Меню
Разработки
Разработки  /  Родной язык и литература  /  Мероприятия  /  5 класс  /  Внеурочное занятие по аварской литературе

Внеурочное занятие по аварской литературе

ВНЕУРОЧНОЕ ЗАНЯТИЕ ПО АВАРСКОЙ ЛИТЕРАТУРЕ
02.04.2021

Содержимое разработки







ВНЕУРОЧНОЕ ЗАНЯТИЕ ПО АВАРСКОЙ ЛИТЕРАТУРЕ




Учитель родного языка и литературы

МКОУ «СОШ№8»

Абдулаева Х.Н.





Сценка г1уц1ун буго 4 бут1аялдаса.


1. Бет1ер-Эбелги ясги.

2. бет1ер-Эбелги Мух1амадги.

3. бет1ер-Мух1амадги имг1алги

4. бет1ер-Мух1амадги Алипатги.



1 бет1ер

Гьит1инабго рукъ. Рокъоб стол-бак1. Къадада бараб вацасул сураталъухъ балагьун пашманго берал рац1ц1уней Алипат.

Автор:

Логолъа ч1урканай,ч1ег1ер гъалазул Рет1араб рекъолей кьенсер-бер чалух

Огь,дир маг1арулай, дур гьайбатлъиялъ

Хаган хут!улаан росдал г!олилал

Булбулалъул г1адаб роц1араб гьаракь

Чи х1айран гьавулеб х1еренаб г1амал,

Амма пашманлъиялъ мун х1ебт1ун йиго.

Кьог1ал пикрабаца мун къварид йиго.

алипат.

Рак1 г1одулеб буго ,дун къварид йиго.

Бец1ал г1адатазул гудракь ккун йиго.

Эбел,дир хирияй,вацги вацг1алги, Цого чаг1и рук1ин щай бич1ч1улареб?

Эбел. Юц1ц1а,чаракъосад,к1ал данде баче, Къумачилгун бертин дур кват1ич1ого, Вук1ине рес гьеч1о гьев г1адинав вас,

Ч1алг1аде к1алъаге мун т1ок1алъ т1аде.

Алипат :

Эбел,вакьангуро,гьев вокьуларо

кинго гьинал рекIей къабуллъуларо

хирияй, гьарула дун гьесий кьоге,

рекIее къабулав дий цойги вуго.






Эбел:

Анкьумумузулго г1адатин бугеб

Эбелалъ абураб бак1алде яс ин,

Кьураб раг1и бугин, тухум сурилин,

Дунго хвезе йиго гьеб хвезег1анго.





2 бет1ер

Автор: Добго рукъ, стол, бак1аби.

Столалда нахъа г1одор ч1ун шагьаралдаса вач1арав Мух1амадги эбелги. К1ияздаго гьоркьоб ккола Алипатил ригьнада т1аса гара ч1вари.


Эбел:

Рос-рукъалде ине ясги г1ун йиго

Кват1ич1ого бертин бук1ина гьелъул

Кьибил-тухумалъул ц1акъ лъик1ав васин,

Дур вук1инесев дурц Къумачин, дир вас.




Мух1амад :


(виххун т1аде вахъуна)

Щибилая,эбел!Г1антлъунищ йигей?

Дуца бицунеб щиб,дуй лъугьараб щиб?

Ц1ех-рех гьабурабищ дуца ясалда?

Вокьарав ватила долъие цойги.

Эбел:

Вийгь,дуца бицунеб унго щибч1уро,

Дур раг1абаздаса дун нечон йиго

Яцалъул рокьулищ вацас бицунеб?

Дица абуралъуй ине йиго яс

Мух1амад:

Нилъее бокьараб щай гьелъ гьабулеб,

Гьелъул рек1ехъ щайзе г1енеккуларел?

Гьанже лъана,эбел,яцалъул унти,

Бич1ч1ана гьанже щай гьей къварид йигей.

Эбел:

Унго бихьуларищ цо гьасул к1алъай,

Рокьиги балайги малъе яцалда

Киг1ан квеш ккун бугеб гьанжелъизег1ан,

Дир ясалда рокьи балай лъач1ого.


МухIамад:

Хирияй,гьарула г1айиб гьабуге

Дурго кьог1аб г1умру бадибч1ванилан Х1алицаго кьунин мун дир инсуе Щибха гьелъул ккараб,щай ургъуларей. Зулмуялъ мун кьурал дур эбел-инсул Ратугейин рукьби хабалалъилан К1алал гьикъулаан,г1одулаан мун Ахир батулареб бак1аб г1умруян. Рак1алда бугебищ,хирияй эбел?

Рокъоб лъабго лъимер,унтарав эмен,

Жаниб ц1а ссун араб гъанситоги тун,

Мун рокъоса анна хасалил сардилъ.

Цинги эмен хвана,нижго хут1ана

Кьог1ал пикрабигун,бак1аб г1умругун,

Мукъсанабго кванихъ бачазде ана,

Рак1 гурх1арас хинк1 кьун к1удиял г1уна

Эбел:

Г1ела!Г!ела!Г1ела!

Вуц1ц1а,гьарула!

Мух1амад:

Бит1ун буго,эбел,г1ела,т1ок1лъана,

Кьог1аб х1акъикъат дуй ц1акъ зах1малъана,

Т1аса лъугьа,эбел,гьарула дуда

дурго ккараб гъалат1 такрар гьабуге.

Рехуге дуца яс жужах1алъуе

Ургъун йихье,эбел,цогиги нухалъ.

Гьарула хвезабе гьеб ригьин дуца, Хадуй нахъе-нахъе мун пашманлъила.

Эбел:

К1оларо,Мух1амад,дида к1оларо

Вацасда щибилан дица абилеб?

Аллагьасе г1оло мунго а,дир вас, Дуда рекъелин гьеб дидаялдаса.

3 бет1ер

Автор:

Мух1амадица имг1аласухъеги ун ригьин биххул

4 бет1ер

Автор:

Мух1амад яцалъул рокъове уна.Алипатил беразда жаниб Мух1амадида бихьула х1инкъи,божилъи гьеч1олъи,ургъел гьеч1олъи.К1иязулго ккола хабар,к1алъай.Мух1амадида бич1ч1ула гьеб яцалъе бокьич1ого гьабулеб ригьин бук1ин.

Мух1амад:

Алипат,хирияй,гара-ч1варизе,

Цадахъ г1одор ч1езе заманго гьеч1ин.

Дида ц1акъ бич1ч1ула дуда бугеб х1ал,

Мун щайзе х1инкъулей,щай сородулей,

Щайзе къварид йигей къоял анаг1ан,

Дида божуларей щайзе,хирияй?

Унго цеве г1адин бихьула дида,

Дун дуй вокьуларев,ккараб жого щиб?


Алипат:

Мунги вокьич1ого дий щив вокьилев?

Мун дий аллагь вуго,авараг вуго.

Кинабго х1акъикъат дуда бицине,

Рак1 соролеб буго ,кинго к1оларо.



Мух1амад:

Дур ригьин-ц1аялъул бицуней йиго,

Жакъа дида эбел,уяб жойищ гьеб?

Мунгун дандбарабищ,мун рекъарайищ,

Дуца щибиланха гьелда абилеб?




Алипат:

Нужеца абураб дица гьабила,

Нужей бокьаралда дун рази йиго.


Мух1амад:

Нижеца абураб жо гьабизени,

Мун х1адурай йик1ин дида ц1акъ лъала,

Амма дурго пикру,дур бук1инесеб………

Алипат,Къумачги дунго г1адинав,

Вацин кколев дуе ,чидар чи гурин,

Сахай г1аданалъе вац кин вокьулев?

Рак1бац1ц1адго бице, уяб жойищ гьеб?


Алипат:

Дий гьев вокьуларо….!

Эбелалъ…….Эбелалъ……..(Алипат г1одула)


Мух1амад:

Алипат,х1инкъуге,божа мун дида,

Рагье рек1ел х1ал дий,бице бит1араб,

Эбел херлъун йиго, г1амал хун буго,

Гьабизе теларо дуй бокьич1еб жо.

Вугищ дур вокьарав, дур хиял ккарав

Алипат,гьарула, бице бит1араб.


Алипат:

Къумачий кьеч1они дий ургъел гьеч1о


Мух1амад:

Дуеги вокьулев,мунги йокьулев,

Унго гьеч1ищ гьудул,бице вацасда,

Мук1урлъизе дуда к1оларо, лъала.

Загьирлъич1о кинго мух1канаб раг1и.

Алипат,гьарула г1айиб гьабуге,

Духъе хъвараб кагъат ц1алана дица,

Рокьи гьеч1онани додин рак1 рагьун,

Рак1 унтун хъваларо лъицаго кагъат,

Амма ахиралда ахада бугеб,

Т1огьол квац1и г1адаб ч1ух1араб гъолбас,

К1веч1о кинго лъазе лъил бугебали.


Автор:

Алипатица вацасда цебе рехула комсомолалъул комитеталъул секретарь Шамилил сурат.


Мух1амад:

Х1алч1ахъад,Алипат,мун мекъ ккун гьеч1о,

Дуца вищарав вас ц1акъ лъик1ав вуго,

Г1адат бугебани дурц т1аса вищи,

Гьев тун бат1ияв вас вищилароан.

Вищарав гьудулги сахав ватаги,

Цадахъаб г1умруги рохараб кьеги,

Талих1аб берцинаб яшавги кьеги,

Хут1аги к1иялго кидаго рак1гъун.


Алипат:

Дидаса ч1ух1арай г1адан йигодай?

Дидаса талих1ай г1адан йигодай?

Мух1амад,баркала,хирияв вац ,дуй,

Рек1елъ бугеб мурад нухде бачарав.


Мух1амад:

Раг1араб жо гуро гьаб заманалда,

Яцг1ал-вацг1аласе рос –рукъалде ин,

Кьуч1дасаго хвезе те гьел г1адатал,

Бай гьелде данде рагъ т1олго г1аламалъ.

Ригьин гьабизе те рокьул кьуч1алда.

Рокьи сундасаго т1адег1анаб жо.

Бац1ц1адаб рокьигун талих1аб ригьин,

Гьеб гурищ г1умрудул аслияб мурад?



Сценкаялда г1ахьаллъула:

Эбел-басриял г1адатал ц1унарай маг1арулай.

Мух1амад-гьелъул вас, басриял г1адатазде данде рагъ балев г1олилав.

Алипат-Мух1амадил яц,бец1ал г1адатазул квач1азукье ккарай г1олилай.

-75%
Курсы повышения квалификации

Занимательное искусствознание: как научить школьников понимать искусство

Продолжительность 72 часа
Документ: Удостоверение о повышении квалификации
4000 руб.
1000 руб.
Подробнее
Скачать разработку
Сохранить у себя:
Внеурочное занятие по аварской литературе (459.18 KB)

Комментарии 0

Чтобы добавить комментарий зарегистрируйтесь или на сайт