5 класс Диагностическая работа по родному (аварскому) языку
Диктант.
Бац1ал.
Дунялалда ругел бищунго хъант1арал ва бищунго вах1щиял г1алхул жанаваразда гьоркьоб бац1ица ккола т1оцебесеб бак1. Бац1аз г1умру гьабулареб, гьел гьеч1еб бак1 ракьалда батизе ц1акъ зах1матаб иш буго.
Бац1аз рик1к1аде хьвадун балагьула квен. Г1едерал, г1ажаибго хехал х1ат1алги кьун руго т1абиг1аталъ гьелъие. Гьезул къокъаялда жаниб щуго-анлъго бак1 бук1уна.
Бац1азул аслияб квен ккола гьан. Гьез чан гьабула чуязде, г1иязде, ц1аназде. Гьез кванала гьвабиги ва жалго бац1алги. Лъукъараб, унтараб, заг1ипаб бац1 цоцахъаги бахъун кванала г1олохъанал бац1аз.
Т1адкъай:
Ахирисеб предложениялъул синтаксисияб разбор гьабе, тайпа цоял членазда гъоркь мухъ ц1ай.