гъалат1 ккун бук1ин бицина, ай опечатка ккей.

Авар мац1алда ЛЪЛЪ-3 раг1улъ хъвалеблъи баян гьабила гьанибго (лълъар, релълъараб, рилълъине).

Гьединго кьезе бегьула мац1 чвахун, пасих1го ц1ализе бач1ине х1алт1изарурал прилагательноял ратизеги ва хъвазеги.

Хадусеб т1адкъай: авар адабияталъул тестазул т1ехьалдасан тестал кьела.

1.А.Гъапуровас хъвараб «Квешлъиялъе квешлъи» абураб поэмаялъул аслияб маг1на щиб кколеб?

А) Нилъей квешлъи гьабурав чи лъик1лъи гьабун нечезавизе малъи;

Б) Гьари рекъараб, бикъи сурараб бук1ин бихьизаби;

В) Лъик1лъи гьабурасе лъик1лъи, квешлъи гьабурасе квешлъи батулеб г1умруялъул закон бихьизаби.

1.А.Гъапуровас хъвараб «Квешлъиялъе квешлъи» абураб поэмаялда гьал раг1аби лъица абулел рук1арал?

«Лъик1лъи гьабуралазе лъик1лъи буго батизе,

Квешлъи гьабуралазе квешлъи буго батизе»

А) гьардолев Каримица;

Б) бегасул бикаца;

В) лъабавго рек1арас. (а)

2.А.Гъапуровас хъвараб «Квешлъиялъе квешлъи» абураб поэмаялъулъ Бегасул бикаца кин рег1арав гьардухъан?

А) нуц1ил к1алт1асанго нахъе къот1ула;

Б) квана-гьекъезеги гьавун, берцинго нуха рег1ула;

В) чед кьола гьалъ, загьруги гъорлъе бан.(в)

3.А.Гъапуровас хъвараб «Квешлъиялъе квешлъи» абураб поэмаялъулъ Бегасул бикае квешлъи гьабизе лъида к1вараб?

А) жиндаго

Б) гьардолев Каримида;

В) жиндирго васазда. (а)

Х1алт1и т1убазабун лъуг1идал, цояз ц1алила хут1араз хал кквела ва жавабал рит1изарила.

Т1ехьалда кьурал суалаздасанги пайда босизе бегьила.

Рокъобе х1алт1и кьела: чвахун, пасих1го цойги нухалъ текст ц1ализе, альбомалъул т1анчида. поэмаялдаса бокьараб бак1алъул сюжет бахъун босизе.


Х1адур гьабуна

Хьаргаби гьоркьохъеб г1аммаб лъайкьеялъул

31 школалъул авар мац1алъул учительница

Ибрагьимова Гулишат Мух1амадовнаялъ.









111


-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
Методическая разработка по аварской лит 7 класса (1.27 MB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт